Печать
06
Июль

Курбан Нуцалханов

Добавил(а) Administrator on 06 Июль 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

КIудияб Бергьенлъиялъ 50 сон тIубаялде

Солдатасул къисмат

Гьаб соналъул 18 апрелалда биччараб «Чапар» газеталда «Лъалез бице» - абураб бетIералда рехсон рукIана КIудияб ВатIанияб рагъде районалдаса арал, амма батIи-батIияб къисматалдалъун тIад руссинчIезул цIаралги. Гьезда гьоркьоб букIана ВатIан цIунизелъун сапар бухьарав амма кьалул майданалда кидагоялъе шагьидлъарав Алмахъ росулъа Нацалханов Къурбанил цIарги.

Къурбан ккола дир имгIал ва гьесул къисматги гьадин буго.

1943 соналъул октябралда ВатIаналде хIинкъиги, халкъалде къоги ккараб мехалда Алмахъ росулъа жидеего бокьун фронталде ана гIолохъабазул цо кIудияб къукъа.

Гьезда гьоркьов вукIана гьаб макъалаялда бицен гьабулев Нуцалханов Къурбанги. Росу цояз гьел адаб-хатиралда, сухIмат гьабун нухда регIана.

Къурбан рагъде унаго гьес рокъор тана херал эбел-эмен лъадии, ясги васги. Цояб лъимералъул букIана 1,5 лъагIел цогидалъул абуни гIицIго лъабго моцI.

1944 соналъул апрелалда Калининаулалда росдал почтальон КъурахIма. Къурбан рагъде шагьидлъиялъул хIакъалда бачIараб акт досул эбел-инсухъе кьезе нечон, нижехъе босун вачIана. Доб мехалда кибехун ккараб рагъда гьеб ккарабали батIалъи букIинчIо. ХIакъикъат букIана гьев чIаго гьечIолъи. Амма къоял-моцIал анагIан рахIат хвезабулеб букIана. Гьесул рухI босараб бакI лъалеб букIинчIолъиялъ.

Сверана гIемерал сонал, кибе арабали лъачIого тIагIана актги. БатIи-батIиял идарабазде кагътал хъвана гьабураб цIех-рехалъги кинаб букIаниги хIасил кьечIо. Гьале ракIалдаго гьечIого, 1981 соналъул маялда Беларуссиялъул Могилев областалъул, Быхов районалъул Ямницк росдал Советалъул председатель Буселица Хасавюрт районалъул рагъулаб комиссариаталде гьенисан Дилималде бачIараб кагъаталда хъвалеб буго гьадин.

Белоруссиялъул Советияб Энциклопедиялъул бетIераб редакциялъ хIадур гьабулеб бугила Быхов районалъул халкъалъул гьунаралъул бицунеб летопись. Летописалда кIудияб бакI кквезе бугила ВатIанияб рагъда гьеб район эркен гьабулаго халкъалъ рагъухъабаз бихьизабураб хвел гьечIеб гьунаралъ. Гьеб район кколила цIакъго гIасиял, кьогIал ракьал жанир ккараб бакIлъун.

Ямницк росулъ паш вацлъиялъул хабалъ рукъун ругила росу эркен гьабулаго рухIалда барахщичIого рагъарал ва абадиялъго гьенир хутIарал солдатал. Гьенив вукъун вуго Нуцалханов Къурбанги. Буселица жиндирго кагъаталда гьарулеб букIана гIатIидго Къурбанил хIакъалда, гIагарлъиялда баяналги хъваян.

Къурбаница рагъде унаго рокъой тарай яс цо лъагIалидасан хвана. Вас Наипсултаница Ленинаул росулъ 10 класс лъугIизабуна хIалтIана хадув Бакуялъул милициялъул училище лъугIизабуна ва нахъеги хIалтIана. ЛъугIизабуна Москваялъул милициялъул тIадегIанаб училище. ХIалтIана Тарумовск районалъул жанисел ишазул отделалъул начальникасул заместительлъун. 1993 соналдаса милициялъул подполковник мустахIикъав хIухьбахъиялда вуго.

Буселил кагъат щварабго дун Наипсултаниде кIалъана кагъаталъул копияги гьесухъе битIана. Отпускги босун Наипсултан ана рикIадаб Белоруссиялъул Ямницк росулъе. ДандчIвана Буселгун, школалъул «БагIарал лъакIал лъазарулелгун». Гьединго щвана вацлъиялъул хабалалъе, гьенир рукъаразулазда гьоркьоб бихьана жиндирго инсул цIарги. Гьел хIалчIахъадаз гьениб гIемер хIалтIи гаьбун батун буго. Гьес тIолазего тIолалъухъго баркалаги кьун буго.

1940 соналда цогидал гьалмагъзабигун армиялде ана Къурбанил гьитIинав вац Насрулаги. Рагъ байбихьарал тIоцересел къояздасанго гьебго Белоруссиялда тушмангун вагъизе ккана гьевги. Гьесулги ахирисеб кагъат буго 1941 соналъул 14 июлалда, немцазул иргадулаб гьужум нахъчIван хадуб, окопалда жаниб хъвараб. Гьеб кагъат нижехъ цIунунги буго.

къурбан ва Насрула ккола дир инсул вацал. гьединлъидал Нуцалханил лъабавго васас ВатIаналъул ва халкъалъул тIадкъай тIубана, рагъдаса тIад вуссана гIицIго дир эмен. ХутIарав кIигоясул рухIал хъахIал къункърабазде сверана.

Бокьун буго ВатIаналъе гIоло гIумру кьун рагъаразул цIарал ралагьизе кIвахI тун хIалтIулел ругел киназего ва хасго Расул Ибрисовасе, МухIамад Дадаевасе, «Чапар» газеталъул хIалтIухъабазе нижер тIолабго гIагарлъиялъул рахъалдасан ракI-ракIалъул баркала загьир гьабизе. Тавпикъги къуватги кьеги нужее гьаб гIадамазул баркала щолеб хIалтIи ахиралде щвезабизе.

ХIурматиял газета цIалулел! Тарихияб хIисабалда КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьараб ва лъугIараб заман нилъедаса рикIкIалъулеб буго. Гьелъ лъурал ругънал басралъулел гьечIо. ГьечIелъул гьеб рагъул данде рижи щвечIеб хъизан. ХIалкIванщинаб гьабизин гьеб такрарлъун гуртIиялъе.

Шиявдин Яндаев,

Дилим росу

Газета »Чапар» 30.05.1994 с.