forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
31
Май

Чечильбиев Исхак

Добавил(а) Administrator on 31 Май 2011.

Оценка пользователей: / 1
ПлохоОтлично 

Чечильбиев Исхак

ВАТ1АН Ц1УНУЛА БАХ1АРЗАЗ.


Х1икматаб къисматалъул ва рек1ел аваданлъиялъул инсангун дандч1азе рес щварал нижеца х1исаб гьабуна – гьав к1удада херлъиларин хвалилаб зах1мат т1аде бач1аниги, Т1адег1анав Аллагьасе гурони бет1ер къулиларилан.
Дагъистаналъул кавабахъе намцазул г1ашт1ичаг1азул т1оцересел бидулал швелелдего фронталде вит1изе соназде вахинч1ев лебалав Исх1акъ военкоматалъул х1алт1хъабазда ч1алг1ун вук1ана. Кидаго нахъч1валаан сонал г1ун гьеч1илан, хадуб абуна бандазул чи вугилан, чачанасулгун бухьен бугилан. Бит1араб буго, гьеб заманалда Чачаналъ рук1ана инсул 16 вацг1алги, жиндирго гьесул 22 цинаг1алги. Ахирги Дагъистаналда хабар т1ибит1ана соназде г1агарго ругелги, цере фронталде ккеч1елги бокьун фронталде рит1изе ругилан. Гьеб хабаралъул х1акъикъат лъазег1анго Исх1акъ ункъабилеб нухалдаги Дилималда военкомат бук1араб Балал минадухъе щвана. Гара – ч1вари гьабуна, г1енеккана ва г1арза къабул гьабуна.
Рагъул соназда Казбек районалдаса Ват1ан ц1унизелъун Баг1араб Армиялде ах1ун вук1ана 1740 чи. Гьездасан дора, рик1к1ада – рагъул майдабазда хут1ана 894 чи ва тушманасдаса нилъер ракьал ва Европаялъул цо – цо улкаби эркен гьарун т1адруссаразулги г1емерал рук1ана инвалидаллъун лъугьарал. Гьезулги щварал ругъназул х1асилалда г1емерисел т1убан херлъилелде г1умруялдаса рат1алъана.

1943 соналъул 23 – 24 марталда Дагъистаналдаса кьун г1арзабигун рагъде ана 30 азарго чи. Гьезда гьоркьор рук1ана Казбек районалдаса жалго бокьун фронталде арал 153 г1олилазулги г1иц1го 33 ял т1адруссана.
Гьел къояз щибаб росулъ ва райцентралда гьаруна дандч1ваял, унезе нухбит1иялъе гьаруна к1алъаял, гьезул нахъ руссана Казбекалде 33 чи..

23 марталда росабалъа рач1арал г1олилалгун щибго г1урус мац1 лъаларев Алмахъав г1аммаб иргаялда ч1ана. Дилим – Хасавюрт – Мах1ачхъала – Баку – Тбилиси – чан гьединал ч1аралдай нахъа тезе Аллагьас хъван бугеб.
Авчалалде, Хашура Сурамалде щведал байбихьана рагъулаб х1адури. К1алъала г1урусалъ, нижеца жаваб кьола маг1арул мац1алда. Дилималдаса гьадав Ансариявги, Ичкаялдаса Садикъги цадахъ рук1инч1елани щиб ккелеб бук1арабалицин лъаларо. Нижергун гьоркьолъаби мух1кан гьаризе командирзабазги гьел ах1улаан, кинаб къо кканиги нижедаги гьел гурел ратулароан . Жакъаги гьел цоцазе хириял руго ваццаздаса – ян бицуна херав Исх1акъица рагъулал гьалмагъзабазул х1акъалда.
Мукъсанабго рагъулаб х1адурлъи щварал гьел рит1ула цо дивизиялде, цо полкалде, амма цоцазулгун бухьен кквезе рес щоларо батальонал ва ротаби бат1а – бат1а рук1иналъ – Хубаралдаса Дадаев Мух1амадгун, Ичкаялдаса Г1абдуразакъов Садикъгун, Буртунаялдаса Х1асанов Х1ажигун, Ц1обокьа Шуг1айпов Мух1амадгун ва г1емерал цогидалгунги. Т1оцебесеб рагъ бук1ана Смоленск эркен гьабиялъе г1оло гьабулеб. Рук1ана кьвагьдохъабилъун, хехго байбихьана нилъер г1олилал разведкаялде рит1изе. Цо нухалда Чичилбиевгун разведкаялъулаб т1адкъайгун Арал 28 рагъухъанасул нахъе руссана г1иц1го щугоял.
Абизе бегьула Смоленскиялъул сверухълъиялда Дагъистаналъулги Салатавиялъулги васазул жаназаби камурал бак1ал гьеч1илан. Масала, ругел баяназда рекъон Салатавиялъул 44 рагъухъан къанщун вуго гьенир, руго цо къоялъ ч1варал щугоялцин. Балагьизе чи гьеч1ел хобал жакъа нилъехъ ралагьун ругилан кколан.
Рагъда бищунго пашманлъараб къо Исх1акъие бук1ун буго чехьги бихъун, бакьалги къват1ире ран, гъежги лъукъун ватарав рагъулав гьалмагъ Хубаралдаса Мут1алибов Х1ажие щибго кумек гьабизе рескъот1иялде ккараб мех. Данде бакьалги гьарун, т1аса гордеги бахъун, дагьабго ругъунги бахчун, дагьав рик1к1аде г1ан гьев вехъерхъулагун ана абадиялъулаб рокъове муг1рузулаб лачен. Т1ок1аб гьабизе жо Исх1акъида к1олароан.
- Г1ужумалъ вач1унев тушман нижеда т1асан инч1о. Дун лъукъана Смоленскиялда гъоркь Х1ажигог1адин 1943 сонил 28 августалда. 9 къоялъ хут1ана бахараб харилъ лъукъараб бак1алдасан къват1ире рач1арал бакьалгун, зама – замналда лъавудаса инавулеб бот1рол ругъунгун. Чиясда вихьилин, ватилин, хьулалъ борхулаан ахирисеб къуватгун эхеде квег1аб квер. Аллагьас дир рух1 гьениб бахъизе хъван гьеч1еб бук1ун бугоха, т1аде ккун цо гьит1инай ясалъ дагьав довег1ан вехъерхъун вуго ва рагъухъабазда лъазабизе ун йиго. Хадусеб – макьилъ цин бихьизе хъван батугеги.
Исх1акъ госпиталалдаса вуссана рокъоса аралдаса лъаг1елгун 22 къоги нахъа тун. Херасул г1умруялъул буго цо хасият – кидаго ресалда рекъараб х1алт1и гьаби. Фронталдаса т1ад вуссарав Исх1акъида росдал къисмат гьанжесеб Калининаулалда бугеб колхозалда бухьун батана. Бажарараб хурухъанлъиялъулаб х1алт1иги, боц1хъанлъиги – гьес цо рахъалда тараб х1алт1и хут1ич1о.
34 соналъ х1алт1ана вехьлъун. Доб дун лъукъун 9 къоялъ рагъухъабазда гьоркьоса камурав дир х1акъалда рокъобе бит1араб баяналда абун бугоан «Чичилбиев Исх1акъ 1943 сонил 28 августалда Смоленская областалъул Екимовский районалъул Куркино росулъ Ват1аналда цебе налъи т1убалаго, бах1арчияб къаг1идаялда ч1вана» - ян абун. Дидаса цебе гьеб хабар росолъ т1ибит1унги бугоан –ян т1аде жубана хвалил кверщаликьа ворч1арав Алмахъас цо жо к1очон бугебг1адин.
Рагъухъан т1ад вуссана, амма т1ад руссинч1о Змница росолъ къанщарав Г1адиев Лах1ит, хадусеб къоялъ гьенибго хвалилал гулби щварав Х1ажибатиров Булатхан, Починок росолъ вукъарав Идрисов Мух1амадбасир ва г1емерал цогидалги росоцоял. Амма гьезул къисмат Исх1акъида лъалароан, гьединлъидал батила рагъухъанас г1иц1го Хубаралдаса Х1ажил бицун тараб.
Жакъасеб къоялде щибиланха абилеб, - чучав бет1ерасул чучал аскаралги рук1унин абула. Амма нилъее бет1ерлъи гьабуна Дагъистаналъул ях1алъги, бац1адаб намусалъги. Дол соназ нижеда къо гьелъ борхизабуна, гьал соназ нужееги гьебго къуват буго. Доз умумул нечезе гьарич1о, гьазги къо борхиялда божи буго.
Тарбия кьеялъулаб х1алт1и г1уц1изе гьал ветераназул г1умру ц1алулеб, бихьулеб раг1улеб ц1алул т1ехь буго. Гьелдаса бит1ун Калининаулалъул школалда пайда босулеб бук1иналъе нижеца нуг1лъи гьабула. Гьелъул х1асилги кколеб буго.


Исх1акъ Чечилбиев. Алмахъ росу. Г."Чапар" от 24.01.2000 г. №4


Календарь исламский


Мусульманские праздники