forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
29
Июль

Подбор статей об участниках ВОВ

Добавил(а) Administrator on 29 Июль 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Рагъухъанасул бахIарчияб нух

Нилъер улкаялде рагъулаб хIинкъи тIаде гIагарлъараб 1940 соналъ цоцада хадур кьерал гьарун БагIараб Армиялде унел рукIана районалъул гIолохъабазул къукъаби. 13 сентябралда Дилималдаса Халунбеков Сайгидашим, Гъайирбеков Темиргере, Алмахъалдаса Нуцалханов ХIасан, Илясов ХIабиб, Атаев Набигун Батайскиялдасан рикIкIадаб Бакъбаккуде къотIана рагъухъабазул эшелон. Нуцалханов ХIасанида ва цогидал рагъухъабазда цебе лъураб масъала букIана Япониялъул тIаде кIанцIиялдаса Бакъбаккул тIорхъаби цIуни. Мухъилав кьвагьдохъан гъорлъ вугеб 156 хасаб батальон тIадчIун хIадурлъулеб букIана рагъулаб ишалъе. Гьеб батальон гъорлъе унеб 57 механизмаздалъун хьезабураб бригада букIана округалдаго рагъулаб хIадурлъиялъул рахъалъ лъикIазул кьеразулъ.

1942 соналъул ахириял моцIаз фашистазул Германиялъул бутIруз масъала лъуна Сталинградалда ва Кавказалда тIад кверщелги гьабун улкаялъул центр Бакуялъул нарталдаса махIрум гьабизе. Гьеб мурадалъе гIоло немцаз рагъулъе цIана бищунго гучал дивизиял, аза-азар танкаби, самолетал ва цогидабги рагъулаб техника. Советазул Союзалъул командование, гьеб хIисабалдеги босун, хIажатаблъун ккана рикIкIадаб Бакъбаккудаса Сталинградалде рагъуе хIадураб кадрабазулаб армия рехизе. Гьелъул кьеразулъ букIана ХIасаница хъулухъ гьабулеб, хадусан гвардиялъулаб цIаралъе мустахIикълъараб 333 кьвагьдохъабазул полкги. Рагъулъ бихьизабураб бахIарчилъиялда ва бажариялъе гIоло ХI. Нуцалханов тIамуна кьвагьдохъабазул отделениялъул командирлъун.

1943 соналъул февралалда ХIасан тIоцебесеб нухалда лъукъана ва къокъаб заманалда госпиталалде ккана. Сахлъун хадусан 54 хасаб соперазул батальоналъул кьвагьдохъабазул отделениялъул командир Нуцалхановасул бахIарчияб рагъулаб нух ана гIемерал шагьаралги росабиги эркен гьарулаго Сталинградалдасан байбихьун Полтава-Киевалдасан Румыниялде, Венгриялде, Австриялде.

1943 соналъул августалда тушманасул гуллица ХIасанил ракьагун гIигъеж борлъана. Ругъун букIана захIматаб. Сахлъун хадусан гьес байбихьана тушманасдасан цIидасан къисас босизе. ХIасанил рекIелъ асар гьарулеллъун хутIана Венгриялда Балатон хIоралда сверухъ ккарал хIалуцарал рагъал. Гьенив ХIасан тIадагьго лъукъана, амма заман инелде рагъулъе лъугьана. Гьесул анишлъун букIана тушманасдаса ахиралде щун къисас боси.

1945 соналъул апрелалда ВатIанияб рагъул ахирисел къояз ХI. Нуцалхановас хъулухъ гьабулеб дивизиялъ Австриялъул тахшагьар Венаялда тIад кверщел гьабуна.

Ахириял рагъазулъе ХIасан гIахьаллъана снайпер хIисабалда ва гьесул гIужда речIчIарал гулбуз чанги тушманасул рагъухъан халаса лъуна.

Рагъулъ бергьенлъи босун хадуб ХIасаница хъулухъ гьабулеб дивизия рехана Ираналъул Тебриз шагьаралде ва гьениса рокъове тIадвуссана «БахIарчилъиялъе гIоло», «Вена босиялъе гIоло», «Будепешт босиялъе гIоло», «Сталинград босиялъе гIоло» ва цогидал медалалгун.

ХI. Нуцалхановас бищунго хирияб хазинагIадин цIунун руго И.В.Сталинил баркалаялъулал кагътал: 1945 соналъул марталъ Балатон хIор босиялъе гIоло, 1945 соналъул 29 марталъ №346 Австриялъул гIорхъоде щвеялъе гIоло, 1945 соналъул 3 апрелалъ №324 Вена шагьаралде гIагарлъиялъе гIоло, 1945 соналъул 13 апрелалъ №334 Вена шагьар босиялъе гIоло кагътал.

БахIарчияб, рагъулал гьунараз цIураб халатаб нух нахъа тана Сталинградалдаса Венаялде щвезегIан Алмахъалдаса рагъухъан, цIадулав патриот ХIасан Нуцалхановас.

Рагъдаса хадусел киналго сонал ХIасаница кьуна гIагараб колхозалъул магIишат цебе тIезабиялъе. Гьанже 80 сонил гIумруялде вахарав ХI. Нуцалхановас жигараб хIалтIи гьабула гIун бачIунеб гIел ВатIан бокьулеблъун куцаялъе.

Расул Идрисов

Ронтовик Халимбеков Расул

КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьилелде жинда жаниб ункъго колхоз букIараб Алмахъ росулъа 300 ялдасаги цIикIкIарав чияс гIахьаллъи гьабун буго гьеб рагъда. Гьезул гIемерисез гIумру кьун буго ВатIан цIунулаго. ГIагараб росулъе тIадрусаразулги цIакъго дагьал хутIун руго. Гьединазул цояв, Халимбеков Расулица армиялда хъулухъ гьабизе байбихьана жеги рагъ бащалъилелдего. 1941 соналъул январалда Дальний Востокалда. Хъвай-цIали лъаларев, гIурус мацIалъулги цIакъго дагьаб гурони бичIен гьечIев магIаруласе захIматго букIана рагъулаб ишалъе ругьунлъизе. Хъулухъ гьабизе бабйихьун буго 354 кьвагьдохъабазул полкалда ва 1385 зенитчагIазул артилериялъул часталда. ЛъикIаланго заманаялъ тIубазабун буго поварасул хъулухъги. ЦIадулал рагъун нухаздасан унаго Расулида бищунго ракIалда чIарал рагъазул цояб ккола Берлин босиялъе гIоло гьабураб рагъ.

- Жанибе лъин баккараб хандакъги букIун, гьелдаса цIунизе цIул-хъарщи балагьизе сверухъе арав дун вихьун вугоан тушманасда, гьез рачIараб гIарададул гула дида цебеги кьвагьун, гьелъул карачелалъ дун лъикIаланго манзилалъ довегIан рехана, гIажаиббаб талихIалъ чIагоги хутIун, хехго хъурщун дирго хандакъалъув тIепана. «Халимбеков чIвана» - ян абулеб рагIунаан гьалмагъзабазин ракIалде щвезабуна фронтовикас. ХIакъикъаталдаги, рокъобе хабар битIун букIун буго Расул рагъда чIванилан.

Рагъда хIинкъи-къай гьечIев ва лебалав рагъухъан хIисабалда Расул восула партиялъул кьеразулъе. ЦохIо гьеб хIужаялъги бицуна гьев рагъда кинав вукIаравали. Командованиялъ кьурал рикIкIен гIемерал баркалабигун медаль – килисаз керенги цIезабун. 1945 соналъул октябралда вуссана фронтовик гIагараб росулъе. «Бергьенлъи» колхозалда Халимбеков Расулица тIубазабичIеб чIегIераб-хъахIаб хIалтIиго хутIун батиларо. Рагъда гуребги, ракълилаб гIумруялдаги гаьбуна Расулие хвалица «Махсаро». Гьалмагъгун сапаралдаса рокъоре рачIинаго данде бачIунеб автомашинаялъе нухги тун довегIан къарав Расул тIадегIанаб вольтаялъул токалъул тIун гIодобе далараб квариде тIаде ккола. Жиндаго хъварабго токалъ гьев довегIан рехула ва лъавудаса уна. КIудияб ругъунлъун батула кванараб гъежалда. Рагъдаго гIадин, Аллагьасул хIалкIолъиялъ хвечIого чIаго хутIула.

ЦерегIан соназ хвана Расулил лъадиги. ХутIана лъималгун живго. Хадусан гьарурал ригьназулги битIго ккечIо. 90-ялдасаги цIикIкIарал сонал ругониги сах-саламатаб чIаголъиялдаги вуго. Хуриб-къватIиб жиндирго кIодолъиялда рекъараб хIалтIиги, гьабула. БачIуна мацIие 1948 гъурущ пенсияги.

- Тамахьо цIай таралдаса лъикIаб чIаголъи лъугьана черхалъе. Тамахьойилан абуни гьес лъимерлъиялдасаго цIалеб букIана. ЦIар кIудияб – вас. цIоб кIудияй ясилан абула алмахъаз. Гьелъухъего цIар кIудияб Расулил вас гIумру – яшав гьабун рикIкIадегIан вуго. ЦIоб кIудияй яс – Зулайхаь инсул, рагъул ва захIматалъул ветеран Халимбеков Расулил тIалаб-агъазги, гьабун йиго.

МухIамадкамил ЛахIитов,

Калинаул росу

Фронтовик Мирзаханов

КIудияб ВатIанияб рагъда гIахьаллъарал алмахъазул Калининаул росулъ жакъа чIаго вуго ункъо чи. Гьел ккола Чичилбиев ИсхIакъ, Халимбегов Расул, Динаев Мухтар ва Мирзаханов Хайрудин.

Лъимерлъудаго къо бихьичIо Хайрудинида. Гъачагъаз эменги чIван бесдаллъараб мехалда лъабго сон бараб лъимер вукIана гьев.

ГьитIинго байбихьана гьесул захIматалъулаб гIумру. Росулъ цIи гIуцIараб колхозалде хIалтIизе лъугьун байбихьана гьес жиндирго гIумруялъе жиндицаго кьучI лъезе. ХIалтIуе гIедерав ва цIодорав гIолилав хурул бригадирлъун тIамуна.

1940 соналда Хайрудин БагIараб Армиялде тIадаб рагъулаб хъулухъ гьабизе ахIула. МацI лъангутIиялъги хъвазе-цIализе лъангутIиялъги байбихьуда захIмалъаби дандчIваниги вакIа-вахариялъги гьесие кумек гьабуна армиялъулаб гIумруялде ругьунлъизеги, рагъулаб иш лъазабизеги.

Хайрудиние рагъ бабйихьана Эстониялъул тахшагьар Таллинналда гIагарлъухъ. Мухъилав рагъухъан Мирзахановас тIубараб роценалда гьекъезе ккана вахIшияб рагъул кьогIаб лълъар.

Дун щвезе араб къоялъ Хайрудин рокъов живго ватана. Гьанже гьесул гIумруялъул 90 сон буго. Рагъда хIехьезе кканщиналъги ракълилаб гIумруялда гьабураб цIакъго гIемераб хIалтIиялъги гьанже гьесул черхалъул цIакъго тату хун буго дагьлъун буго беразул канлъи мукъсанлъун буго рекIел цIодорлъи.

Хабар-кIалалда рукIаго цохIо рагъда бихьанщинаб гIеларищан дица абидал, гьелъул бицун лъугIинарила, пайда гьечIилан квер хьвагIана Хайрудиница.

ВуцIцIун чIчIунги вукIун Хайрудиница цо рагъулаб лъугьа-бахъин ракIалде щвезабуна. Команжованиялъ жидеда цебе масъала лъунила немцазул кIудияб къуваталъ щулаго ккураб цо борхалъиялда кверщел гьабизе. Бабйихьула гьужумалъ ине. Гьеб рагъ Хайрудиница автоматалъул иргаги биччан, тушманасул офицер ва чанго солдат чIвала. Офицерасул чвантиниса документалги росула. Нилъераз борхалъиялда кверщел гьабула. Гьеб рагъулъ бихьизабураб гьунаралъе гIоло Хайрудин «За отвагу» медалалдалъун кIодо гьавула.

ЦIадулал нухаз гьев вачана жинда бащадаб цойги букIинчIеб Сталинградалъул рагъдеги. Цин рагъазда, цин госпиталазда ана гьесие тIолабго рагъ.

Ахирисеб рагъда захIматго хIетIе лъукъарав Хайрудин нахъеги госпиталалде ккола. ЗахIматабгун бигьаяб 11 ругъун черхалдагун, тIадвуссана гьев 1945 соналъул хаслихъе.

Ругънал сахлъаралго гьес гъуждул гурун гIагараб колхозалда хIалтIизе байбихьана. ХIалтIана маххул къебедлъун цIулал устарлъун, харухъанлъун бакIал ралевлъун. Гьабуна хъаравуллъиги.

Хайрудиница кидаго киридахъ росдал гIадамазе жинибер, харицел, лъен, кьохорохо, газа, нилъ гьари ва къачIай ругьунаб иш букIана. ЗахIмат буго гьесул меседилал квераз габунщинаб хIалтIул хIисаб гьабизе. Хайрудинил кIвахI гьечIеб ва ракIбацIцIадаб захIмат кIодо гьабуна гIемерал баркалабаздалъун, сайгъатаздалъун. Рагъул ва захIматалъул ветеран Хайрудин Мирзаханов ккола микьго орден-медалалъул бетIергьанчи.

Узухъда гIемераб рухIиги бихьана гьесда. Хвана кIиго вац, лъади нагагьаб балагьалдалъун гIумруялдаса ватIалъана лъади ячун моцI бачIев вас. Гьеб кинабго гьес хIехьана бихьинчиго сабруялда.

Лъималаз лъикIаб тIалаб-агъазги гьабун, моцIие 3400 гъурущ пенсиялъулги босунАллагьасе какалги ран, берцинаб херлъиялда вуго Хайрудин. ТIадегIанасе кидаго пикру гьабула гьес.

Чияс киданиги гьересиги бицине бегьуларила, цо бугониги махщелги лъазе кколила чарагьечIеб жо бугила киназего гIаммаб гIурус мацI лъайгийилан рикIкIуна гьес.

МухIамадкамиль ЛахIитов

Лъабго нухалъ «хварав»

Казбек районалъул Калининаул росулъа ХIалибегов Расул тIадаб рагъулаб налъи тIубазе ахIана 1941 соналъул январь моцIалда. ТIолабго улкаги къотIун гьевги гьесул гьудул-гьалмагъзабиги рачана Дальный Востокалде. Хъвай-цIалиги гьечIев, къатIрацин гIурус мацIги лъаларев Расулие хъулухъ гьабизе хасго захIмат букIана тIоцересел моцIаз. Дагь-дагьккун ругьунлъана рагъулаб низамалде.

Жакъа Расулида ракIалда гьечIо КIудияб ВатIанияб рагъул соназ живго щварал бакIал. Амма ракIалда буго 1942 соналда жинца хъулухъ гьабулеб букIараб часть Сталинград бахъиялъулъ гIахьаллъиги Берлиналде гьабураб гьужумги. РакIалда буго жинцаго хъулухъ гьабулеб букIараб 354-аб. кьвагьдохъабазул полкалдаги 1085-аб. зенитчагIазул артиллериялдаги рукIарал цо-цо рагъулал гьалмагъзаби. Дагьабго заманаялъ ХIалимбегов вукIун вуго богогьанлъунцин.

- Дол рукIана Берлиналде гьужум гьабулел къоял, - илан ракIалде щвезабула Р. ХIалимбеговас.

- Жанибе лъим баккулеб хандакъги букIун, гьелдаса цIунизелъун тIад гIодов чIезегIаги сверухъ хъарщи-цIул батилародаян къватIиве арав дун вихьарав куц буго тушманасда. Циндаго аскIоб бихьираб гIарададул гуллаялъул карачелалъ дун довегIан рехана, амма талихIалъ щибго лъугьинчIого дирго хандакъалъуве хъурщана. ХIалимбегов чIванилан абулеб рагIана гьалмагъзабаз.

Гьедин рокъобе кагъатги бачIун букIун буго гьев рагъда чIванилан. ХIинкъи-къай гьечIев ва лебалав рагъухъан хIисабалда, Расул рагъда восула партиялъул членлъун… Командованиялъ кьурал рикIкIен гIемерал баркалабигун, медалал-орденаз керенги цIезабун, 1945 соналъул октябралда тIадвуссана гьев гIагараб росулъе.

Росдал колхозалда гьес гьабичIеб чIегIераб-хъахIаб хIалтIи хутIун батиларо. Рагъдаго гIадин, ракълилаб гIумруялдаги ккана Расулил гIумруялъе хIинкъи бугел, божизе захIматал лъугьа-бахъинал. Цо нухалъ сапаралдаса гьалмагъгун цадахъ рокъове вачIунев Расул, нухда данде бачIунеб машинаялъе нухги тун цояб рахъалде лъугьунаго хъвана тIун гIодобе бортараб, цIикIкIараб къуваталъул токалъул кварида. Жиндаго лъачIого гьев токалъул къуваталъ кодовеги вачун гIодов речIчIула ва лъавудаса уна. ГIакълу-лъаялде вачIиндал тIадеги къулун гIодулев гьалмагъги ватула. Квешго унтулеб букIана кварнаб гъеж, рихъ-рихъизарун ругоан хIатIазул ва кверазул килщал. Амма гьев чIаго хутIула.

Цоги нухалъ колхозалъул рецарухъабазе квенги босун щварав Расул гьелгун кваназе гIодов чIола. ХIанчIараб гьанада цадахъ кIалдибе ккола кьужнаги. Гьелъ хечги къазабун, мацIги гьорон, хIухьелги къотIун, гьесда кIалъазе кIвечIелъул, гьалмагъас ахIи бала Расул «хванилан».

Гьелдаса хадуб цо гьалмагъас гьесие махсаро гьабун бугоан гIарадаялда чIвазеги кIвечIев, токалда хвезавизе бажаричIев гьев кьужнайида доб дунялалде витIизе кIвелищилан. ЦерегIанго соназ хвана Расулил лъади, лъималазул эбел. Расулил гIумруялъул сонал 90-ялдаса тIаде ана. Жакъа къоялдаги гьев лъикIаб чIаголъиялда вуго. Хур-хералда ва цогидалда квал-квадун, хIалтIи гьечIого чIунги вукIунаро. ЦIар кIудияв вас, цIоб кIудияй ясилан абула алмахъаз. Гьелъухъего, цIоб кIудияй яс Зулайхатил лъикIаб-тIалаб агъазалда вуго гьелъул эмен, рагъул ва захIматалъул ветеран, пенсионер ХIалимбегов Расул.

МухIамадкамил ЛахIитов,

Казбек район, Калининаул росу

ГIумруялъул захIматал сверелал

Асирасул къисмат

КIудияб ВатIанияб рагъул хIакъалъулъ ракIалде щвезабулаго гьениб советияв солдатас бихьизабураб бихьинчилъиялъул, халкъалдаго бихьизабураб къо хIехьеялъул, гьунаралъул хIакъалъулъ бицуна хIисабалда. Руго рагъулаб балагьалъул гъираго гьечIого ракIалде щвезарулел рахъалги. ГIемерал миллионазул гIумруялда тIасан гирараб гьелъул цIадулаб гьакикье ккаразда гьоркьор рагъул корониса чIаго рорчIаниги хадубги гIемераб гIакъуба бихьана асирлъуда ккаразда. Официалияб пачалихъалъулаб пропагандаялъ хиянатчагIилъун лъазарурал гьезул гIумру ана гьеб къабихIаб цIаралда гъоркь.

Гьелъулъ загьирлъана дунялалъул тIолалго халкъал талихIаллъун гьаризеян тIаде босаразда цебе жидерго улкаялъул гIадамазул гIумруялъул кигIан дагьабниги къимат гьечIолъи. Америкаялъул солдатасухъе рагъе унелъул кьолеб кагъаталда асирлъуде кканиги, кинал шартIаздаги гIумру цIунизе хIаракат бахъейин, мун Америкаялъе хIажатав вугилан хъван букIараб батани, нилъер солдатазде офицерзабаз, политруказ, генералаз малъулеб букIана ахирисеб гулла дуего теян ва асирлъиялдаса хвел тIаса бищеян. Асирлъуде солдатал батIа-батIайиса ккана. ХиянатчагIиги рукIана, лъукъун лъавуса аралги ккана.

Асирлъиялде ккана Алмахъалдаса Мусаев Насрулаги.

Цогидал росабалъ кин бугеб лъаларо, алмахъал кутакалда пачалихъалъулаб политикаялъул рахъ кколел чагIи руго. ГIицIго гьеб гIиллаялъе гIоло батунгутIизеги бегьула, асирлъуде ккараздехун гьезулги хасаб балагьи букIуна. Гьединазул лъималаздецин, ццим бахъараб мехалда, «предателал» абун рогьо бала.

Лъиде щиб абуниги, алмахъаз Насруладе квешаб рагIи абуларо. Гьев лъалелщиназ Мусал Насрулада яхI бащад гьабизе кIоларила, лъикIав бусурманчи ва къвакIарав бихьинчи вугилан абула.

Асирлъиялдейин абуни гьев ккана лъукъун гурев, агълъун гурев, - живго немцазул рахъалде ун.

Щайха гьеб гьедин ккараб? Сунца тIамурав магIарулав бихьинчиясе ничаб ишлъун рикIкIунеб асирлъиялде ине?

Кинаб къисмат гьесул букIараб? Гьел суалазе жаваб нилъее щола Калининаулалдаса нижер мухбир МухIамадкамиль ЛахIитовасул хъвай-хъвагIаял цIалараб мехалда.

Дагьаб цебегIан районалъул газеталда бахъун букIана жакъа ругел КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIазул сияхI Алмахъалдаса кIиго чи вугоан гьеб сияхIалда. Дида лъалаан гьениса Мусаев Насрула рагъда гIахьаллъаравлъи ва тамаша гьабуна гьесул цIар доб сияхIалда батичIеб мехалда. Цо дирго хъулухъалъ Алмахъалде ккарав чияс хIукму гьабуна Насрулахъе гьоболлъухъ ине, хабар-кIал гьабизе.

Росдадаса дагьабго батIа тIураб, гIажаибго тIабигIат берцинаб бакIалда, умумузул къагIидаялъ гIадатго бараб рокъоб гIумру гьабулеб бугоан Насрулацаги гьесул лъади Нузайратицаги. Дун гьез адаб-хIурматалда, цIакъ разиго къабул гьавуна. Квен лъугIизегIан цин нижеего тIураб тIагIамаб чайги гьекъолаго байбихьана гара-чIвариялде.

ГIумруялъул 93 сон баниги жеги бахилаб къамартIлъиялда вугев херасул бицине жо гIемер бугоан.

Насрула рагъде ана 1941 соналъул кватIараб хасалихъе. Рокъор тана гIолохъанай лъадиги гIисинал лъималги. Цо дагьаб мехалъ Грузиялда рагъулаб хIадурлъиялъул лагералдаги куцун, гьалмагълъигун цадахъ Керчь шагьаралда букIараб рагъде ккола. Чорхолъ витIарав ва къуватав гIолохъанчи Насрула пулеметчиклъун вукIана. Гьесул кумекчилъун вукIана Дилималдаса Атабаев Таймурад. Цо рагъулъ гьев кIиясго тIаде рачIунел фашистазул гIезегIанго чи ракьалда лъуна.

Рагъал гIемерал рукIана. Солдатасулаб гIумрудул захIмалъаби гIолилаз цогидазго гIадин бихьинчияб къагIидаялда хIехьолел рукIана. Амма къисматалъ хъван букIун буго немцазул асирлъуде хIажатавлъун гьавулеб ахIвал-хIалалде гьев ккезавизе.

- Кинабго байбихьана дир гьудуллъун вукIарав взводалъул командир цо рагъулъ чIваралдаса ва гьесул бакIалда цогидав вачIаралдаса, - ян ракIалде щвезабуна Насрулаца. – ТIоцебесев комвзвода кутакалда яхI бугев, бихьинчияб хасияталъул чи вукIана. Киве унев вугониги цадахъ дун гьечIого унароан гьев. ГIурусав гьевги вукIана, гьев хисун вачIаравги гIурусав вукIана. Амма ахирисев цIакъ магIна гьечIев чи ватана. Гьес тIоцебесеб къоялъго гьезде абуна немцал жиндир тушбаби гурила, жиндир тушбаби ругилан нацменал. Цойги нухалда хабар ккедал Насруладеги гьесул росуцояв Гъоймирзаев МухIамадидеги взводалъул командирас абула нуж чIаго рокъоре ине гьечIила, немцаз чIван хвечIони, жиндица гIакъуба-къварилъи бихьизабун хвезаризе ругила нуж.

Гьел гьадинго абурал рагIаби гуреблъи бичIчIине гIемераб заман хIажалъичIо. ХIакъикъаталдаги байбихьана багьана букIунги гьечIогоги гали бахъа-бахъаралъуб гьал гIодорегIан гьаризе, цогидаз гьабулареб гьабизе гьал тIамизе. Щиб ургъунги гьазие гьединги рагъда захIматаб гIумру хIехьезе кIолареблъун лъугьинабулеб букIана. Взвод кваналеб гIужалъ кIиявго дозоралда толаан. Дораса тIадруссиндалги, кваниде регIизе течIого цоги кинаб букIаниги тIадкъай кьолаан.

Цо къоялъ МахIмудица гьудуласде абуна гьадин жинда халат хIехьезе кIвезехъин гьечIин, жив штабалде гIарзалъ ине вугилан. Гьеб мехалде комвзводасул нахъегIанал ишаз ва жиндагоги бихьизабулеб букIараб инжитлъиялъ Насрулаги рас цIани кьвагьилеб хIалалда вукIана. Гьес гьудуласда абуна. «Гьас жиндицаго тIоцебесеб къоялъ кьураб рагIи щиб гьабунги тIубазабизе тIад босун бихьула. Амма штабалде унилан нилъее кумек щвей щакаб жо буго. Чедги лъингиян гурони гIурусалъ абизе лъаларев дун, дидагIанцин мацI лъаларев мун, дора гьасда божила нилъеда божизегIан. Кинаб букIаниги маслигIат ккезе бегьула, дагьабги яхI гьабун лъикI», - ан.

Гьеб тIолалъулго ахир кIиявго гьудуласе бокьухъе гуреб, хъвавухъе ккана. Иргадулаб инжит гьави хIехьезе кIвечIев МахIмуд штабалде унев вугилан лъугьана. ЧIчIаян гьабураб комвзводасул буюрухъалъухъ гьес гIинтIамичIо. Дос гьасда речIчIизе яргъиде квер бегьана. Щибго мунагь гьечIев росуцояв гIадада чIвалеб мехалда тIадеги валагьун чIезе Насрулал яхIалъ къабул гьабичIо. Кьвагьи бахъана. Гьеб тIолалъухъго валагьун кIиго гIурус миллаталъул солдатги вукIана. Гьез щибго рагIи абичIо.

РукIкIинегIан нилъераздаги немцаздаги вихьулареб хьонлъи ккараб бакIалда кьерун вукIана. Немцазул окопалде жаниве вортун вачIараб мех рогьалил гIуж букIана. Гьев пулеметчагIазул расчеталде тIаде ккана. Гъапуллъулъе ккун вукIарав кIиявго солдат тIаде вортун гьав вачIарав мехалда риха-хочун, квералги рорхун чIана. Цин ботIрониб пикру паркъана гьав кIиявгоги цеве къотIун гьалмагъзабазде аскIове тIад вуссине рес анищан. Амма тIадвуссине нух талихI къотIарав гьесие букIинчIо.

Дуниял рогьарабго цадахъ кIиго солдатгун асир окопал ругеб мухъалдаса тылалдехун валагьун вачана. Гьел жанире лъугьараб кIудияб блиндажалъур парахат регун рукIана солдатал. МоцIгIан заман макьие берал данде рачинчIого арав Насрула, гьагъава гIодов чIаян абуралъул макьие вортун ана. Цо заманалда гъажибетIерги кIобокIизабун гьев макьидаса ворчIизавуна ва солдаталгун цадахъ кваназавуна.

Рагъулал асирразул лагералде ккарав солдатас тIиналде щвезегIан гьекъана чияр ихтияралда вукIиналъул къабихIлъиялъул лълъар. Асирзаби ракъуца холел рукIана. Гьезда гьоркьоб бицунаан Гитлерица Совет Союзалъул, Америкаялъул ва Англиялъул бутIрузухъе кагъат хъван бугила рагъулал асирал хьихьизе жиндир рес гьечIин, жиде-жидер улкаялъул асирзабазе сурсатал щвезарейилан.

Сталиница жаваб гьабун бугила гIорхъи бахун къватIирехун жидер солдатал гьечIин, тушбаби ругилан Америкаялъул ва Англиялъул солдатазе рокъоса посылкаби щвезе, рокъоре кагътал хъвазе рес бугеб мехалда советиял солдатал асирлъуда ракъуца холел рукIана.

Ракъиялдаса захIматаб жо букIунарилан абула Насрулаца. Гьелъ тIамуна гьевги цо чувашавги лагерь цIунун ругел немцазул кванил складалде жаниреги лъугьун, гьениса дагьа-макъабго кванил сурсат бикъизе. Гьебин абуни букIана хвалил бадире ралагьун гьабураб иш. Ботинкал рикъун ратунилан немцаз жидерго солдат гьенив чIвараблъи лъалаан асирзабазда. ТIадго ккуни жидер къисматги гьединабго ккезе букIиналда гьал кигIан дагьалъниги щаклъулароан.

Хъаравулзаби хъалиян бухIизе складалде нахъехун лъугьараб заманги тIаса бищун, кIиявго складалъуве лъугьана. Гьелъул нуцIбузда кинабгIаги рахай батичIсо. Гьениса лъица буукIаниги щибниги бикъизе пикруго гьабиларин букIун батилаха.

Бикъун щвараб кванил сурсат салихIалаб ракьулъ гвендалги рухъун бахчана ва гьел бакIазда тIад жидеего регел лъуна. Кунеб чедалда сали гуреб бащдаб хIарщ батаниги гьелъул пикру гьабулеб хIалалда гьалги цогидалги рукIинчIо. Кинго цIогь тIатинчIого хутIичIо.

Гьебги тIатана дов чувашас цо чед лъиялиго сундухъали хисун батун. Рухьада бараб гьвегун рачIун, гьесул сурсат бахчараб бакI тIатана ва гьев вачун ана. ТIокIав чувашав тIадвуссинчIо. Гьесул къисмат кинаб ккарабали щаклъизе бакI букIинчIо.

Хадусеб къоялъ Насрулада аскIореги добго гьвегун рачIана. Батана бахчараб чедги. Гьев жинда цеве эхетизавурав немцазул полковникасул щенещ далун букIана кьаралъиялъ.

- Рагъулъ гIахьаллъаравищ? – ан гьикъана гьес тилмач гьоркьов ккун.

- ГIахьаллъана, - ян гьесул бадивеги валагьун жаваб гьабуна гьас.

Хвезе хъван батан ихIинкъиялъул асар бихьизабун гьел рохизариларин хIукму гьабуна магIарулас.

- Щивлъун вукIарав? – букIана хадусеб суал.

- Пулеметчиклъун.

- Сундуе гIоло мун вагъулев вукIарав?

- Нужер беццав Гитлерица буюрухъ кьуна Совет Союз тала гьабеян, гьединги абулаго Насрулаца жиндирго бералде килищги битIун Гитлерил беццлъиялъул гIаламат загьир гьабуна. Цинги кIиябго квералъ михъал кьурулеб рагъа-ракариги гьабун, - нижер михъал кьурарав Сталиница гIачи-чахъал къватIире гъейилан лъазабунин абуна.

Насрулаца пикру гьабулеб букIана гьале гьанже дос жив вачейин ва чIвайилан буюрухъ кьелин. Амма немцазул офицер гIедегIулев вукIинчIо.

- Нужер офицерзабазул солдатазулалдаса лъикIаб квен букIунин абураб битIараб бугебищ? – ан гьикъана гьес.

Гьедин абулаго ракIалде щвана офицерзабазул столоваялде жаниве унилан гьазул ротаялдаса солдатазе тамихI гьаби.

- Рагъул бакIлъиги баччун вугев солдатасулалдаса тIокIлъи бугеб кваниде хиял лъуни чехь бихъизе ккола офицерасул, - ан жаваб кьуна дос.

Асирасул хIинкъи гьечIолъи ва чIванкъотIарал жавабал рекIее гIунищ яги гьединги додинги вакъуца хвезе вугев чи вугилан пикру гьабунищали, Насрула чIвачIого тана. Къощун гьечIеб букIун бугилан хIисаб гьабуна гьес къаси кенчIолел цIвабзазухъ гIицIаб ракьалда вегаралъусан хал гьабулаго. Алмахъалдасан гьел цIваби берцинго рихьулеб куц!

Цо нухалда вачIун цо офицерас Насрула вугев бакIалда асирзаби кьерда чIезарула. Цинги цевесан къотIулаго щивасул хал гьабула. Ахиралде Насруладе килищ битIула ва мухъилъа къватIиве лъугьаян ишан гьабула. Гьев чед бежулеб бакIалде хIалтIизе вачана. Гьенир гIурусалги, полякалги, чехалги цогидалги хIалтIулел рукIана.

Цо къоялъ чол гьакидаги лъун лагералде чед щвезабизе кколев солдат унтун, гьесул бакIалда Насрула витIана. Чанго къоялдасан цоги гIилла ккун цойги витIана немцаз гьев чол гьакида чедги лъун. Ахиралдаги гьев живго гьокочилъун тана. РетIизабуна рагъулаб ретIелги.

Цо нухалда асирзабазул лагералде щварав гьасда гьенив чанго магIарулав ватана. Гьез бицана ракъуца рухI тIагIун нужер росулъа лъабгояв хвезегIанги лазареталде росун анилан. Гьениве щварав Насрулада цогидал регаразда гъорлъ Алмахъалдаса ГIалимухIамаев ГIалиги ватула. Дол ракьцояз цIарал рехсарав кIигояв росуцояв гьесда гьенив ватуларо. Гьезул иш лъугIун букIун батула. ГIалицаги мацI тун букIана. Къаркъала жеги хинго букIин гурони, чIагояв чийилан абизе захIматаб хIалалда вукIана гьевги.

Насрула лазареталъул тохтурзабахъе уна ва гьезда гьарула жиндихъе цо кружка кьеян. Гьелда жаниб маргариналда гъорлъ буцун цо чайил гъудгIанасеб чадил ракI къулчIизабуна гьес лъавуда гьечIев ГIалида. ГьедигIанго лъимги къулчIизабуна. Дагьаб заманалдасан гьес берал рагьана ва гьасухъ валагьана. КъалъизегIан росуцоясда аскIов гьесие хъулухъалда вукIана насрула. Гьеб мехалда ГIали бусада гIодов чIезе кIолеб хIалалда лъугьана. Жив хадувги вачIинилан гьесдаги абун, гьесул къаданиб кодоб букIараб кванил сурсат жемараб жоги лъун, гьав ана. Лъабго къоялдасан рес щвана росуцоясде аскIове кванил нахърателгун щвезе. Гьеб мехалде ГIали рухI речIчIун, саламатаб къагIидаялда вукIана. Гьесда аскIор регун рукIаразул цонигияв гьенив вукIинчIо. РукIана батIиял. Хвезе ирга щвезегIан чIарал.

ГIали, черх щулалъараб мехалда, немцазул офицерзабазе цIулал мушдукIал гьарун, гьелдалъун чадил кесек балагьулев ватана Насрулада.

Рагъудаса хадув рокъове тIад вуссарав ГIалица гьикъун батана Мусал Насрула тIадвуссанищан.

Асирлъиялъул къисматалъ Алмахъалдаса Мусал Насрула вачана макьилъги ракIалда рукIинчIел ракьазде – Грециялде, Австриялде, Румыниялде, Польшаялде, Чехославакиялде. Рагъин абуни гьесие лъугIана Советиял аскаразда гъорлъ. Узухъда, гьесул рес букIинчIо асирлъуде ккараб къагIидаги, доба немцазул рагъулаб ретIел реетIизе ккейги рагьун бицине. Гьев кодобе ярагъги кьун цIидасан немцалгун вагъизе кьерда лъуна. Гьезул рагъулаб часть ахиралда хIадур гьабулеб букIана Япониялде данде багъизе битIизе, амма къокъидго гьеб рагъги лъугIун, инчIого хутIана.

Рагъдаса тIад вуссарав Насрула колхозалде хIалтIизе лъугьана. ГIадамаздаса балъго щибго жо хутIуларо. Гьас кумек гьабураз рокъосезе бицун, гьез цогидазде бицун, росулъ лъана асирлъуде ккеялъул хIакъикъатги, доба немцазул ратIлилъ дозда гъорлъ гьав вукIараблъиги. Амма Насрулаца гьабураб хIалихьатаб жоги росуцоязда жеги бихьичIелъул, гьеб тIолалъулго хIакъалъулъ рагьун бицунароан.

Гьеблъиялда ургъел гьечIеб къагIидаялда гьесул гIумру инаан тIепун вукIунеб хасияталъул чи Насрула вукIаравани. Ццим бахъараб мехалда маслигIат лъаларев гьас жиндиего тушбаби ралагьана. Цо нухалда гьав гъутаналдаса тIадвуссунев вукIана оцазул гьоко цебеги къотIун. ХIащул нухаздасан хIалалъго хIатIал рахъулел оцазда барахщун, гьелги рацIун лъелго вачIунев вукIана Насрула. ВачIун цо хъулухъалда вугев росуцояв гьасул гьакиде вахана. Оцазе захIмат бугин, живги лъелго унев вугин, гьакидаса рещтIа, - ян абуна Насрулаца досде. Дос хъачIаб жаваб кьуна дурго оцал рацIейила, жинда лъалила лъелгойищ рекIунищ иневали. ТIаде гьасул асирлъиялъул рогьоги бана. Бахъун ханжаргун вортарав Насруладаса лъутун дов хъулухъчи хIориниве кIанцIизе ккана. Цадахъ рукIарал гьоркьоре кIанцIун, дагIба гьелдалъун лъугIана.

Цогидаб нухалда хуриса рокъове тIад вуссунев Насрулада росу рагIалда дандчIвана налогазулав инспектор. Гьесда цадахъ росулъа чиги вукIана. Дуца налогалъе кколеб гIарац щай кьоларебан кьогIго кIалъана гьасде инспектор. Налогалъе кьезе чиясухъе бигьаго гIарац щолеб заман букIинчIо гьеб. «Дихъе метер радал бакъ баккилалде гIарац щвезе бакI буго. Щварабго дица налоги тIаса ккезабила. Хуриса вачIунев дихъ гIарац гьечIо, дун жакъа хабар гьабичIого те», - ян абуна Насрулаца. Гьав цIакъго хIелулев вугилан ккун батилаха, дов жеги цIакъ кIалъана: «Нилъер хирияв вождь ва эмен Салиница абуна чи ватараб бакIалда гьесухъа налог босе», - ян.

«Дица дурги, дур хирияв эмен Сталинилги эбел…» - иланги абун досда ханжар чIвазе вортарав Насрулал ккураб гъежалде тIаде вегун вачIана хьолбода чIун вукIарав дов росуцояв. Налогал ракIарулев дов пахруяв инспекторасда хонжрол тIогь хъван хутIана. Досул кьер тIун букIана. Жиндир эмен Сталинищ кколев яги цогидавищали лъалареб хIал лъугьана гьесул.

Насрула асирлъуда немцазул формаги ретIарав чи вукIанин, вождасул цIаралда гьес бегьуларел рагIаби абунилан хъварал гIарзабазул хIасилалда гьев жанив лъуна. 9 моцIалъ цIех-рех гьабуна МахIачхъалаялда. Асирлъуда вукIиндал дица улкаялде данде гьабураб такъсирги гьечIин, сундуе гIоло дун жанив тIамун вугеван гьас суал кьедал, следователас жаваб гьабула, такъсир кколин къватIисеб пачалихъалда лъим гьекъейгийин.

Судалъ 25 сонги кьун Сибиралде лагералде витIана Насрула Мусаев 8 соналдасан амнистиялде гъоркье ккун, нахъеги росулъе тIад вуссана. Рагъдаги туснахъалдаги какги течIилан бицуна гьес.

ГьитIинаб къоялдасаго захIматалде ругьунав гьев гIемерал соназ хIалтIана хурухъанлъиялда, ралел бакIазда бригадирлъун, гIачиязул фермаялъул заведующийлъун, рохьил магIишаталда.

Кивехун, шалгун хIалтIизе кканиги, цадахъ ругезулгун хIалги рекъезабун, лъикIав чиясул цIар бацIцIадго цIунана Насрулаца. ЛъикIаб тарбия кьун гIезаруна лъималги. ГIумруялъул сонал нусиде гIагарлъулел ругониги ва гIемераб гIакъуба-къварилъи бихьаниги, гIураб сахлъи-чIаголъиялда вуго гьев.

Мусал Насрулагун халатаб гара-чIвариялдаги вукIун унев дида хадув довегIан щвезегIан вачIана гьесул вас Наибсултан. Дагьаб цебегIан инсухъе щвезе тIадмагIарухъа гьесул гьудулзаби рачIун рукIанилан бицана Наибсултаница. Гьел рукIанила асирлъуде ккараб мехалда гьасулгун лъай-хъвай ккарал гIадамал. Дица хIисаб гьабуна гьасулго ригьалъул херал гIадамал рукIун ратилин гьел, рикIкIадаб сапарги гьабун Мусал Насрулалъуре гьоболлъухъ гьел рачIинароанин, цIакъго гьасул адаб гьабулареб букIарабаниян.

МухIамадкамил ЛахIитов,

Калининаул росу

БетIер къулун хIурмат гьабула

АнцI-анцI соназдасанги гьоркьоб къотIулеб гьечIо КIудияб ВатIанияб рагъул дандерижи. Жакъа, гьеб кьогIаб питнаялъул кьвагьи гьоркьоб къотIаралдаса 49 лъагIел сверараб мехалдаги загьирлъулел руго дол соназул рагъул гIахьалчагIазул цIиял цIарал. Гьединазул цояв ккола Калининаулалдаса ГIумаров Висарби.

1942 соналъул 1 январалда ВатIан цIунизе росу, районцоялгун ахIарав гьев Грузиялъул Гори шагьаралде ккана. Гьенир лъабго моцIалъги ругьун гьарун ритIула Украиналъул тIоцебесеб фронталде. Гьенире цадахъ ккарал Дилималдаса Мада ва ГIалимпаша лъукъун гьесдаса ратIалъула Висарбил рагъул нух абуни байбихьула цо гьитIинабго росулъан.

В. ГIумаров гъорлъ вагъулеб лъелалзул полк гIемер хисардизе ккана. Гьаваялдасан сомолетаз бомбаби рехун тушманасул дандечIей хвезабурал бакIазда ахирисеб кьаби щвезабизе кколаан гьезул полкалъ. Гьеб букIана хIаталдасан ун захIматаб, гIумруялъе хIинкъи бугеб иш.

Гьедин рагъулаго щвана Харьковалда аскIоре. Гьеб промышленнияб шагьаралда ханлъи гьабулеб букIана тушманас ва гьеб нилъехъе биччан гуртIиялъе рагъул цIикIкIараб къуват цIунун букIана гьелда жаниб. Нилъер командованиялъул буюрухъ бачIана гьеб немцаздаса эркен гьабизе. Гьеб бюрухъ тIубазабиялъе гIоло гьабураб тIоцебесеб гьужумалъ кинаб букIаниги хIасил кьечIо. Гьелде тIадеги нилъер рагъухъабазулъ камиял ккана.

Гьеб мехалда лъазабуна шагьаралда жаниб бугеб тушманасул къуват, тылалдаса бачIана тIадеги къуват ва кутакал гьужумал гьаруна. Гьедин ккараб рагъулъ тушман хIажатавлъун ккана чIварал нус-нус солдатал гъоркьги тун, дагьалги чIахIиял камиялги кколаго Харьков эркен гьабизе.

Рагъул нух гьелъул гIахьал чагIазе киданиги букIинчIо бигьаяблъун. Цо-цоял щварал ругъназдалъун кидагоялъе нилъедаса ратIалъана, цо-цоял абуни гьел сах гьарун нилъгун руго. Гьедин тушманасул гула хьолбохъан инчIо Висарбидаги. 1943 соналъул хасало ругьана хIатIал. Цин госпиталалда вегана ва хадув тIубанго сахлъи щулалъизегIан рукъове витIана. ГIемерал моцIаз рокъовги вукIун, хасаб комиссиялъ бегьулилан ччIезавун живго вагъулев вукIарав часталде тIадвуссана.

Рагъал унел рукIана гIассиял, ракьул щибаб кесекалъе гIоло, щибаб тунка-хIусиялде гIахьаллъулев вукIана В. ГIумаровги. Гьедин вагъулаго, рагъ лъугIине лъагIел хутIараб мехалда, ай 1944 соналъул 9 маялда квегIаб бугьналага лъукъана гьесул. Маялъул ахираталде щвезегIан сахлъизавуна ва рагъ лъугIаралдасаги анлъго моцIалъ гьенивго хутIана.

- Гьанже цо-цояз битIахъе абула «нуж ниже гIолойищ рагъаралилан». РакI пашманлъизабула цо-цо гIолохъабаз рагъулаб хъулухъалдаса инкар гьабунин рагIиндалги. КигIан захIматин абуниги доб мехалъгIанго квеш батиларо гьанже.

Улкаялъул жибго-жиндаго чIей халкъалъул эркенлъи цIунун вачIун хадувги захIматалъул бигьаяб нух тIаса бищичIо гьес. 23 соналъ вехьлъи гьабуна.

Дунялалъул кIиабилеб рагъул районалда ругел цогидал гIахьалчагIигогIадин социалияб рахъалъ цIунун вуго Висарбиги. БачIуна цIикIкIараб къадар пенсиялъул кумек гьабула цIул-тIурччиялъ, электро-энергиялъул рахъалъ. ГIумруялъул 78 сон бгониги жаналда, тириго, щулияб сахлъигун вуго Висарби. Баркизин гьесда КIудияб ВатIанияб рагъулъ нилъер халкъаз бергьенлъи босаралдаса 49 сон тIубай, гьаризин гьесие жеги щулияб сахлъи, хъизан-лъималазулаб талихI. Гьев мустахIикъав вугелъул нилъеца бетIер къулун хIурмат гьабизе.

С. МухIамадов

Рохалида тIобитIана

Рохалида ва аваданго тIоритIана Калининаул росулъ КIудияб ВатIанияб рагъулъ бергьенлъи босаралдаса 53 сон тIубаялда бан тIоритIарал тадбирал. Гьеб рохалилаб байрам тIаде щвелалдего хIадурлъиялъул хIалтIаби гьарун рукIана. Цудунго къачIана рагъдаса тIадруссинчIел ракIалде щвезариялъе росулъ ран ругел памятникал. Гьедин росдал культураялъул рукъалда аскIоб бугелда сверун чали къана памятник киса-кибего лажбар бахун къачIана. Гьениб бугеб цIваялде гъоркье даимаб цIа бакизелъун бачана газ ва праздникалъул къояз гьеб бакана.

Бергьенлъиялъул Къо кIодо гьабун рохалилаб мажлис тIобитIана 8 маялъ росдал гьоркьохъеб школалда. Хинал баркиялъул рагIабиги абулаго гьеб рагьана росдал администрациялъул бетIер Гъ. Гъайирбиевас.

Рагъул кьвагIал тарихазулгун данделъиялда гIахьаллъаразул лъай-хъвай гьабуна гьеб школалъул 9 «б» классалъул цIалдохъан Манарша Коргъолоевалъ. Жидер рагъул къисматалъул хIакъалъулъ бицана КIудияб ВатIанияб рагъул ветеранал; И. Чичилбиевас, С. Хухаевас. Р. Халимбековас ва М. Динаевас. Гьединго рагъул гIахьалчагIазда школлъималаз хIадур гьабураб концерт бихьизабуна. Рохалилаб данделъиялъул ахиралда росулъ ругел милициялъул курсантал ветераназда рагъулаб къадру бихьизабулаго строялъулаб къагIидаялда гьезда цересан къотIана. Хадур рагъул ветераназ, цIалдохъабаз, мажлисалда гIахьаллъарал тIолазго памятниказда цере лъуна тIугьдузул квацIиял ва горал.

Гьебго къоялъ росдал культураялъул минаялда рагъул гIахьалчагIи кIодо гьарун дандчIвай тIобитIана. Гьезие гьоболлъи гьабуна квана-гьекъезе жо кьеялдалъунги. Гьелдаго цадахъ ветеранал гара-чIварана, гIахьаллъаразе рагъул гIумруялдаса лъугьа-бахъинал рицана. Росдал культураялъул Рукъалъул хIалтIухъабаз гьезие сайгъаталъе ахIана ракIал асир гьарулел кучIдул. Росдал администрациялъул, «Бергьенлъи» колхозалъул правлениялъул ва росдал гьоркьохъеб школалъул коллективалъул рахъалдасан гьезие къимтал сайгъатал кьуна.

ИчIго чи чIаго вуго рагъул ветераназул жакъа къоялде. Гьездасан 5 яв унтуца бусаде ккезавун вуго. Амма байрам кIодо гьабулезда гьелги кIочон течIо. Жив-живасул рокъоре щун хIажатаб цIехон, праздник баркун гьезиеги сайгъатал щвезаруна.

Гьабуралдаса кутакалда рази хутIана ветеранал. Бадир хулараб магIогун баркиялъул рагIаби гьоркьоса къотIулел рукIинчIо гьел къояз.

Арслан СагIидов,

нижер мухбир

Рагъул тарихалъул тIогьиллъарал тIамчаздаса

Ракьцоясул шапакъаталъул къисмат

Нилъеда араб кIочани, гьелъул ритIарал хIасилал гьарун бажаричIони, букIинеселъ нилъер къисмат пашманнаблъун лъугьинабиялда щибго щаклъи гьечIо. Гьединлъидал нилъеца КIудияб ВатIанияб рагъул тарихалъул бицунеб тема киданиги херлъизе тезе бегьуларо. Гьедин гьабула Хасавюрталъул педколледжалъул ТОКСалъул членазги.

Дагьаб цебегIан газеталда бахъараб ТОКСалъул макъалаялда бицунеб букIана АхIмад АхIмадович Абакаровасул рагъулаб гьунаралъул, цIехолеб букIана гIагарлъи. Гьале нижеда ватана Казбек районалъул Калининаул росулъ гIумру гьабулев гьесул гIагарав чи ГIабдукъадиров АхIмад. Гьес бицана АхIмад Абакаровасул яц ХIалиматица вацасул хIакъалда гьабураб цIех-рехалъухъ баркала загьир гьабулеб бугилан ТОКСалъул членназе.

Нижехъе щварал цIиял баяназ рес кьолеб буго вацасул хIакъалда ХIалиматида гIезигIанго жо лъазабизе. Гьесул ракIалъул кьаби гьоркьоб къотIана Польшаялъул ракьалда. Пачалихъалъул шапакъатги гьесие щвана Карпатазда ккарал рагъулъ бихьизабураб гьунаралъе гIоло.

Нилъер ракьцоявгун гьенир рагъулел рукIана Гъуниса ротаялъул командир МухIамад Урдашев, Лак районалдаса Тумалаев ХIасан. Каспийск шагьаралдаса Семен Петров, Иван Цезарь ва цогидал гьалмагъзаби. Командир М. Урдашевас цебе масъала лъуна киназдаго лъикI лъалеб 814 гохI тушманасдаса эркен гьабизе. Гьес команда кьуна рагъухъаби кIийиде рикьизе ва кIиябго рахъалдасан цадахъго гьужумалъ ине. КъотIи букIана тушманасда нилъеразул цIикIкIараб къуват бугебин ккезе кIиго батIияб рахъалдасан кьаби щвезабизе. Гьел рукIана гIисинал къукъабаздеги рикьун, гъоркьчIелал гьарун. КъотIи букIана тохлъукьего тушманасде кьвагьизе ва гьелъул гьаракь бахъарабго киналго рагъухъаби командирас картаялда рихьизарурал сухъмахъал ккун церехун ине, аслиял къукъабазде гъорлъе журазе. БагIарармейцазул цоцазда ричIчIиналъ цоцазе кумекалъе хIадур рукIиналъ гьедин гьабуна ва тушманасда тохлъукьего кьабиял щвезаруна. Гьужум байбихьана планалда рекъон. БагIарармейцал церехун унел рукIана тушманги хъамулаго. Командирас зама-заманалда патронал цIуне, цониги гула гIадад хвезабугеян буюрухъ кьолаан. Гьедин гьабуна ва чанги фашистал ракьалде щапизаруна. Камиял ккана нилъер гIолохъабазул кьеразулъги. Гьенир тушманасул кIинусгоялде гIагарарав чияс сверун куна нилъер рагъухъаби. Амма лъукъарав М. Урдашев хутIарав 6 солдатгун нахъеги рагъулъе лъугьана. Гьенив асир гьавурав цо немцас кьуна жидерго къуваталъул нилъее хIажатал цо-цо баянал. Гьеб мехалда тIаде бачIараб кумекгун цадахъ немцал нахъе гъуна.

Карпаталъул гьеб ракьалдаса ун хадув АхIмад Абакаров вагъана Польшаялда ва гьенив гIумруялдаса ватIалъана. Рагъулъ жив мустахIикълъараб «БагIараб цIва» орден кьеялъе документазул копиял нижеца гьесул гIагарлъиялъухъе кьуна.

Б. Халилулаев,

ТОКСалъул руководитель

ХIасамирзал кагъат

Гьелдаса хадув ГIамиргIалихIажи УзунхIажил замлъун Веденов Чачаналда вукIана. Дагъистаналъул гIалимзабаз гьабула цо балъгояб багъа-бачари, цоцахъе кагътал хъван. Жалго цоцахъе щун Дагъистаналъул гIалимзаби магIарул цо росулъе данделъула. Гьениб щивасда тIадкъала. Жиндир росулъа балъго аскаралде чагIиги хъван, пуланаб сордоялъ пуланаб бакIалда данделъизе.

Данделъула. ГIола аскаралда анкьнусида хадув ччи. Гьанже кIудияб рохалида суал лъуна ХIоцоса Нажмудин имамасул зам рагъул командующий щив телев абун Дагъистаналда ругел киналго гIакъилзабазул, бахIарзазул цIарал гьенир рехсола. Киназго цолъун абула гьеб хIалтIи гьабизе, имам гьечIеб бакIалда имамлъиги гьабизе, Алмахъалдаса Къебедил. ДадагIан мустахIикъав гьечIилан.

Дада вищула рагъул командующийлъун. Гьеб данделъиялда гъорлъ вукIуна агент Дада инкивидиялъ ахIула Дадал лъала жиндиего гьабураб цIех-рехалдасан живго чIаго тезе гьечIолъи Дада Дилималда жанив тIамула. Ахранги рекъезе гьавун, толиялъул мокърукьа хъарщиги бахъун, Дада лъутула.

Дада вукIана релъеда къватIисан, къад вахча-хъван рокъосан. Цо къоялъул бакъанил гIужалъ Дадахъе кагъат бачIана Дилималдасан Хунзахъа Атаевасул, жив вачIунев вугила 400 чи вугеб рекIаразул полкгун, чуязе кIалцIи-херги, партизаназе квенги хIадур гьабейила.

РачIана маркIачIул гIужалъ. Гьезул рачIин букIана хIинкъи кьеялъулаб рачIин. УзунхIажил замлъун ГIамиргIали-хIажиги вукIун, гъоб цIаралда Дадаги вукIун, хIалбихьизе ГIамиргIали-хIажилги Генжабаев Жамалудинилги рукъзалги рухIун, кIиго сордо Алмахъалдаги бан, Дадаца лъикIаб гьоболлъи гьабун, ана. Гьеб букIана 1924 сон. Заман кIочон буго, хурзал чIорогояб мех букIана.

Гьаб кагъат щвела М-ханув ХIамидихъе Муил ХIасанихъе.

Дунги ГIалиханув ХIасамирза.

Хъвана 5.3.95с.»

«Чапар», 2002 с. 18 март.

«Алмахъалдаса ГIамиргIалихIажи» макъалаялдаса.

Сталинград БахIарчилъиялда цIунана

Сталинград. Гьеб шагьаралъул цIар нилъер тарихалде лъугьана 1941-1945 соназда ккараб дунялалъул кIиабилеб рагъулъ хасаб бакI ккураблъун. Гьенир ккана чIегIераб фашизмалъул къин гьечIеблъун рикIкIунеб букIараб рагъул машинаялъе тIокIалъ цебехун унареб даражаялда жагъаллъи ккезабураб къеркьей.

Гитлерида ракIалда букIана Кавказалда, Сталинградалда, Гьоркьохъеб Азиялда рагъулел рукIарал жиндирго яргъилал къуватал цолъизаризе, СССР щущахъ бихизабиялдалъун рагъуе ахир лъезе. Гьелъие гIоло 1942 соналъул риидал Сталинградалъул рахъалдехун рехана тушманасул цо миллионгун башдалдаса цIикIкIарав рагъухъан, кIиаза-азар танк, самолетал, гIарадаби ва цогидабги техника. Гьеб къуваталдасан пайдаги босун, тушманасул къасд букIана Кубань, Северияб Кавказ, БакугIадал ва цогидалги нефть цIикIкIарал промышленниял бакIазда ханлъи гьабизеги.

Азухъда, нилъер тIадегIанаб командованиялда гьеб бичIчIана ва Сталинилгун Жуковасул гIахьаллъиялда гьеб хвезабиялъе план гIуцIана. Гьеб гIумруялде бахъинабизелъун чIезаруна гьедигIанго рагъухъаби, дагьабги цIикIкIараб рагъулаб техника, къуваталде лъугьана цо галицин нахъехун лъезе бегьуларин абураб Сталинил №227 приказ. Сталинград сверун, гьелдаса 200 километроялъул манзилалда рагьана цIияб фронт ва тушманасул рагъулаб къуват горсвериялде жанибе ккезабуна. КIинусгогIан сордо-къоялъ, сверун ккурав тушманасул къуват лъугIана ва цадахъго 993 азаргогIан рагъухъан, бетIералда командующий Паульсгун кверде рачIана. Гьезда гьоркьор рукIана 27 генерал, 273 тIадегIанаб чиналъул офицерал.

1943 соналъул 2 февралалда Гитлерилаб фашизмалъул гьеб ракьалда букIараб армия тIубанго щущахъ бихизабуна ва церехун иналъе гIатIидал ресал гIуцIана. Гьединго гьезда кьаби щвезабизе байбихьана цогидал фронтаздаги.

Жакъа, 2 февралалда 50 сон тIубала Сталинградалда сверухъ тушман асир гьавуралдаса. РакI-ракIалъ гьеб юбилей баркизе бокьун буго гьенир рагъарал Дилималдаса Абуязидов МухIамадида, Буртунаялдаса Тимиев Сурхайида, Алмахъалдаса МухIамаднуров МухIамадкамилида ва цогидазги. Волгаялда бугеб шагьар тушманасдаса эркен гьабиялъе гIоло къуваталда барахщичIого рагъаразе гьеб ракIалдаса унареблъун хутIана.

П. Юсупов,

КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи.

Ветеранас баркала кьуна

КIудияб ВатIанияб рагъде ахIараб 1942 соналъул 13 августалда Казбек районалъул Алмахъ росулъа П. ГIумаров вукIана михъида хIурчIварав гIолилав. ТIоцебесеб къоялдасанго тушманасде данде вагъизе ккана батIи-батIиял подразделениязда. ТIоцеве Паша лъукъана запасалъулаб гIарадабазул 34 полкалда вагъулаго. Рагъулаб госпиталалда сах гьавун хадув нахъеги вагъизе ккана кьвагьдохъабазул 110 запасалъулаб, бухьенчагIазул, хасаб, 10 лъелал кьвагьдохъабазул 650 полказда. Хадувги нилъер ракь цояв чанго нухалда лъукъана ва щибаб нухалда госпиталазда сах гьавун фронталде тIад вуссана.

П. ГIумаров вукIана бухьенчилъунги, гIарадаялъ кьвагьдолевлъун, отделениялъул командирлъунги. Рагъул кьогIал нухаздасан унаго гьес тушманасдаса эркен гьаруна Севералъулаб Кавказалдасан байбихьун Венгриялде, Чехословакиялде щвезегIан Европаялъул гIемерал пачалихъазул ракьал, вахана мухъилав солдатасдаса кIудияв сержантасул чиналде.

Рагъухъанасул билеталда буго Пашал рагъул нухалъул гьев лъукъиялъул, рагъулал госпиталазда чанго нухалда сах гьавиялъул хъвай-хъвагIаял. Амма инвалидлъи чIезабиялъе хъвай-хъвагIай гьабулеб тохтурзабазулаб комиссиялъ гьезда гIей гьабичIо. Районалъул рагъула комиссариаталъухъаги рагъулаб Министерствоялъул архивалде гьелъул хIакъалъулъ хъван бажаричо. Гьеб мехалда П. ГIумаров вачIана Хасавюрталъул педучилищеялъул рагъулал лъалкIал лъазарулезухъе. Нижеца гьесул хIакъалъулъ хъвана цебехун рехсараб архивалде. Гьениса рачIана хIажатал тIолалго документал, нижеца гьел Пашахъе кьуна. Ветеранас баркала загьир гьабуна.

П. ГIумаровасул рагъулаб нух нус-нус районцоязулго гIадин тIугьдуз бацараб гуреб гула-хералъул махIалъулъ бетараб букIана. Амма рагъул гъугъай къотIун бащдаб гIасруялдасанги ветеранасда ракIалда буго рагъулаб Гьа бараб 1942 соналъул 2 октябрь, 1945 соналъулаб 9 май бергьенлъиялъул Къо. Гьеб къо букIана гьесие кIицIулго байрамлъун 9 маялда гьавуна Паша, гьебго маялъул авалалда лъугьана партиялдеги. П. ГIумаровасул керен гвангъизабун буго рагъул гIемерал орденалгун медалаз.

РахIатал рукIинчIо гьесул рагъда хадусел соналги. ХIалтIана росдал Советалъул исполкомалъул председательлъун, колхозалъул правлениялъул председателасул заместительлъун, фермаялъул заведующийлъун ва цогидалги жавабиял бакIазда. МустахIикъаб хIухьбахъиялде ана рохьил хъаравуллъун хIалтIулаго. Гьединаб хIухьбахъиялда вугониги, хIалхьуда чIоларо гьев, тIобитIула цIикIараб общественнияб хIалтIи.

Б. Халилулаев,

ТОКСалъул руководитель.

КIудияб Бергьенлъиялъ 50 сон тIубаялде

Солдатасул къисмат

Гьаб соналъул 18 апрелалда биччараб «Чапар» газеталда «Лъалез бице» - абураб бетIералда рехсон рукIана КIудияб ВатIанияб рагъде районалдаса арал, амма батIи-батIияб къисматалдалъун тIад руссинчIезул цIаралги. Гьезда гьоркьоб букIана ВатIан цIунизелъун сапар бухьарав амма кьалул майданалда кидагоялъе жагьидлъарав Алмахъ росулъа Нацалханов Къурбанил цIарги.

Къурбан ккола дир имгIал ва гьесул къисматги гьадин буго.

1943 соналъул октябралда ВатIаналде хIинкъиги, халкъалде къоги ккараб мехалда Алмахъ росулъа жидеего бокьун фронталде ана гIолохъабазул цо кIудияб къукъа.

Гьезда гьоркьов вукIана гьаб макъалаялда бицен гьабулев Нуцалханов Къурбанги. Росу цояз гьел адаб-хатиралда, сухIмат гьабун нухда регIана.

Къурбан рагъде унаго гьес рокъор тана херал эбел-эмен лъадии, ясги васги. Цояб лъимералъул букIана 1,5 лъагIел цогидалъул абуни гIицIго лъабго моцI.

1944 соналъул апрелалда Калининаулалда росдал почтальон КъурахIма. Къурбан рагъде шагьидлъиялъул хIакъалда бачIараб акт досул эбел-инсухъе кьезе нечон, нижехъе босун вачIана. Доб мехалда кибехун ккараб рагъда гьеб ккарабали батIалъи букIинчIо. ХIакъикъат букIана гьев чIаго гьечIолъи. Амма къоял-моцIал анагIан рахIат хвезабулеб букIана. Гьесул рухI босараб бакI лъалеб букIинчIолъиялъ.

Сверана гIемерал сонал, кибе арабали лъачIого тIагIана актги. БатIи-батIиял идарабазде кагътал хъвана гьабураб цIех-рехалъги кинаб букIаниги хIасил кьечIо. Гьале ракIалдаго гьечIого, 1981 соналъул маялда Беларуссиялъул Могилев областалъул, Быхов районалъул Ямницк росдал Советалъул председатель Буселица Хасавюрт районалъул рагъулаб комиссариаталде гьенисан Дилималде бачIараб кагъаталда хъвалеб буго гьадин.

Белоруссиялъул Советияб Энциклопедиялъул бетIераб редакциялъ хIадур гьабулеб бугила Быхов районалъул халкъалъул гьунаралъул бицунеб летопись. Летописалда кIудияб бакI кквезе бугила ВатIанияб рагъда гьеб район эркен гьабулаго халкъалъ рагъухъабаз бихьизабураб хвел гьечIеб гьунаралъ. Гьеб район кколила цIакъго гIасиял, кьогIал ракьал жанир ккараб бакIлъун.

Ямницк росулъ паш вацлъиялъул хабалъ рукъун ругила росу эркен гьабулаго рухIалда барахщичIого рагъарал ва абадиялъго гьенир хутIарал солдатал. Гьенив вукъун вуго Нуцалханов Къурбанги. Буселица жиндирго кагъаталда гьарулеб букIана гIатIидго Къурбанил хIакъалда, гIагарлъиялда баяналги хъваян.

Къурбаница рагъде унаго рокъой тарай яс цо лъагIалидасан хвана. Вас Наипсултаница Ленинаул росулъ 10 класс лъугIизабуна хIалтIана хадув Бакуялъул милициялъул училище лъугIизабуна ва нахъеги хIалтIана. ЛъугIизабуна Москваялъул милициялъул тIадегIанаб училище. ХIалтIана Тарумовск районалъул жанисел ишазул отделалъул начальникасул заместительлъун. 1993 соналдаса милициялъул подполковник мустахIикъав хIухьбахъиялда вуго.

Буселил кагъат щварабго дун Наипсултаниде кIалъана кагъаталъул копияги гьесухъе битIана. Отпускги босун Наипсултан ана рикIадаб Белоруссиялъул Ямницк росулъе. ДандчIвана Буселгун, школалъул «БагIарал лъакIал лъазарулелгун». Гьединго щвана вацлъиялъул хабалалъе, гьенир рукъаразулазда гьоркьоб бихьана жиндирго инсул цIарги. Гьел хIалчIахъадаз гьениб гIемер хIалтIи гаьбун батун буго. Гьес тIолазего тIолалъухъго баркалаги кьун буго.

1940 соналда цогидал гьалмагъзабигун армиялде ана Къурбанил гьитIинав вац Насрулаги. Рагъ байбихьарал тIоцересел къояздасанго гьебго Белоруссиялда тушмангун вагъизе ккана гьевги. Гьесулги ахирисеб кагъат буго 1941 соналъул 14 июлалда, немцазул иргадулаб гьужум нахъчIван хадуб, окопалда жаниб хъвараб. Гьеб кагъат нижехъ цIунунги буго.

къурбан ва Насрула ккола дир инсул вацал. гьединлъидал Нуцалханил лъабавго васас ВатIаналъул ва халкъалъул тIадкъай тIубана, рагъдаса тIад вуссана гIицIго дир эмен. ХутIарав кIигоясул рухIал хъахIал къункърабазде сверана.

Бокьун буго ВатIаналъе гIоло гIумру кьун рагъаразул цIарал ралагьизе кIвахI тун хIалтIулел ругел киназего ва хасго Расул Ибрисовасе, МухIамад Дадаевасе, «Чапар» газеталъул хIалтIухъабазе нижер тIолабго гIагарлъиялъул рахъалдасан ракI-ракIалъул баркала загьир гьабизе. Тавпикъги къуватги кьеги нужее гьаб гIадамазул баркала щолеб хIалтIи ахиралде щвезабизе.

ХIурматиял газета цIалулел! Тарихияб хIисабалда КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьараб ва лъугIараб заман нилъедаса рикIкIалъулеб буго. Гьелъ лъурал ругънал басралъулел гьечIо. ГьечIелъул гьеб рагъул данде рижи щвечIеб хъизан. ХIалкIванщинаб гьабизин гьеб такрарлъун гуртIиялъе.

Шиявдин Яндаев,

Дилим росу

Нилъер руччаби

Рагъухъанасул лъади

1942 соналда тушманасдаса ВатIан цIунизе Алмахъалдаса Шамердиев Расул араб мехалда, гьесул лъади ГIайшат йикIана битIун завалаб гIолохъанлъиялъул гIумруялда. Жиндир кьерилалго гIадин гьейги кIудияб божилъиялда ва хьулалда йикIана кватIичIого рагъги лъугIилин, рекIкIав тушманасда тIад бергьенлъиги босун, рос сах-саламатго рокъове тIад вуссинин.

Амма къисматалъ батIайиса хъван батана. 1943 соналда Керчь шагьар эркен гьабулаго Расул гIумруялдаса ватIалъана. КIиго гьитIинав вас бесдаллъана. Гьезул букIинеселъул ургъел бегана ГIайшатил гъажибутIрузде.

Рагъул соназги хадусел ракъарал соназги гIемераб гIакъуба-къварилъи бихьана гьелда. Дол соназ, кигIан гIемераб хIалтIи гьабуниги, щолеб жо цIакъго мукъсанаб букIана. Щвараб яги рокъоб бугеб дагьа-макъаб буголъиги налогалъе унаан.

50 соналъ колхозалда Шамердиева ГIайшатил квераз гьабураб хIалтIул жакъа мухIканаб хIисаб-суал гьабизе захIмат буго. ГIага-шагарго хIисаб-роцен гьабуни гьеб ккола чIаралдаса рацIцIад гьарурал хурул анцI-анцI гектарал, квераз лъилъун балараб ролъул ва чехъон чанахъе бараб цIоросаролъул, накалда хъурщун бищараб картошкадул анцI-анцI тоннаби, колхозалъул гIи-боцIуе хIадур гьабураб харил гIархъал ва гIемераб цогидабги. Щибаб соналъ ГIайшатил гъинкъоял 400-500ялдаса гIодоре кколароан. КигIан захIматаб заманалъги цо гьоркьоб течIо как, кIал.

Заманалдасан колхозалъе щвана техника бигьалъана хIалтIи гьабизе, гIумру-яшав лъугьана рес бугеблъун КIудиял гIуна васалги. Ресалдаги заманалдаги рекъараб лъай-махщелги щвана гьезие. Руссинаруна рукъ-бакIалдаги. КIудияв вас СагIит ккола росулъа вахъарав тIоцевесев киномеханик. ХIалтIана парткомалъул секретарьлъун районалъул нухазул участкаялъул мастерлъун. ГьитIинав вас Батирби хIалтIулев вукIана районалъул нухазул отделалъул бетIерав инженерлъун.

Лъималазул ургъел-тIалабги тIаса ккун гIумруялъул хутIараб заман Аллагьасе гIибадаталда тIамулаго, тIаде бачIана ракIалдаго гьечIеб захIматаб хIалбихьи – нагагьаб балагьалъул хIасилалда гIумруялдаса ватIалъана гьитIинав вас.

Сабурго Аллагьасул хIукмуги къабул гьабун, ГIайшатица жиндир рес бугеб кинабго гьабуна тIаса эмен камурал лъабалго бесдалал, васасул лъимал гIумруялде рахъинариялъе. Гьанже гьелги жалго жидедаго чIараб гIумру – яшавалда руго. – Диралдаса цIиккIун кIодоэбелалъул тарбия щвана дир лъималазе, - ян абула гьезул эбел Жанагъизица. – Гьелъул тIалабалъ дие бигьа гьабуна къисматалъул хIалбихьи хIехьезе.

Исана Шамердиева ГIайшатил гIумруялъул 90 сон ва рос рагъде аралдаса 60 сон тIубала. Гьанже СагIитица ва гьесул лъади Сапиятица ГIайшат, лъикIаб тIалаб-агъазги гьабун, жедедаго аскIой хьихьун йиго. ХIалтIудаса эркенлъарайго гьелъухъе щвезе ячIуна Жанагъизги. ГIайшат кIодохъе къойилго щвезе рачIуна гьелъул кIиявго васасул лъималги. ГIайшатие бачIуна 2857 гъурущ бацIадаб хIалалаб пенсиялъулги. Гьанже гьей йиго чIумалги сверун, Аллагьасе гIибадатги гьабун, лъималазул ва гьезул лъималазул тIалаб-агъазалъ сверун ккун.

МухIамадкамил ЛахIитов,

нижер мухбир

КIудияб Бергьенлъиялъ 50 сон тIубаялде

КьогIлъи кIочон гьечIо

Фашистаздаса ВатIан эркен гьабиялъе гIоло унел рагъал бищунго хIалуцун букIараб 1943 соналъул августалда армиялде арав МухIамад ХарасмухIамадовасул гIицIго 18 сон гурони тIубан букIинчIо. 1944 соналсъул ахиралда инвалид хIисабалда рокъове тIадвуссарав гьес анлъго соналъ росдал школалда учительлъи гьабуна. Гьелдаса хадув хIалтIизе лъугьана росдал Советалде ва мустахIикъаб хIухьбахъиялде инегIан гьенив секретарьлъун ва бухгалтерлъун хIалтIана.

МухIамадица хIалтIи бачана хъизаналъе тарбия кьеялда цадахъ цо-цоялъе мукъсанлъи гьабичIого, гIисиназе эменлъи ва чIахIиязе васлъи-вацлъи гьабулаго. Кутакалда рази вуго гьаб сагIат пачалихъалъ гьабулеб тIалабалдаса, баркала кьолеб буго гьес районалъул, росдал администрацияз, социалияб рахъалъ цIуниялъул управлениялъ рагъул ва захIматалъул ветераназул райсоветалъ гьабулеб хъулухъалъухъ гьел идарабазул нухмалъулезе, рахIатхун какула Чачан Республикаялда унеб бугеб рагъ.

ЦIикIкIунисеб мехалда живго-жиндаго чIарав, жиндирго хIакъалда рец-бакъ бокьуларев инсанасдехун хIеренго, гьимун кIалъалев гьесул жиндиего хасиятаб бербалагьи буго сверухъ бугеб ахIвал-хIалалде, тIолабго лъугьа-бахъиналдехун. Жиндирго рагъулаб нух ракIалде щвезабулаго, нижер мухбир МухIамад Салатгерееваса гьес гьадин бицана:

Нахъе къазе бокьун букIин районаздаса ВатIан цIунизе унел гIолохъабигун цадахъ ниж Грузиялъул Авчала абулеб бакIалда кIиго моцIалъ рагъулаб ишалъе куцана. Гьениб батIа-батIиял ярагъалъулгун лъай-хъвай гьабизе, кьвагьдезе ругьун гьаруна. Хадур тIолалго дагъистаниял ноябралда Белоруссиялъул гIорхъодехун ритIана ва гьебго соналъул декабрь моцIалъ тушманасулгун гьабулеб рагъулъе гIахьаллъана.

Хасел букIана гIазу биццатаб, квачараб, амма гьелъухъги балагьичIого, гьалмагъзабазул къукъагун кьвагьдохъабазул полкалде ккарав дие, къасиги-къадги гIалахалда рагьараб зодикь, фронталъул цебесеб кьерда чIезе, щулалъи ккун чIарав тушманасде тIаде ине кутакалда захIмат букIана. Нагагь тIаде ани нилъеразе цIикIкIарал камиял ккезе ресги букIана.

Цогидаб рахъалъ хIайранлъизавун вукIунаан гьел гIадатиял гурел шартIазда, тIлабго рахъалдасан захIмалъи букIаниги, ракъун, макьу тун, хIаталдаса ун квачан ва свакан рукIаниги къо хIехьон, щибго хIал лъазе течIого, цоцазул ракI батун, яхI кьун рукIунел дирго гьалмагъзабазда. ГIумруялъго захIмалъабазулъ лъадараралгIадин хиянатлъи гьечIел дирго гьалмагъзабазухъ рекIел хIалуцин бигьалъулаан. Гьаниб рехсей гьабулел гIолохъабиги гIемерисел Дагъистаналъул, нилъерго районалдаса ва нижерго росулъа рукIана.

«Дагъистаналъул тIолалго фашистазе, гьел гьенир тезе къасд букIинчIо нижерги. Гьеб мехалда цо борхалъиялъе гIоло бабйихьана гIасиял рагъал. Гьениб къаси мехалъ нижер иш лъан немцазул кIиго танкаялъ нижеде кьвагьана ва гьенив гъоркь чIалида вукIарав захIматго лъукъана дунги. Гьеб букIана хасел завалалда бугеб 1994 соналъул январб моцI. Гьенир щварал ругънал сахгьаризелъун микьгоялдаса цIикIкIараб моцIалъ госпиталалда вегизавуна.

Дун гьениса лъукъун хутIунгIаги тIадвуссана, амма ваццалгIан дие хириял район ва росуцоял абадиялъего Белоруссиялъул ракьалда шагьидлъана. Аллагьасул къотIи букIун гьечIо гьел тIадруссун гIагараб росулъе, эбел-инсухъе, хъизан-лъималазде тIадруссине. ТIулил ваццал гIадин ракIалда рукIуна гьел ва дица кидаго дугIадулъ ккола».

Хадубги МухIамадица бицана-риидал борохь бихьарав хасало гIарщалъухъа хIинкъулевгIадин живго гьеб рагъ-кьалалъухъа хIинкъулила. Гьединлъидал жинца гьарулила гIемерал миллатазул халкъаздасан гIуцIараб нилъер Дагъистаналъул тIолалго гIадамал рагъул ва цогибалъго рачIунел балагьаздаса Аллагьас цIунайги.

РакI бохизабула МухIамад ХарсмухIамадов цевего пенсиялде аниги жакъаги нилъгун вукIиналъ. Гьев росдал общественнияб гIумруялдаса ватIа тIун киданиги чIоларо. Гьедин батила росдал гIадамал гьесул ишаздаса рази рукIунел.

Рагъул ветеранал

Рагъул кьогIлъи бихьарав

ГIумруялъ батIи-батIийиса хIалбихьарав ва гIемераб гIакъуба-къварилъи хIехьезе ккарав чи вуго Калининаул росулъа Динаев Мухтар. БагIараб Армиялде рагъулаб хъулухъ гьабизе гьев ахIана 1940 соналда. ГIумрудул букIана 20 сон ВатIанияб рагъул бищун захIматал тIоцересел моцIал гьесие ва гьалмагъзабазе гIумруялъ ракIалдаса унареллъун рукIана. Божизе рекIкI гьабун тIаде кIанцIарал тушбабазда советиял солдатаз бихьизабуна бахIарчилъи ва къо хIехьей. БукIинесеб бергьенлъиялъе гIоло тIоцебе би тIуразул цоявлъун вукIана Алмахъалдаса гIолилав Мухтар Динаевги.

Рагъул авалалдаго захIматаб ругъун щварав Мухтар госпиталалде ккола ва тIубан сахлъилелде, хадубккунисеб рагъулаб хъулухъалъе ярагьуларевлъунги рикIкIун, рокъове витIула. Амма гьесие рагъ жеги лъугIун батичIо. Рокъове вачIунеб мехалда снухда цо хIалихьатав чияс документал рикъарав гьев заманалдасан кIиабизеги рагъулаб хъулухъалде ахIана. Рагъда лъукъун вукIиналъулги, гьелъул хIасилалда рагъулаб госпиталалдаса рокъове витIиялъулги, бициналъулги гьенибе цIех-рех гьабун кагъат битIизе кколилан гьас абиялъулги гъоб мехалда букIинаан гIицIго цо хIасил-сверун ругез пикру гьабизе букIана гьев рагъулаб хъулухъалдаса ворчIизе багьанаби ралагьулев вугилан. Гьединлъидал Мухтар Динаев калам тун кIиабизеги рагъде ана. Хъвараб бихьичIого хутIуларелъул, Динаевги гьесул гьалмагъзабиги командирзабазул гIайибалдалъун асирлъуде ккола. Кьонцлагералда рукIарал гьел советиял аскарза эркен гьаруна рагъул ахиралда. Асирлъуде ккеялъе кинабгIаги гIайибги батичIого, кинаб бугониги тамихIги гьабичIого, 1946 соналъ Мухтар рокъове витIула.

Гьесие инсудасан ирсалъе щвана цIулал устарлъи, бакIал ралев чиясул махщел. Росдал «Бергьенлъи» колхозалъул бакIал ралезул бригадаялда хIалтIулаго камилаб гьунар гIемералъуб загьирлъана. Гьесул гIахьаллъи гьечIого бараб бакI батуларо колхозалъул. Гьелдаго цадахъ устарас росдал гIадамазул тIалабалда рекъон гьарулаан нуцIби, гордал ва цогидабги.

Мухтарицаги гьесул чIужу Сукайнатицаги лъикIаб тарбия кьун гIезаруна 5 яс ва 3 вас. Гьанже гьел жиде-жидер рукъ-яшавалда руго. Исана Мухтарил гIумрудул тIубала 84 сон. Эбел-инсул херлъи берцин гьабун буго лъималазул ва гьезулги лъималазул тIалабалъ, рокьиялъ, росуцояз гьабулеб адаб-хIурматалъ.

МухIамадкамил ЛахIитов,

Калининаул росу

КIудияб Бергьенлъиялъ 50 сон тIубаялде

Сонал анагIан цIилъулел ругънал

Залимаб ЦIантIа мегIералъул ахалъуда, зум-зумгIан бацIадаб Ахдач лъаралъ, эбелалъ кинида лъураб лъимадуегIадин, чIурканаб тIабигIаталъе ахх бачунебгIадаб панаяб бакъан къасиги, къадги гьоркьоб къотIулареб, бер бахилаб расалъиялда бугеб дир Алмахъ росулъ хинал, бакъулал къоял гIемерал рукIана. Гьедин гьава-бакъ рекъараб бакI букIаниги, дунялалъулго кIиабилеб рагъул соназда бецIал накIкIал тIаде далараб заман бачIана гьенибеги.

Росу бакьулъан цохIо бугеб, Тала кIийиде бикьун унеб аслияб нухдасан ана армиялде унелги, гьеб нухдасан рачIана ВатIаналъе, халкъалъе гIоло кьалул майданалда шагьидлъуичIого хутIаралги. Амма цо-цоязе гьенисан бухьараб сапар ахирисеб букIана. Рокъоре рачIаразулги гIемерисел рагъда щварал ругънал цIилъун, яги жалго херлъун гIумруялдаса ратIалъана. Гьанже нилъер щивасул налъилъун ккола нахъе ругезул адаб-хатирги, гьезие нилъехъа бажарараб кумекги гаьби. Гьединазул цояв ккола ГIумаров Пашаги.

1941 соналъул 22 июналда гитлерил хъамалчагIаз тохлъукьего нилъер гIорхъаби рахараб мехалда Паша хIалтIулев вукIана Алмахъ росдал «Октябралъул 25 сон» колхозалъул гIасиязул фермаялда. Рагъ байбихьаралдаса 1942 соналъул апрелалде щвезегIан гьес районалъул рагъулаб комиссариаталде жив рагъде витIеян чанго гIарза кьуна. Амма щибаб нухалда гьесде мун жеги гьитIинго вугин абулаан.

П. ГIумаровасул гIарза къабул гьабуна рехсараб 1942 соналъул ихдал ва жеги логода гIуцIун лъугIинчIев гьес рокъосезулгун къо-мех лъикI гьабуна. ТIоцебе гьев витIана Тбилисалда чIун букIараб кьвагьдохъабазул тылалъул 34 полкалде. Гьенив дагаьбго заманалдаги хутIун, гьалмагъзабигун Моздокалде, гIарадачагIазул полкалде гочинавуна.

Гьениб Пашаца тIоцебе гIахьаллъи гьабуна рахIму гьечIев тушманасулгун гьабулеб хвалилаб кьабиялъухъе Гитлерил армиялъул самолетаз, гIарадабаз гьоркьоса къотIичIого кьвагьулеб букIана шагьаралде, гьужумал гьарулел рукIана цебе танкабаз, хадуб лъелал солдатаз. Амма щибаб нухалда гьел дандчIвалел рукIана щулияб дандечIейгун. Гьениб тушманасда бичIчIана жив тIокIав цевехун виччазе гьечIолъи. Щаян абуни бакъ баккудехун ине ругел гьесул къасдал нилъер рагъухъабазул къвакIараб цIаялъ рухIулел рукIиндал.

Шагьар тушманасдаса эркен гьабиялъе гIоло унел рукьабиязда Паша захIматго лъукъана. Ругънал рукIана квешал, халат сахлъуларел. Гьединлъидал гьев витIана Бакуялда букIараб госпиталалде вегизе. ИчIго моцIалъ сах гьавуна гьенив. Гьеб мехалде тушман нахъе къазе лъугьана ва гьев Ставрополалъул ракьалде витIана. Гьенисаги Советиял рагъухъабаз фашистал бакътIерхьудехун хъамулел рукIана, хадур нилъералги унаан.

Сардал-къоял анагIан тушманасул рагъухъабаз, чIахIиял камиялги кколаго нилъер ругъахъабазухъе кьолел рукIана шагьарал, росаби. Амма гьел кьолел рукIана рихизарун, рухIун, чIунтизарун. Гьедин 1944 соналде рагъ гочана Украиналъул бакътIерхьул рахъалде. Гьенивги нахъеги лъукъана ва лъабго моцIалъ госпиталалда вегизе ккана.

Сахлъи щулалъарабго гьес нахъеги рагъде витIизе тIалаб гьабуна. – Гьалмагъ ГIумаров, битIахъегояб фронталде ине жеги цудун буго, дагьаб мехалъги хIухьбахъи гьабе, - ян абуна командирас гьесда. Гьелъие Пашал дун рагъде витIеян абураб къокъаб жаваб букIана. Пашае ракI-ракIалъго нахъеги фронталде ине бокьун букIин бичIчIарав командирас гьев витIана добго часталде рагъулъе гIахьаллъизе. Гьениб бихьизабураб лебаллъиялъухъ балагьун Паша ГIумаров витIула гIисинал командирзаби хIадурулел курсазде ва цIалун вахъаравго кIудияв сержантасул чиналда орудиялъул командирлъун тIамуна. Гьенив вагъулаго гьес тушманасул лъабго танк хвезабуна. Гьелъие гIоло гьев мустахIикълъана «Багьадурлъиялъе гIоло» медалалъе.

Нилъер районцоясул рагъул нухалъ рахана СССРалъул гIорхъаби. Гьев гъорлъ вугеб гIарадабазул полк гитлерил хъамалчагIазда кьабиги щвезабулаго, Чехословакиялъул ракьалде гочана. Жигараб гIахьаллъи гьабуна гьениса немцал нахъе хъамиялъе гьабулеб къеркьеялъулъе. Гьенивги вагъана магIаруласе хасиятаб таваккалалда, чармилаб къвакIигун. Паша нахъеги кIодо гьавуна пачалихъалъул шапакъаталдалъун. Гьаб нухалда гьесие кьуна «Лъабабилеб даражаялъул Рецалъул» орден. Чехословакиялдаса хадув вагъана Венгриялъул ракьалда. Фашистаз хIаракат бахъулеб букIана кинаб борхалъи батаниги гьениб щулалъи кквезе. Гьенивги Паша нахъе къачIо вагъана ва гьесул бахIарчилъи кIодо гьабуна кIиабизеги пачалихъалъул тIадегIанаб шапакъаталдалъун. Гьелдаса хадуб гIемераб заман иналде нахъеги рагъухъанасул каранда бана гьединго пачалихъалъул шапакъат. Амма П. ГIумаровас тIолалго шапакъатазда гьоркьоб бищунго хирияблъун рикIкIуна 1945 соналъул 5 апрелалда, №332 приказалдалъун живго М.В.Сталиница гъулбасги гьабун кьураб «Баркалаялъул кагъат». Рагъул соназда гьесие щвана анкьго медаль ва лъабго орден.

Рагъда щварал гIемерал ругъназухъги балагьичIого, тIадвусун хадув П. ГIумаров лъикI хIалтIана ракълилаб гIуцIарухъанлъиялда. Цин Алмахъ росдал Советалъул исполкомалъул председательлъун, 1951-1954 соназда вукIана колхозалъул правлениялъул председателасул заместительлъун. 1954-1960 соназда МТФялъул заведующийлъун. Гьелдаса хадув 20 соналъ хисичIого хIалтIана рохьил магIишаталъул Алмахъ росуялда аскIоб бугеб обходалъул хъаравуллъун. Рагъда хадусан халкъияб магIишат гIуцIиналда арал сонал гьесул рукIана росдал обществалъе пайдаялъе кьураллъун.

КIудияб Бергьенлъиялъ бащдаб гIасру тIубаялъул юбилеялде рачIунаго гьарула рагъул ва захIматалъул ветеранасе халатал соназул гIумру. Сонал анагIан загьирлъулеб буго чорхолъ бигеб гулаялъул ва минаялъул тIелалъул кесказул ругънал. Гьединлъидал бокьилаан сахлъиги щулияб букIине.

МухIамад ГIабасов,

Алмахъ росу

ЦIунана октябралъул бергьенлъаби

КIудияб Октябралъулаб социалистияб революция бергьаралдаса КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьиялде араб заман тарихалда гIемераб заман гурою гьединлъидал дунялалъул кIиабилеб рагъда цого-цо ВатIан тушманасдаса эркен гьаби гуребги, хIакъикъаталда цIунулеб букIана Октябралъ советияб халкъалъе кьураб эркенлъи. Гьедин букIиналъ нижеда тIадаблъун гьабуна гитлерилал хъамалчагIи кIванагIан хех улкаялдаса нахъе гъезе.

Рагъулаб хъулухъалде дун ахIана 1939 соналъул октябралдаго. Дунгун цадахъ рукIана Дилималдаса У. Султанбегов, ГI.-ХI. Байханов, М. Биясланов ва цогидалги. Байбихьуда ниж ккана Дальный Востокалде, хадуб 1941 соналъул марталда нижер кьвагьдохъабазул 904 полк гочана прибалтикаялде, Литвиялде.

Рагъ байбихьана 1941 соналъул 22 июналда дун вукIана Литвиялъул Гаври шагьаралда чIараб полкалъул посталда ва цоязда хадур цогидал гьарун рехарал тушманасул бомбаби нижер щулалъиялда щвана. Гьенив дун цоги нухалда нугIлъун лъугьана советияб солдатасул чармилаб ракI букIиналъе. ГIумруялъухъ, миллаталъухъ балагьичIого нижеца цоцае гьабулеб букIана рухI кьеялде гIунтIараб кумек, кодор рукIарал партронал лъугIулеб заманалда щивас жинди-жиндие толеб букIана ахирисеб патрон.

Нижер полкалъ чанго нухалда гIахьаллъи гьабуна тушманасул горсвериялде карал советиял рагъухъаби эркен гьариялъулъе. Гьеб рахъалъ нижер кумек щвана Псковалда, Староруссиялда ва цогидалги бакIазда рагъулел частазе. Амма бищунго ракIалдаса унареблъун букIана Калининалъул сверухълъиялдаса Ленинградалдехунунев тушманасе нух къазелъун гьарурал рагъал. Гьеб хасел цIакъго квачараб букIаниги къуркьулел, нахъе къалел рукIинчIо нилъер рагъухъаби.

1942 соналъул ахиралда дун тIоцебесеб нухалда лъукъана, гьоркьоб дагьабго заман инелдего кIиабизеги ругънал щвана бетIералда ва гьел цIакъго захIматал рукIана. Щуго моцIалъ сах гьавуна госпиталазда ва ахирги 1943 соналъул ахиралда комиссоват гьавун, кIиабилеб группаялъул инвалид хIисабалда рукъове витIана.

Гьелдаса хадув, хIухьбахъиялде инегIан дун хIалтIана колхозалда, школалда ва цогидал бакIазда. Гьанжеги ватIа тIун чIоларо общественнияб хIалтIудаса, росдал гIумруялдаса. Ризго дандчIвала росдал гIолилалгун, школалъул цIалдохъабигун, гьезие бицуна рагъул кьогIлъиялъул, гьелъ кьолбе заралалъул. ГIолилазе интернационалиябгун ВатIан бокьиялъул рухIалда тарбия кьей-гьеб буго нижер, рагъул в ахIалтIул ветераназул аслияб масъала. Гьеб тIубалеб букIиналдаса чIухIарав вуго дун.

ГI.-ХI. Батимирзаев,

КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи,

Калининаул росу

Щивго кIочон гьечIо, щибго кIочон гьечIо

Хабар лъачIого тIагIарав

«РакIалде щвеялъе тIехьалъул» 4 томалъул 93 гьумералда хъван буго: «Асланбаев (Асланбеков) ХIосейн (ХIусейн), 1914 (1921) соналда Казбек районалъул Алмахъ росулъ гьавурав, рагъулаб хъулухъалде ахIун вуго Казбек районалъул рагъулаб комиссариаталъ 1940 соналъул 13 октябралда. Мухъилав. Хабар лъачIого тIагIана 1941 соналъул декабралда».

ХIусеница хъвараб ахирисеб кагъат Алмахъалде бачIана 1941 соналъул 20 июналда. КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьизе хутIун букIана 2 къо. Кагъат бачIана Белоруссиялъул Гродно областалъул Лида шагьаралдаса. Гьелде щвезегIан хъулухъ гьабулеб букIана Гродно шагьаралда. Яц Гъизайбатиде. ЯцгIалзабазде хъвараб кагъат махсаро-хочIалъул цIураб букIана. ИчIго моцI гIолеб бугила жив армиялде ахIаралдаса. Бихьинчиясда бихьичIого гIолареб бакI букIун бугила армия.

Асланбаев ХIусен вукIана МахIачхъалаялдаги цIалун росдал лъималазе дарсал кьезе байбихьарал алмахъазул тIоцересел учительзабазул цояв. ЛъагIелгIан заманалъ учительлъун хIалтIана гьев армиялде ахIилелде. Гьес махщел тIаса бищиялде асар гьабун батизе бегьула гьезул рукъов Николай абун цIар букIарав гIурус учитель яшав гьабун вукIиналъги. ХIусение кутакалда бокьулаан жиндицаго тIаса бищараб иш.

Гьесул анищ букIана тухумалдаса цойги цIаларал гIолилал рахъине, гьел махщел бугел гIадамаллъун рихьизе. Ахирисеб кагътидаги гьес тIад-тIад вуссун хъвалеб буго лъикI цIализе кколилан. Гьесул эбел-инсуца хьихьарай жиндирго яцгIал Напизатиде кагътида хъвалеб букIана жив армиялдаса тIад вуссараб мехалда гьей МахIачхъалаялде цIализе щвезайизе йигилан.

ХIусенил ахирисеб кагъат кIудияб хIурматалда цIунун буго гьесул вац Басирил яс Ленинаулалда яшав гьабун йигей Зулпатица. ИмгIал армиялде унеб мехалъ, кинида лъурай жо йикIана гьей. Гьелъул жиндирго эмен Басирги рагъул гIахьалчи кколаан. Гьев мунагьал чурад хвана 1962 соналда.

«РакIалде щвеялъул тIехьалда» гьабураб хъвай-хъвагIаялъ нугIлъи гьабулеб буго гIасияб рагъул бищунго захIматал тIоцересел моцIаз ХIусен Асланбаев жидерго чурхдуз ВатIан бахчаразул кьерда вукIараблъиялъе. Миллионал цогидал кьерилаздаго гIадин рекIелъ къан букIун батила гьесдаги тушманасдаса нахъе къазе ккеялъул къабихIлъи. ХIехьезе ккун батила гIемераб къварилъи. Хабар лъачIого гьев тIагIанилан бихьизабураб 1941 соналъул декабралъул авалалда Москва цIунулез кIочон толареб кьаби щвезабуна фашистазда ва гьенисан байбихьана Бергьенлъиялде халатаб нух.

Воханадай солдат ВатIан эркен гьабиялъе байбихьи лъураб тIоцебесеб кIудияб гьужумалдаса?

Яги гьеб тарихияб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ рохалилаб хабар тIаде щвелелде къанщанадай гIумрудухъ гIащикъал берал?

ГьечIо гьел суалазе жаваб. ХIусенил цIар къадруялда цIунун буго гIагарлъиялъ. Гьесул тухумалда учительзабиги, офицерзабиги, хъулухъчагIиги гIемерал руго. Гьездаса кигIандай вохилаан ХIусен, рагъалъ гьесул гIумру пана гьабичIебани.

ГI. ГIумарасхIабов

Жакъаги нилъгун

РакIалдаса унарел лъугьа-бахъиназдалъун бечедаб буго Ленинаул росулъа партиялъул, рагъул ва захIматалъул ветеран ГI. Гъазиевасул гIумруялъул нух. 13 сон тIубарав чиясде тIаде ккана бесдаллъуда хутIараб хъизаналъул тIалаб. 14 сон байдал вищана Алмахъалда тIоцебе гIуцIараб комсомолалъул ячейкаялъул секретарьлъун. 15 сон букIана 1930 соналъ 25 октябралъул цIаралда бугеб колхозалъул хIисабчиясул иш тIад базабураб заманалда. 1932 соналъ восана КПССалъул членлъиялде кандидатлъун. Гьебго соналъ тIуразаруна колхозалъул председателасул, бухгалтерасул ва кассирасул хъулухъал.

1934 соналъул ихдал колхозал гIуцIиялде дандечIараз ГIумарасхIабида нахъасан туманкI речIчIана. Бохалда лъураб ругъун сахлъун хадув хIалтIана учительлъун. Амма 1936 соналъ хIинкъи ккана колхоз биххиялда ва партиялъул райкомалъул бюроялъул хIукмуялдалъун Гъазиев нахъеги колхозалъул председательлъун тIамуна.

1939 соналъ ГIумарасхIабил гIумруялъулъ ккараб кIудияб лъугьа-бахъинлъун букIана партиялъул членлъун воси ва колхозалъул парторганизациялъул секретарьлъун вищи.

Гьеб хъулухъалда вукIана КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьизегIан. Алмахъалдаса гIолилалго гIадин Гъазиев 1942 соналъул 10 январалда фронталде ана. Жиндирго рагъулаб нух байбихьараб бакIлъун гьес рикIкIуна Москваялъул сверухълъи. Пехотаялъул полкалъул хасаб разведчиказул ротаялъул хIисабалда вагъулаго гIахьаллъана Москва, Смоленск, Брянск областал немцаздаса эркен гьариялъулъ. 1943 соналъул августалда Курскалъул дугаялда тIоритIарал рагъазулъ захIматго лъукъана ва лъабго моцIалъ госпиталалда сахгьавун хадув, гIагараб росулъе тIад вуссана.

1944 соналъ къисматалъ ГIумарасхIаб Ленинаулалде вачана. Байбихьана халкъияб магIишат цебетIезабиялда хIалтIизе. ГIемерал соназ хIалтIана Ленинаулалда, Буртунаялда колхозазул парторганизациязул секретарьлъун, партиялъул райкомалъул пропагандистлъун, рохьил магIишаталда. КIиго нухалда мустахIикълъана ДАССРалъул Министерзабазул Советалъул, РСФСРалъул «Знание» обществоялъул ва ВЛКСМалъул обкомалъул ХIурматалъул грамотабазе.

1974 соналъ, «Гьудуллъи» колхозалда бухгалтерлъун хIалтIулаго Гъазиев мустахIикъаб хIалбихьиялде ана. Жакъаги гьев нилъгун вуго. Росдал гIолилазе, цIалдохъабазе ГIумарасхIаб ккола хIурматияв гьоболлъун.

КIудияб ВатIанияб рагъулъ бергьенлъи босаралдаса 43 сон тIубалеб къо кIодо гьабулаго I даражаялъул ВатIанияб рагъул орденалъ. 11 медалалъ керенги гвангъизабун, ГIумарасхIаб нахъеги дандчIвалев вуго росуцоялгун. Гьезие бицине жо ветеранасул гIемераб буго.

Сураталда: ГI. Гъазиев,

И. МухIамадов,

нижер хасав мухбир

КИДАГО КIОЧЕНАРО

Село Алмак

1. Абасов Забит 1913 года рождения. Погиб в бою в 1942 г.

2. Абасов Зулумхан Госанович 1920 года рождения. Погиб в бою 12.04 1942 г. Место захоронения дер. Желебко.

3. Атабаев Асадула 1914 года рождедения. Пропал без вести в 1942 г.

4. Арсмирзаев Насрула 1903 года рождения. Погиб в бою в мае 1944 г.

5. Арсмирзаев Хайрула 1903 года рождения. Погиб в бою.

6. Абдулхаликов Асадула 1914 года рождения. Погиб в бою.

7. Асланкадиев Асаали 1925 года рождения. Погиб в бою. IV – 1944 г.

8. Асланкадиев Саидахмед 1920 года рождения. Пропал без вести в 1942 г.

9. Абакаров Ахмед Ахмедович 1916 года рождения. Погиб в бою. 15.03. 1945 г. Место захоронения Польша Гданское воеводство с. Кали, р-н г. Квашин.

10. Абубакаров Умар 1911 года рождения. Пропал без вести в 1942 г.

11. Адильмирзаев Газимагомед 1920 года рождения. Погиб в бою в XII – 1941 г.

12. Адиблбиев Гамза 1920 года рождения. Погиб в бою.

13. Амиров Магомед 1911 гоа рождения. Пропал без вести.

14. Абдулвагабов Рашид 1916 года рождения. Пропал без вести в 1941 году.

15. Амиров Вали 1909 года рождения. Погиб в бою 00.03, 1943 г.

16. Асаев Анварбег 1912 года рождения. Погиб в бою 00.07, 1942 г.

17. Алиев Абубакар 1914 года рождения. Погиб в бою.

18. Аличов Абдухалим 1909 года рождения. Погиб в бою в XII – 1941 г.

19. Аличов Абдукадир 1909 года рождения. Погиб в бою в XII – 1942 г.

20. Алиханов Магомед 1913 года рождения. Погиб в бою.

21. Асланбаев Госейн 1921 года рождения. Погиб в бою в XII – 1942 г.

22. Адильбиев Салимхан 1915 года рождения. Погиб в бою.

23. Абдулазизов Гусейн 1921 года рождения. Погиб в бою в X – 1942 г.

24. Амиралиев Алисултан 1924 года рождения. Погиб в бою 00.03, 1944 г.

25. Ахгубеков Алисултан 1904 года рождения. Погиб в бою 16.07, 1942 г.

26. Алиев Лахит 1907 года рождения. Погиб в бою 28- XIII 1943 г. Смоленская обл. Якимовский р-н дер. Зимницы. 100 м. восточнее.

27. Асхабов Сираждин 1922 года рождения. Погиб в бою 24.10, 1942 г. Место захоронения г. Сталинград.

28. Абдулахитов Алимхан 1921 года рождения. Погиб в бою 00.03, 1942 г.

29. Абасов Магдихан 1924 года рождения. Погиб в бою 00.03, 1943 г.

30. Абучов Магомелгаджи 1916 года рождения. Погиб в бою в VIII – 1942 г.

31. Абдулахитов Хамид 1923 года рождения. Погиб в бою 23.03, 1941 г. Труп находится на поле боя, на нейтральной зоне.

32. Алтумирзаев Магомедсаид 1914 года рождения. Погиб в бою 29.05, 1942 г. Место хазоронения Мурманская обл. ур. ЗИП Лица Сев. Скат высоты «Безымянная».

33. Амирханов Хайрула 1905 года рождения. Погиб в бою 00.07, 1942 г.

34. Абдулаев Абдула 1922 года рождения. Погиб в бою в XII-1944 г.

35. Адилбегов Адилсултан 1922 года рождения. Погиб в бою 00.03, 1945 г.

36. Абдуразаков Темирсултан 1920 года рождения. Погиб в бою. Место захоронения Венгрия, 2 км. сев. вост., Сечень с/х 30/142.

37. Амиев Гаджи 1923 года рождения. Погиб в бою. Место захоронения ст. Погостье, могила №17.

38. Абдулмуслимов Хайрула 1908 года рождения. Погиб в бою в VIII-1943 г.

39. Абудлаев Насрула 1908 года рождения. Погиб в бою в V-1943 г.

40. Абдулхалитов Иманали 1014 года рождения. Погиб в бою 22.03, 1944 г.

41. Амиралиев Наби 1910 года рождения. Пропал без вести.

42. Алиев Али 1921 года рождения. Погиб в бою в XI -1941 г.

43. Алтумирзаев Абудалпатах 1924 года рождения. Умер в госпитале 30.09, 1943 г. Место захоронения г. Тбилиси Кукайское кладбище, мог 240

44. Асланханов Нугаймирза 1903 года рождения. Погиб в бою.

45. Алимагомедов Вали 1903 года рождения. Погиб в бою 14.09, 1942 г. Место захоронения в р-оне страницы Прохлодная КБ. АССР.

46. Алиасхабов Газимагомед 1924 года рождения. Погиб в бою 20.09, 1943 г. Место захоронения Орловская обл. Акульчинский р-он, дер Печная слобода.

47. Баймирзаев Билал 1918 года рождения. Пропал без вести в XII-1947 г.

48. Биясланов Магомедали 1912 года рождения. Пропал без вести.

49. Биясланов Сайдула 1902 года рождения. Ппропал без вести.

50. Бацаев Насрула 1921 года рождения. Ппропал без вести.

51. Бацаев Насрудин 1925 года рождения. Пропал без вести.

52. Бартиханов Муса 1923 года рождения. Пропал без вести.

53. Будайханов Алимирза 1920 года рождения. Ппропал без вести.

54. Бартиханов Курчанав 1908 года рождения. Погиб в бою в VIII – 1943 г.

55. Байбулатов Магомедшарип 1918 года рождения. Погиб в бою00.03, 1945 г.

56. Ваканаев Исмаил 1923 года рождения. Погиб в бою.

57. Ваканаев Камиль 1921 года рождения. Погиб в бою.

58. Висаитов Темирсултан 1923 года рождения. Погиб в бою 25.04 г. Место захоронения Станиславская обл. Коломинский р-н, с-з окрамьед, местность Слабудка братская могила.

59. Гойбасханов Мисирби 1905 года рождения. Погиб в бою V- 1943 г.

60. Гаджимурадов Джамалдин 1893 года рождения. Погиб в бою 00.03, 1944 г.

61. Гамзатов Найвудин 1911 года рождения. Погиб в бою 00.03, 1944 г.

62. Гарабатиров Масар (Галип) 1912 года рождения. Пропал без вести.

63. Гасанов Асадула 1915 года рождения. Ппропал без вести в 1942 г.

64. Гаджибеков Басир 1912 года рождения. Погиб в бою 00.02, 1942 г.

65. Гаджибеков Гага 1920 года рождения. Погиб в бою в XI – 1943 г.

66. Гайтимиров Мажид 1910 года рождения. Погиб в бою.

67. Гаджимагомедов Магомедхабиб 1924 года рождения. Погиб в бою в X – 1944 г.

68. Газимагомедов Гиримсултан 1920 года рождения. Погиб в бою.

69. Гасанов Абдула 1897 года рождения. Пропал без вести.

70. Гасанов Камиль 1907 года рождения. Пропал без вести.

71. Гасанов Басир 1912 года рождения. Пропал без вести.

72. Гойбасханов Ибрагим 1921 года рождения. Погиб в бою.

73. Гаирбеков Мажид 1901 года рождения. Погиб в бою 10-04, 1944 г. Место захоронения Нерченский р-н, д. Котерлес гр. Кладбище, мог 2

74. Гаджибатиров Булатхан 1901 года рождения. Погиб в бою 28.08, 1943 г. Место захоронения Смоленская обл. Якимовский р-н дер.

75. Гандиуров Башир 1900 года рождения. Погиб в бою 00.03, 1942 г.

76. Гебеков Тимирсултан 1922 года рождения. Погиб в бою 00.12, 1941 г.

77. Гасанханов Хайрула 1910 года рождения. Погиб в бою 13.11, 1942 г. Место захоронения Новосибирская обл. г. Стаминск.

78. Гафуров Индирби 1904 года рождения. Погиб в бою 00.03, 1945 г.

79. Гасанханов Гайирхан 1906 года рождения. Погиб в бою 00.03, 1943 г.

80. Джангишиев Гаджи 1921 года рождения. Погиб в бою.

81. Джантимиров Абдулхамит 1907 года рождения. Погиб в бою 18.04, 1942 г. Место захоронения Смоленсткая обл. Гжатский р-он, сел Грязная Кортовка в 2 км. могила №1

82. Динаев Хайрула 1902 года рождения. Погиб в бою в I-1943 г.

83. Дадаев Дада 1921 года рождения. Погиб в бою 00.03, 1943 г.

84. Дадахадаев Исмаил-Гаджи 1908 года рождения. Погиб в бою 00.03, 1942 г.

85. Дадаев Ажат 1921 года рождения. Умер от ран 12. IV – 1943 г. Место захоронения гор. Гори, городское кладбище.

86. Дадаев Магомедхабиб 1924 года рождения. Умер в госпитале в Саратове.

87. Далгатов Далгат 1920 года рождения. Погиб в бою в XII 1941 г.

88. Дадаев Расул 1919 года рождения. Пропал без вести в 1942 г.

89. Дагуев Шапи 1908 года рождения. Умер отран 469 ППГ. Место захоронения Витебская обл. Городский р-н, д. Гринюки.

90. Джабраилов Магомед 1922 года рождения. Погиб в бою 25.11, 1943 г. Место захоронения Запорожская обл. Белозерский р-он, С. Белозерка 279 СД 1000 сп к-р роты.

91. Джамалов Абдусалам 1915 года рождения. Погиб в бою 00.08, 1943 г.

92. Давлетгереев Магомед 1907 года рождения. Погиб в бою 08.03, 1943 г. Место захоронения Курская обл. Дмитровский р-он, дер. Березовка.

93. Закарьяев Магомед 1904 года рождения. Погиб в бою в IX – 1942 г.

94. Занкиев Маккашарип 1921 года рождения. Погиб в бою в XI – 1941 г.

95. Зайнудинов Каримула 1913 года рождения. Погиб в бою в II – 1942 г.

96. Занкиев Магомед 1923 года рождения. Погиб в бою в марте 1943 г.

97. Исмаилов Абдулатип 1911 года рождения. Погиб в бою в 1 – 1943 г.

98. Идрисов Кази 1920 года рождения. Погиб в бою.

99. Идайлаев Асадула 1926 года рождения. Умер о ран 20.01, 1944 г. Место захоронения г. Тбилиси.

100. Исагаджиев Гаджимуса 1920 года рождения. Погиб в бою в августе 1942 г.

101. Исмаилов Гайирхан 1918 года рождения. Погиб в бою.

102. Исагаджиев Давлетмирза 1910 года рождения. Погиб в бою в августе 1942 г.

103. Илиясов Джаватхан 1911 года рождения. Погиб в бою 25.06, 1944 г. Место захоронения Гомельская обл. г. Рогачев река Друзеть.

104. Инусов Байсурука 1914 года рождения. Погиб в бою 28.08, 1943 г. Место захоронения Смоленская обл. Якимовский р-он, 1 км. южнее дер. Зимница.

105. Идирисов Магомедбасир 1923 года рождения. Погиб в бою 29.08, 1943 г. Место захоронения Смоленская обл. Якимовский р-он, д. Починок.

106. Исмаилов Исрапилгаджи 1924 года рождения. Погиб в бою в 25.05, 1944 г. Место захоронения Гомельская обл. Рогачевский р-он лес. 200 м. восточно-южно. Окраины дер. Блиднецел.

107. Корголаев Муртазали 1905 года рождения. Погиб в бою в IX – 1942 г.

108. Кадиев Загир 1910 года рождения. Погиб в бою.

109. Кадиев Абдулсаид 1919 года рождения. Погиб в бою.

110. Корголаев Гаджи 1912 года рождения. Погиб в бою 00.03, 1943 г.

111. Казакмирзаев Казакмирза 1919 года рождения. Погиб в бою 00.01, 1942 г.

112. Курухмаев Асабула 1913 года рождения. Погиб в бою 20.09, 1942 г. Место захоронения КБ, АССР с. Арик.

113. Курахмаев Гимбат 1916 года рождения. Погиб в бою 18.03, 1945 г. Место захоронения Венгрия, южная окраина с. Шалов могила №1,2 ряд сверху 1-й с южного края.

114. Кадыев Адилгерей 1924 года рождения. Погиб в бою 25.11, 1943 г. Место захоронения Гомельская обл. Кормянский р-он, пос. Красный Бор.

115. Кирингишиев Магомеднаби 1922 года рождения. Погиб в бою 00.02, 1945 г.

116. Магомедгазиев Арсанмирза 1903 года рождения. Умер от ран. Место захоронения: Краснодарский край. Славянский р-н Трякужа.

117. Магомедтагиров Гаджи 1921 года рождения. Погиб в бою.

118. Магомедсултанов Сатира 1922 года рождения. Погиб в бою в 15-X-1942 г.

119. Магомедов Ордаш 1908 года рождения. Погиб в бою в 1-1943 г.

120. Магомедалиев Пирахма 1917 года рождения. Погиб в бою.

121. Магомедалиев Рурахма 1917 года рождения. Погиб в бою.

122. Муртазалиев Улубий 1914 года рождения. Погиб в бою.

123. Муртазалиев Гамбулат 1925 года рождения. Погиб в бою.

124. Муртазалиев Умар 1901 года рождения. Погиб в бою.

125. Магомедов Али 1907 года рождения. Погиб в бою.

126. Мусаев Арсамав 1924 года рождения. Погиб в бою.

127. Мажидов Гаджи 1911 года рождения. Место захоронения Кировградская обл. Градновский р-н с. Кучеровка.

128. Магомедгазиев Макай 1898 года рождения. Погиб в бою.

129. Мусаев Темирхан 1920 года рождения. Умер от ран (медсанбат) 03.02, 1943 г. Место захоронения Ленинград, обл. Мгинский р-н мог. №130

130. Магомедмирзаев Султанмурад 1919 года рождения. Погиб в бою в II – 1943 г. Место захоронения г. Феодосия.

131. Муталибов Муса 1921 года рождения. Погиб в бою 10.09, 1942 г.

132. Мусичов Сайидахмед 1921 года рождения. Погиб в бою в XII – 1941 г.

133. Насрудинов Пахрудин 1911 года рождения. Погиб в бою в IX – 1943 г.

134. Насрудинов Хайрудин 1910 года рождения. Погиб в бою в VIII – 1942 г.

135. Насрудинов Гашим 1925 года рождения. Погиб в бою.

136. Нурудинов Башир 1917 года рождения. Погиб в бою.

137. Нуцалханов Насрула 1915 года рождения. Погиб в бою.

138. Назарханов Мухудин 1911 года рождения. Погиб в бою XI – 1943 г.

139. Нуралиев Абдужабар 1912 года рождения. Погиб в бою в VIII – 1942 г.

140. Нуралиев Гаджи 1908 года рождения. Погиб в бою.

141. Назарханов Башир 1917 года рождения. Погиб в бою.

142. Навурбиев Назирби 1923 года рождения. Погиб в бою в 00.03, 1943 г.

143. Нурмагомедов Магомедхабиб 1912 года рождения. Погиб в бою 00.03, 1942 г.

144. Нуцалханов Курбанав 1914 года рождения. Умер от ран 28.02 1944 г. Место захоронения Могилевская обл. Н. Быховский р-н, Д. Большевик, кладбище.

145. Нурмагомедов Магомедназир 1924 года рождения. Погиб в бою 00.09, 1943 г.

146. Омаров Рурахма 1917 года рождения.Пропал без вести в XI 1941 г.

147. Омаров Сайродин 1925 года рождения. Погиб в бою.

148. Окмазов Султанмурад 1896 года рождения. Погиб в бою в концлагере 20 – XII – 1942 г.

149. Садаев Зайид 1909 года рождения. Погиб в бою в V – 1943 г.

150. Салихов Мансур 1921 года рождения. Погиб в бою в 1943 г.

151. Салатгереев Камиль 1921 года рождения. Погиб в бою.

152. Салманов Саид 1910 года рождения. Пропал без вести в VIII – 1942 г.

153. Сулейманов Гаджи 1918 года рождения. Погиб в бою.

154. Сагитов Саримирза Султанович 1911 года рождения. Погиб в бою 28.02 г. Место захоронения Севостополь 2 км. От города Лещине Камишин.

155. Султанмурадов Вадуд 1919 года рождения. Погиб в бою.

156. Салингереев Салимхан 1911 года рождения. Погиб в бою в I-1945 г.

157. Салдатгереев Нажбудин 1917 года рождения. Погиб в бою в I-1945 г.

158. Салатгереев Салатгерее 1917 года рождения. Погиб в бою в VI – 1943 г.

159. Садаев Шарабудин 1913 года рождения. Погиб в бою в XII – 1941 г.

160. Салибиев Насирби 1918 года рождения. Погиб в бою 00.12, 1943 г.

161. Садаев Гамзат 1943 года рождения. Погиб в бою 00.03, 1943 г.

162. Сулейманов Башир 1906 года рождения. Погиб в бою 27.08, 1943 г. Место захлоронения. Краснодарский край, ст. Славянская, гор. Кладбище в средине с права.

163. Салманов Магомедкамиль 1921 года рождения. Погиб в бою 2.X.1942 г. Место захоронения, под Сталинградом, юга-восточ. Скат высота 102

164. Сираев Мурад 1910 года рождения. Погиб в бою 00.03, 1943 г.

165. Тавбулатов Умарасхаб 1915 года рождения. Погиб в бою 27-1942 г. Место захоронения г. Ленинград, Володарский р-н, Троицкое кладбище, братская могила №1.

166. Тагиров Сайгидав 1916 года рождения. Погиб в бою.

167. Тагиров Хабиб 1915 года рождения. Погиб в бою.

168. Тайпуров Абдулхаким 1902 года рождения. Погиб в бою 23.09, 1942 г. Место захоронения, у. станция Котлеревка Кб АССР

169. Устаев Магомед 1913 года рождения. Погиб в бою. В VIII – 1943 г.

170. Учуев Батал 1910 года рождения. Погиб в бою.

171. Утарбиев Битанби 1911 года рождения. Погиб в бою в XI – 1943 г.

172. Умачов Зайид 1910 года рождения. Ппропал без вести.

173. Утарбиев Жамалдин 1905 года рождения. Погиб в бою 00.03, 1943 г.

174. Умаргаджиев Маха 1908 года рождения. Погиб в бою 16.03, 1943 г. Место захоронения район г. Новочеркаск М. Мысхако.

175. Халидов Абид 1925 года рождения. Погиб в бою в IV – 1944 г.

176. Хизриев Хазри 1903 года рождения. Погиб в бою 09.01, 1943 г. Место захоронения Краснодарский край, левый берег реки Пшеха с. Рожем.

177. Хамагов Абдулмалик 1920 года рождения. Погиб в бою.

178. Хамагов Абдулсамад 1920 года рождения. Погиб в бою в IV- 1945 г.

179. Хайдаров Темигере 1925 года рождения. Погиб в бою 27.07, 1941 г.

180. Халидов Зирар 1916 года рождения. Погиб в бою 00.03, 1943 г.

181. Хатипов Абдуразак 1910 года рождения. Погиб в бою 11.12, 1941 г. Место захоронения Калининская обл. д. Кузминское.

182. Хасинов Муса 1925 года рождения. Погиб в бою в IX – 1942 г.

183. Хасинов Билал 1911 года рождения. Погиб в бою.

184. Хайдарилаев Сатира 1913 года рождения. Пропал без вести.

185. Хизриев Магомедхабиб 1909 года рождения. Погиб в бою в VIII – 1942 г.

186. Засбулатов Зайитби 1901 года рождения. Погиб в бою.

187. Хамагов Залипав 1911 года рождения. Погиб в бою 16.1, 1942 г.

188. Хасбулатов Темирука 1906 года рождения. Пропал без вести.

189. Хасинов Сайбула 1921 года рождения. Погиб в бою.

190. Хайбулаев Тимирука 1901 года рождения. Погиб в бою.

191. Хатипов Абдулмагид 1910 года рождения. Умер от ран 6.03, 1942 г. Место захоронения г. Беревенково, бранск. мог. №4 в 250 м. от новог. городск кладбища.

192. Хайдаров Алибек 1910 года рождения. Погиб в бою 14.05, 1842 г. Место захоронения Смоленская обл. Гжатский р-н, лес 1 км. Западнее д. Шапкино.

193. Хасбулатов Гаирбек 1923 года рождения. Погиб в бою 20.09, 1943 г. Место захоронения Орловская обл. Акульчинский р-н, д. Песчная-слобода.

194. Хасильбиев Магомедхабиб 1910 года рождения. Погиб в бою 23.09, 1942 г. Место захоронения с. Майское.

195. Хамидов Батал 1911 года рождения. Погиб в бою 00.03, 1943 г.

196. Чаландаров Исмаил 1909 года рождения. Погиб в бою 17.02.1944 г. Место захоронения Керченский П-ов Юраковкут. Бриг. кладбище, мог. №23

197. Чочоев Газанав 1917 года рождения. Погиб в бою. Место захоронения Калининская обл. ст. Фирсова.

198. Шамсудинов Тажудин 1911 года рождения. Погиб в бою 00.01, 1943 г.

199. Шамердиев Расул 1910 года рождения. Погиб в бою 00.07, 1943 г.

200. Шамсудинов Жарутдин 1917 года рождения. Погиб в бою 00.03, 1943 г.

201. Шамсудинов Камалдин 1907 года рождения. Погиб в бою 00.03, 1943 г.

202. Шихмурадов Байбулат 1903 года рождения. Погиб в бою 23.09, 1942 г. Место захоронения с. Пришибская.

203. Шагилаев Анас 1923 года рождения. Погиб в бою 20.09, 1943 г. Место захоронения Орловская обл. Акульчинский р-н, д. Печная-Слобода.

204. Эсенмирзаев Сайбула 1911 года рождения. Погиб в бою 6.01, 1942 г.

205. Эльдаров Зайид 1921 года рождения. Пропал без вести.

206. Эсенбаев Патаали 1923 года рождения. Погиб в бою.

207. Эсенмирзаев Насрула 1900 года рождения. Погиб в бою.

208. Эльдаров Джамалхан 1908 года рождения. Погиб в бою 04,09, 1942 г. Место захоронения Смоленская обл. Гжатский р-н, лес. 1 км. Северо-восточнее деревни Бровкино.

209. Яхияев Абдула 1920 года рождения. Погиб в бою в XII – 1941 г.

210. Шуайбов Магомед 1923 года рождения. Пропал без вести в 1943 г.

211. Зайпулаев Магомедсаид 1923 года рождения. Погиб в бою.

212. Зайпулаев Ахмедхан 1920 года рождения. Погиб в бою.

ЛЪАЛЕЗ БИЦЕ

Районалъул рагъулаб комиссариаталъул тIахьазда хъвай-хъвагIаял ругел фронталдаса тIадруссинчIел рагъухъабазул жеги щалали лъачIого хутIун руго хадур рехсарал гIадамал. Гьел лъалезда гьарула ветераназул райсоветалда, яги «Чапар» газеталъул редакциялда лъазабеян.

1. Абдурахманов Идрис Араб бакI лъачIого тIагIана 16.04. 1945 с. Лъади Абдурахманова Аку.

2. Гаджиев Абдулкасим ТIагIун вуго 17.09. 1943 с.

3. Кириев Саидбег 1924 соналъ гьавурав. ТIагIана 1943 соналъул марталда. Эбел-Газияева Написат.

4. Гаджиев Расул Армиялде ахIана 10.02. 1940 с. ТIагIана 1941 соналъул декабралда.

5. Гамзатов Умахан Гьавуна 1918 соналда. ТIагIана 1941 соналъул сентябралда. Эбел-ялъуни лъади-Гамзатова Таибат.

6. Исаев Абакар Гьавуна 1908 соналда. ТIагIана 1942 соналъул маялда. Лъади-Пашаева ПатIимат.

7. Курбанов Абдултапур 1924 соналда гьавурав. ЧIван вуго 11.03.1944 соналъ. Вукъун вуго: Калининская обл. гор, Шамидо. Идруликский р-он. Эбел ялъуни вац-Курбанов Сулейман.

8. Магомедов Адилхан ТIагIана 15.09.1941 с.

9. Мухамедов Идрис ЧIвана 30.05.1944 с. Вукъун вуго: Волинская обл. Гороховский р-н. с. Звипячи.

10. Магомедалиев Жамалудин 1908 соналъ гьавурав. ТIагIана 1942 соналъул марталда. Эбел Магомедалиева Нуцалай

11. Магомедов Госен 1898 соналда гьавурав. Вас Гасанов Магомед, яги Гасан.

12. Султанмагомедов Нуцалхан 1907 соналда гьавурав. ТIагIана 1943 соналъул марталда.

13. Темирукаев Нажбудин 1918 соналда гьавурав. ТIагIана 1943 соналъул декабралда. Алмахъ росу. Эбел: Газиханова Бахдумеседо

14. Умаров Азиз ЧIвана 19.12.1945 с. Вукъун вуго: Германия р-н Ресты. ЧIужу Умарова Анич.

15. Умаров Магомедали 1922 соналда гьавурав. Лъукъиялдалъун хвана 2.08.1942 с. Эбел Умарова Хавгарт.

16. Умаров Измаил 1908 соналда гьавурав. ТIагIана 1943 соналъул февралалда. ЧIужу Умарова Саху.

17. Мусаев Гойбасхан 1903 соналда гьавурав. ТIагIана 1942 соналъул мартала. ЧIужу, ялъуни эбел Мусаева З.,

18. Юсупов Минзакир Юсупович Лъукъиялдалъун хвана 24.04.1942 с. Вукъун вуго Смоленская областалъул Гаторип шагьаралда. Б/р могила №2.

19. Мажидов Али Абакарович 1918 соналда гьавурав 1214 сп. 364 сд. кIудияв сержант, ОТделениялъул командир. ЧIвана 01.04.1944 с. Вукъун вуго Ленинградская областалъул Псковский районалъул Отар Огнянниково абулеб бакIалда.

20. Юнусов Зайнудин 1919 соналда гьавурав. Лейтенант. ТIагIана 27.03.1945 с. Эмен Магомпев Бнус.

21. Акаев Абдурахман Магомедович 1913 соналда гьавурав. Лейтенант. ТIагIана 1941 соналъул 9 декабралда. Эбел Шейхова Аха.

22. Авукаев Магомед 1918 соналда гьавурав ва Авукаев Ильяс 1905 соналда гьавурав. Эмен Авукаев Гасан.

23. Алиев Абдула 1924 соналда гьавурав. ТIагIана 1943 соналъул октябралда. Эмен Гаджимагомедов Али. Росу Алмахъ.

24. Аминов Ибрагим Аминович 1921 соналда гьавурав. Чiвана 1944 соналъул февралалда. Вукъун вуго: БССР Шумилинский р-н, отар Дворище.

25. Алиев Шахбан 1919 соналда гьавурав. ЧIвана 1943 соналъул 7 сентябралда. Вукъун вуго Смоленская областалъул Ельня шагьаралда.


Календарь исламский


Мусульманские праздники