Печать
29
Июль

Терский канал-памятник войны

Добавил(а) Administrator on 29 Июль 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

ТЕРЕКАЛЪУЛ КАНАЛ – К1УДИЯБ ВАТ1АНИЯБ РАГЪУЛ ПАМЯТНИК.

К1удияб Ват1анияб рагъ башлагьун хадуб фашистал Северияб Кавказалде к1анц1ун Бакуялдаса бач1унеб нарт къот1изабун кутакаб х1инкъи бук1ана Совет х1укуматалъе доб заманаялъ. Гьединлъидал Дагъистаналда г1уц1ун рук1арал нилъер Ват1аналъе обороннаялъул х1ажалъи ц1ик1арал х1алт1аби. Зах1маталъул фронталда Дагъистаналдаса г1ахьаллъана аза-азар халкъ.

 

Буйнакск районалъул Хъараной росулъ г1урав Пайзодиница бицана, жив гьит1инаб мехалъ доб рагъул соналъ к1очонарилда рагъул щулалъиялъул каналал рухъизе маг1арухъа рилъун рач1унел рук1арал г1емерал г1адамазул хъит1ир булдул, газаби кодоргун. Херал чаг1и, руччаби, цо-цоязул мугъзада раччун лъималги рук1анила. Ч1еч1огон балебго ц1адги бук1унаанила, квачараб дуниялги, лъуг1елго гьеч1огон рехе унел г1адамалги - берда цереса унарила жинда, доб заман рак1алде щведал. Унго-унгоги немцал Моздокалде гурелги гьанирег1анги щун руго.

Терекалъул канал бухъиялда г1ахьаллъарав Салих1ов Г1алица бицунаан, Канал бан лъугьун хадуб немцазул танкал рач1ун рук1ун ругила гьенире разведка гьабизе нух бахъизе к1олищали лъазе, амма гьенисан ине гьезие рес ккун гьеч1о ва гьел танкал нахъ русун ине ккун руго. 25 метраялъул г1еблъи, гъварилъиялда 4 метра бук1араб лъел ц1ураб гьеб канал кинха гьез бахине бук1араб, т1адежоялъеги канал бухъараб ракь каналалъул раг1алал рорхизаризе бан гьеб бук1ун буго кутакаб рагъул обороннаялъул сангар.

1942 соналъул хасалихъе башлагьараб гьеб Терекалъул канал бухъана 3-4 моц1алъ. Гьелъул х1акъалъулъ цебеги хъван бук1ана \«Литературная газета» 29 сентябралъ 2000 с., «Х1акъикъат» 23 декабралъ 2000 с.\.

Жакъа нижеца хъвалеб буго 95 сон г1умруялъул бугев Алмахъалдаса Мусаев Насролал рак1алде щвеял. Гьев Насрола рагъде вит1илелде цеве гьеб Терекалъул канал бухъизе рит1аразулъ вук1ана…

«…Дица канал бухъулезулъ г1ахьаллъи гьабуна лъабго моц1алъ. Дун вук1ана гьенив т1оцере рит1аразулъ. Гьенив вит1ун вач1ун вук1ана 70 сон барав дир эмен Мусаги. Киг1ан х1алт1ун сваканиги кьижизе регидал дица макьу щвезе толароан инсодаса т1ад бараб жо хъушт1ун гьев квачалевилан. Гьединги штабалдаса кагъат бач1ун гъов эмен эхеде Алмахъалде вит1ун ана…

Канал бухъулаго бахъараб ракь к1иябго каналалъул раг1алазде баччулаан носилкабаз.

Гьеб сон бук1ана лъараг1азги нилъеразги «юрталъул» сонилан абулеб квешаб кутакалда квачараб сон. Гьеб канал бухъулезул х1ат1азда рук1унаан, к1алц1и, хер хадуб гъезабизе к1веч1огон хъвезе ккарал оцазул т1омалъул кескал жемун, гьезги лъим биччач1огон толароан х1ат1азде… Дун г1емерисеб мехалъ гьоко оцалгон вук1ине кколаан, Хасавюрталдаса гъове продуктал, квен баччизе.

Кинаб х1алха гьениб бук1араб?

Бахъунеб гьуриги жибгоги к1илълъан бахъараб, жибгоги ц1орораб гьеб. Оцал хвелелилан х1инкъулаан квачаялъ. Щибниги гьородаса рахчизе гьур хьвараб бак1 гьеч1еб авлахъ. Кверал квачан г1одор ч1ун, ц1а бакизеян лъугьиндал килщазда спичка кквезе к1оларогон, г1уч1 хъинт1ун бажаруларогон. Кинги х1алица ц1а бакун бажарани щиб, хинлъи гьабулароан ц1еца, жанисан кверал ц1еде тункизег1ан ккуниги кверазул нахъасан хинлъизаризе к1оларогон, гьединаб квач бук1ана…

Гьанже бухъулаго гъоб канал гъварилъана, гьениб бак1арана 60 см. гъварилъиялда бугеб лъин.

Радал рахъинарулаан саг1ат анлъгоялда. Квен гьабун кванан микьгоялде х1алт1оде щолаан, бухъизе бугеб каналалъуб лъеда батулаан бицатаб ц1ер къан. Гьадаб ц1ерги гъурун х1ат1ада гъоркь гиргидилел ц1орол кескалгон бухъизе жоралаан ракь. Гьеб ц1ородаги лъедаги гъоркьа бахъун ч1валаан гьеб ракь носилкабазде т1аде балаан. Ракь бухъулаан бихьиназ, носилкаби раччулел руччаби рук1унаан. Ц1ола, ина, баччула рук1ун гьагъаб зах1малъиялда къаси рач1унел рук1арал баракахъе. Гьел халатал баракал рук1ана моц1идал гьарун, т1ад цо т1еренаб гъат харилги гьабун. Гьеб баракалъул бакьолъ бук1ана лъабкъого сантиметр г1еблъиги бугеб к1икъого сантиметр гъварилъи бугеб холох гьабун, ц1аял жанир ракизе. Хинлъи кколел жал гурелха гьел баракал рук1арал. Гьениб жаниб 20-30 ц1аял раки гьабун квенал гьарулаан. Гьениб бак1арараб к1уялъ берал рух1ун, х1ухьел босизе г1оларогон дагьаб г1акъубайиш бук1унеб бук1араб. Т1ок1абжо т1аг1ун регун рук1ине кколаан, квен гьабич1огонги бегьуларелъулха. Регизеги цоцалъ гъункун регун кьижулел рук1арал, раг1алде ккарал квачан, гъорлъег1ан ккарал г1емер квачач1огон рорч1улаан. Гьедин квачан г1емерал г1адамазде унти ккана гьениб. Вегаралъувго хун ватана Сайди абурав цо маг1арулав. Вегун хут1арав чиясде вахъайилан абулароан, гьев х1ат1алги ккун къват1иве вехъерхъулаан. Гьев Сайдиги вегун хут1арав чийилан ккун къват1иве вехъерхъана. Къват1иве щведал гурони лъач1о гьев хун вук1ин. Гьединаб квешаб х1ал бук1ана канал бухъулелъуб»...

Гьаб макъалаялъул цояв авторасул эмен Салих1ов Г1алица бицунаан канал бухъун лъвиндал г1адамал рокъоре нахъ руссанилан г1азулъан х1ат1ида г1иц1го. Рокъове щун дагьаб заманаялдасан хвана каналалда унти ккун гьесул эмен Салих1ги.

Х1ажимух1амадил яс Сакинатица \гьел киназулго Аллагьас мунагьал чураги\ бицунаан, г1адамазул рат1лида жанибеххун щиб, къват1ибеххун ракьалдагицин бук1унаанила харун унеб нац1 ц1унц1рабазул гох1алда ц1унц1ра г1адилан. Квералъ, килщаз хашан, гъенезабулаанила гьеб рат1лидаса. Лъуг1елго гьеч1еб г1емераб жо бук1анила гьеб нац1 канал бухъулелъуб бугеб халкъалда бан.

Раг1уда хадуб.

Цо чанго сонал цере ниж лъугьун рук1ана нилъер х1акимлъиялде кагътал, г1арзаби хъвазе, гьеб Терекалъул канал бараб халкъалъе цо памятник базе кколилан. Гьениб г1адамазда бихьизабураб г1азаб-г1акъубаялъул х1исаб гьабун. Амма гьелъие нух бахъизе к1веч1о. Лъаларо дол жидехъе к1алъаразул г1агарал чаг1и гьеб каналалда рук1ун ратиларо. Нижеца жакъаги лъолеб буго гьеб суал г1адамазда цебе, к1олес к1олеб жо гьабун Дагъистаналда рагъул заманаялда, рагъда хадусел соназ бихьараб ракъи, ракъол унтаби ккун хварал г1емерал г1адамал х1исабалде росун, Терекалъул канал бухъиялде, бихьараб г1акъуба, гьенир ккарал унтаби х1исабалде росун Мах1ачхъалаялда киназдаго бихьулеб бак1алъ к1иго памятник базе, цояб Рагъул заманаялда немцазул къуваталде данде гьабураб рагъулаб сангар-Терекалъул канал бухъарал г1адамазеги \гьеб Терекалъул каналалъул къимат, рагъулъ гьелъул ккараб ролялъул рагъул х1акимлъиялъ щаяли бицунеб гьеч1о, гьелъие кколеб къиматги кьезе ккола, нилълъецаго т1алабги гьабун\, рагъда, эмен, вас, вац, рос т1аг1арал, ракъи бихьун ракъоца хварал, г1акъуба-г1азабалда х1алт1изе ккун унти ккарал тылалъул г1адамазе цогияб памятник базе.

Доб Советияб заманаялда г1адамазе бицунароан гьединаб жо, щай гурелъул «Ура-патриотизмаялдалъун» берцин бихьизе коммунистияб идеологиялъе данде кколеб бук1инч1о гьеб тема. Т1ад тарал х1акимзабазе гьоц1о г1адал, гъоркьехун ругезе загьрог1адинал, г1аданлъи гьеч1ел г1емер рук1ана халкъалда доб заманаялда т1ад тарал чаг1и. Гьеб х1исабалде босани тылалъул иш идеология лъик1аб бербалагьиялъухъ бихьизабизе данде кколароан. Жакъа къоязг1аги нилъер къват1исел халкъазда гьоркьоб къадро борхизабулеб кколеб х1алалда бицун къимат кьезе ккола. Гьезие календаралда памяталъул къоги гьабизе ккола.

Жакъа нилъеца гьеб гьабич1они, нилъ щибго г1азабго бихьич1ел, рагъулъ г1акъуба, къварилъи бихьич1огон г1урал г1адин кколеб буго, нилъеца гьел суалада т1ад х1алт1и гьабич1они цогидал къват1иса чаг1и рач1ине гьеч1о нилъее г1оло гьеб гьабизе.

Жакъа нилъер г1алимзабиги добго партиялъул идеологиялъул режималда х1алт1ула ругилан ккола жегиги, цониги нухалъ раг1инч1о Дагъистаналда тылалъул ишазе зах1маталъул фронталъулъ нилъер халкъалъул г1ахьаллъиялъе, гьенир рук1арал ккарал гъалат1азе, гьелдалъун балагьал решт1арал г1адамазул х1акъалъулъ г1елмияб конференция г1уц1ун. Рагъул тылалъул иш Дагъистаналда к1удияб эпохаялъул ишлъун ккана, щай гьелъие г1алимзабаз къимат кьолареб?

Гьеб гьанжег1аги 60 сон К1удияб Ват1анияб рагъ бергьун гьабулеб юбилеялъул соналде г1аги цо чанго г1елмиял конференциял гьаризе ккола Дагъистаналъул научный централъ.

С.А.Салих1ов.

Х1.Р. Х1ажимух1амадов.

26.03.05с.

г.Махачкала.