forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
24
Май

Магомед Джабраилов

Добавил(а) Administrator on 24 Май 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Магомед Джабраилов


Т1ОГЬИЛЛЪАРАЛ Т1АМЧАЛ РЕГУЛАГО…

Дида цере руго Гертмаялда Дадаев Мух1амадихъе музеялде ц1унизе вацаца Джабарилов Мансурицаги, Г1усманицаги кьурал т1огьиллъарал, бараб заманаялъ т1ад ханлъи гьабурал, г1адатияб тетрадалъул лъабок1онал кагътал. Гьезул цоялъул буго 64, цогидазул 63 сон. Рарал соназ бак1-бак1алдаса х1улун цо-цо мухъал ц1ализецин зах1малъула. Гьел ккола Алмахъ росулъа лейтенант Мух1амад Джабраиловас рагъул авлахъалдаса г1агарлъиялде хъварал кагътал.
Киналго советиял г1адамазулго г1адаб г1адатияб буго Мух1амадил г1умрудул къисмат. Гьавуна 1922 соналъ Алмахъ росулъ, ц1алана г1агараб Алмахъалда, гьенибго лъуг1ана 7 класс, хадув х1алт1улев вук1ана г1агараб колхозалда.
Гьит1инаб мехалъ кутакалда лебалав чи вук1ун вуго гьев. Ц1алуе лъай щвеялъеги гъирагун жигар бук1ун буго гьесул. Хасавюрталда доб заманаялъ рагьун рук1ана учительзабазул курсал, гьенире Алмахъалдасаги рит1ула ц1ализе г1олохъаби, амма жиндирго лебаллъиялдалъун Мух1амадида бажарула живго ц1ализе Мах1ачхъалаялде вит1изавизе ва гьенив рыбопромышленный техникумалде ц1ализе лъугьула. Мух1амад Мах1ачхъалаялда ц1алулеб мехалъ башлагьула доб К1удияб Ват1анияб рагъ…
Г1емерал анищал рук1ана г1олиласул. Амма къисматалъ гьев вачана г1асиял, Ват1ан ц1униялъе г1оло гьарулел рагъазулъе. Инсуда лъазе теч1огон уна гьев рагъде вит1еян г1арзаги хъван.
Ват1аналде т1аде фашистазул хъамалчаг1и к1анц1араб 1941 соналъ г1олиласул бук1ана 19 сон. Рагъ байбихьарал т1оцересел къоязго Мух1амадица къасд гьабуна фронталде ине. Г1иц1го 1941 сонал 1 сентабралда ах1ана гьев Ват1ан ц1унулезул кьеразулъе.
Рагъулаб комиссариаталъ гьесул лебаллъи ва раг1ул бег1ерлъи х1исабалдеги босун гьев вит1ана Мах1ачхъалаялъул рагъулаб училищалде ва гьеб къокъ гьабураб программалда бергьенлъиялдаги лъуг1изабун гьит1инав лейтенантасул чингун гьев вит1ана III кьвагьдохъабазул полкалъул пулеметазул роталде, взводалъул командирлъун.
Фашистазул хъамалчаг1аз 1942 соналъ бахъулеб бук1ана Кавказалда кверщел гьабизе. Гьенир карал г1асиял рагъазулъ жигараб г1ахьаллъи гьабуна нилъер рокьцояс ва Краснодар край ц1унизе г1оло гьарулел рагъазулъ зах1матго лъукъана. Кисловодскиялда ч1араб заманаялъул 20 абулеб эвакугоспиталалдаса 1942 соналъ жиндирго рукъов вугев вац Г1усманиде гьес гьадин хъвана; «Салам буго киназдего, дун нужеда г1агардаго вуго. Амма рак1 ч1ола тушман Кавказалда тезе вук1унгут1иялда. Воре, кагъат хъвай г1емераб хабаргун. Ругъунги сахлъун буго. Дир ургъел гьабуге, лейтенант Джабраилов».
Ват1анияб рагъул соназ лъик1аздасан лъик1ал росулел рук1ана Ленинияб партиялъул мухъилъе. Гьезул ц1ик1к1арал унел рук1ана т1арамагъадисеб рагъулъе. СССРалъул Обороналъул Министерствалъул архивалдасан авторасухъе щварал баяназда гьадин хъвалеб буго; «Джабраилов Мух1амад Жантемирович 1942 соналдаса ВКП (б)ялъул членлъиялде кандидат. Ват1анияб рагъулъе г1ахьаллъана 1942 сонил марталдаса 1943 сонил 25 ноябралде щвезег1ан» абун. Гьел баяназги нуг1лъи гьабулеб буго фронталда рихьизарурал бах1арчиял ишазе г1оло Мух1амад мустах1икълъун вук1ин партиялъул мухъилъе восизе.
1942 сонил ноябралда Джабраилов нахъеги лъукъана ва вит1ана Саратов областалъул Пугачев шагьаралда бугеб госпиталалде. Гьенисан вацасде гьес хъвалеб буго; «Хирияв вац Г1усман, дица нужее 600 гъурущ г1арац бит1ана. Нужеца дир щибго ургъел гьабуге. Гьалмагъзаби руго ц1акъго лъик1ал. Нижеца Ват1аналъ т1ад къараб масъала т1убазе буго. Нуж гьелда щаклъуге. Нужеца х1укуматалъул т1ад къаял хех т1уразаре, гьеб уна фронталъе кумекаялъе» - ян.
Гъоркьехун хъвалеб буго перевод гьабич1огон Иван Артамоновасул кагъат.
«Обращаюсь к Вам с большой просьбой: -Я разыскиваю фронтового друга и товарища Джабраилова Магомеда Джантемировича командира 3 взвода 3 пульроты 399, 1922 г. рождения. Отец его Джабраилов Джантемир Джабраилович. Если Вы знаете, что-нибудь о нем или о его близких родных сообщите мне. Буду очень рад признателен Вам за Вашу услугу. С уважением к Вам Артомонов Иван Павлович. Расстались с ним в бою, оба были ранены, только нас двое со всей роты остались полуживыми на поле боя».
Гьелъ бицунеб буго кинаб кьварараб пасатаб рагъулъ гьел рук1аралали. Гьенир рат1алъанан Артамоновги Джабариловги.
Сахлъун хадув Мух1амад ккана Краснодаралда ч1араб 279 кьвагьдохъабазул дивизиялъул 1005 кьвагьдохъабазул полкалде ротаялъул командирлъун. Гьеб ротагун таманалго рагъулал нухал нахъа тана лейтенант Джабраиловас. Гьесул ахираб кагъат бач1ана 1943 сонил 23 сентябралда. Гьеб бук1ана Украина эркен гьабиялъе г1оло г1асиял рагъал гьарулеб сонлъун. Гьеб сонил 25 ноябралда Мух1амадил ротаялъе буюрухъ кьуна Запорожье областалъул Б-Белозеры районалъул, Б-Белозеры росо тушманасдаса эркен гьабизе. Гьеб росдае г1оло гьабулеб рагъулъ ч1вана ротаялъул командир Мух1мад Джабраг1илов. Амма рагъухъабаца тушманасдаса къисас босана ва гьев вукъун вуго Б-Белозеры росдал вацлъиялъул хабалъ.
Гьеб росдал зах1матчаг1азда лъалеб бук1инч1о жидер росо эркен гьабиялъе г1оло багъараб ротаялъул командир Дагъистаналдаса маг1арулав вацлъиялъул хабалъ вукъун вук1ин.
Запорожье областалъул Каменско-Днепровский цолъизабураб рагъулаб комиссариаталъ Большая Белозералъул росдал Советалъул исполкомалъул председателасул ц1аралда гьадин хъвалеб буго: «Гьарула социалистическияб Ват1ан ц1униялъе г1оло рух1къурав 279 кьвагьдохъабазул дивизиялъул 1005 кьвагьдохъабазул полкалъул ротаялъул командир Джабраг1илов Мух1амад Жантемирович рак1алде щвезави кидагояблъун гьабеян. Лейтенант Джабраг1илов Мух1амад Жантемировичасул ц1ар босе Б-Белозерка росдал паркалдаса бугеб вацлъиялъул хабалъ рукъаразул списокалде гьоркьобе абун».
Гьеб т1убан Джабраг1илов М.Ж. восун вуго списокалде гьоркьов, ва гьеб бак1алъул бахъараб сурат бит1ун бач1ана гьенисан гьесул жеги ч1аго алмахъалда г1умру гьабун ругел ваццазде Мансуридеги Г1усманидеги \3 сурат кагътида цадахъ лъун руго\.
Гьедин, Украиналъул ракь эркен гьабулаго жиндирго г1умру кьуна Алмахъ росулъа г1олилав Мух1амад Джабраг1иловас. Ина сонал, г1асраби, амма к1оченаро инсанияталда дагъистанияв рагъухъабазул бах1арчиял ишал.
Гьанже гьезул бах1арчиял ишазул ирсилаллъун лъугьарал нилъер г1олохъабаз рак1бац1адаб хъулухъ гьабулеб буго Ват1аналъул бат1и-бат1иял бук1назда, гьез бах1арчилъи ва бихьинчилъи бихьизабун бук1ана Афгъанистаналда интернационалияб борч т1убазабиялдаги. Гьезул гьайбатал ишазе мустах1икъаллъун рук1ине ккола районалъул г1олилал.
Приложение:
Джабраг1иловасул сурат
3 сурат Б.Белозерскияб районалдаса администрациялъ рач1арал.

Х1.Р. Х1ажимух1амадов, С.Г1. Салих1ов.
18.11.2006 сон.

( Суратгон цадахъ бахъана «Х1акъикъат» газетаялда 30.11.2006 соналъ)


Календарь исламский


Мусульманские праздники