forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
24
Май

Абдулгапур Абдулгапуров

Добавил(а) Administrator on 24 Май 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Абдулгапуров Абдулгапур

ЗАКОНАЛЪУЛ ХЪАРАВУЛ –
ГЪАЛБАЦ1
Г1АБДУЛГЪАПУР Г1АБДУЛГЪАПУРОВ.



Дида мух1кан абизе к1ола г1адло – низам ц1униялъул жавабияб, к1вар ц1ик1к1араб х1алт1и бажарун цебехун бачиналъулъ Г1абдулгъапурида, ващалъулев вук1инч1еблъи. Т1адег1анав Аллагьас кьураб гьунарги, махшелги, лебаллъиги, ц1одорлъиги бук1ана гьеб. Гьев г1адамаздеги божарав вук1ана, г1адамал гьесиеги киданиги хиянатлъич1о» (Алмахъалдаса Мирзахан Нуцалханов).
«Гьесул рет1а – лъайги, вак1а – вахариги цогидасухъа ц1унун бажарулеб г1адаб мух1канаб бук1ана. Мух1канлъиялъул рахъалъан бищунго т1асияб даражаялда бук1ана гьабулеб х1алт1иги. Ц1акъ бокьулаан ярагъ. «Орел» абулеб чода гьес росабалъе бухьунеб бук1араб зах1матаб сапар гьанже ругез автотранспорталдацин гьабуларо». (Дилималдаса Расул Идрисов).
Г1абдулгъапур Г1абдулгъапуров гьавуна 1915 соналъ Алмахъалдаса рекьарухъабазул Батирил ва Ажатайил хъизаналъе. 1919 соналда граждан рагъул соназ Хасавюрталда хъах1ал казаказ ч1вана эмен. Ккана эбелалъул къаимлъиялде. Амма к1удияв инсуца бесдаллъи лъазе теч1о, г1уна гьесда аск1ов, яц Пат1иматил т1алаб гьабуна инсул вацас. Эмен камунилан тухумалъ лъималазда бесдаллъи ялъун къвал базе теч1о.
1926 соналъ кьуна Алмахъалда рагьараб т1оцебесеб школалде цебе бугеб интернаталда.


Гьит1инго Г1абдулгъапурилъ загьирлъана ях1 – намус бичунгут1и, г1аданлъи ц1ик1к1ин, т1аде босараб иш ахиралде щвезаби. Ниж цадахъ ц1алана гьел соназ. Интернаталда лъугьана комсомолалъул мухъилъеги – ян рак1алде щвезабулеб буго Гуниялдаса Анварбек Айтемировас.
1937 сонил 30 сентябралда Г1абдулгъапур, жиндиего бокьун, уна Баг1араб Армиялъул кьеразулъе. Байбихьуде хъулухъ гьабула Котовскиясул ц1аралда бугеб лъабабилеб Бессарабиялъул рек1аразулаб дивизиялъул 127 абилеб милияб рек1аразул полкалда, хадуб 1938 сонил маялдаса гьебго дивизиялъул 34 рек1аразул полкалда муг1рузул г1арадабазул расчеталъул наводчик х1исабалда. Т1убанго г1ахьаллъи гьабуна Бакът1ерхьул Украиналда ва Белоруссиялда гьарурал рагъулал сапаразулъ. Салатавиялде т1ад вуссана 1940 сонил сентябралда, амма т1ад вуссинч1о г1агараб школалде.Ихтиярал ц1униялъул органазда Г1абдулгъапурилъ рихьана жидеего рекъарал г1амал – хасиятал рагъулав цевехъан г1адамазда гьоркьоб г1адло ц1унун бажари. Гьединго батила , 1941 сонил 15 февралалда г1олиласул къисмат ва т1олабго хадусеб г1умру ихтиярал ц1униялъул г1уц1абигун бухьунги хут1араб. Баг1араб Армиялъул мухъилъ ВКП (б) ялъул членлъиялде кандидатлъун восарав гьев, 1941 сонил февралалда кандидатлъиялдаса членлъиялдеги восана. 1943-1945 сонаца вук1ана Казбек РКП \б\-ялъул бюроялъул членлъун. Налъи ц1ик1к1ана, божилъи рит1ухъ гьабизе кколаан. Гьаниб дагьабго хронологиялъулал баяназдалъун г1ей гьабизин:
1941 сонил 15 февралалдаса 1943 сонил 1 октябралде щвезег1ан х1алт1ана НКВДялъул Казбек РОМалъул уполномоченнийлъун;
1 сонгун 8 моц1алъ т1убазабуна райотделениялъул оперативияв уполномоченниясул х1алт1и;
1945 сонил июналдаса 1949 сонил ноябралде щвезег1ан х1алт1ана райотделениялъул начальникасул заместительлъун. 1947 сонил февралалда ДАССРалъул МВДялъул хасаб комиссиялъ милициялъул райотделениялъул х1алт1ул халгьабиялъул х1асилазда бихьизе гьабулеб буго «лейтенант Г1абдулгъапуров милициялъул райотделалъул начальникасул хъулухъалде вачине резервалда лъезе бегьула» абун».
Зах1матал рук1ана гьел сонал. 1942 соналъ г1олохъанав милиционерас ахиралде щвезабуна 11 уголовнияб дело, т1атинабуна лъабго бидулав г1ахьаллъун гьабураб чи ч1ваялъулаб зах1матаб рак1гъанц1улеб такъсир. Гьелдаса хадуб, щаклъитун гьесие гьеб сонил 13 маялда сержантасул чин кьола. Яги, 1946 соналъ райотделалъул начальник Милициялъул Т1адег1анал курсазде Москваялде анлъго моц1ил болжалалда араб заманалда, гьеб х1алт1и т1убанго т1адкъана Г1абдулгъапурида. Т1адег1анал г1уц1абазул халгьабиялъул рапорталда баян гьабулеб буго Г1абдулгъапуровасул нухмалъиялда бугеб райотделалъ гьеб анлъго моц1алда 69 чи жавабчилъиялде ц1араб 46 уголовнияб дело ахиралде щвезабунилан.
Г1абдулгъапурилгун дир т1олабго лъимерлъиги бухьараб буго. Х1айранго ралагьулаан ниж гьев жиндирго эбелалъухъе гьоболлъухъ вач1индал, к1удияб рохел бук1ана рицунел лъугьа – бахъиназухъ г1енеккизе щвейи. Кутакалда адаб гьабулаан дандиязул, г1айиб ккараб лъимерг1адан валагьулаан харабазухъ - ян бицуна Ленинаулалдаса Гъубахан Тавсултановас.
1949 сонил ноябралдаса 1960 сонил июналде щвезег1ан т1олабго жан, къуват, бажари кьуна Салатавиялъул росабалъ законияб г1адло – низам ц1униялъул х1алт1уе нухмалъи гьабулеб милициялъул райотделалъул начальниклъиялъе. 1953 соналъ гьеб х1алт1и гьоркьоб къот1ана Челябинскиялъул лъаг1алилаб милициялъул школалда ц1алиялдалъун. 15 сонгин 10 моц1гин 7 къо кьуна гьес т1убараб жавабчилъи т1аде босараб х1алт1уе. Г1аммаб х1исаб гьабуни, рагъухъанасулаб хъулухъалъе Г1абдулгъапурица кьун буго 28 сонгун 4 къо.
Гьаб материал х1адурулагун дица гара – ч1вари гьабуна гьесул божарал гьудулзабазулгун, х1алт1ицадахъазулгун ва г1агаразулгун, Г1абдулгъапур лъалезулгун ва гьес тамих1алде ц1азе ккаразулгун, архивалдаса бач1инабуна «Хъулухъалъулаб дело» - хъвалбе буго авторас.
Такъсир гьабураб г1айибиласулгун гьес гьабулеб гарач1вариялъул рихьулаан пашманал эбел – эменги, гьезие васасул «гьунар» т1атани гьабизе бугеб асарги. Чангиял рихьана дида Г1абдулгъапурида дандбит1ун столалда нахъа г1одорч1ун г1одулел г1айибиял. Жанив чи гьес чара бук1ун лъезе толароан, гьереси бицарасда т1асаги лъугьунароан, ккараб х1алалда баян кьуразе к1вараб кумек кидагоги гьабулаан, ян рак1алде щвезабула К1удияб Ват1анияб рагъулг1ахьалчи. Дилималдаса Ансарияв Шарабудиновас.
Г1абдулгъапур Гъозтаялде вач1индал нижеца ц1ехезе кколаан росолъ лъугьараб щибдаян. Щибго гьесдаса балъго гьабизе рес бук1инч1о. Хадуб биччантун бач1унеб чугун гьев т1аде щведал ниж киналго г1енеккизе х1адурулаан. Районалъул ах1вал – х1ал т1оцебе гьесдасан лъалаан - ян т1аде жубалеб буго милициялъул начальникасул бицунагун херав Х1асан Х1осеновас.
Г1абдулгъапурил г1умруялдаса ва х1аракаталдаса г1емерал мисалал рачине бегьула, амма цо лъугьа – бахъиналъул бицен гьабич1огун бегьиларо: районалъул нухмалъулезул данделъиялда бицен гьабулеб бук1ана такъсирчилъи ц1ик1к1иналъул, гьеб рагьизе милициялъ гьабулеб хашаб х1алт1ул. Ц1акъго ццидахун вук1ана Ленинаул росдал «Гьудуллъи» колхозалъул председатель Гъ. Тавсултанов.
Данделъиялда г1ахьаллъи гьабула вук1арав республикаялъул вакил Ах1мад Пакъаловас к1алъала вук1арав гьоркьов къот1изавун, залалдехун вуссун ццидалъ абуна:
Казбек районалъ Г1абдулгъапуровасе памятник базе кколаан, районалда цо г1анк1о бикъани гьеб бикъаравги лъайч1огун Г1абдулгъапур кьижулароан, -абун.
Т1ок1аб т1адег1анаб къимат – шапакъат кинабха бук1инеб.

Рук1ана гьесул шапакъаталги, Г1абдулгъапурил хьолбохъан гьел инч1о:
1944 сон «За оборону Кавказа» медаль.
1945 сон «За доблестний труд в ВОВ 1941 – 45 г.г.» медаль.
1949 сон «За боевые заслуги» медаль.
1954 сон «Красная звезда» орден.
1958 сон «За безупречную службу» 1 ст. медаль.
1965 сон «20 лет Победы» медаль.
1967 сон «50 лет Советской милиции» медаль.
1975 сон «30 лет Победы» медаль.
1945 сон ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Х1урматияб Грамота, МВДялъул грамотаби, рухьалда ралел саг1атал ва цогидалги шапакъатал.

Отставкаялде арав подполковникас 1966 сонил 22 июналдаса г1умруялъул ахирисеб къоялде щвезег1ан нухмалъи гьабуна ДОСААФалъул районалъул комитеталъе. 1975 сонил декабралда к1одо гьавуна ДОСААФалъул ЦКялъул бищунго т1адег1анаб шапакъатлъун кколеб «За активную работу» абулеб каранда балеб г1аламаталдалъун. Кинаб х1алт1и т1адкъаниги добго жигаралъул ва жавабчилъиялъул х1алт1ухъанлъун вук1ана Г1абдулгъапур.
Г1абдулгъапурил г1умруялдаги бук1ана гьесда хадуб балъгояб халгьабиги. Масала, личное делоялда буго гьадинаб баян: «ункъг1ал Батирбиева Султанат инкъилаб ккелелде ана Турциялде ва нахъ юссинч1о» абун, яги «ч1ужуялъул вацц С. Г1изудин Хасавюрталъул нарсудалъ 1944 сонил 4 июлалда лъаг1елалъ жанив т1амуна», ян абун. Цойги мисал – хъулухъал т1уразаризе 7690 гъурущ багьаялъулаб М-72 мотоцикл босун бугин МВДялда хабар хеккого щвана.
1959 сонил январалда Г1абдулгъапуровасе тамих1 гьабураб амру хъвана, амма кват1ич1ого тамих1 мекъияблъун рик1к1ана. Кинабго гьесул бук1ине кколаан мат1уялда г1адин баянаб гурони, цогидазулгун гьабулеб х1аракат х1ашреч1араб бук1инаан.
Аллагьасул къадаралде ккана 1978 сонил 27 июналда, вукъун вуго абадияб рокъоре аразул Дилималда бугеб хабалалъ. Гьесул нахъа тараб нух шагьраг1адаб бук1инч1ониги, т1олабго х1аракат – намусалда т1анк1 лъеч1еб бук1ана, наслабиги гьеб роцада куцана. Гурелани, инсул нухдасан киналго вассал инароан, х1ажалъи карал Салатавиялъулазе ратулеллъунги лъалароан. Москваялда, яги Мах1ачхъалаялда гьез кумек гьабурал г1емерал ратула.

Г1абдулгъапурги гьесда релъарал цогидал Салатавиялъулалги, х1акъикъаталдаги мустах1икъал руго ирсилазде, г1олеб г1елалда к1очонареллъун гьаризе. Гьелъие ресал ва нухал рати нахъе ругезул г1аммаб борч буго.

«Рагъул г1ахьалчи, г1емерал соназ Казбек РОВДялъул начальниклъун х1алт1арав росуцояв подполковник Г1аблугъапуров Г1абудлгъапур къадаралде щвараб мехалда гьесулги жиндиргоги гьудул Г1умарасх1аб Гъазиевасухъе хъван гьаб назму бач1ана Къебедил Дадал вас Дадаев Набица» – ян хъван буго Г1.Гъазиевасул «Г1умру, мун макьилъиш дида бихьараб?» -абураб т1ехьалда... \гь.260-262\.

Халкъалъул эркенлъи ц1унулеб
ГЪАЛБАЦ1.
Нилъер гьудуласул берал къанщана,
Т1ок1алъ нилъ рихьизе рагьиларедухъ,
Нилъер гьалмагъасул к1алъай къот1ана
Т1ок1аб калам хадуб раг1иларедухъ.
Балагьун х1ахьеч1ел ч1ег1ерал берал
Ч1ег1ераб ракьалде жанире ана,
Г1енеккун ч1алг1инч1ел ч1урканал харбал
Т1ок1алъ раг1иларо Г1абдулгъапурил.
Дур эбел г1одаяв, г1амал берцинав,
Г1айибни бук1ана мун хехго хвезе,
Г1адамазул рек1елъ хабар рекъарав,
Заманго щвелелде щайдай мун хвана.
Дур г1анч1аб гаргади, разияб релъи,
Кидал к1очон телеб гьалмагъзабазда,
Дур гьуинаб хабар, кепаб махсара,
Кидаго инаро нижер рек1елъа.
Г1одун ч1ваданиги, кьвагьун хваниги,
Кьерилазда гьанже мун вихьиларо,
Хъах1илаб зодихъе рихъун аниги,
Гьудулзабаз мунгун рак1 чучиларо.
Г1алхул чанилг1адаб чалухаб лага,
Т1ок1алъ чучиларо чодул кьолониб.
Чалухъаб логода рекъараб ярагъ
Т1ок1алъ борчинаро дур рачелалда.
Армия куцалев командир хванин,
Кавалеристазде хъван рит1е кагътал,
Халкъалъул эркенлъи ц1унулеб гъалбац1
Дунял тун араблъи лъазабе кибго,
Телеграмма бит1е министрасде,
Подполковникасе отставка хъваян,
Кагъат хъван лъазабе редакциялда
Начальникасул хвел халкъалда лъазе.
Риччанте рач1ине ч1ух1арал гьалбал
Рак1 чармилаб лочнол хабаде щвезе,
Риччанте г1одизе г1олил руччаби,
Г1амал берциница дуниял тедал.
Ч1ух1арал васаца, цо йигей ясалъ,
Ч1ег1ер баян абе г1умру хвезег1ан.
Г1абдугъапуриде т1аде ракьги хъван,
Рак1 бац1ц1адай гьудул щибундай ч1елей.
Дуца бан ругьунаб чарамул ярагъ
Чияхъе кьеч1ого, ц1унила васаз,
Дур мисалалдасан х1ат1иги гьабун,
Халкъалда жаниб ц1ар ц1унила гьез дур.
Ахираб дур сапар дихъе гьабураб
Ургъунгойиш ккараб, къо-лъик1 гьабизе,
Цадахъ Алмахъалде инеги бицун,
Мах1ачхъалаялде щвезе щай арав?
Хвалие къуркьизе бук1инч1ин бицун,
Ц1акъго х1ал гьабидал, ях1гойиш хвараб?
Унтигон къецалда заман ц1ик1к1индал,
Гьелъул х1илла бергьун, тохлъунищ карав?
Аллагьасул къадар т1аде г1унт1идал,
Г1айиб гьабиларо къуркьананиги,
Къецалда заман ун, ч1аг1ун батила,
Гуребани лачен чучилароан.
Нух бит1аги дуе, хирияв гьудул,
Щваралъуб, бит1ун ккун, кьейги дуй талих1,
Дуе хъулухъалъе х1улург1инзаби
Х1адурлъун ратаги ахираталда.
Мунги данде ч1вазе, хабар ц1ехезе,
Х1адурлъун ратила гьудулзабиги.
Гьезда дуца бице нижерги салам,
Заман щолеб бугин, рач1инин абе.
Дие бокьилаан хвараб мехалда
Хадуб рух1ал лъолеб уяб батизе,
Цереккун хваралги, хадур хваралги
Гъоб ахираталда дандч1ван рихьизе.
Дица гьеб мехалда ралагьилаан
Дирго гьудулзаби бищунго цере,
Гьезулгун данд ч1вараб мех бук1инаан
Бищунго дир рук1ел анищ т1убайлъун.
27.07.1978 с.


Гьесдаго хадуб гьаб назму – маг1у Г1абдулгъапургун г1умру арав, гьесул божарав гьудул, Дилималдаса Салимгереев Мух1амадица ишцояв Аллагьасул къадарщун нилъедаса ват1алъидал гьабураб. Бахъулеб буго кинаб бук1аниги хиси гьабич1огун.

Виччай, Наби, дунги дудаго хадув
Хварав гьудуласул бицун к1алъазе
Зонода къвалги бан маг1у гьабизе
Хабадеги вуссун маг1ил г1ор т1езе.
Гьесул къадаралде шиг1ру хъвазеян
Чанги г1одов ч1ана столалда нахъа
Амма цо раг1ицин хъван бажарич1о
Бераз т1олеб маг1у т1адеги чвахун.
Дица рек1ей ссабру г1емер гьабула
Гьев хвеч1евин абун, ч1аго вугилан
Амма дур кагътиде т1аде къулидал
Къо рехана дица, к1веч1о х1ехьезе.
Гуро, гьалмагъзаби, дун божуларо
Гьереси батила Г1абдулгъапур хвей
Годуге, руччаби, гьабуге маг1у
Махсаро, батила дие гьабулеб.
К1алъаге телефон, бач1унге кагъат
Рокьукъаб хабаргун дун гъаримасухъ
Бухъуге хабалалъ ч1ег1ераб лах1ту
Нижер гьудул хвезе хивалал гьеч1ин.
Унтуе къвак1арав къвалакьа чергес
Мунгойиш чучарав, чарайиш хвараб

Чарамул черхалъул бодул цевехъан
Наркоз кьунищ мун гьез кьижизавурав.
Т1ат1ала ккун айги поликлиника
Дуе данде кколеб дару батич1еб
Ч1унтлае буссайги санитарный часть
Дур чехь къот1и – къот1изе нусал лъухьараб.
Бищун хиралъидал ват1алъилеван
Рак1алда бук1инч1о, хирияв гьудул
Хун ракьалда лъолев лъараб анани
Гьарилаан дунги цадахъ вачеян.
Дунялалъул рокъоб рек1ел гъеялъе
Мун Аллагьас нижей вижун вук1ана
Къваридал къояца рак1ал чучизе
Бет1ергьанас нижей виччан вук1ана.
Рек1ел гъейги ана нижехъе бахъун
Дуца бакъудехун берал къанщидал
Къваридал къоязги къорал реххана
Дуца къанида гъорлъ босен т1амидал.
Мун сапаралда вугин ссабру гьабила
Ссабру т1аг1аниги ниж гьудулзабаз
Мун дару босизе рик1к1аде анин
Бач1унареб кагътилъ балагьун ч1ела...
г. «Чапар», №35, гь.2. 28.08.2000 с. Дадаев М.Д. росу Гертма.


Хадуб раг1и…
Аллагьас мунагьал чураяв Г1.Г1адугъапурил гьудул мунагьал чураяв гьесдаго релъарав къвак1арав бихьинчияв, рак1бац1адав бусурман Дадаев Наби хвана гьесда хадувго г1емер халалъич1ого 1980 соналъ. Вукъана гьев Калининаул росулъ.
Гьев Аллагьасул къадар щун индал гьесул ваццг1ал фронтовик Исмаг1илов Жаватханица ц1акъ бит1ун хъвана: -«Рек1елъ чаран бугеб чоразул айгъир.. Набил сси хвеларо халкъалда жаниб..» - абун Набиде… \Г1.Гъазиевасул «Г1умру, мун макьилъиш дида бихьараб?» -абураб т1ехьалда... \гь.264\.
Ана замана… Мунагьал чураяв Исмаг1илов Жаватхан къадар Аллагьасул щун ана 1984 соналъ. Гьев вукъун вуго Калининаул росулъ… \Г1.Гъазиевасул «Г1умру, мун макьилъиш дида бихьараб?» -абураб т1ехьалда... \гь.263-264\.

Гьел киназулго Аллагьас мунагьал чуреги. Ч1аго ругезе Аллагьас гьезул баракат кьеги. Редакциялъул х1алт1ухъабазул мурад т1обайги, газета хъвалел чаг1и г1емерлъеги! Амин!
Г1абдугъапуров Г1абдугъапурил ясалъ Заринаца кьуна 3 сурат ва бицана т1аде жубазе жо.
Гертмаялдаса районалулго краевед Дадаев Мух1амадил "Чапар" газеталда хъван бук1араб музеялдасан босана.

Х1адур гьабуна Х1ажимух1амадов Х1.
01.01.2007 с.



Календарь исламский


Мусульманские праздники