Печать
06
Июль

Трижды "погибший"

Добавил(а) Administrator on 06 Июль 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Лъабго нухалъ «хварав»

Казбек районалъул Калининаул росулъа ХIалибегов Расул тIадаб рагъулаб налъи тIубазе ахIана 1941 соналъул январь моцIалда. ТIолабго улкаги къотIун гьевги гьесул гьудул-гьалмагъзабиги рачана Дальный Востокалде. Хъвай-цIалиги гьечIев, къатIрацин гIурус мацIги лъаларев Расулие хъулухъ гьабизе хасго захIмат букIана тIоцересел моцIаз. Дагь-дагьккун ругьунлъана рагъулаб низамалде.

Жакъа Расулида ракIалда гьечIо КIудияб ВатIанияб рагъул соназ живго щварал бакIал. Амма ракIалда буго 1942 соналда жинца хъулухъ гьабулеб букIараб часть Сталинград бахъиялъулъ гIахьаллъиги Берлиналде гьабураб гьужумги. РакIалда буго жинцаго хъулухъ гьабулеб букIараб 354-аб. кьвагьдохъабазул полкалдаги 1085-аб. зенитчагIазул артиллериялдаги рукIарал цо-цо рагъулал гьалмагъзаби. Дагьабго заманаялъ ХIалимбегов вукIун вуго богогьанлъунцин.

- Дол рукIана Берлиналде гьужум гьабулел къоял, - илан ракIалде щвезабула Р. ХIалимбеговас.

- Жанибе лъим баккулеб хандакъги букIун, гьелдаса цIунизелъун тIад гIодов чIезегIаги сверухъ хъарщи-цIул батилародаян къватIиве арав дун вихьарав куц буго тушманасда. Циндаго аскIоб бихьираб гIарададул гуллаялъул карачелалъ дун довегIан рехана, амма талихIалъ щибго лъугьинчIого дирго хандакъалъуве хъурщана. ХIалимбегов чIванилан абулеб рагIана гьалмагъзабаз.

Гьедин рокъобе кагъатги бачIун букIун буго гьев рагъда чIванилан. ХIинкъи-къай гьечIев ва лебалав рагъухъан хIисабалда, Расул рагъда восула партиялъул членлъун… Командованиялъ кьурал рикIкIен гIемерал баркалабигун, медалал-орденаз керенги цIезабун, 1945 соналъул октябралда тIадвуссана гьев гIагараб росулъе.

Росдал колхозалда гьес гьабичIеб чIегIераб-хъахIаб хIалтIи хутIун батиларо. Рагъдаго гIадин, ракълилаб гIумруялдаги ккана Расулил гIумруялъе хIинкъи бугел, божизе захIматал лъугьа-бахъинал. Цо нухалъ сапаралдаса гьалмагъгун цадахъ рокъове вачIунев Расул, нухда данде бачIунеб машинаялъе нухги тун цояб рахъалде лъугьунаго хъвана тIун гIодобе бортараб, цIикIкIараб къуваталъул токалъул кварида. Жиндаго лъачIого гьев токалъул къуваталъ кодовеги вачун гIодов речIчIула ва лъавудаса уна. ГIакълу-лъаялде вачIиндал тIадеги къулун гIодулев гьалмагъги ватула. Квешго унтулеб букIана кварнаб гъеж, рихъ-рихъизарун ругоан хIатIазул ва кверазул килщал. Амма гьев чIаго хутIула.

Цоги нухалъ колхозалъул рецарухъабазе квенги босун щварав Расул гьелгун кваназе гIодов чIола. ХIанчIараб гьанада цадахъ кIалдибе ккола кьужнаги. Гьелъ хечги къазабун, мацIги гьорон, хIухьелги къотIун, гьесда кIалъазе кIвечIелъул, гьалмагъас ахIи бала Расул «хванилан».

Гьелдаса хадуб цо гьалмагъас гьесие махсаро гьабун бугоан гIарадаялда чIвазеги кIвечIев, токалда хвезавизе бажаричIев гьев кьужнайида доб дунялалде витIизе кIвелищилан. ЦерегIанго соназ хвана Расулил лъади, лъималазул эбел. Расулил гIумруялъул сонал 90-ялдаса тIаде ана. Жакъа къоялдаги гьев лъикIаб чIаголъиялда вуго. Хур-хералда ва цогидалда квал-квадун, хIалтIи гьечIого чIунги вукIунаро. ЦIар кIудияв вас, цIоб кIудияй ясилан абула алмахъаз. Гьелъухъего, цIоб кIудияй яс Зулайхатил лъикIаб-тIалаб агъазалда вуго гьелъул эмен, рагъул ва захIматалъул ветеран, пенсионер ХIалимбегов Расул.

МухIамадкамил ЛахIитов,

Казбек район, Калининаул росу

Г.»Х1акъикъат» 08.12.2001г. №8