Печать
24
Май

Занкиевы

Добавил(а) Administrator on 24 Май 2011.

Оценка пользователей: / 3
ПлохоОтлично 

Занкиевы

ЗАНКИЕВАЗУЛ Г1УМРУЯЛЪУЛ НУХ.

Алмахъалдаса Баг1арал партизанал Байбулатов Занки ва Гъубаханов Тавсултанги 26.07.1934 соналъ тушманасул рек1к1аб гуллидалъун къадаралде щвана.
Мусаев Насрулаца бицана, Алмахъ росулъ Имам Шамилицаги абун гъазияллъун рахъун хварал бусурбаби рукъизе 1845 соналъ рагьараб бугин Зиярат хабал. Гьеб хабалалъ вукъана Байбулатов Занки ва Гъубаханов Тавсултан.
2005 соналъ Занкиевазул тухумалъул г1олохъабаца Алмахъ росулъеги ун гьеб хобалда лъуна ц1ияб зани, ва ц1акъ берцин гьабун къач1ана гьеб хоб.

Байбулатов Занкил анкьго лъималазул ургъелги т1алаб-агъазги, киналъулго жавабчилъиги т1аде ккана гьесул лъади, мунагьал чураяй Сайгибатиде. Гьей йик1ана Т1адег1анав Аллагьасул х1укмуялде г1ажаибго берцинаб сабру бугей, таваккалай, бахъараб хвалчен г1адай, г1адан. Лъидего г1арз бахъич1ого, гьеч1еб, бак1алдасан кумек балагьич1ого, гьелъ ахиралде швезег1ан жиндирго т1олабго г1умру сайгъат гьабуна лъимал г1умруялде рахъинариялъе. Бохдузда рахъун ч1аралдаса нахъеян абухъего, лъималги бажарулеб кумек гьабизе эбелалъул хьолбохъ ч1олел рук1ана. Эбелалъ кинабго рахъалъ х1аракат бахъулеб бук1ана лъималазе лъик1аб тарбия кьезе, гьел зах1маталде ругьун гьаризе, г1ет1 т1ун щвараб хинк1ил къимат гьабизе. Лъималги голел рук1ана эбелалъухъ г1енеккун, гьелъ малъараб гьабун, берци­наб г1амал-хасият бугеллъун. Кинабго льик1 унеб бугилан ккараб мехалъ, байбихьана К1удияб Ват1анияб рагъ. Нахъег1анав тушманасдаса эбелаб Ват1ан ц1унун рагъизе ана Сайгибатил к1иго вас-Маккашарип ва Мух1амад Занкиевал. Гьел кидагоялъе кьалул байданалда хут1ана. Гьелдаги эбелалъ сабураб таваккал гьабуна. Рагьул ва хадусел соназ колхозалда х1алт1ун щибго щолеб бук1инч1олъиялъ, Сайгибат росдал школалде техничкалъул х1алт1изе лъугьана. Гьенисан щолеб дагьабго бугониги, щагьи-копекалъги зах1матаб г1умруялда рукъи базе кумек гьабулаан

Ниж г1умруялде рахъизелъун, эбелалда бихьизе камун г1акъуба-къварилъи хут1ич1илан бицана Г1ибадулаца, хабар-к1алалда рук1аго. Дагь-дагьккун сахлъана рагъалъги ракъдаллъи-ракъиялъги лъу-рал зах1матал ругънал. К1удиял г1уна васалги цо йигей ясги. Г1адат х1исабалда, хъизаналда лъай-махщелалде, г1умруялъул хисабасиялде к1удияздасан байбихьулелъул, Занкиевазе гьеб бат1айиса ккана. Инсул ц1ар лъурав, бищунго гьит1инав Занкица 1957 соналъ Ха-савюрталъул школа механи­зация (гьедин абулаан цебе), гьанжесеб ПТУ лъуг1изабуна. Къаде колхозалъул хурзабахъ тракторалдаги х1алт1ун, къаси ц1ализеги хьвадун, лъуг1изабуна гьоркьохъеб школа.
Киг1анго рокъосан хъизаналъул т1алаб гьабизе зах1мат бук1аниги, х1алт1иги тун, ц1алун лъуг1изабуна Буйнахъскиялъул механикияб техникум. Занки лъеберго соналъ х1алт1ана Ленинаул росдал «Гьудуллъи» колхозалда бет1ерав инженерлъун, т1уразаруна цогидалги жавабиял х1алт1аби. Занкил к1удияв вац Г1ибадулацаги, 1958 соналъ Буйнахъскиялъул СПТУги лъуг1изабун, г1агараб колхозалда трактористлъун х1алт1изе байбихьана.

Араб г1асруялъул 60-80 соназул гьоркьоблъиялда нилъер республикаялда г1ат1идго т1ибит1ун бук1ана, мехзвенабиги г1уц1ун, ц1оросаролъил т1адег1анаб бач1ин г1езабиялъул соцкъец.
Гьеб къецалъе ишалъулаб жавабги гьабун, нилъер рай-оналда мехзвеноги г1уц1ун, т1оцебесеб нухалъ ц1ияб х1алт1иялде таваккалаб гали т1амурав чи ккола «Гьудуллъи» колхозалъул механизатор Занкиев Г1ибадула. Щибаб соналъ лъалъалареб ракьалда ц1оросаролъил бач1ин г1езабулаго, зах1маталъул т1адег1анал х1асилал щолел рук1ана гьесул мехзвеноялъе. Гъол соназ Г1ибадулал х1алт1ул лъик1ал х1асилазулги х1ал-бихьиялъулги х1акъалъулъ г1емераб хъвана, бицана ва бихьизабуна. 1967 соналъ къват1ибе биччараб, мунагьал чураяв Г1абдурах1ман Данияловасул "Муг1рузул улкаялъул х1акъалъулъ пикраби" ("Мысли о стране гор") абураб т1ехьалдаги бицен гьабулеб буго П. Занкиевасул мехзвеноялъул хакъалъулъ.
Лъалъалареб ракьалъул щибаб гектаралдаса ц1оросаролъил 46,5 центнер бак1аранилан хъвалеб буго гьеб т1ехьалда. 1977 соналъ к1иго чиясдасан г1уц1араб гьеб мехзвеноялъ 115 гаялда г1езабун буго ц1оросаролъ ва щибалдаса бак1арун буго 36 центнер. Лъалъалареб ракь бук1ин х1исабалде босани, бач1иналъул х1асилал ц1акъго т1адег1анал руго.
Г1ибадулал гемераб г1ет1 т1ун, зах1мат баччун гьабураб х1алт1и к1одо гьабун буго къиматал сайигъатаздалъун, г1арцулал шапакъатаздалъун ва г1емерал орден-медалаздалъун. Гьев ккола ДАССРалъул мустах1икъав механизатор, гьесие щвана «Х1урматалъул г1аламат» орден, цойги г1емерал шапакъатал, гьев ккола ВДНХялъул г1ахьалчи.
Расул Идрисовасул «Салатавия -дир ч1ух1и» абураб т1ахьида (Мах1ачхъала, 2005 с., гь.247) хъвалеб буго к1удияб х1урмат гьабун рехсон Гъубахан Тавсултановасул бах1арчияб зах1маталъул х1акъалъулъ:

-Щибаб соналъ, гьоркьохъеб х1исабалда, цоги мухь малъич1ого, ц1оросаролъил гьесие щолеб бук1араб къадар 6-7 тоннаялде бахунаан. Пенсиялде араб мехалъин абуни, колхо­залъул правлениялъ гьесие ч1обого живго х1алт1улев вук1араб «Белорусь» трактор кьун буго. Г1ибадуладаса к1удияв вац Г1али механизаторазул кьерде вач1ана лъималазул эменлъунги вахъараб, г1умруялъул ц1ик1к1араб ригьалде вахараб мехалъ.
Гьедин бугониги, гьес бач1инахъего бихьизабуна техникаялде жиндирго бугеб рокьиги, бажариги. Г1адада гуро маг1ишаталъе т1оцебе трак­тор-бульдозер бач1араб ме­халъ гьелда х1алт1изе Г1алиде божилъи гьабураб.
Къогоялдасаги ц1ик1к1араб соналъ гьевги х1алт1ана техникаялда. Г1али вуго г1одосаго как-диналда т1ад, борхана х1ежги.
Дица гьаниб къокъгохъван таниги, гьез гьабураб х1алт1ул роцен ц1акъго к1удияб буго. Байбулатов Занкилги Сайгибатилги наслуялъул г1уна 162 чи. Гьезул 22 чи ккола механизаторал, шофёрал. Гьел руго росулъ ц1акъ лъик1 г1адамазе жал рокьулел, бихьинчиял, росуцоял разиял, ккаралъуре рахъунел бах1арчиял г1адамал.
Цо-цоял бат1ияб х1алт1и-ишалда ругониги, гьезда киназдаго лъала техника х1алт1изабизе. Пенсиялда ругезул наслу жакъаги колхозалда х1алт1улеб буго. Цебеги «Гьудуллъи» колхоз бук1ана Дагьистаналдаго машгьурал ва лъик1аб ц1ар бугел маг1и-шатазул цояб.
Жакъаги гьеб саламатаб ч1аголъиялда буго. Гьеб гьединаб ч1аголъиялда хут1и-ялъулъ бергьун к1удияб ва мустахикъаб бут1а буго механизаторал Занкиевазул.
Гьединаб буго муг1рузул уякаялда Советияб власть бергьиналъул къеркьохъан, Баг1арав партизан Байбулатов Занкилги, Сайгибатилги хъизаналъул г1умруги къисматги.

М-камил ЛАХ1ИТОВ, Калининаул