Печать
29
Июль

Сайдула Салгереев

Добавил(а) Administrator on 29 Июль 2011.

Оценка пользователей: / 4
ПлохоОтлично 

СТАЛИНИЛ ОХРАННИК - ДАГЪИСТАНИЯВ.

К1удияб Ват1анияб рагъул боркьараб кор, сонал нахъа танаг1ан рик1к1алъулеб буго нилълъедаса. рагъул нуг1зал – рагъул фронталъул ва тылалъулгун, трудовой армиялъул г1ахьалчаг1и ц1акъго дагьлъун руго. Амма бихьулеб буго рагъул ишазулъ бицинесеб жо г1емер бук1ин. Г1ажаибал, тамашаго нилълъ ч1ух1изе кколел дагъистаниязулгун рагъул ишазулъ ккарал бат1и-бат1иял х1ужаби баянлъулел руго…

 

Масала, нахъа, гьанже заманаялъ гурони нилълъеда лъазе рес ккеч1о Дагъистанадаса Исх1акъ Исмаг1илов Берлиналда Рейхстагалда баг1араб байрахъ баразул цояв вук1ин ва бергеьнлъиялъул символлъун лъугьараб, байрахъ Рейхстагалда балеб сураталдаги гьев вук1ин. Дагьаб цебег1ан цо телепередачаялдасан бицунеб бук1ана бищунго ц1ик1к1арал доб К1удияб Ват1анияб рагъулъ рагъарал Героязул къадар г1урусазул бугилан. Гьеб гьедин батила. Амма х1исаб гьабе 57 Героял Дагъистаналдаса данде ккуни нилъер халкъалъул къадаралде нилъер г1адин г1емерал Героял г1урусазулцин гьеч1о, цоги регионазулгун милатазул бицинч1огон. Щаялиго гьит1инаб Дагъистаналъул рагъул бергьенлъиялъулъ бугеб хасаб г1ахьаллъи бук1иналъул Москваялдасан я газетаздасан, я телевидениялдасан бицунеб, хъвалеб раг1инч1о. Бищунго подводникалъ гьунар т1ок1ав Бах1арчи Мух1амад Х1ажиевас лъелъги зодиб рагъулъ геройлъи щварав гуребги бажари т1ок1ав летчик-испытатель к1иго меседил медаль щварав Ах1мадхан Султ1анги, - гьеб кола ракъдадаги, зодибги, лъелъги гьит1инаб Дагъистаналъул рагъухъабаз к1удияб лебаллъи бихьизаби.

Дагъистан к1одо гьабун ч1ух1изабулел жеги г1емерал ишал ккун ратила доб рагъулъ…

Г1ажаибаб, зах1матаб бах1арчияб рагъул нух нахъа тана Салгереев Сайдула Салгереевичас 1918 соналъ Алмахъ росулъ гьавурав. Рагъ башлагьун г1емер заман инелде рагъде ккарав гьев г1иц1го 1947 соналъ гурони рокъове щвеч1о. Доб рагъул вах1шилъиялъул, 7 соналъ щибниги дуниялда яшав гьабизе щвеч1ого араб г1умру жакъаги рек1еда къан бицуна гьес. Рагъ лъун хадубги Германиялдаго хут1ана гьев вук1араб рагъулаб часть. Цинги кидаяли хадуб Совет х1укуматалде бит1араб гьесул часть Старый город абулеб бак1алъе ккана. Гьениб гьазул цо къадар г1уц1ула бугеб спецротаялде ккола ва гьеб Москваялде бит1ула. Гьедин рагъ лъун хадуб 1947 соналде щвезег1ан Сталинил охранаялде бугеб гьеб спецротаялда хъулухъ гьабурав Сайдулаца жиндирго рагъулъ ккараб щинаб жо мукъсанго гурони жиндирго цересел г1ага божарадецин бицинч1о. Гьелъул г1иллаги бук1ана, доб Сталинил охранаялда вук1аго гьабураб «подписка о неразглашении». Чанги гьав лъалел щиназ гьеб анкьго рагъулгун хадусел соназ мун кив вук1арав, жанив т1амун г1аги гуриш вук1аравилан гьикъидалги, уянги абун махсароялдалъун къот1изабулаан гьес хабар. Нахъа Совет х1укумат биххидал, г1ага-божараца гьесул раг1арал цо-цо жал гьикъун мух1кан гьаризе бокьун, х1укумат биххун бугин гьанже бокьараб бицине бегьулилан абуниги, Сайдулаца жаваб кьолаан, х1укумат бихханиги жиндир рак1ги живги риххун гьеч1илан.

К1удияб Ват1анияб рагъ бергьун 60 сон т1убаялда бан цо-цо суалазе жавабги кьолаго гьес бицараб жо хъвалеб буго.

Абизе кола 86 сон барав Сайдулада г1емераб жо к1очон бук1инариш гьесда!...

К1удияб Ват1анияб рагъ башлагьилелде Казбек районалдаса дунги Хубаралдаса Дациев Расулги рук1ана рит1ун ц1ализе Воронежалде НКВДялъул школалде. Гьенир ц1алулеб мехалъ башлагьана К1удияб Ват1анияб рагъги.

Москваялде гьабулеб немцазул гьужум Воронежалде г1агарлъун, гьениб бихха-хочи ккана. Нижер ц1алулеб бак1ги гьедин къана.

Бицине кола рагъ башлагьарал т1оцересел къояздаса школалъул лъималаздегицин рагъул иш т1ад ч1ун малъулеб бук1ана… Гьеб НКВДялъул школаги къана, тезе ккана ц1алиги. Солдатал, армия гьениса нахъе къазе ккана. Дунги гьеб НКВДялъул школалъул ц1алдолелгун рагъул халкъгун цадахъ Воронежалдаса хехго нахъе лъвине ккана. Анц1ила щугог1анасеб къоялъ цо сордоялъцин кьижизе щвеч1огон хехго рилъине ккана. Х1ат1ал рук1ана ч1ах1иял бидул пинкьал, пулал рахъун унтун. Гьабизе жо т1аг1ун к1векьмахалъ гьел къот1ун лъамалъи жаниса биччан рилъине кколаан… Гьединаб г1азабалъ ине ккана гьениса. Нухда ратулел рук1ана росабалъе щведал, г1аданиял г1урусазул росдал г1адамаз гьабулеб бук1араб хъулухъ щибха. Бугеца бугеб квен кьун нухда т1ирит1улаан. Гьезул лъик1лъи нилъер армиялъул халкъалдехун бук1араб рек1ел гурх1и жеги к1очонаро дида…

\Харбилъ цо чанго нухалъ т1ад-т1ад вуссун Сайдулаца рак1алде щвезабун бицана дол рагъул нухазда данд ч1валел рук1арал г1урусазул, белоруссазул росабазул г1адамазул гьезул нилъер солдатаздехун бук1араб гьуинлъиялъул гьез гьабулеб бук1араб т1алабалъул.

Кидаяли нахъа Алмахъалдаса гочун Кизляр районалде ккарав Сайдулал мадугьалихъ рук1ана рагъул заманаялъ жидер-жидер рукъзал рехун тун гьанире гочине ккарал г1урусазул хъизаби: Дуся, Аниса, Иван. Бичун рахь босизе гьасухъе рач1индал, гьезухъа г1арац босич1огон кьеян т1ад къалаан гьес жиндирго хъизаналда, ккаралъуб гьезие кумек гьабулаан. Жакъаги абула гьес г1урусазул цо Аллагьасе паризаяб как бан гурт1и гурони щибниги камураб жо гьеч1илан…\

Гьедин Воронежалда ц1алулеб бак1ги къан ккана дун гьеб армиягун рагъде. Белорусский фронталъул лъабабилеб армиялъул 43-абилеб стрелковый полкалда гъорлъ вач1ана тушманасде данде. Дун вагъана Калининский, Смоленский мухъалъ, Белоруссиялда, Литваялда, Польшаялда. Лъукъана ункъо нухалъ…

Медперсоналалъ жидее гьабулеб бук1араб г1ажаибаб рак1-рак1алъулаб хъулухъалъул бицунаго Сайдулаца бицана, эбелалъ лъимадул гьабулареб бук1ун батилила жидее гьез г1адинаб хъулухъ. Гьурмада щвараб ругъуналъ нилъазул х1амаги хъуризабун кваназе к1оларого вук1анила жив, медсестраялъ гьелъие жиндего квание кьолеб бук1араб рахь, гъорлъе чедги бич1ч1ун, жиндир к1алдибе т1олаанила. Киг1ан гьараниги дир квенги дида кваназе к1олеб гьеч1ониги гьелъ жиндего тезабизе к1веч1ила, квинч1ила. Доб дир квен цоги лъукъаразе кьезе кколаанила. Гьедин т1ад ч1ун хъулухъ медсестраялъ сахлъаниги ц1акъго х1алакъ вук1ин жив цоги живго г1адиналгон Белоруссиялъул цо росолъе рит1анила, гьез хьихьизе. Жидеде абунила доре рит1улаго, нужее квен росдал г1адамаз кьезе бугин, нужецаги цо-цо бажарараб жо гьабун кумек гьабейила дозиейилан. Гьедин ракьа-гьан къвак1ун сахлъизег1ан эргадал жал хьихьанила гьеб Белоруссиялъул г1адамаз. Гьезда жал кколаанила жидер рагъда ругел эмен, вас, вацаллъун жидеего гьеч1еб г1ураб ниж солдатазе балагьун, т1ад ч1ей гьабулаанила. Эргадал рачунаанила гьез жал рокъоре ва цониги гьеб Белоруссиялъул росдал чияс жидедехун рази гьеч1еблъи загьир гьабич1ила…

Сайдулаца г1ахьаллъи гьабун буго чанги г1асиял рагъул операциязулъ. Гьев вук1ун вуго танказде данде кьвагьулеб пулемет х1алт1изабулев чи. Т1аде рач1унел немцазул танказги, т1асан роржунел самолетазги т1оцебесеб эргаялда гьединаб ярагъ кодоб бугев чиясде т1оцебе кьвагьулаанила.

Хадуб снайперлъунги, минометчиклъунги вук1ун вуго. Сайдулаца бицана гьеб минометчиклъи батанила жинда цогидазде данде дагьабгоял х1алхье бугеб. Амма армиялъул разведка бук1анила жужах1алъул ц1аг1анги зах1матаб, рокьокъаб. Лъукъигицин бигьа бук1анила бот1рода аск1осан роржунел гулбузул пишт1иялдаса.

Разведкаялда ругел чаг1азул нахъе хут1улароанила, к1удиял камиял ккун. Развекаялде инаго щибниги к1алъазе бегьулароанила, г1иц1го квераца ишан гьабун гурони. Цого цо данде рак1аризе х1ал ккани ишт1улаан.

Дир каскаялда щвараб гулил кьабиялъул кутакалъ каска бихъизабун гьелъул кескал рук1анила бот1ролъ къан. Гьелъул зах1малъи, унтиялъ жинда кколаанила доб гулица каскаги гьеч1огон бет1ер к1и борлъун бук1арабанийилан. Г1ажаибаб къаг1идаялъ гьеб разведкаялдасаги хвеч1огон ворч1анила жив. Чанго нухалъ немцазул «языкасда» хадуб бит1араб разведчиказул взводалъул киналго ч1ван цох1о жив гурони нахъ вуссинч1огон бук1унаанила цадахъ немцазул дов жидеца ккурав «язык» вук1инч1евани командирзабазул чанги щаклъиги, гьезул рак1азде жиндехун квешаб жо жиндехун ккезе ресги бук1инаанила.

-Цо нухалда гьединго немцазул «язык» кквезе рит1арал взводалъул цох1о дун хут1ун, лъукъарав немцавги вачун щвана нахъе. Гьев «язык» хунги ватун, берцин х1ухь бахъизе щвеч1огон нахъеги вит1ана цоги взводгон цоги дов «языкасда» хадув разведкаялъ…

Цоги нухалъ жал разведчиказул анкьояв щванила г1адан чи жанив хут1ич1еб цо росолъе сваканги къеч1онги ях1 хун ругел жидеца гьениса лъин гьекъанила. Жидедеяли абулаанила гьединал бак1азул иццазде загьро бан бук1унилан. Амма къечеялъул кутакалъги гьанибег1аги немцаз загьро бан батиларилан рак1алде ккеялъги гьекъанила жидеца гьеб лъин… Гьенив отравить гьавурав жинца лаг1анила г1емераб би, гьедиг1ан г1емераб бигийищ бук1унебищиланцин кколаанила рак1алде… Моц1ги башдабги рагъул тохторзабахъ вегун банила жинца сахлъизег1ан. Гьедин х1алакълъун вугев жив разведкаги тун цогиялъуве кканила, гуребани жив ч1аго хут1изе рес бук1инч1ила, разведчиказул чи халат хут1улароанила рагъулъ…

Цоги к1очонарила. Май моц1алъул къоял рук1анила. Жидеда лъазабунила 100 км. тун цере турк1изе кколилан гьеб сордо-къоялъ, гьелъие Сталинил приказги бач1ине бугилан… Гьедин рагъулаб сообщение кьунила жидер ротаги рехсон, гьез \нижеца\ доб къоялъ 110 км. нахъа тун цере анилан…

Кутакаб дисциплина бугеб, бит1а-бишун кьижизе щолареб бак1 бук1анила жидер. Нагагьлъун посталда ч1аралъуб ярагъ г1одоб лъун, гьеб кодоб гьеч1огон, ялъуни кьижун ккун ватарав чиясе г1емерал сонал кьун жанив т1амун ялъуни ч1вай гуреб жо бук1инч1ила… К1иго - лъабго къоялъ квен щвеч1еб мехги бук1унаанила.

Гьединаб кутакалда зах1матаб рагъулаб заман бук1анила. Чанго чи гьеб х1ехьезе к1веч1огон жалго жедецаго ч1варал ишал кколаанила, рагъулъа лъутарал кколаанила…

Сайдулае рагъ лъун буго Германиялда Ростокалда аск1об бугеб Борти абулеб бак1алъ. Амма рагъ лъун хадубги гьев армиялдаса рокъове виччан гьеч1о, гьазул часть Германиялдаго тана лъик1аланго мехалъ. Рокъове виччан гурт1иялъул г1илаги бук1ана ригьалъе к1удиял цереги риччан, г1олохъанал нахъе тун. 1918 гьавураб сон Сайдулал мекъса ккун бук1ана 1922 абилеб сонлъун хъван. \Нахъани, архивалдасан гьеб мух1кан гьабизе рес ккана\.

Гьеб жидер часть бугеб бак1алда аск1об цо росолъ ватанила жинда инвалидлъун лъварав цо немцав. Гьес бицанила доб рагъ унеб мехалъ г1урусазул цо росолъе вит1анила жив гьениб г1адамазул боц1и бахъизе. Жидер офицерас абураб гьабич1огон нахъ русине бегьулароанила. Цо ч1ужуялъ жиндир г1ака бачинч1огон жий ячейин бокьаралъуеян гьаранила г1одилаго жинде… Г1ака гьеч1огон доб рагъулъ ругеб бак1азда ракъоца хве гуреб жо бук1инч1ила…

Немцаздаса нахъе къалаго нилълъерацаги, нилъерал цере инаго немцазги цоцазе щвезе теч1огон росабалъ г1адамазул боц1и бахъун, ч1ван гьабулаанила.

Хадуб цо мех индал нилълъерго х1укуматалъул Старый город \горы\ абулеб бак1алъе рит1анила жал. Гьенирги дагьаб заманаялдасан жидеда гъорлъа рищун солдатазул цо рота г1уц1анила. Гьеб спецротагун жив вит1анила Москваялде. Жидер ц1ияв командирги вук1анила цебе бук1араб жидер ротаялъул командирлъун вук1арав г1урусав. Гьедин кканила жив Сталин, гьев вугеб бак1 ц1унизе тараб гьеб спецротаялде. Жидеца хьихьулеб бак1 бук1анила 70 сотых бугеб г1анасеб бак1.

Жидеца хьихьулеб 70 сотых г1анасеб бак1ал бук1араб гьеб рукъалда гъоркь бук1ана щугойиш анкьойиш этаж ракьулъги. Гьениб гъоркь ц1аги ккун лъик1аланго чаг1и воениял хъулухъчаг1и рух1и к1очонарила…

Кин жив дагъистанияв, маг1арулав гьениве ккаравила гьикъидал гьес бицана, жив анкьго соналъ цо нухалъгицин гауптвахтаялде ккеч1илан, дисциплина, г1адло ц1унарав чи вук1анила жив. Гьеб ротаялдаса цо офицерас киса щив вук1ин жив лъадал, мун кинин гьаниве ккаравилан гьикъидал жинца гьесухъе жиндирго военный билет кьунила. Гьенир ругел хъвай-хъваг1иял ц1алун, бет1ер к1ибик1анила гьес, дир рагъулъ бук1араб ах1вал-х1алалъул лъадал. Цоги дица абула кколеб къаг1идаялъ командираз абураб жо гьабуни г1адло ц1унун ругони дол командирзаби нилъедехун жидерго хъизан чаг1аздег1ан лъик1 рук1уна…

Гьеб Сталинил охранаялда дица бана цо сонги бащдабги. 1947 соналъ демобилизовать гьавуна. Гьениса унеб мехалъ ротаялъул командирас гьарулеб бук1ана рокъове унгеян, щибила дуда гьениб бихьилеб. 7 соналъ эбел-эмен рихьун гьеч1ин жиндайилан абидалги, цо моц1 отпускги босун ун вач1ине бегьулин муниланги абулеб бук1анила. Кинго рокъове ц1анила жив рак1алъ. Риччан рокъоре инаго жидеде абунила ножее рак1алъе бокьараб халт1и щолебин ножее рокъоре щваралъуб. Унго-унгоги рокъове щун хадуб цо чанц1олго НКВДялъул начальствоялъ ах1ун бат1и-бат1ияб хъулухъазул х1алт1абазде лъуг1айилан абулаанила…

Хадуб дагьаб нахъа Ставрополалда авлахъалда харбуз бекьун вук1анила жив. Доб Москваялдаса жив Сталин вугеб бак1 хьихьун вук1араб мухъалъа цо г1урусав вук1анин вач1ун харбуз босизе. Гара-ч1валилаго жив кив вук1аравали лъаравго гьев тамашалъанила, мун гьанив щибулайиланги абун, щай дуего лъик1аб хъулухъ т1алаб гьабич1ебилан…

Сталин вихьулаанищилан гьикъидал Сайдулаца бицунаан телефоналъуса к1алъалев раг1улаанила, ч1ах1иял хъулухъ чаг1и данде рак1араралъурги гьезда гъорлъ нилъ цоцалъ к1алъалелг1адин раг1улаанин гьезда гъорлъ Сталинил к1алъай.

\Сталин къват1иве лъугьунеб бак1 цо бук1анила, жанив лъугьунев бак1 - бат1ияб бук1анила\. Ина-вач1инаго вихьулароанищан гьикъидал Сайдулаца абуна гьев унев, вач1унеб бак1 ракьуде гъоркьан бук1анилан.

РАГ1УДА ХАДУБ.

Салгереев Сайдула вук1ана г1олохъанаб мехалъ кутакалда къуват бугев чи, абула рагъ лъугьун хадуб, кидаяли нахъа, Алмахъалде рокъове нахъ вуссун хадуб цо заманаялъ нарт баччулев чи вук1анила гьев. Оцазул гьакида 200 кг. жаниб унеб маххул черма нартил ц1ун вач1инаго, гьеб гьакидаса хъушт1ун гъоркье бортун кумекалъе чи ах1ич1огон жинцаго гьакиде т1аде бахъанила гьес гьеб нартил ц1ураб черма…

Рагъдаса вач1ун хадуб цо дагьалго соназ НКВДялъул мухъиллъи х1алт1ун вуго Сайдула. Гьанже гьесул буго 86 сон, цогидал К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьал чаг1адаго г1адин гьесдаги г1емараб жо к1очон батилариш. Сайдулал вацасул вас Г1умаров Адильгереца \адвокат\ бицана, цере арал соназ бат1и-бат1иял, чи божизе зах1малъулел г1ажаибал жиндирго рагъулъ ккарал рак1алде щвеял харбал рицунаанила гьес.

Амма г1иц1го к1иго саг1аталъ нижгон гара-ч1варараб гьоркьоб бак1алда рагъулъги, рагъда хадубги ккараб чан жоха гьесда бицине рак1алде щвелеб бук1араб. Къват1иса рач1арал чаг1азул т1оцебе нижее бицараб хабар кола Сайдулал гьаб…

Нижеда рак1алде кколеб буго г1ажаибаб рагъул нух нахъа тарав, кутакал зах1малъабалъ къуркьизавизе к1веч1ев Сайдула ва гьев дагъистанияв охранаялде ккеялда нилъ ч1ух1изе кколеб иш бугилан. Нилълъер Таварих гьединаз к1одо гьабизе бугилан. Цин цо заманаялъ к1одо гьавун, хадуб заманаялъ г1одове гьавун, вицунев Сталин охранаялде милаталъухъ г1ин т1амич1огон, рагъулъ бах1арчилъи, лебаллъи, г1адлу-низам ц1униялъухъ балагьун рагъухъаби росулел рук1ин бихьулеб буго.

С.Г1. Салих1ов.

Х1.Р. Х1ажимух1амадов.

30.06.05с.