forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
06
Июль

Насрула Мусаев

Добавил(а) Administrator on 06 Июль 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

ГIумруялъул захIматал сверелал

Асирасул къисмат

КIудияб ВатIанияб рагъул хIакъалъулъ ракIалде щвезабулаго гьениб советияв солдатас бихьизабураб бихьинчилъиялъул, халкъалдаго бихьизабураб къо хIехьеялъул, гьунаралъул хIакъалъулъ бицуна хIисабалда. Руго рагъулаб балагьалъул гъираго гьечIого ракIалде щвезарулел рахъалги. ГIемерал миллионазул гIумруялда тIасан гирараб гьелъул цIадулаб гьакикье ккаразда гьоркьор рагъул корониса чIаго рорчIаниги хадубги гIемераб гIакъуба бихьана асирлъуда ккаразда. Официалияб пачалихъалъулаб пропагандаялъ хиянатчагIилъун лъазарурал гьезул гIумру ана гьеб къабихIаб цIаралда гъоркь.

Гьелъулъ загьирлъана дунялалъул тIолалго халкъал талихIаллъун гьаризеян тIаде босаразда цебе жидерго улкаялъул гIадамазул гIумруялъул кигIан дагьабниги къимат гьечIолъи. Америкаялъул солдатасухъе рагъе унелъул кьолеб кагъаталда асирлъуде кканиги, кинал шартIаздаги гIумру цIунизе хIаракат бахъейин, мун Америкаялъе хIажатав вугилан хъван букIараб батани, нилъер солдатазде офицерзабаз, политруказ, генералаз малъулеб букIана ахирисеб гулла дуего теян ва асирлъиялдаса хвел тIаса бищеян. Асирлъуде солдатал батIа-батIайиса ккана. ХиянатчагIиги рукIана, лъукъун лъавуса аралги ккана.

Асирлъиялде ккана Алмахъалдаса Мусаев Насрулаги.

Цогидал росабалъ кин бугеб лъаларо, алмахъал кутакалда пачалихъалъулаб политикаялъул рахъ кколел чагIи руго. ГIицIго гьеб гIиллаялъе гIоло батунгутIизеги бегьула, асирлъуде ккараздехун гьезулги хасаб балагьи букIуна. Гьединазул лъималаздецин, ццим бахъараб мехалда, «предателал» абун рогьо бала.

Лъиде щиб абуниги, алмахъаз Насруладе квешаб рагIи абуларо. Гьев лъалелщиназ Мусал Насрулада яхI бащад гьабизе кIоларила, лъикIав бусурманчи ва къвакIарав бихьинчи вугилан абула.

Асирлъиялдейин абуни гьев ккана лъукъун гурев, агълъун гурев, - живго немцазул рахъалде ун.

Щайха гьеб гьедин ккараб? Сунца тIамурав магIарулав бихьинчиясе ничаб ишлъун рикIкIунеб асирлъиялде ине?

Кинаб къисмат гьесул букIараб? Гьел суалазе жаваб нилъее щола Калининаулалдаса нижер мухбир МухIамадкамиль ЛахIитовасул хъвай-хъвагIаял цIалараб мехалда.

Дагьаб цебегIан районалъул газеталда бахъун букIана жакъа ругел КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIазул сияхI Алмахъалдаса кIиго чи вугоан гьеб сияхIалда. Дида лъалаан гьениса Мусаев Насрула рагъда гIахьаллъаравлъи ва тамаша гьабуна гьесул цIар доб сияхIалда батичIеб мехалда. Цо дирго хъулухъалъ Алмахъалде ккарав чияс хIукму гьабуна Насрулахъе гьоболлъухъ ине, хабар-кIал гьабизе.

Росдадаса дагьабго батIа тIураб, гIажаибго тIабигIат берцинаб бакIалда, умумузул къагIидаялъ гIадатго бараб рокъоб гIумру гьабулеб бугоан Насрулацаги гьесул лъади Нузайратицаги. Дун гьез адаб-хIурматалда, цIакъ разиго къабул гьавуна. Квен лъугIизегIан цин нижеего тIураб тIагIамаб чайги гьекъолаго байбихьана гара-чIвариялде.

ГIумруялъул 93 сон баниги жеги бахилаб къамартIлъиялда вугев херасул бицине жо гIемер бугоан.

Насрула рагъде ана 1941 соналъул кватIараб хасалихъе. Рокъор тана гIолохъанай лъадиги гIисинал лъималги. Цо дагьаб мехалъ Грузиялда рагъулаб хIадурлъиялъул лагералдаги куцун, гьалмагълъигун цадахъ Керчь шагьаралда букIараб рагъде ккола. Чорхолъ витIарав ва къуватав гIолохъанчи Насрула пулеметчиклъун вукIана. Гьесул кумекчилъун вукIана Дилималдаса Атабаев Таймурад. Цо рагъулъ гьев кIиясго тIаде рачIунел фашистазул гIезегIанго чи ракьалда лъуна.

Рагъал гIемерал рукIана. Солдатасулаб гIумрудул захIмалъаби гIолилаз цогидазго гIадин бихьинчияб къагIидаялда хIехьолел рукIана. Амма къисматалъ хъван букIун буго немцазул асирлъуде хIажатавлъун гьавулеб ахIвал-хIалалде гьев ккезавизе.

- Кинабго байбихьана дир гьудуллъун вукIарав взводалъул командир цо рагъулъ чIваралдаса ва гьесул бакIалда цогидав вачIаралдаса, - ян ракIалде щвезабуна Насрулаца. – ТIоцебесев комвзвода кутакалда яхI бугев, бихьинчияб хасияталъул чи вукIана. Киве унев вугониги цадахъ дун гьечIого унароан гьев. ГIурусав гьевги вукIана, гьев хисун вачIаравги гIурусав вукIана. Амма ахирисев цIакъ магIна гьечIев чи ватана. Гьес тIоцебесеб къоялъго гьезде абуна немцал жиндир тушбаби гурила, жиндир тушбаби ругилан нацменал. Цойги нухалда хабар ккедал Насруладеги гьесул росуцояв Гъоймирзаев МухIамадидеги взводалъул командирас абула нуж чIаго рокъоре ине гьечIила, немцаз чIван хвечIони, жиндица гIакъуба-къварилъи бихьизабун хвезаризе ругила нуж.

Гьел гьадинго абурал рагIаби гуреблъи бичIчIине гIемераб заман хIажалъичIо. ХIакъикъаталдаги байбихьана багьана букIунги гьечIогоги гали бахъа-бахъаралъуб гьал гIодорегIан гьаризе, цогидаз гьабулареб гьабизе гьал тIамизе. Щиб ургъунги гьазие гьединги рагъда захIматаб гIумру хIехьезе кIолареблъун лъугьинабулеб букIана. Взвод кваналеб гIужалъ кIиявго дозоралда толаан. Дораса тIадруссиндалги, кваниде регIизе течIого цоги кинаб букIаниги тIадкъай кьолаан.

Цо къоялъ МахIмудица гьудуласде абуна гьадин жинда халат хIехьезе кIвезехъин гьечIин, жив штабалде гIарзалъ ине вугилан. Гьеб мехалде комвзводасул нахъегIанал ишаз ва жиндагоги бихьизабулеб букIараб инжитлъиялъ Насрулаги рас цIани кьвагьилеб хIалалда вукIана. Гьес гьудуласда абуна. «Гьас жиндицаго тIоцебесеб къоялъ кьураб рагIи щиб гьабунги тIубазабизе тIад босун бихьула. Амма штабалде унилан нилъее кумек щвей щакаб жо буго. Чедги лъингиян гурони гIурусалъ абизе лъаларев дун, дидагIанцин мацI лъаларев мун, дора гьасда божила нилъеда божизегIан. Кинаб букIаниги маслигIат ккезе бегьула, дагьабги яхI гьабун лъикI», - ан.

Гьеб тIолалъулго ахир кIиявго гьудуласе бокьухъе гуреб, хъвавухъе ккана. Иргадулаб инжит гьави хIехьезе кIвечIев МахIмуд штабалде унев вугилан лъугьана. ЧIчIаян гьабураб комвзводасул буюрухъалъухъ гьес гIинтIамичIо. Дос гьасда речIчIизе яргъиде квер бегьана. Щибго мунагь гьечIев росуцояв гIадада чIвалеб мехалда тIадеги валагьун чIезе Насрулал яхIалъ къабул гьабичIо. Кьвагьи бахъана. Гьеб тIолалъухъго валагьун кIиго гIурус миллаталъул солдатги вукIана. Гьез щибго рагIи абичIо.

РукIкIинегIан нилъераздаги немцаздаги вихьулареб хьонлъи ккараб бакIалда кьерун вукIана. Немцазул окопалде жаниве вортун вачIараб мех рогьалил гIуж букIана. Гьев пулеметчагIазул расчеталде тIаде ккана. Гъапуллъулъе ккун вукIарав кIиявго солдат тIаде вортун гьав вачIарав мехалда риха-хочун, квералги рорхун чIана. Цин ботIрониб пикру паркъана гьав кIиявгоги цеве къотIун гьалмагъзабазде аскIове тIад вуссине рес анищан. Амма тIадвуссине нух талихI къотIарав гьесие букIинчIо.

Дуниял рогьарабго цадахъ кIиго солдатгун асир окопал ругеб мухъалдаса тылалдехун валагьун вачана. Гьел жанире лъугьараб кIудияб блиндажалъур парахат регун рукIана солдатал. МоцIгIан заман макьие берал данде рачинчIого арав Насрула, гьагъава гIодов чIаян абуралъул макьие вортун ана. Цо заманалда гъажибетIерги кIобокIизабун гьев макьидаса ворчIизавуна ва солдаталгун цадахъ кваназавуна.

Рагъулал асирразул лагералде ккарав солдатас тIиналде щвезегIан гьекъана чияр ихтияралда вукIиналъул къабихIлъиялъул лълъар. Асирзаби ракъуца холел рукIана. Гьезда гьоркьоб бицунаан Гитлерица Совет Союзалъул, Америкаялъул ва Англиялъул бутIрузухъе кагъат хъван бугила рагъулал асирал хьихьизе жиндир рес гьечIин, жиде-жидер улкаялъул асирзабазе сурсатал щвезарейилан.

Сталиница жаваб гьабун бугила гIорхъи бахун къватIирехун жидер солдатал гьечIин, тушбаби ругилан Америкаялъул ва Англиялъул солдатазе рокъоса посылкаби щвезе, рокъоре кагътал хъвазе рес бугеб мехалда советиял солдатал асирлъуда ракъуца холел рукIана.

Ракъиялдаса захIматаб жо букIунарилан абула Насрулаца. Гьелъ тIамуна гьевги цо чувашавги лагерь цIунун ругел немцазул кванил складалде жаниреги лъугьун, гьениса дагьа-макъабго кванил сурсат бикъизе. Гьебин абуни букIана хвалил бадире ралагьун гьабураб иш. Ботинкал рикъун ратунилан немцаз жидерго солдат гьенив чIвараблъи лъалаан асирзабазда. ТIадго ккуни жидер къисматги гьединабго ккезе букIиналда гьал кигIан дагьалъниги щаклъулароан.

Хъаравулзаби хъалиян бухIизе складалде нахъехун лъугьараб заманги тIаса бищун, кIиявго складалъуве лъугьана. Гьелъул нуцIбузда кинабгIаги рахай батичIсо. Гьениса лъица буукIаниги щибниги бикъизе пикруго гьабиларин букIун батилаха.

Бикъун щвараб кванил сурсат салихIалаб ракьулъ гвендалги рухъун бахчана ва гьел бакIазда тIад жидеего регел лъуна. Кунеб чедалда сали гуреб бащдаб хIарщ батаниги гьелъул пикру гьабулеб хIалалда гьалги цогидалги рукIинчIо. Кинго цIогь тIатинчIого хутIичIо.

Гьебги тIатана дов чувашас цо чед лъиялиго сундухъали хисун батун. Рухьада бараб гьвегун рачIун, гьесул сурсат бахчараб бакI тIатана ва гьев вачун ана. ТIокIав чувашав тIадвуссинчIо. Гьесул къисмат кинаб ккарабали щаклъизе бакI букIинчIо.

Хадусеб къоялъ Насрулада аскIореги добго гьвегун рачIана. Батана бахчараб чедги. Гьев жинда цеве эхетизавурав немцазул полковникасул щенещ далун букIана кьаралъиялъ.

- Рагъулъ гIахьаллъаравищ? – ан гьикъана гьес тилмач гьоркьов ккун.

- ГIахьаллъана, - ян гьесул бадивеги валагьун жаваб гьабуна гьас.

Хвезе хъван батан ихIинкъиялъул асар бихьизабун гьел рохизариларин хIукму гьабуна магIарулас.

- Щивлъун вукIарав? – букIана хадусеб суал.

- Пулеметчиклъун.

- Сундуе гIоло мун вагъулев вукIарав?

- Нужер беццав Гитлерица буюрухъ кьуна Совет Союз тала гьабеян, гьединги абулаго Насрулаца жиндирго бералде килищги битIун Гитлерил беццлъиялъул гIаламат загьир гьабуна. Цинги кIиябго квералъ михъал кьурулеб рагъа-ракариги гьабун, - нижер михъал кьурарав Сталиница гIачи-чахъал къватIире гъейилан лъазабунин абуна.

Насрулаца пикру гьабулеб букIана гьале гьанже дос жив вачейин ва чIвайилан буюрухъ кьелин. Амма немцазул офицер гIедегIулев вукIинчIо.

- Нужер офицерзабазул солдатазулалдаса лъикIаб квен букIунин абураб битIараб бугебищ? – ан гьикъана гьес.

Гьедин абулаго ракIалде щвана офицерзабазул столоваялде жаниве унилан гьазул ротаялдаса солдатазе тамихI гьаби.

- Рагъул бакIлъиги баччун вугев солдатасулалдаса тIокIлъи бугеб кваниде хиял лъуни чехь бихъизе ккола офицерасул, - ан жаваб кьуна дос.

Асирасул хIинкъи гьечIолъи ва чIванкъотIарал жавабал рекIее гIунищ яги гьединги додинги вакъуца хвезе вугев чи вугилан пикру гьабунищали, Насрула чIвачIого тана. Къощун гьечIеб букIун бугилан хIисаб гьабуна гьес къаси кенчIолел цIвабзазухъ гIицIаб ракьалда вегаралъусан хал гьабулаго. Алмахъалдасан гьел цIваби берцинго рихьулеб куц!

Цо нухалда вачIун цо офицерас Насрула вугев бакIалда асирзаби кьерда чIезарула. Цинги цевесан къотIулаго щивасул хал гьабула. Ахиралде Насруладе килищ битIула ва мухъилъа къватIиве лъугьаян ишан гьабула. Гьев чед бежулеб бакIалде хIалтIизе вачана. Гьенир гIурусалги, полякалги, чехалги цогидалги хIалтIулел рукIана.

Цо къоялъ чол гьакидаги лъун лагералде чед щвезабизе кколев солдат унтун, гьесул бакIалда Насрула витIана. Чанго къоялдасан цоги гIилла ккун цойги витIана немцаз гьев чол гьакида чедги лъун. Ахиралдаги гьев живго гьокочилъун тана. РетIизабуна рагъулаб ретIелги.

Цо нухалда асирзабазул лагералде щварав гьасда гьенив чанго магIарулав ватана. Гьез бицана ракъуца рухI тIагIун нужер росулъа лъабгояв хвезегIанги лазареталде росун анилан. Гьениве щварав Насрулада цогидал регаразда гъорлъ Алмахъалдаса ГIалимухIамаев ГIалиги ватула. Дол ракьцояз цIарал рехсарав кIигояв росуцояв гьесда гьенив ватуларо. Гьезул иш лъугIун букIун батула. ГIалицаги мацI тун букIана. Къаркъала жеги хинго букIин гурони, чIагояв чийилан абизе захIматаб хIалалда вукIана гьевги.

Насрула лазареталъул тохтурзабахъе уна ва гьезда гьарула жиндихъе цо кружка кьеян. Гьелда жаниб маргариналда гъорлъ буцун цо чайил гъудгIанасеб чадил ракI къулчIизабуна гьес лъавуда гьечIев ГIалида. ГьедигIанго лъимги къулчIизабуна. Дагьаб заманалдасан гьес берал рагьана ва гьасухъ валагьана. КъалъизегIан росуцоясда аскIов гьесие хъулухъалда вукIана насрула. Гьеб мехалда ГIали бусада гIодов чIезе кIолеб хIалалда лъугьана. Жив хадувги вачIинилан гьесдаги абун, гьесул къаданиб кодоб букIараб кванил сурсат жемараб жоги лъун, гьав ана. Лъабго къоялдасан рес щвана росуцоясде аскIове кванил нахърателгун щвезе. Гьеб мехалде ГIали рухI речIчIун, саламатаб къагIидаялда вукIана. Гьесда аскIор регун рукIаразул цонигияв гьенив вукIинчIо. РукIана батIиял. Хвезе ирга щвезегIан чIарал.

ГIали, черх щулалъараб мехалда, немцазул офицерзабазе цIулал мушдукIал гьарун, гьелдалъун чадил кесек балагьулев ватана Насрулада.

Рагъудаса хадув рокъове тIад вуссарав ГIалица гьикъун батана Мусал Насрула тIадвуссанищан.

Асирлъиялъул къисматалъ Алмахъалдаса Мусал Насрула вачана макьилъги ракIалда рукIинчIел ракьазде – Грециялде, Австриялде, Румыниялде, Польшаялде, Чехославакиялде. Рагъин абуни гьесие лъугIана Советиял аскаразда гъорлъ. Узухъда, гьесул рес букIинчIо асирлъуде ккараб къагIидаги, доба немцазул рагъулаб ретIел реетIизе ккейги рагьун бицине. Гьев кодобе ярагъги кьун цIидасан немцалгун вагъизе кьерда лъуна. Гьезул рагъулаб часть ахиралда хIадур гьабулеб букIана Япониялде данде багъизе битIизе, амма къокъидго гьеб рагъги лъугIун, инчIого хутIана.

Рагъдаса тIад вуссарав Насрула колхозалде хIалтIизе лъугьана. ГIадамаздаса балъго щибго жо хутIуларо. Гьас кумек гьабураз рокъосезе бицун, гьез цогидазде бицун, росулъ лъана асирлъуде ккеялъул хIакъикъатги, доба немцазул ратIлилъ дозда гъорлъ гьав вукIараблъиги. Амма Насрулаца гьабураб хIалихьатаб жоги росуцоязда жеги бихьичIелъул, гьеб тIолалъулго хIакъалъулъ рагьун бицунароан.

Гьеблъиялда ургъел гьечIеб къагIидаялда гьесул гIумру инаан тIепун вукIунеб хасияталъул чи Насрула вукIаравани. Ццим бахъараб мехалда маслигIат лъаларев гьас жиндиего тушбаби ралагьана. Цо нухалда гьав гъутаналдаса тIадвуссунев вукIана оцазул гьоко цебеги къотIун. ХIащул нухаздасан хIалалъго хIатIал рахъулел оцазда барахщун, гьелги рацIун лъелго вачIунев вукIана Насрула. ВачIун цо хъулухъалда вугев росуцояв гьасул гьакиде вахана. Оцазе захIмат бугин, живги лъелго унев вугин, гьакидаса рещтIа, - ян абуна Насрулаца досде. Дос хъачIаб жаваб кьуна дурго оцал рацIейила, жинда лъалила лъелгойищ рекIунищ иневали. ТIаде гьасул асирлъиялъул рогьоги бана. Бахъун ханжаргун вортарав Насруладаса лъутун дов хъулухъчи хIориниве кIанцIизе ккана. Цадахъ рукIарал гьоркьоре кIанцIун, дагIба гьелдалъун лъугIана.

Цогидаб нухалда хуриса рокъове тIад вуссунев Насрулада росу рагIалда дандчIвана налогазулав инспектор. Гьесда цадахъ росулъа чиги вукIана. Дуца налогалъе кколеб гIарац щай кьоларебан кьогIго кIалъана гьасде инспектор. Налогалъе кьезе чиясухъе бигьаго гIарац щолеб заман букIинчIо гьеб. «Дихъе метер радал бакъ баккилалде гIарац щвезе бакI буго. Щварабго дица налоги тIаса ккезабила. Хуриса вачIунев дихъ гIарац гьечIо, дун жакъа хабар гьабичIого те», - ян абуна Насрулаца. Гьав цIакъго хIелулев вугилан ккун батилаха, дов жеги цIакъ кIалъана: «Нилъер хирияв вождь ва эмен Салиница абуна чи ватараб бакIалда гьесухъа налог босе», - ян.

«Дица дурги, дур хирияв эмен Сталинилги эбел…» - иланги абун досда ханжар чIвазе вортарав Насрулал ккураб гъежалде тIаде вегун вачIана хьолбода чIун вукIарав дов росуцояв. Налогал ракIарулев дов пахруяв инспекторасда хонжрол тIогь хъван хутIана. Досул кьер тIун букIана. Жиндир эмен Сталинищ кколев яги цогидавищали лъалареб хIал лъугьана гьесул.

Насрула асирлъуда немцазул формаги ретIарав чи вукIанин, вождасул цIаралда гьес бегьуларел рагIаби абунилан хъварал гIарзабазул хIасилалда гьев жанив лъуна. 9 моцIалъ цIех-рех гьабуна МахIачхъалаялда. Асирлъуда вукIиндал дица улкаялде данде гьабураб такъсирги гьечIин, сундуе гIоло дун жанив тIамун вугеван гьас суал кьедал, следователас жаваб гьабула, такъсир кколин къватIисеб пачалихъалда лъим гьекъейгийин.

Судалъ 25 сонги кьун Сибиралде лагералде витIана Насрула Мусаев 8 соналдасан амнистиялде гъоркье ккун, нахъеги росулъе тIад вуссана. Рагъдаги туснахъалдаги какги течIилан бицуна гьес.

ГьитIинаб къоялдасаго захIматалде ругьунав гьев гIемерал соназ хIалтIана хурухъанлъиялда, ралел бакIазда бригадирлъун, гIачиязул фермаялъул заведующийлъун, рохьил магIишаталда.

Кивехун, шалгун хIалтIизе кканиги, цадахъ ругезулгун хIалги рекъезабун, лъикIав чиясул цIар бацIцIадго цIунана Насрулаца. ЛъикIаб тарбия кьун гIезаруна лъималги. ГIумруялъул сонал нусиде гIагарлъулел ругониги ва гIемераб гIакъуба-къварилъи бихьаниги, гIураб сахлъи-чIаголъиялда вуго гьев.

Мусал Насрулагун халатаб гара-чIвариялдаги вукIун унев дида хадув довегIан щвезегIан вачIана гьесул вас Наибсултан. Дагьаб цебегIан инсухъе щвезе тIадмагIарухъа гьесул гьудулзаби рачIун рукIанилан бицана Наибсултаница. Гьел рукIанила асирлъуде ккараб мехалда гьасулгун лъай-хъвай ккарал гIадамал. Дица хIисаб гьабуна гьасулго ригьалъул херал гIадамал рукIун ратилин гьел, рикIкIадаб сапарги гьабун Мусал Насрулалъуре гьоболлъухъ гьел рачIинароанин, цIакъго гьасул адаб гьабулареб букIарабаниян.

МухIамадкамил ЛахIитов,

Калининаул росу

Газета »Чапар» 23.06.2003с,. №25.

Газета »Чапар» 30.06.2003с,. №26

Календарь исламский


Мусульманские праздники