Печать
24
Май

Трудящиеся Казбековского района на помощь Фронту

Добавил(а) Administrator on 24 Май 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Трудящиеся Казбековского района на помощь Фронту


РАЙОНАЛЪУЛ ЗАХ1МАТЧАГ1АЗУЛ ФРОНТАЛЪЕ КУМЕК.


Руччабаз, харабаз, ч1ах1иял лъималаз хисана фронталде Арал жидерго россал, ва къайсал, умумул, колхозазул хурзабахъ ва г1и – боц1ул фермабазда «Фронт ва тыл цо буго», «Кинабго фронталъе», «Жиндиего ва фронталдеарав гьалмагъасе г1оло х1алт1изин» абурал ах1иязда гьоркь гьел жидерго кинабго чорхол къуват кьун къеркьана фронталъе х1ажатабщинаб ч1езабизелъун.
1941 – 1945 соназул К1удияб Ват1анияб рагъулъ «Багьадурлъиялъулаб зах1маталъе г1оло» медалалъе районалдаса мустах1икълъана 2376 чи. Дагъистан АССРалъул Верховный Советалъул Грамоталъе мустах1икълъана 42 чи.
Буртунай росдал Ворошиловасул ц1аралда бугеб колхоз бук1ана районалда бищунго цебет1ураб маг1ишатлъун. Гьелъул председатель Г1умаханов Нурх1амза мустах1икълъана «Х1урматалъул г1аламат» орденалъе.
Районалда гьединго машгьураб бук1ана Сталинил ц1аралда бугеб колхоз. Гьелъие хисич1ого бет1ерлъи гьабуна баг1арав партизан, колхозияб г1уц1арухъанлъиялъул жигарав х1аракатчи Саипов Мух1амадица. «Дагъистан тушманасда босизе к1олареб х1алалде сверизабизин» абураб партиялъул обкомалъул ва Совнаркомалъул ах1иялъе жаваб гьабун к1иазаргоялдаса ц1ик1к1арав чи х1алт1ана Терекалда, Шамхалалда, Ч1ик1аб рагъулал щулалъаби гьариялда. Гьезул 677 чи мустах1икълъана «Кавказ ц1униялъе г1оло» медалалъе. Терекалда газа – белалъ канал бухъана 15 – 20 градусалъулаб квач бугеб заманалда, ракьулъ тулиязда жанир регун, т1ад бугеб рет1елалда ц1ер ч1валеб х1алалда. Шамхалалда бакъул унтиялъ унтана г1емерал г1адамал.
«Кинабго – фронталъе», «Киналабго – бергьенлъи босиялъе» ах1иял лъугьана щивав чиясул г1умруялъул нухлъун ва маг1налъун. Рагъул соназда районалъул зах1матчаг1аз пачалихъалъул цагърахъе бана: Т1ощел – 2650 тонна, гьан – 2500 тонна, нах – 122 тонна, квас – 440 тонна, картошка – 8500 тонна ва цогидал маг1ишаталъул ниг1матал.
Пачалихъалъул цагърахъе т1ощел щвезабиялъул т1адкъай мурадалде щун т1убазабиялъе г1оло К1удияб Ват1анияб рагъул 2 даражаялъул орденалъе мустах1икълъана ВКП(б) ялъул райкомалъул т1оцевесев секретарьлъун х1алт1арав Мух1амаев Х1асан, райисполкомалъул председатель Х1ажиев г1абдулкъадир, райуполминзаг шапиев Шамсудин. Обороналъул фондалде районалъул зах1матчаг1аз кьуна 415 азарго гъурущ. «Дагъистаналъул кохозник» танказул колонналъе бак1арана 220 азарго гъурущ, Совет Союзалъул бах1арчи Мух1амад Х1ажиевасул ц1ар лъураб бронепоезд гьабиялъе 350 азарго гъурущ. «Пионер» ц1ар лъураб авиациялъул эскадрилья гьабиялъе школазул ц1алдохъабаз бак1арана 17 азарго гъурущ.
Районалдасан фронталде рит1ана жидеда кванил ниг1матал, квасул чурапал, квердахелал ва цогидабги жаниб лъун нус – нус посылка.
Фронталъул х1ажалъиялъе бак1арана г1арцолал, пахьул, тутидул, езил г1емерал т1аг1елал. Руччабаз жидедаго т1ассаги рахъун кьуна курхъаби, баргъичал, к1илк1ал ва цогидалги меседил ва г1арцол т1аг1елал.
Хубаралдаса 4 фронтовикасул вац Арсанбеков Ибаца обороналъул фондалде кьуна 63710 гъурущ, 23500 гъурущалде хъвана пачалихъалъул заем. Фронтовиказул хъизабазе кумекалъул фондалде гьес гьединго кьуна 426 кг. Ц1оросаролъил, 81 кг. Ролъул ва 16 ц1око – техь.
Механизатор Г1амиров Закарияс обороналъул фондалде кьуна 12 азарго гъурущ, Мух1амадова Жариятица к1иазарго гъурущ, ва 1500 азарго гъурущалде заем хъвана.
Рагъул соназул киналго зах1малъаби х1ехьана ва Фронталъе х1ажатаб щинаб ч1езабиялъе нухмалъи гьабуна колхозазул председателаз, росабазул Советазул председателаз, байбихьул парт г1уц1абазул секретараз: Г1умаханов Нурх1амзаца, Саипов Мух1амадица, Ибрагьимов Юсупица, Эмечов Мух1амадица, Х1ажиев Дерметханица, Атабаев Саг1идица, Ханбутаев Жамалдиница, Халидов Мух1амадица, Султанбеков Мирзаца, Эмендадаев Х1амзатица, Шахбанов Хайрудиница, Г1алибулатова Халисатица, Ханбутаев Г1алибегица, Атабаева Нугъайица, Къасумов Хажияс, Мутуев Батирханица, Гилахъаев Адимирзаца, Г1абдулаева Шаризатица, Батиргереев Х1ажица, Шапиев Г1абдух1акимица, Идрисов Агица, Гъайирбегов Чочоца, Г1умаров Ладуца, Г1адилгереев Мух1амадшарипица, Гъазиев Г1умарасх1абица, Жантемиров Исмаг1илица, Эмеев Саг1идица, Г1исаев Идрисица, ч1ег1еров Къурбанас, Юнусов Мух1амадица, Г1амиралиев Жаватханица, Х1асанов Шуг1айпица, Г1абасов Мах1уца, Х1асанов Убайсица, Ханбутаева Абаца, Ханбутаев Ансарияс, Г1абдулхаликъов Г1абдурах1маница, Сурхаев Х1асанханица, Дациев Мух1амадица, х1усейнова Х1апсатица, Салаев Мух1амадица, Нурах1маев Къадияс, Нурах1маев Х1алиница, Х1ажиев Х1ажица, Г1абдурах1манов Хизрица, Х1азуев Мух1амадица, Раджабов Мух1амадица, Абакаров Абдурах1маница, Х1асанов Г1умарица, Х1асанов Г1алиагъаца, Г1абдурах1манов Г1алимирзаца, Х1осенов Х1адаца, Салманов Х1амитица, Мух1амагъазиев Г1абдулаца, Г1алиев Мух1уца, Дадаев Атуца, Мах1алиев Гъапурица, Бартиханов Бартиханица, г1абдулаева Гьулайматица, Мух1амадов Садикъица, Мух1амадов Жабраг1илица, Х1ажимух1амаев Мажитица, Исмаг1илов Г1абдулмуслимица, Шахбанов Г1абдумут1алица , Сатираев Темиргерейица.
Нилъер росаби шпионаздаса ц1унизе ва бандаздегун дезертиразде данде къеркьезе рагъул т1оцересел моц1аз районалда г1уц1ана 65 рагъухъан гъорлъе вачараб истребительнияб отряд. Гьелъие нухмалъи гьабуна НКВД ялъул начальник Г1умаров Г1исаца ва Г1абдулгъапуров Г1абдугъапурица.