forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
06
Июль

Висарби Омаров

Добавил(а) Administrator on 06 Июль 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

БетIер къулун хIурмат гьабула

АнцI-анцI соназдасанги гьоркьоб къотIулеб гьечIо КIудияб ВатIанияб рагъул дандерижи. Жакъа, гьеб кьогIаб питнаялъул кьвагьи гьоркьоб къотIаралдаса 49 лъагIел сверараб мехалдаги загьирлъулел руго дол соназул рагъул гIахьалчагIазул цIиял цIарал. Гьединазул цояв ккола Калининаулалдаса ГIумаров Висарби.

1942 соналъул 1 январалда ВатIан цIунизе росу, районцоялгун ахIарав гьев Грузиялъул Гори шагьаралде ккана. Гьенир лъабго моцIалъги ругьун гьарун ритIула Украиналъул тIоцебесеб фронталде. Гьенире цадахъ ккарал Дилималдаса Мада ва ГIалимпаша лъукъун гьесдаса ратIалъула Висарбил рагъул нух абуни байбихьула цо гьитIинабго росулъан.

В. ГIумаров гъорлъ вагъулеб лъелалзул полк гIемер хисардизе ккана. Гьаваялдасан сомолетаз бомбаби рехун тушманасул дандечIей хвезабурал бакIазда ахирисеб кьаби щвезабизе кколаан гьезул полкалъ. Гьеб букIана хIаталдасан ун захIматаб, гIумруялъе хIинкъи бугеб иш.

Гьедин рагъулаго щвана Харьковалда аскIоре. Гьеб промышленнияб шагьаралда ханлъи гьабулеб букIана тушманас ва гьеб нилъехъе биччан гуртIиялъе рагъул цIикIкIараб къуват цIунун букIана гьелда жаниб. Нилъер командованиялъул буюрухъ бачIана гьеб немцаздаса эркен гьабизе. Гьеб бюрухъ тIубазабиялъе гIоло гьабураб тIоцебесеб гьужумалъ кинаб букIаниги хIасил кьечIо. Гьелде тIадеги нилъер рагъухъабазулъ камиял ккана.

Гьеб мехалда лъазабуна шагьаралда жаниб бугеб тушманасул къъуват, тылалдаса бачIана тIадеги къуват ва кутакал гьужумал гьаруна. Гьедин ккараб рагъулъ тушман хIажатавлъун ккана чIварал нус-нус солдатал гъоркьги тун, дагьалги чIахIиял камиялги кколаго Харьков эркен гьабизе.

Рагъул нух гьелъул гIахьал чагIазе киданиги букIинчIо бигьаяблъун. Цо-цоял щварал ругъназдалъун кидагоялъе нилъедаса ратIалъана, цо-цоял абуни гьел сах гьарун нилъгун руго. Гьедин тушманасул гула хьолбохъан инчIо Висарбидаги. 1943 соналъул хасало ругьана хIатIал. Цин госпиталалда вегана ва хадув тIубанго сахлъи щулалъизегIан рукъове витIана. ГIемерал моцIаз рокъовги вукIун, хасаб комиссиялъ бегьулилан ччIезавун живго вагъулев вукIарав часталде тIадвуссана.

Рагъал унел рукIана гIассиял, ракьул щибаб кесекалъе гIоло, щибаб тунка-хIусиялде гIахьаллъулев вукIана В. ГIумаровги. Гьедин вагъулаго, рагъ лъугIине лъагIел хутIараб мехалда, ай 1944 соналъул 9 маялда квегIаб бугьналага лъукъана гьесул. Маялъул ахираталде щвезегIан сахлъизавуна ва рагъ лъугIаралдасаги анлъго моцIалъ гьенивго хутIана.

- Гьанже цо-цояз битIахъе абула «нуж ниже гIолойищ рагъаралилан». РакI пашманлъизабула цо-цо гIолохъабаз рагъулаб хъулухъалдаса инкар гьабунин рагIиндалги. КигIан захIматин абуниги доб мехалъгIанго квеш батиларо гьанже.

Улкаялъул жибго-жиндаго чIей халкъалъул эркенлъи цIунун вачIун хадувги захIматалъул бигьаяб нух тIаса бищичIо гьес. 23 соналъ вехьлъи гьабуна.

Дунялалъул кIиабилеб рагъул районалда ругел цогидал гIахьалчагIигогIадин социалияб рахъалъ цIунун вуго Висарбиги. БачIуна цIикIкIараб къадар пенсиялъул кумек гьабула цIул-тIурччиялъ, электро-энергиялъул рахъалъ. ГIумруялъул 78 сон бгониги жаналда, тириго, щулияб сахлъигун вуго Висарби. Баркизин гьесда КIудияб ВатIанияб рагъулъ нилъер халкъаз бергьенлъи босаралдаса 49 сон тIубай, гьаризин гьесие жеги щулияб сахлъи, хъизан-лъималазулаб талихI. Гьев мустахIикъав вугелъул нилъеца бетIер къулун хIурмат гьабизе.

С. МухIамадов

Г »Чапар» 07.05.1994 с., №19

Календарь исламский


Мусульманские праздники