forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
04
Дек.

Иса Шангереев

Добавил(а) Administrator on 04 Декабрь 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 
Халкъияб рак1гун

Г1емер суалал, масъалаби рук1уна нилъер пачалихъалъул структурабаз гурел жамаг1аталъ т1уразарич1огун х1ебт1уларел. Мисалалъе босани росдал администрациялъе ресал рук1унаро т1олго росдада, росдал г1адамазда цере рук1унел зах1малъаби, х1алт1аби, динияб рахъалъан рук1а-рахъиналъул шурут1ал ва гьеб гурел цогидалги…Гьединаб, бак1алъ къвариг1унеб жо буго росдал жамаг1ат, рак1-рак1алъулаб жамаг1атчиясул х1аракат ва гьесда хьолбохъ рук1ине х1адурарал, жидее харж, мухь т1алаб гьабуларел халкъалъул баркалагун кириялъул борхатаб къимат лъалел г1адамал.
72 сон г1умруялъул барав Г1иса Шангереевасул х1акъалъулъ дие бицана Алмахъ росдал администрациялъул бет1ер Микаг1ил Салгереевас. Г1иса ккола росдал жамаг1атчи. Чиясе къадар ккун, хабалалъе т1оцеве щола гьев. Хоб бухъиялдаса байбихьун, жаназа букъун кинабго т1убазабун гьабулебщиналъулъ вук1уна Г1иса.Гьале гьаб, ахирияб заманаялъ чанго соналъ хабалагьло х1ебт1изе г1олел ц1улал къанал х1адурана umtc жинцаго.Цоги бак1алъ хабада жанир лъолел къанал т1алаб гьабиялъул бук1унеб зах1малъи лъалеб батила киназдаго.
Лъеберго соналъ тракторалда х1алт1ун вуго Г1иса. Жакъасел къоязги жиндирго бульдозералъ ц1адал ран, чвахулел иххаз ригь –ригьалда хвезарулел нухал къач1алев, г1азу бан нух къани, гьеб хъашдулев вук1уна.Алмахъалда нухазул суал ц1акъ аслияб буго. Микаг1илица бицана жинде росдал администрациялъул гьаризе кколел х1алт1абазулъги Г1исал к1удияб кумек бук1унилан.
Гьединал сахавтал г1адамал г1емерлъаги нилъер.Халкъалъул баркала к1одолъун, кири г1емерлъаги Г1исае

Салих1 Салих1ов

Календарь исламский


Мусульманские праздники