Печать
06
Июль

Кебедов Дада, Муслим Атаев

Добавил(а) Administrator on 06 Июль 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Расулов СагIитица бицараб

Диеги гьеб хабар дир чIахIиял гьудулзаби Дадал Набицаги Гъазил ГiумарасхIабицаги бицана. Гьел цIакъ цоцазе хириял гьудулзаби кколаан ва гIемер дандчIвалаан. Жалго данделъараб мехалда, гьездаса гIезегIанго гьитIинав вукIаниги, гьез дунги данде гьавулаан.

Муслим Атаевас Дилималде чапар витIун вугила рекIаразул полкгун жив гьениве вачIине вугин, 400 чодуласе квенги, гьезул чуязе кIалцIи-херги хIадур гьабейилан. РагIизе бокьараб жаваб гьенисаги щвечIого, Атаевасул партизаназ Дилималде къварилъи гьабун бугила гIадамал жанир тIамун, рукъзабахъ чIухьал ран.

Дилималдаса Алмахъалдеги добго хабар босун витIарав чапарасде Къебедил Дадаца жаваб гьабула гьалбал къабул гьаризе хIадур ругилан Муслимги Дадаги церегоялдаса цоцазда лъалел рукIанила Дадае Муслимица наган таманчацин кьун бугила. КIиго къоялъ Алмахъалда гьоболлъи бала Муслим Атаевасул къукъаялъ. Динияв гIалимчи ГIамиргIалихIажил ва гьесул хъизаналъул вац Гъанжабайил Жамалудинил рукъзалги рухIула. Гьез ХIоцоса Нажмудин валагьулев вукIуна Муслим Атаевас Къебедил Дадада гьикъула.

- дада, дуда лъаларогонищ букIараб советияб власталъул тушман ХIоцоса Нажмудин Устархан-хIажил гьабил лавкикьги вахчун вукIараблъи.

- Лъалаан, Муслим, - ан букIана Дадал жаваб.

- Лъалеб букIун батани, щайха гьев кквезеги ккун хIукуматалъухъе кьечIев?

- ГIемерал гIадамаз жидер цевехъанлъун лъазавурав бахIарчи алмахъаз къватIиве кьезе лъикI гьечIилан пикру гьабуна, Муслим Аман гьарун вачIарав чи цIунулеб гIадат буго лъиениги заралги гьечIин, виччантейин гьеб гьабил лавкикь чвертолеван тана.

Муслимилазухъе баян щвана имам Чачаналдехун ун вугин чанго божарав чи цадахъгунилан Атаевасул къукъа Алмахъалдаса Чачаналдехун къватIибе бахъана.

Гьел ун хадуб Къебедил Дадахъе хабар щвана Чачаналъул рагIаллъабазда ругел рохьазда мадугьалихъ ругел росабазул гIемерал гIадамаз партизаназул къукъаялъе гъоркьчIел хIадур гьабун бугилан.

Къебедил Дадаца хех чу кьолона. Алмахъазул ракьал лъугIулел гIурабазда гьев къукъаялда хадув гъана. Атаевасде аскIове щвана.

- Муслим, нужее гъоркьчIел хIадур гьабун буго. ГIолохъабазул гIумру гIададе инабуге. Нажмудиниеги цо Аллагьас хъвараб къадар батила.

Къебедил Дада пачалихъалдаса вахча-хьвазе байбихьараб заман букIана гьеб.

Живго цIунана.

Имам гъорлъа вахъана ва алмахъаз гьев цIуничIин абураб цIаралдаса наслаби цIунана.

Алмахъазул ракьалдасан арал партизанал, жидеца гьабулелъул тIубараб магIна лъаларел миллатцоял ва мадугьалзаби чачанал диналъул вацазул битIеялде риччачIо.

Г1алиасх1аб Г1умарасх1абов.

Газета »Чапар» 04.08.2003 с., №31, гь.2.

ХIасамирзал кагъат

Гьелдаса хадув ГIамиргIалихIажи УзунхIажил замлъун Веденов Чачаналда вукIана. Дагъистаналъул гIалимзабаз гьабула цо балъгояб багъа-бачари, цоцахъе кагътал хъван. Жалго цоцахъе щун Дагъистаналъул гIалимзаби магIарул цо росулъе данделъула. Гьениб щивасда тIадкъала. Жиндир росулъа балъго аскаралде чагIиги хъван, пуланаб сордоялъ пуланаб бакIалда данделъизе.

Данделъула. ГIола аскаралда анкьнусида хадув ччи. Гьанже кIудияб рохалида суал лъуна ХIоцоса Нажмудин имамасул зам рагъул командующий щив телев абун Дагъистаналда ругел киналго гIакъилзабазул, бахIарзазул цIарал гьенир рехсола. Киназго цолъун абула гьеб хIалтIи гьабизе, имам гьечIеб бакIалда имамлъиги гьабизе, Алмахъалдаса Къебедил. ДадагIан мустахIикъав гьечIилан.

Дада вищула рагъул командующийлъун. Гьеб данделъиялда гъорлъ вукIуна агент Дада инкивидиялъ ахIула Дадал лъала жиндиего гьабураб цIех-рехалдасан живго чIаго тезе гьечIолъи Дада Дилималда жанив тIамула. Ахранги рекъезе гьавун, толиялъул мокърукьа хъарщиги бахъун, Дада лъутула.

Дада вукIана релъеда къватIисан, къад вахча-хъван рокъосан. Цо къоялъул бакъанил гIужалъ Дадахъе кагъат бачIана Дилималдасан Хунзахъа Атаевасул, жив вачIунев вугила 400 чи вугеб рекIаразул полкгун, чуязе кIалцIи-херги, партизаназе квенги хIадур гьабейила.

РачIана маркIачIул гIужалъ. Гьезул рачIин букIана хIинкъи кьеялъулаб рачIин. УзунхIажил замлъун ГIамиргIали-хIажиги вукIун, гъоб цIаралда Дадаги вукIун, хIалбихьизе ГIамиргIали-хIажилги Генжабаев Жамалудинилги рукъзалги рухIун, кIиго сордо Алмахъалдаги бан, Дадаца лъикIаб гьоболлъи гьабун, ана. Гьеб букIана 1924 сон. Заман кIочон буго, хурзал чIорогояб мех букIана.

Гьаб кагъат щвела Мух1амадханув ХIамидихъе Муил ХIасанихъе.

Дунги ГIалиханув ХIасамирза.

Хъвана 5.3.95с.»

«Чапар», 2002 с. 18 март.

«Алмахъалдаса ГIамиргIалихIажи» макъалаялдаса.

Г1алиасх1аб Г1умарасх1абов.

Газета »Чапар» 04.08.2003 с., №31, гь.2.