Печать
06
Июль

Айшат Шамердиева

Добавил(а) Administrator on 06 Июль 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Нилъер руччаби

Рагъухъанасул лъади

1942 соналда тушманасдаса ВатIан цIунизе Алмахъалдаса Шамердиев Расул араб мехалда, гьесул лъади ГIайшат йикIана битIун завалаб гIолохъанлъиялъул гIумруялда. Жиндир кьерилалго гIадин гьейги кIудияб божилъиялда ва хьулалда йикIана кватIичIого рагъги лъугIилин, рекIкIав тушманасда тIад бергьенлъиги босун, рос сах-саламатго рокъове тIад вуссинин.

Амма къисматалъ батIайиса хъван батана. 1943 соналда Керчь шагьар эркен гьабулаго Расул гIумруялдаса ватIалъана. КIиго гьитIинав вас бесдаллъана. Гьезул букIинеселъул ургъел бегана ГIайшатил гъажибутIрузде.

Рагъул соназги хадусел ракъарал соназги гIемераб гIакъуба-къварилъи бихьана гьелда. Дол соназ, кигIан гIемераб хIалтIи гьабуниги, щолеб жо цIакъго мукъсанаб букIана. Щвараб яги рокъоб бугеб дагьа-макъаб буголъиги налогалъе унаан.

50 соналъ колхозалда Шамердиева ГIайшатил квераз гьабураб хIалтIул жакъа мухIканаб хIисаб-суал гьабизе захIмат буго. ГIага-шагарго хIисаб-роцен гьабуни гьеб ккола чIаралдаса рацIцIад гьарурал хурул анцI-анцI гектарал, квераз лъилъун балараб ролъул ва чехъон чанахъе бараб цIоросаролъул, накалда хъурщун бищараб картошкадул анцI-анцI тоннаби, колхозалъул гIи-боцIуе хIадур гьабураб харил гIархъал ва гIемераб цогидабги. Щибаб соналъ ГIайшатил гъинкъоял 400-500ялдаса гIодоре кколароан. КигIан захIматаб заманалъги цо гьоркьоб течIо как, кIал.

Заманалдасан колхозалъе щвана техника бигьалъана хIалтIи гьабизе, гIумру-яшав лъугьана рес бугеблъун КIудиял гIуна васалги. Ресалдаги заманалдаги рекъараб лъай-махщелги щвана гьезие. Руссинаруна рукъ-бакIалдаги. КIудияв вас СагIит ккола росулъа вахъарав тIоцевесев киномеханик. ХIалтIана парткомалъул секретарьлъун районалъул нухазул участкаялъул мастерлъун. ГьитIинав вас Батирби хIалтIулев вукIана районалъул нухазул отделалъул бетIерав инженерлъун.

Лъималазул ургъел-тIалабги тIаса ккун гIумруялъул хутIараб заман Аллагьасе гIибадаталда тIамулаго, тIаде бачIана ракIалдаго гьечIеб захIматаб хIалбихьи – нагагьаб балагьалъул хIасилалда гIумруялдаса ватIалъана гьитIинав вас.

Сабурго Аллагьасул хIукмуги къабул гьабун, ГIайшатица жиндир рес бугеб кинабго гьабуна тIаса эмен камурал лъабалго бесдалал, васасул лъимал гIумруялде рахъинариялъе. Гьанже гьелги жалго жидедаго чIараб гIумру – яшавалда руго. – Диралдаса цIиккIун кIодоэбелалъул тарбия щвана дир лъималазе, - ян абула гьезул эбел Жанагъизица. – Гьелъул тIалабалъ дие бигьа гьабуна къисматалъул хIалбихьи хIехьезе.

Исана Шамердиева ГIайшатил гIумруялъул 90 сон ва рос рагъде аралдаса 60 сон тIубала. Гьанже СагIитица ва гьесул лъади Сапиятица ГIайшат, лъикIаб тIалаб-агъазги гьабун, жедедаго аскIой хьихьун йиго. ХIалтIудаса эркенлъарайго гьелъухъе щвезе ячIуна Жанагъизги. ГIайшат кIодохъе къойилго щвезе рачIуна гьелъул кIиявго васасул лъималги. ГIайшатие бачIуна 2857 гъурущ бацIадаб хIалалаб пенсиялъулги. Гьанже гьей йиго чIумалги сверун, Аллагьасе гIибадатги гьабун, лъималазул ва гьезул лъималазул тIалаб-агъазалъ сверун ккун.

МухIамадкамил ЛахIитов,

нижер мухбир

Газета »Чапар» 27.05.2002 с., №31