Печать
06
Июль

Паша Омаров

Добавил(а) Administrator on 06 Июль 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Ветеранас баркала кьуна

КIудияб ВатIанияб рагъде ахIараб 1942 соналъул 13 августалда Казбек районалъул Алмахъ росулъа П. ГIумаров вукIана михъида хIурчIварав гIолилав. ТIоцебесеб къоялдасанго тушманасде данде вагъизе ккана батIи-батIиял подразделениязда. ТIоцеве Паша лъукъана запасалъулаб гIарадабазул 34 полкалда вагъулаго. Рагъулаб госпиталалда сах гьавун хадув нахъеги вагъизе ккана кьвагьдохъабазул 110 запасалъулаб, бухьенчагIазул, хасаб, 10 лъелал кьвагьдохъабазул 650 полказда. Хадувги нилъер ракь цояв чанго нухалда лъукъана ва щибаб нухалда госпиталазда сах гьавун фронталде тIад вуссана.

П. ГIумаров вукIана бухьенчилъунги, гIарадаялъ кьвагьдолевлъун, отделениялъул командирлъунги. Рагъул кьогIал нухаздасан унаго гьес тушманасдаса эркен гьаруна Севералъулаб Кавказалдасан байбихьун Венгриялде, Чехословакиялде щвезегIан Европаялъул гIемерал пачалихъазул ракьал, вахана мухъилав солдатасдаса кIудияв сержантасул чиналде.

Рагъухъанасул билеталда буго Пашал рагъул нухалъул гьев лъукъиялъул, рагъулал госпиталазда чанго нухалда сах гьавиялъул хъвай-хъвагIаял. Амма инвалидлъи чIезабиялъе хъвай-хъвагIай гьабулеб тохтурзабазулаб комиссиялъ гьезда гIей гьабичIо. Районалъул рагъула комиссариаталъухъаги рагъулаб Министерствоялъул архивалде гьелъул хIакъалъулъ хъван бажаричо. Гьеб мехалда П. ГIумаров вачIана Хасавюрталъул педучилищеялъул рагъулал лъалкIал лъазарулезухъе. Нижеца гьесул хIакъалъулъ хъвана цебехун рехсараб архивалде. Гьениса рачIана хIажатал тIолалго документал, нижеца гьел Пашахъе кьуна. Ветеранас баркала загьир гьабуна.

П. ГIумаровасул рагъулаб нух нус-нус районцоязулго гIадин тIугьдуз бацараб гуреб гула-хералъул махIалъулъ бетараб букIана. Амма рагъул гъугъай къотIун бащдаб гIасруялдасанги ветеранасда ракIалда буго рагъулаб Гьа бараб 1942 соналъул 2 октябрь, 1945 соналъулаб 9 май бергьенлъиялъул Къо. Гьеб къо букIана гьесие кIицIулго байрамлъун 9 маялда гьавуна Паша, гьебго маялъул авалалда лъугьана партиялдеги. П. ГIумаровасул керен гвангъизабун буго рагъул гIемерал орденалгун медалаз.

РахIатал рукIинчIо гьесул рагъда хадусел соналги. ХIалтIана росдал Советалъул исполкомалъул председательлъун, колхозалъул правлениялъул председателасул заместительлъун, фермаялъул заведующийлъун ва цогидалги жавабиял бакIазда. МустахIикъаб хIухьбахъиялде ана рохьил хъаравуллъун хIалтIулаго. Гьединаб хIухьбахъиялда вугониги, хIалхьуда чIоларо гьев, тIобитIула цIикIараб общественнияб хIалтIи.

Б. ХалилулаевТОКСалъул руководитель.Газета "Коммунист" 02.10.1990 c

Сонал анагIан цIилъулел ругънал

Залимаб ЦIантIа мегIералъул ахалъуда, зум-зумгIан бацIадаб Ахдач лъаралъ, эбелалъ кинида лъураб лъимадуегIадин, чIурканаб тIабигIаталъе ахх бачунебгIадаб панаяб бакъан къасиги, къадги гьоркьоб къотIулареб, бер бахилаб расалъиялда бугеб дир Алмахъ росулъ хинал, бакъулал къоял гIемерал рукIана. Гьедин гьава-бакъ рекъараб бакI букIаниги, дунялалъулго кIиабилеб рагъул соназда бецIал накIкIал тIаде далараб заман бачIана гьенибеги.

Росу бакьулъан цохIо бугеб, Тала кIийиде бикьун унеб аслияб нухдасан ана армиялде унелги, гьеб нухдасан рачIана ВатIаналъе, халкъалъе гIоло кьалул майданалда шагьидлъуичIого хутIаралги. Амма цо-цоязе гьенисан бухьараб сапар ахирисеб букIана. Рокъоре рачIаразулги гIемерисел рагъда щварал ругънал цIилъун, яги жалго херлъун гIумруялдаса ратIалъана. Гьанже нилъер щивасул налъилъун ккола нахъе ругезул адаб-хатирги, гьезие нилъехъа бажарараб кумекги гаьби. Гьединазул цояв ккола ГIумаров Пашаги.

1941 соналъул 22 июналда гитлерил хъамалчагIаз тохлъукьего нилъер гIорхъаби рахараб мехалда Паша хIалтIулев вукIана Алмахъ росдал «Октябралъул 25 сон» колхозалъул гIасиязул фермаялда. Рагъ байбихьаралдаса 1942 соналъул апрелалде щвезегIан гьес районалъул рагъулаб комиссариаталде жив рагъде витIеян чанго гIарза кьуна. Амма щибаб нухалда гьесде мун жеги гьитIинго вугин абулаан.

П. ГIумаровасул гIарза къабул гьабуна рехсараб 1942 соналъул ихдал ва жеги логода гIуцIун лъугIинчIев гьес рокъосезулгун къо-мех лъикI гьабуна. ТIоцебе гьев витIана Тбилисалда чIун букIараб кьвагьдохъабазул тылалъул 34 полкалде. Гьенив дагаьбго заманалдаги хутIун, гьалмагъзабигун Моздокалде, гIарадачагIазул полкалде гочинавуна.

Гьениб Пашаца тIоцебе гIахьаллъи гьабуна рахIму гьечIев тушманасулгун гьабулеб хвалилаб кьабиялъухъе Гитлерил армиялъул самолетаз, гIарадабаз гьоркьоса къотIичIого кьвагьулеб букIана шагьаралде, гьужумал гьарулел рукIана цебе танкабаз, хадуб лъелал солдатаз. Амма щибаб нухалда гьел дандчIвалел рукIана щулияб дандечIейгун. Гьениб тушманасда бичIчIана жив тIокIав цевехун виччазе гьечIолъи. Щаян абуни бакъ баккудехун ине ругел гьесул къасдал нилъер рагъухъабазул къвакIараб цIаялъ рухIулел рукIиндал.

Шагьар тушманасдаса эркен гьабиялъе гIоло унел рукьабиязда Паша захIматго лъукъана. Ругънал рукIана квешал, халат сахлъуларел. Гьединлъидал гьев витIана Бакуялда букIараб госпиталалде вегизе. ИчIго моцIалъ сах гьавуна гьенив. Гьеб мехалде тушман нахъе къазе лъугьана ва гьев Ставрополалъул ракьалде витIана. Гьенисаги Советиял рагъухъабаз фашистал бакътIерхьудехун хъамулел рукIана, хадур нилъералги унаан.

Сардал-къоял анагIан тушманасул рагъухъабаз, чIахIиял камиялги кколаго нилъер ругъахъабазухъе кьолел рукIана шагьарал, росаби. Амма гьел кьолел рукIана рихизарун, рухIун, чIунтизарун. Гьедин 1944 соналде рагъ гочана Украиналъул бакътIерхьул рахъалде. Гьенивги нахъеги лъукъана ва лъабго моцIалъ госпиталалда вегизе ккана.

Сахлъи щулалъарабго гьес нахъеги рагъде витIизе тIалаб гьабуна. – Гьалмагъ ГIумаров, битIахъегояб фронталде ине жеги цудун буго, дагьаб мехалъги хIухьбахъи гьабе, - ян абуна командирас гьесда. Гьелъие Пашал дун рагъде витIеян абураб къокъаб жаваб букIана. Пашае ракI-ракIалъго нахъеги фронталде ине бокьун букIин бичIчIарав командирас гьев витIана добго часталде рагъулъе гIахьаллъизе. Гьениб бихьизабураб лебаллъиялъухъ балагьун Паша ГIумаров витIула гIисинал командирзаби хIадурулел курсазде ва цIалун вахъаравго кIудияв сержантасул чиналда орудиялъул командирлъун тIамуна. Гьенив вагъулаго гьес тушманасул лъабго танк хвезабуна. Гьелъие гIоло гьев мустахIикълъана «Багьадурлъиялъе гIоло» медалалъе.

Нилъер районцоясул рагъул нухалъ рахана СССРалъул гIорхъаби. Гьев гъорлъ вугеб гIарадабазул полк гитлерил хъамалчагIазда кьабиги щвезабулаго, Чехословакиялъул ракьалде гочана. Жигараб гIахьаллъи гьабуна гьениса немцал нахъе хъамиялъе гьабулеб къеркьеялъулъе. Гьенивги вагъана магIаруласе хасиятаб таваккалалда, чармилаб къвакIигун. Паша нахъеги кIодо гьавуна пачалихъалъул шапакъаталдалъун. Гьаб нухалда гьесие кьуна «Лъабабилеб даражаялъул Рецалъул» орден. Чехословакиялдаса хадув вагъана Венгриялъул ракьалда. Фашистаз хIаракат бахъулеб букIана кинаб борхалъи батаниги гьениб щулалъи кквезе. Гьенивги Паша нахъе къачIо вагъана ва гьесул бахIарчилъи кIодо гьабуна кIиабизеги пачалихъалъул тIадегIанаб шапакъаталдалъун. Гьелдаса хадуб гIемераб заман иналде нахъеги рагъухъанасул каранда бана гьединго пачалихъалъул шапакъат. Амма П. ГIумаровас тIолалго шапакъатазда гьоркьоб бищунго хирияблъун рикIкIуна 1945 соналъул 5 апрелалда, №332 приказалдалъун живго М.В.Сталиница гъулбасги гьабун кьураб «Баркалаялъул кагъат». Рагъул соназда гьесие щвана анкьго медаль ва лъабго орден.

Рагъда щварал гIемерал ругъназухъги балагьичIого, тIадвусун хадув П. ГIумаров лъикI хIалтIана ракълилаб гIуцIарухъанлъиялда. Цин Алмахъ росдал Советалъул исполкомалъул председательлъун, 1951-1954 соназда вукIана колхозалъул правлениялъул председателасул заместительлъун. 1954-1960 соназда МТФялъул заведующийлъун. Гьелдаса хадув 20 соналъ хисичIого хIалтIана рохьил магIишаталъул Алмахъ росуялда аскIоб бугеб обходалъул хъаравуллъун. Рагъда хадусан халкъияб магIишат гIуцIиналда арал сонал гьесул рукIана росдал обществалъе пайдаялъе кьураллъун.

КIудияб Бергьенлъиялъ бащдаб гIасру тIубаялъул юбилеялде рачIунаго гьарула рагъул ва захIматалъул ветеранасе халатал соназул гIумру. Сонал анагIан загьирлъулеб буго чорхолъ бигеб гулаялъул ва минаялъул тIелалъул кесказул ругънал. Гьединлъидал бокьилаан сахлъиги щулияб бук1ине

Мух1амад Г1абасов, Алмахъ росу, "Чапар" 1995