forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
30
Июль

Вспоминая Нугмана Идрисова

Добавил(а) Administrator on 30 Июль 2011.

Оценка пользователей: / 1
ПлохоОтлично 

НУГ1МАНИЛ Х1АКЪАЛЪУЛЪ РАК1АЛДЕ ЩВЕЯЛ.

1943 соналъ рагъде арав Алмахъалдаса Идрисов Нуг1манил ц1ар жакъа ч1агояда гъорлъ гьеч1о. Сундасаго нахъе къаларев, х1ажалъарасе кумек гьабизе х1адурав бихьинчияб г1амал-хасияталъул унго унгояв маг1арул чи вук1ана гьев \мунагьал Аллагьас чураяв\. Г1емерал сонаца Ленинаулалдаги Калининаулалдаги участковый милиционерлъун х1алт1ана.

Гьес жиндир заманаялда рагъулъ ккун рицарал эпизодазул к1оченч1огон хут1арал харбал хъвалел руго…

КЪАДАЛ ЦО РАХЪАЛЪ ХУТ1АНА.

Рагъулъ армиялда рук1аго щибниги лъалареб г1урус мац1 лъангурт1иялъ кутакаб квал-квал бук1унаанила, г1иц1го квераца ишанал гьарун лъалеб бук1ун буго гьабизе кколеб т1обазе кколеб жо… Цо щулалъуда рук1аралъур лъел ц1езе ине ккун руго Нуг1мангун т1ад лъабго маг1арулав. Киса кирего кьвагьун рач1унел гулбулъан лъин босизе ине бигьаяб амру бук1инч1о… Лъинги босун рач1унел гьал нилълъеразул щулалъиялде ккезе ккани цо борхатаб къедалда т1асан рахине кколаан. Лъингун цояв къадалдасан гъоркье решт1ун, к1иабилев Нуг1ман гъоркье к1анц1улаго кутакаб кьвагьи бахъун, ц1ерг1адин гула т1аде бан бач1ана. Лъабабилев маг1арулав \гьезул ц1арал рак1алда гьеч1о\ гьел гулбукье ккун доб рахъалъехун вортун ана… Гьев гьалмагъ ч1вайги командирасде квераз ишан гьабун, к1алалъ кьвагьил гьаракь гьабун бич1ч1инабуна. Гьениб щун бук1ана Нуг1манил боххалда т1оцебесеб ругъун…

ЖЕГИ РАГЪ ЛЪУН ХАДУБ.

Рагъ лъун хадубги к1иго соналъ Нуг1ман армиялдаго хут1ана. Гьедин рокъове виччарав гьав цо дагьал къояз аск1обго бугеб шагьаралда ч1ола. Свериза вахъарав гьасда данд ч1вала цо куцах бугей ч1ужу г1адан. Гьелъулгун лъай-хъвай ккун, гьелъул рокъоре уна. Гьенир кванала гьекъола рук1аго т1аде щола цо бихьинчи. Цо рокъоре лъун гьел к1иязулго к1алъай кола. Нуг1манги щиб-кин гьикъизе лъугьун, гьел рос-лъади рук1ин бич1ч1ун, гьениса нахъе уна… Цоги къоялъ гьединго свердила вук1арав гьасда, нахъеги дойго ч1ужу г1адан данд ч1вала. Гьелъ гьара-ц1алун жиндирго дове вачуна гьав. Рокъоре щун г1емер заман инелде, гьелъ абула жий росгун ят1алъун нахъе уней йигин, жий вокзалалде щвезаейизе кумек гьабейилан. Нуг1маницаги гьелъул бищунго рак1ал чемоданал кодоре росула ва гьениса вокзалалде уна. Гьел чемоданазул рак1лъиялъ гьел ригь-ригьалда г1одор лъун х1ухь бахъизе кколаан. Гьедин вокзалалде щун перроналда чемоданги лъун рук1аго гьей ч1ужу уна гьениса х1анжи яч1ининги абун. Уна саг1атги, уна к1игого, амма гьей ч1ужуг1адан яч1уней йик1инч1о. Цо жоялъул щаклъи рак1алде карав Нуг1маница чемоданалъул цояб рахъ къиризабун балагьула ва ц1орорав чи г1адин хут1ула, гьеб чемоданалъур сок1к1ун лъун рук1ана г1адамасул жаназаялъул къот1-къот1арал кескал таргьинирги лъун. Эсалда ватарав Нуг1маницаги гьениса хехго нух босун рек1ун ине г1амал гьабуна, т1ок1алъ гьеб шагьаралда ч1еч1огон… Дагьав тохлъаравани доб рагъулаб заманаялъулго суд сурав гьеч1еб закон жеги хут1ун бук1иналъ Нуг1мание щиб ккелебали бук1арабали щибха лъалеб…

БЕРГЬАРАБ РАГЪ ЛЪУН ХАДУБ

К1удияб Ват1анияб рагъ лъугьун хадубги чанго чиясул къисмат бат1ийиса ккана… Нуг1маница бицана Хасавюрталдаса цо маг1арулав вук1анила жинда цадахъ, рух1г1ан цоцазе хриял рук1анила жал… Гьев маг1арулас цо къоялъ абунила жинде, рак1алъ ч1аго вук1унилан бицунеб гьеч1ин жинде, нагагь гьанив хвани, ккараб жо рокъор ругезда бицейилан. Жиндир херай эбел ч1ужу ва гьит1инав вас вук1инги бицанила гьес. Жиндир рокъоб къадалда лъик1аб хурайсин т1агъурги ханжарги бугебин, гьелги жиндир васасе тейин абейила гьезде. Вереха рагъдаса бач1унеб щибаб поездалде гьел данде рач1ине ругелин, гьезие жиндир ккара-тараб жо бицейин т1ад къаял гьарунила жинде… Цо къоялъ к1иго машинаялде рек1инарула рук1анила жал солдатал цо киреяли рачун ине. Жинде гьев гьалмагъас абунила, жидер машинаялде илълъайин цадахъ рук1ине, жинцаги ц1акъ гьаранила гьесда, гурин живгон к1иабилеб машинаялде вахайилан. Кинги гьалмагъ къуркьизавизе к1веч1ила жинде, гьев цебесеб машинаялде ваханила. Цо рахъил раг1алде щола рук1анила, цебесеб машина минаялде т1аде ккун, кутакаб кьвагьи бахъанилан, т1ад рук1арал солдаталгон дов маг1арулав хванила гьенирго… Армиялдаса рокъове виччан, поездалда вач1унев вук1анила жив. Дов ч1варав гьалмагъги досул хъизан чаг1иги рак1алдаса унел рук1инч1ила. Дандег1аги ч1валареланищан гьелилан вук1анила, щибин гьезде абилеб. Данд ч1вазе ругел гьезул кутакаб ургъел бук1анила жиндир. Хасавюрталдеги щун, гъоркье решт1унел рагъухъабазде дандч1вай гьабизе рак1арарарал лъик1аланго г1адамалги рук1анила гьенир. Гьедин решт1ун инаго, щияв солдатасде цин цоясде аск1оре рекерун, цин цогидасде аск1оре щун рихьанила цо васгун ч1ужу г1аданги херай к1одоги дов жиндир гьалмагъасул ц1арги рехсолаго. Цинги жинде аск1ореги рач1анила гьел. Ях1 гьабизе к1веч1огон г1одун биччанила жинца. Чвахулеб маг1угун бицанила жинца гьесул ккараб жо…

С.А.Салихов.

Г.Р. Гаджимагомедов.

05.04.05с.


Календарь исламский


Мусульманские праздники