forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
31
Май

Алиасхаб Газимагомедов

Добавил(а) Administrator on 31 Май 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Алиасхаб Газимагомедов

АЛМАХЪАЛДАСА БАХ1АРЧИ.


К1удияб Ват1анияб рагъулъ ч1варазул ва нахъруссинч1езул рак1алде щвеялъул т1ехьалда руго гьадинал мухъал: «Г1алиасх1абов Гъазимух1амад 1924 соналъ Алмахъ росулъ гьавурав, красноармеец, 3 армиялъул 121 гвардиялъулаб кьвагьдохъабазул дивизиялъул 1148 полкалъул мухъилав кьвагьдохъан. Ч1вана рагъулъ 1944 соналъул декабралда. Вукъун вуго Орлов областалъул Акульчинский районалъул Слобода кулиялда», ян.
Гъазимух1амад Баг1араб Армиялъул кьеразулъе ана 1942 соналъул гьанжего гьанже 18 сон т1убараб г1ужалъ. Росуцояз бицуна гьев бихьинчияв хасияталъул, къуватав г1олохъанчи вук1анин. Баг1арав партизан Г1алиасх1абил ва гьесул лъади Зулайхатил васасе рагъдаса нахъ вуссаравго бертин гьабизе бук1араб анищ т1убазе хъван гьеч1еб бук1ун буго Бет1ергьанас. Маг1уялъ ц1урал бералгун балагьулаан зама – заманалда Зулайхат Гъазимух1амадил къадалда бан бугеб сураталъухъ, гьебгун чучулаан жиндирго рек1ел рух1ел ва ургъел.
Гьадин бицуна Гъазимух1амадгун цадахъ хьибилцун вагъула вук1арав Алмахъалдаса Зайнудин Далиевас: «Гъазимух1амадги, дунги цин снайперазул курсазда ц1алана. Хадур нижехъе танкабазде кьвагьулел тунк1ал кьуна. 1943 соналъул ихдал, Сталинградалдаса тушман вачахъун хадуб гьесда кьабиги щвезабулаго церехун унел рук1ана. Цо къоялъ ккана г1асияб рагъ. Тушманасул танкал церехун риччангурт1изе буюрухъ кьуна ниже. Ах1т1он раг1унеб манзилалъ дидаса рик1к1ад бугеб гьит1инабго окопалъув вук1ана Гъазимух1амад ва гьесул к1иабилеб номер нижер росулъа Гъайирбег Хасбулатов. Дун цо г1олохъанав г1урусасул к1иабилеб номерлъун вук1ана. Аск1обег1анги биччан лъабго танк бух1изабуна Гъазимух1амадица. Рак1алда буго, щибаб танк бух1анщинахъе вахъун ах1долев эхе – эхеде к1анц1олев вук1ана нижер батальоналъул командир «Молодец, Алиасхабов, Давай , давай!» ян ах1улеб бук1ана гьес.
Ункъабилеб танк нижеда, т1аде бач1унеб бук1ана. Гьеб ц1акъго г1агарлъараб мехалъ дица «кьвагье! Щай ч1ун вугев?» янги абун гьалмагъасул хьолбода зар тункана. Гьес кьвагьана, амма танк ч1еч1о. Гьеб нижеде т1аде бач1унеб бук1ана. Гьалмагъ г1едег1ун вугоан ишан босизе. Танкалъул х1ара г1одобеги биччан, нижедехун буссинабуна. Гьеб мехалда Гъазимух1амадил окопалъусан кьвагьи бахъана. Нижеде т1аде бач1ина бук1араб танкалъул башня агъалде сверараб г1адин цогидаб рахъалдехун буссана ва нижее х1адурараб кьвагьи Гъазимух1амадил окопалда щвана.
Ункъабилеб танкалда ц1а рек1ана. Цинги дир гьалмагъасул бох лъукъана. Мугъзада гьевги лъун дун нахъехун хъурщана. Рагъул сас къот1идал дове арав дида Гъазимух1амад ва Гъайирбег ч1ван ратана. Гьеб къоялъ нижеда цадахъ рук1ана Алмахъалдаса г1олохъаби: Анас Шагьилаев, Насрула Арсланмирзаев, Къурбанав Нуцалханов, Адильгерей Къадиев. Гьезул цонигияв рагъдаса т1адруссинч1о.
«Гьудуллъи» журнал 1984 сон. Къокъ гьабун босараб.


Г."Чапар" от 08.05.2000 г. №19 Умарасхабов А.



Календарь исламский


Мусульманские праздники