forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
31
Май

Наби Будайханов

Добавил(а) Administrator on 31 Май 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Наби Будайханов

Щивниги к1очон гьеч1о, щибниги к1очон гьеч1о.

СНАЙПЕРАЗУЛ КОМАНДИР –
БУДАЙХАНОВ НАБИ.


Щибаб рагъараб сордоялъ, рогьараб къоялъ нилъ рик1к1ада гьарулел руго доб, К1удияб Ват1анияб рагъалъул советияб халкъалъ дуниялго х1айран гьабураб Бергьенлъи босараб 1945 соналдаса, амма гьебго заманалда г1агар гьарулел руго гьеб бергьенлъиялъ 60 сон свериялъул гьайбатаб юбилей ун бук1иналъ. Гьеб бащдаб г1асруялдаса ц1ик1к1араб заман загьирлъулел руго ват1ан ц1униялъе рух1алда барахщинч1ого къеркьаразул ц1иял ц1арал, гьезие кьурал наградаби ай гьоркьоб къот1ун гьеч1о рагъул дандерижи.
Гьаб макъалаялда бицен гьабулев Н. Будайхановги (1918 соналъ гьавурав), гьединазул цояв ккола. Наби Алмахъ росулъа Баг1араб армиялде ах1ана 22 сон барабго дунялалъулго к1иабилеб рагъ байбихьизе жеги цо лъаг1ел бук1аго, ай 1940 соналъул 29 июналдаго. Гьеб къоялъ гьезда цадахъ рук1ана росуцоял: Алтумирзаев Саг1ид, Г1абасов Жамал, Мирзаханов Хайрудин, Дилималдаса: Ах1матх1анов Х1айбула, Г1умарх1ажиев Г1имадудин, Гъозталаялдаса Абакаров Х1ажих1ма, Хубаралдаса Мут1алибов Щуг1йп, Гертмаялдаса Дибиров Мухтар ва цогидалги.
Хинаб югаялдаса ах1арал г1олохъаби бит1ахъе Севералде ине ккана. Гьел рехана цин Петрозаводскиялде, хадур рехула десантлъун финазул границаялде Мурманскиялде, гьенисаги ралъдал ч1инк1иллъиялда бугеб Тирибирка абулеб гьит1инабго поселокалде ккана. Гьенир т1оцебесеб къоялъго кьвагьдезе риччана ва Набица пайда босана рукъов вук1аго чанахъе хьвадулаго щвараб х1албихьиялдаса ва т1олалго гулби г1ужда щвезаруна. Гьенив Наби т1амула снайперазул отделениялъул командирлъун. Г1адатияв солдат гуревги, гьев вук1ана командирги ва жавабчилъи ц1ик1к1ана.
14 армиялъул кьвагьдохъабазул 325 полкалъул снайперасда Гитлерил гъамалчаг1аз нилъер г1орхъаби рахиналъул хабар гьениб раг1ана ва гьезул полкалъул кьвагьдохъаби десант х1исабалда финазул чвахиялде рехана. Гьенив халат вагъизе ккана. Рагъал унел рук1ана г1адамазул ва техникаялъул рахъалъ чанго нухалда къуват ц1ик1к1арав тушманасулгун. Амма 1943 соналъул риидалил г1уж щвезег1ан фашистал церехун риччач1о. Хадув кьвагьдохъабазул 1800 полкгун цолъизавуна ва нахъеги Петрозаводскиялде ккана. Гьенив вагъана Финазулгун бук1араб рагъда.
Цоги лъаг1елалдасан, 1944 соналда гьезул полкалда т1адкъана Польша эркен гьабиялъе унел рагъазулъе г1ахьаллъизе. Амма гьал т1аде щвелалде К. Жуковасул фронталъул рагъухъабаз гьениса тушман нахъе хъамун ватула. Гьедин бук1аниги рагъулаго уна Данциг шагьаралде щвезег1ан. Гьенир ккана г1умруялъ к1очонарел рагъал. Снайперазул сахаб ротаялъул 7 чи хут1ана, ункъгоял хут1ана Набил отделениялъулги. 1944 соналъ гьев восула комсомолецлъун. Гьес ч1вала 75 ялдаса ц1ик1к1ун фашистал.
Тушманасдаса шагьар эркен гьабизе кколеб бук1ана цо-цо рукъ ккун. Гьеб зах1мат гьабуна бак1 лъалареб бук1иналъги. Цо рукъалъул гъоркьияб этаж нилъер рагъухъабаз бахъарабго гьел т1асиял этажалде рак1арана. Гордухъан хал гьабизе ваккарав роталъул командирасда гула щвана ва гьев г1одов ккана. Гьебсаг1ат Набица жанивехун вачана ва нилъерго солдатазухъе кьуна. Дагьалго саг1тал гьоркьор иналде Н. Будайхановасулги квег1аб гъеж зах1мат лъукъана.
Гьениб данд ч1вай гьабуна рагъ лъуг1унеб соналда. Ругъун бак1алдаго сах гьабизе к1олареб лъан гьев вит1ана Польшаялъул шагьаралъул цо больницаялде. Суаллъун бук1ана ругъун сахлъизабизе к1оларин, гъеж къот1изе кколин, амма гьелъие гьев разилъич1о ва дару гьабизе ккана чанго моц1алъ. Бергьенлъиялъул къоялда – 9 маялда дандч1вай гьабуна гьениб к1удияб Бергьенлъиялъулъги нилъер ракьцоясул т1инк1араб биялъул гьит1инабго бугониги бут1а бук1ана. Гьелдаса хадув гьев Россиялде т1адвуссана ва 1945 соналъул хасалихъе рукъове вит1изег1ан Ярославль областалъул Рыбынск шагьаралда хут1ана.
Рагъулалдаса г1емерго бигьаяб бук1инч1о гьесул зах1маталъул нухги. Рукъове т1адвуссараб октябралдасанго гьев х1алт1изе лъугьана старшиналъун Казбек районалъул милициялъул отделалде. Гьес гьабуна хъизан, ва гьаруна 5 лъимерги. Милициялъул х1алт1иги бечедаб буго рак1алда гьеч1ел лъугьа-бахъиназдалъун, х1алуцараб бук1ана гьеб Н. Будайхановасеги.
Цо къоялъ дежурствоялда вук1арав гьесде Ленинаулалдасан к1алъан вуго жанисел ишазул отделениялъул начальник Г1. Г1абдулгъапуров. Начальникас т1алаб гьабуна к1иясухъего чуялги рачун хех т1аде щваян. Гьениве щваравго абуна алмахъалдаса бикъараб к1иго чу чачаналъехун ун бугин. К1иясго сапар бухьана ва Магъжарире щолаго чуязул лъак1де ккана. Чуязул лъак1аз ричана нилъергун г1орхъода бугеб цо гьит1инабго отаралде ва гьенире щвелелде цо расалъиялда чуялги ратана.
Г1емер зах1мат бихьана жалго ц1огьал ралагьулагоги. Ахирги гьел ккуна, к1иявго чуязда рек1инеги гьарун Дилималде рачана. Гьезда т1ад гьабураб делоялъул халкъияб судалъ хал гьабуна ва к1иясего 8-8 сон туснахъалъул кьуна. Мустах1икъаб х1ухьбахъиялде инег1ан х1алт1ана гьенив. Гьенив х1алт1араб заманалда 07.12.54 соналъ гьесие кьуна знак «Отличник милиции» ва 25.10.61 соналъ - медаль «За безупречную службу». Пенсия босун рукъов ч1аралдасаги общественнияб г1умруялдаса ват1алъич1о ва кумекчилъун, маслиг1атчилъун вук1ана кивго. 1999 соналъ ана гьев 81 сон барав бусурман чи жиндир ахирисеб Аллагьасухъе нухаве. Вукъун вуго Ленинаул росулъ. Аллагьас мунагьал чураги гьесулги, гьев г1адинав Ват1аналъе г1оло вагъарасулги, гьелъие г1оло рух1 кьун рагъда ч1варазулги.
03.03.44 соналъ кьола гьесие медаль «За отвагу» \№813150\;
24.04.45 соналъ кьола орден Славы 3 даражаялъул \приказ 310 сд №28\н орденская книжка Г №419030\;
медаль «За победу над Германией» Указом ПВС СССР от 09.05.45г.; «За боевые заслуги» \Е №059036\, орден Отечественной войны 2 степеналъул \№6084063\, медаль Жукова ва киналниги юбилейниял медалял.
Г1ажаибаб жо ккола гьеб орден Славыялъул. Гьале гьанже 62 соналдасан апрелалда 2007 соналъ К1удияб Бергьенлъидал праздник баркизе г1адин бач1ана алмахъазул иницативная группаялъ хъвараб кагътие Подольск шагьаралда бугеб центральнияб архивалдаса \ЦАМО СССР\ рохалилаб хабар - Будайханов Набие 24.04.45 соналъ орден Славы 3 даражаялъул кьун бук1анин абураб архивалъул справка \ЦАМО, 13.03.07с. №11\14453\. Дицца хал гьабураб мехалъ - гьелъул х1акъалда Казбек районалъул Совет ветерановалда ва районалъул Администрациялда бук1ун гьеч1о щибго хъвараб жо. Гьелде т1адеги Будайханов Набие бокьулароан жиндирго рагъда щварал наградабазул бицине.

Х1ажимух1амадов Муса, ДГУялъул 5 курсалъул студент.
Мах1ачхъала шагьар. 20 июналь 2007 сон.


Календарь исламский


Мусульманские праздники