Печать
31
Май

Халимбеков Расул

Добавил(а) Administrator on 31 Май 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

ФРОНТОВИК ХАЛИМБЕКОВ РАСУЛ.

К1удияб ват1анияб рагъ бай бихьилелде жинда жаниб ункъго колхоз бук1араб Алмахъ росолъа 300 ялдасаги ц1ик1к1арав чияс г1ахьаллъи гьабун буго гьеб рагъда. Гьезул г1емерисез г1умру кьун буго Ват1ан ц1уналаго. Г1агараб росолъе т1ад русадазулги ц1акъго дагьал хут1ун руго. Гьединазул цояв, Халимбеков Расулица армиялда хъулухъ гьабизе байбихьана жеги рагъ башлагьилелдего 1941 соналъул январалда Дальный Востокалда. Хъвай-ц1али лъаларев, г1урус мац1алъулги ц1акъго дагьаб гурони бич1ен гьеч1ев маг1аруласе зах1матго бук1ана рагъулаб ишалъе ругьунлъизе. Хъулухъ гьабизе байбихьун буго 354 кьвагьдохъабазул полкалда ва 1385 зенитчиказул артиллериялъул часталда. Лъик1аланго заманаялъ т1убазабун буго поварасул хъулухъги. Ц1адулал рагъул нухаздасан унаго Расулида бищунго рак1алда ч1арал рагъазул цояб кола Берлин босиялъе г1оло гьабураб рагъ.
Жанибе лъин баккараб хандахъги бук1ун, гьелдаса ц1унизе ц1ул-хъарщи балагьизе сверухъе арав дун вихьун вугоан тушманасда, гьез реч1араб г1арададул гула дида цебеги кьвагьун, гьелъул карачелалъ дун лъик1алаго манзилалъ довег1ан рехана, г1ажаибаб талих1алъ ч1агоги хут1ун, хехго хъурщун дирго хандахъалъув т1епана. «Халимбеков ч1вана» - Ян абулеб раг1унаан гьалмагъзабазин рак1алде щвезабуна фронтовикас. Х1акъикъаталдаги, рукъобе хабар бит1ун бук1ун буго Расул рагъда ч1ванилан.
Рагъда х1инкъи-къай гьеч1ев ва лебалав рагъухъан х1исабалда Расул восула партиялъул кьеразулъе. Цох1о гьеб х1ужаялъги бицун гьев рагъда кинав вук1аравали. Командованиялъ кьурал рик1к1ен г1емерал баркабигун медаль-киласаз керенги ц1езабун, 1945 соналъул октябралда вуссана фронтовик г1агараб росолъе. «Бергьенлъи кохозалда Халимбеков Расулица т1убазабич1еб ч1ег1ераб-хъах1аб х1алт1иго хут1ун батиларо. Рагъда гуребги ракълилаб г1умруялдаги гьабуна Расулие хвалица «махсаро». Гьел магъгун сапаралдаса рукъоре рач1инаго данде бач1унеб автомашинаялъе нухги тун довег1ан къарав Расул т1адег1анаб вольталъул токалъул т1ун г1одобе делараб квариде т1аде ккола. Жиндаго хъварабго токалъ гьев довег1ан рехула ва лъавулдаса уна. К1удияб ругъун лъун батула кванараб гъежалда. Рагъдаго г1адин, Аллагьасул х1алк1олъиялъ хвеч1ого ч1аго хут1ула.
Церег1ан соналъ хвана Расулил лъадиги. Хут1ана лъималгун живго. Хадусан гьарурал ригьназулги бит1го ккеч1о. 90 ялдасаги ц1ик1к1арал сонал ругониги сах-саламатаб ч1аголъиялдаги вуго. Хуриб-къват1иб жиндирго к1одолъиялда рекъараб х1алт1иги гьабула. Бач1уна моц1ие 1648 гъурущ пенсияги.
Тамахьо ц1ай таралдаса лъи к1аб ч1аголъи лъугьана черхалъе. Тамахьойилан абуни гьес лъимерлъиялдасаго ц1алеб бук1ана. Ц1ар к1удияв – вас, ц1об к1удияй – ясилан абула алмахъаз. Гьелъухъего ц1ар к1удияв Расулил вас г1умру-яшав гьабун рик1к1адег1ан вуго. Ц1об к1удияй яс – Зулайхат инсул, рагъул ва зах1маталъул ветеран Халимбеков Расулил т1алаб – агъазги гьабун йиго.
Мух1амадкамиль Лах1итов,
г. «Чапар», 19.02.2001с. №8? Калининаул росо. 19 февраль 2001 с.