forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
21
Март

Аминат Идрисовалъул рак1алде щвеял

Добавил(а) Administrator on 21 Март 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Салих1 Салих1ов

Аминат Идрисовалъул рак1алде щвеял

Ан ц1го сонцин Аминатил г1ун бук1инч1еб мехалъ, рагъда цебесеб соналъ цо параялъалъ реч1чараб унтиялъ хвана гьелъул эмен Идрис. Гьелдаса хадуб, хасго рагъ байбихьун хадуб гьезул хъизаналда бихьич1еб зах1малъи хут1ун батиларо, бихьана ракъи. Хъизаналда гъорлъ вук1арав к1удияв цо вугев вац рагъдеги ун хадуб ц1акъго зах1малъана ункъго г1исинал ясалгун х1ут1арай гьезул эбелалъе Х1алиматие. Аминат гьит1инго йик1ун йиго лебалай, ц1одорай ч1ужуг1адан...

- Шуабилеб классалда ц1алулеб мех бук1ана (Ленинаулалде гочинарун рук1ана доб мехалъ). Дунги цадахъ ц1алулей йик1арай Г1айибатги ана маг1арде ракъуца холаго тухурта бахъизе (сверухълъиялдаго цоги кваназе бегьулеб г1урччинлъи хут1ун бук1инч1о). Халатаб нух нахъаги тун. гьенире щун, рахъун к1азалгун, гьезухъ тухуртаги жемун рач1ина рук1ана къаси мехалда. Нух къосун киса-киреги г1ебедеххун чачанмухъалъе ина ратана ниж. Киса кире щвелел рук1аралали лъаларо, цо заманаялдасан свакан ях1ги хун рук1аго раг1ана хабалъан г1адин ниж ах1улеб цо гьаракь. Гьеб гьаркьихъе ун, т1аде ккана нижеда хадуй яхъарай эбелалде т1аде, г1емер нух тун рик1к1алъун ругоан ниж нухаса, гьеб тухуртаги бащдабцин нахъе хут1ун бук1инч1о свакаялъ бак1лъун нахъе бан...Нижер эбел унаан ч1артил гьарурал хьиталгун хьот1ол гъуналъ ролъул мугьалго ратуларищан, хъат г1анасел мугьал щвараб мехги бук1унаан, стакан г1анасел щвараб мехги бук1унаан, гьелги релъун кваналаан. Анлъабилеб классалда, комсорглъун йищараб мехалъ дир гурдеялда бук1ана анлъго рукъи. Комсомольский взносал, рак1арарал чамали кепкалги росун ине кколаан йилъун Дилималде щияб моц1алъ... Х1ажияв Мух1амадовилан абурав цо ц1обокьев вук1ана росулъ, гьес ккезаюна дун комсорглъунги. пионервожатыйлъунги, хадуб завклублъунги гьесул кумекалда ккана. Дилималда культураялъул отделалада заведующийлъун вук1ана доб заманаялъ цо ц1обокьев Меджидов. Гьав Х1ажияв досде к1алъан ккарай йик1ана дун завклублъун. Эменги хун вук1ун, вац Н1уг1манги рагъда вук1ун, унтарай эбелгун лъабго гьит1инал яцалгун ниж хвасарлъана, гьеб х1алт1уца кумек гьабуна. Колхозалъул бухгалтерлъун вук1ана гьебго Ц1обокьа Г1абдурах1ман. Дунги Г1айибатги унаан гъов бухгалтерасухъе авансалъ дагьаб ролъ кьейиланги абун, гьес гьеб кьун гурони ниж нахъе унароан... Дунялалда ч1аго дица рехсарал ратани, гьарула гьезие дуниялдаги ахираталдаги бит1ун ккей, гьезул хъизабазе роххелгун талих1. Нижеда бихьич1еб ч1ег1ераб щибго хут1ич1о, ракъун хваралги рихьана. Аллагь, бихьугеги нижеда бихьараб т1олго наслабаздаго... Доб эмен хвелелде заманаялъ Шортоялдаса Нахъотаралде рук1ана гочун, гьенив эменги хун хадуйго хвана дидаса к1удияй яцги. Эбелалда макьилъ рихьулаан хварав инсул малъа-хъваял, щиб киб бугебали, гьезулги маслиг1ат ккана...Эбелалъул вац Г1умарасх1аб рагъда лъукъун рукъове вач1ана, вацг1ал Гъазимух1амад рагъда т1аг1ана, Нуг1манги вацг1ал Мух1амадги нахъа рач1ана рагъдаса... Йищана колхозаллъул комсомолалъул секретарьлъун...Езиратилан абурай цо комсомолка йик1ана, щибниги собраниеялде яч1унароан. Ахирги киг1ан абуниги гьейги яч1инч1огун, дица комсомолалъу собрание гьелъул рукъоб гьабуна, гьелдаса хадуб Езират цо камич1огун собраниеялде яч1унаан... Областалъул комсомолалъул конференциялде рищун рук1ана доб мехалъ, ц1алун лъугьарабго Дилималде вач1ун главврачлъун тарав Мух1амад Хархаров, дун, райкомалъул секретарь Г1. Султамурадов, Калининаулалдаса, гьение яч1ун йик1арай цо г1урусай Валя...Хадусан лъугьана партиялде, тана росдал женотделалда председательлъун... Цо нухалъ, кверг1анасей ч1ужуг1адан, дие кьуна выговор, рос хварай къоролай (гьейги партиялда йик1ана), ч1ужуги йигев чиясе унилан абун. Дир эбел-эмен г1анасел гъол щайила дица данделъизе таралиланги абун (гъой къороллъуда йик1арай ч1ужуги партиялдаса нахъе гьайуна)... Судалъул заседательлъунги йищулаан кидаго. Верховный судалъул рищияздаги ккана заседательлъун...Судиясдаса къинч1огун лъалаан дида законал, г1емер заседательлъун йик1ине ккун...Райкомалъул членлъунги кколаан Казбек ва хадусан Новолак районазда... Дир х1урмат гьабулаан районалдаго. Быткомбинаталъул директорлъун вук1ана х1алт1улъ бажари бугев чи Мух1амад Г1азаев, Ленинаулалда гьелъул филиалги рагьун, гьелъул директорлъун йик1ана дун тун. Эркенаб заман бук1унароан щибниги, мах1ачхъалаялде машинагун цадахъ ине кколан къаялда хадуй... Гьедилан х1алт1ула йик1ана. Дир кверщалида гъоркь бугеб гьеб филиалалда вук1ана х1алт1улев художник-оформительлъун Адиев Избодин, ц1акъ берцин суратал рахъулев вас вук1ана. Цо нухалъ гьес бахъун бук1ун буго буракъалъул сурат.Кидаго ина-яч1ина йик1уней дида гьеб лъач1о. Цо къоялъ ах1ана райкомалде, гьений партиялъу секретарьлъун йик1ана цо ч1ужуг1адан. Гьелъ дидасан жавабчилъит1алаб гьабизе лъугьана гьеб дингун хурхараб сурат Избудиница бахъи. Гьеб раг1арав Мух1амад Г1азаевас абуна жинца кьелилан гьелъул жавабилан, амма гьей серетарьалъ дун цоги ах1ана, хадуйги ах1ана, Г1азаев Мух1мадги, Избудинги партиялъул членал гурин, партиялда йигей дица жаваб кьезе кколиланги абун. Партиялда гьеч1езулги дицайищха жаваб кьезе кколебиланги абун дица гьелде цебе столалде партбилет рехана ва гьей хадуй ах1делаги тун дун къват1ие лъугьана. Хадусан обкомалдасан цо к1игояв вач1ун дида гьеб билет нахъе босизабуна. Дов Адиев Избодин, доб сурат сабаблъун дие ккараб бихьун дидаса нечон, киг1ан дица виччалев вук1инч1ониги х1алт1удаса нахъе ана. Цинги гьев Москваялде ана. Гьенив хадусан лъик1ав художник лъугьанилан раг1ана гьесул, г1урусай ч1ужуги ячун лъималги ругилан раг1ана, т1ок1аб гьесул щиб ккарабали лъаларо, гьев щвезецин росулъе вач1инч1о. Эбел-эмен хвана гьесда хадур х1акъдилаго, гьев вихьизе бугеб хьулаца...Гьеб ккарабжоялъулги г1айибалъул цо бут1а дица рик1к1уна дой райкомалъул секретаралъулги...


Календарь исламский


Мусульманские праздники