forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
31
Май

Жамалдин Шамсудинов

Добавил(а) Administrator on 31 Май 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Жамалдин Шамсудинов

ПРАГАЯЛДАСА ПОРТ – АРТУРАЛДЕ .

Калининаулалдаса Жамалдин Шамсудинов Советияб Армиялде хъулухъ гьабизе ах1ана 1940 сонил июль моц1алъ. Гьес гьеб ракълилаб соналъ хъулухъ гьабизе ккана Мурманск шагьаралда.
Цоялда хадуб цо гьарун унел рук1ана гьеб ракълил соназул моц1ал ва Жамалдинида кинго рак1алда бук1инч1о живго гьел рагъулал ц1аязда гьоркьосан тушманасде т1аде ине ккелин абун.
1941 сонил 22 июналъ финазулгун гитлерилазул т1оцебесеб кьаби т1аде босана гьес хъулухъ гьабулеб 61 абилеб автомашинабазул полкалъ. Гьезда цебе масъала лъун бук1ана Мурманскиялдехун тушман ине кколеб 314 абилеб борхалъи щулаго кквезе. 14 нухалда цоцахъа бахъана гьеб борхалъи ва нилъер рагъухъаби цо галиялъцин нахъе къач1о. Гьеб рагъулъ лъукъана т1оцеве Шамсудинов.
Госпиталалда ругъун сахлъизег1ан ч1еч1ого Жамалдин т1ад вуссуна фронталде ва 1942 соналъ гьев вахъана бухьеналъул 9 полкалда связистлъун. Зах1матаб буго рагъулъ бухьеналъул х1алт1и. Гьелда бараб буго командирасул амру жиндир заманалда т1аде щвей. Чанги сордоялъ ва къоялъ чахьалда хъурщизе ккана. Жамалдин бухьеналъул бомбабазги т1езарурал кварал рац1ине. Гьеб рагъухъанасул зах1матаб иш гьез рак1бац1адго т1убазабуна.
Рагъул хадусел соназ Жамалдинов бах1арчилъиялда вагъана 39 армиялъул 16 механизировать гьабураб полкалда Духовщина, Витбсек шагьарал эркен гьариялъе г1оло ва Тильзит, Кенигсберг тушманасухъа рахъизелъун.
Хадусан Жамалдин тушбабигун вагъана Румыния, Польша, Венгрия ва Чехословакиялъул шагьарал ва росаби эркен гьари мурадалда. Чехословакиялъул Бруно шагьар эркен гьабулеб рагъулъ гьев вук1ана пулеметчиклъун ва гьениб бихьизабураб бах1арчилъиялъе г1оло Шамсудинов мустах1икълъана «Рагъулал ишазе г1оло» медалалъе. Гитлерилаб Германиялде данде рьабулеб рагъ нилъер районцоясе лъуг1ула Прага шагьаралда. Амма Шамсудиница хъулухъ гьабулеб гьесул г1агараб 39 армиялъул рагъухъабазе жегиги рагъ лъуг1ун бук1инч1о. Июль моц1алъ гьеб армия рехана. Япониялъул милитаристазде данде багъизе.
Рагъалгун цевехун унаго Шамсудиновас хъулухъ гьабулеб 16 мехкорпусалъул рагъухъабаз эркен гьаруна Мукден, Дальний ва Порт-Артур шагьарал. Гьеб к1иабилеб рагъ Жамалдиние лъуг1ана Порт-Артуралда.
Гьанже гьесул каранда буго цо чанго рагъулал шапакъатал, гьезда гьоркьор руго Германиялда ва Япониялда т1ад бергьенлъаби Росиялъе г1оло кьуралги. Лъуг1ана рагъал. Гьев т1ад вуссана жиндирго г1агараб Калининаул росолъе. Х1алт1ана «Казбек колхозчи» газеталъул жавабияв секретарьлъун, росдал Культурияб Рукъалъул директорлъун.
Гьединав вуго рагъухъан ва рак1бац1адав х1алт1ухъан Жамалдин Шамсудинов.

А.Абакаров.
г."Коммунист", №55.  09.05.1974г.  


Календарь исламский


Мусульманские праздники