Печать
02
Окт.

Архипелаг Моозунд -О Байханове М

Добавил(а) Administrator on 02 Октябрь 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Щибго к1очон гьеч1о, щивго к1очон гьеч1о

Архипелаг Моозунд-тарихалде инч1еб х1ужа

Балтикаялъул ралъдалъ бугеб архипелаг Моозундалъул ч1инкиллъиялда ккараб г1асияб рагъулъ г1ахьаллъизе ккарав Будайханов Эльмирзал х1акъалъулъ дица цебеги хъван бук1ана *Кизилюртовские вести* газеталда. Гьев Эльмирза дир инсухъе щвезе вач1унев чи вук1ун, гьес дир инсуе бицун лъан, хъван бук1ана т1олго полкалъул нахъе лъукъун хут1арал Эльмирза ва цоги г1урусав солдат гьеб ч1инк1илъиялда немцазул пленалде ккеялъул, гьениса гьез чанго нухалъ лъутизе гьабураб харакаталъул х1акъалъулъ ва рагъ лъугьун хадуб немцазул пленалде ккей сабаблъун немцазул асирлъуда рук1аразул лагералде рит1иялъул…

Хадусан гьев Эльмирзал ц1ех-рех гьабулаго, лъана гьев Калининаулалдаса Насир Басировасул г1агарав чи вук1ин ва дол 80абилел соназго гьав Эльмирзахъе щвараб мехалъ гара-ч1валулелъуб гьес бицун Насирида рак1алде щварал цо-цо баянал хъвалел руго дица гъоркьехун…

*80 абилел сонал рук1ана дол. Эльмирзаца бицана доб ч1инк1иллъиялда ккараб рагъул х1акъалъулъ Валентин Пикулица хъвараб техь щун бук1анила жиндихъе ва гьелда жиндирго вук1арав цуцалъ калъа-ралъаялда вук1унев вук1арав лъик1ав сахаватав командирасул ц1ар батанила. Жинца кагъат хъван, гьев ч1аго вугищали ц1ех-рех гьабулеб бук1анила, амма жаваб щвеч1ила, гьелдасан щибго х1асилги ккеч1ила жинде…

*Гьеб рагъул бицунаго гьенив цадахъ вук1арав Дилималдаса Мух1амад Байханов бах1арчияб къаг1ит1аялда хвеялъул бицана Эльмирзаца дие, гьев вук1анила лебалав бажари бугев рагъухъан. Къаси мехалъ цоцозухъе гара-ч1вализе щолаанила жал. Рагъ байбихьилелдеги жинда гьев Мух1амад лъик1 лъалаанила, гьев вук1ана районалъул ОСОАВИАХИМалда х1алт1улев…

Немцазул к1удиял къуватал аск1оре г1агарлъун /Моозунд архипелагалъул ч1инк1иллъиялда лъураб нилъеразул рагъулаб къуват бук1ун буго ралъдалъан немцазул рагъулал гуми Финский заливалде, Ленинградалде риччангурт1изе гьабураб щулалъи, гьединлъидал Моозунд бахъизе немцаз к1удияб къуват лъун бук1ун буго гьенир г1асиял рагъалги ккун руго / ахиралдаги чинк1иллъи босиялда х1инкъи бук1ун, нилъеразул самолёт бач1ун комсостав гьениса гочинабун буго, гъоркьч1алие ч1аго хут1арал дагьал рагъухъаби хут1ун руго. Ч1инк1иллъиялъул рорхъалъабазда рук1арал пулемётазул точкаби-дзотал немцаз кьвагьизарун, г1иц1го пулемётчик Мух1амад жанив вугеб цо дзот бук1ана немцазде данде кьвагьдолеб. Лъабго суткаялъ цоцазда хадур гьарулел фашистазул гьужумал нахъ ч1вана гьес. Щибго Мух1амад вук1араб щулалъи немцазда босе к1олеб бук1инч1о. Ахиралдаги, къаси мехалъ немцазул самолетал роржун рач1ун бомбаби т1аде ран щущахъ биххизабуна Мух1амад жанив вук1араб дзот. Гьедин, лъукъарал нижеда гурого щибго чиясда лъач1огун хвана лебалав бах1арчи Дилималдаса Мух1амад. Гьесул ккараб жо командованиялда лъан бук1арабани Совет Союзалъул бах1арчи абураб ц1ар кьелеб бук1ун батила гьесие ва доб Пикулил тахьида гьесул ц1арги рехселеб бук1ун батила… *

Раг1уда хадуб:

Насирица цоги бицана, Эльмирзаца бицанила, жив рагъ лъун хадуб немцазул пленалда ккарав чи вук1ун Архангельк областалде рохь къот1иялда бук1араб лагералде кканила, гьениб жиндехун бат1ияб лъик1аб бербалагьи гьабулаанила лагералъул персоналалъ, жив лъукъун немцазухъе пленалде ккарав вук1иналъ. Жалго пленалде араздехун бербалагьи лъик1аб бук1инч1ила. Гьедин, жинде лагералде щвараб мехалъ, дуе бигьаяб, бокьараб халт1и т1аса бищеян абунила. Жив гьенив бокьун кладовщиклъун х1алт1улев вук1анилан…

Дол 80 абилел соназго *Коммунист* газеталъул редакторас т1алаб гьабулеб бук1ун бугила х1адур гьабизе Эльмирзаца бицараб щиналъул макъала, амма гьев пленалде ккун вук1ин лъайдал, редакторасул макъалаялдехун гъира т1аг1ана... Доб заманаялъ дов редакторас макъалаялъе к1вар кьун ц1ех-реххалъул материал босун бук1арабани ч1аго вук1арав, жиндир мунагьал чураяв Эльмирзадасан г1емер жо лъалаан Мух1амадил къисматалъул х1акъалъулъги

Насир Басировасдасан раг1араб Эльмирзаца жинда цадахъ рагъда вук1арав Дилималдаса Мух1амадил хакъалъулъ бицун тараб лъугьа-бахъиналъул макъала гъоркьисаго хъвазеян лъугьун вук1ана дун, амма гьев рагъухъанасул ц1ар лъазе к1веч1огун хут1ун бук1ана. Гьале гьал къояз диде гьеб суалалъ к1алъана Дилималдаса Мух1амадов Юсуп ва ниж данд ч1вана гара-ч1вализе. Гьес дие бицана дов бах1арчияв рагъухъанасул ц1ар. Гьеб ц1ар мух1кан гьабуна Насир Басировасги, лъебергог1анасеб сон цебеккун Эльмирзаца жинде бицараб дилимасул ц1ар рак1алдеги щун. Юсупидаги лъалеб бугоан Байханов Мух1амадил рагъда ккарал цо-цо баянал.Гьес бицана Мух1амад доб рагъулъ зах1матго лъукъун, ч1аго хут1ун вук1ун вугила. Гьес рокъобе бач1араб кагътида хъван бук1анила доб рагъда лъукъун хадуб анкьидасан вигьарав жив нилъеразул госпиталялда ватанилан. Хадусан сахлъун рокъове виччала вук1арав Мух1амад рокъове вач1ине инкарги гьабун нахъеги добго мухъалъе рагъулъе ун вуго ва гьенив немцазул пленалде ккун, гьенив немцаз ч1ван вуго. Амма гьединиса Мух1амадилгун ккараб иш Эльмирзада лъазе рес бук1инч1о…Юсупица бицана гьел Мух1амадица рокъоре рит1арал кагътазда, цадахъ вук1арав, алмахъасулги хъван бук1анилан. Амма гьел кагътал хадусеб заманалда т1аг1анилан, гьедин Юсупица ц1ех-рех гьабулеб батана Мух1амадгун вук1арав дов Алмахъалдаса Эльмирзал ц1ар ва гьес бицун тун хут1арал Мух1амадил х1акъалъулъ баянал. Юсупица бицана жидехъ бак1арун бугила Мух1амадил х1акъалъулъ лъик1аланго материал… Гьедин баянлъана нижеда доб к1удияб рагъул зах1матал соназул цоги гъваридаб къисмат

Салих1 Салих1ов