forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
21
Март

Къисматалдаса рорч1изе бак1 бук1унаро

Добавил(а) Administrator on 21 Март 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Публикация (На аварском языке)

Опубликовано в республиканской газете "Хакикат"

Насир Басиров

Къисматалдаса рорч1изе бак1 бук1унаро

Анц1ила лъабабилеб г1асруялдасан байбихьун къолоцоабилелде щвезег1ан балагьал лъугьа-бахъиназул цонигиялъ гьоркьоб теч1о Дагъистан. Мекъи ккеларо гьезул бищунго бух1и кьварараб бакьулъ бак1алда маг1арулал рук1унаанин абуни. Гьезулги гьезул росабазулги къисматалъул х1акъалъулъ кинабго хъвазе зах1мат буго, амма жиндирг росдал таварихалъ гьеб щивасда цебе ч1езабула. Щиб гьабилеб, инсанияталъул таварих буго бет1ерлъиги, бечелъиги, ц1арги къвариг1аразул мурадазе г1оло щибго г1айиб гьеч1ел г1адамаз т1ураб биялъ хъвалеб жо. Гьелъие нуг1лъи гьабула ахирал соназ ккарал лъугьа-бахъиназги. Масала, церегосел маг1арул росабазул цояб - Алмахъ бук1ана ракьазул рахъалъ бечедаб, т1абиг1аталъул рахъалъ берцинаб, т1ощел г1езабиялъе ва г1и-боц1и хьихиьиялъе лъик1ал ресал ругеб росу. Рорхатал муг1рул-щобаз сверун ккураб жаниблъиялдабук1иналъ гьенир къуватал гьуралги рук1унаро, къанаг1атги ракъдаллъи ккун хур-херги бакъваларо.

 



Харач1исел, чунгурисел, к1огьорисел, г1аркьхъал абурал тухумазул ц1араз нуг1лъи гьабула цебегоялдаса гьениб бат1и-бат1иял росабалъа яшав-маг1ишаталъе г1ат1идаб бак1 х1исабалда гочун рач1арал г1адамаз цадахъ г1умру гьабулеб бук1иналъе. Лъабго бат1ияб милаталъул г1орхъода рук1иналъ, алмахъазул мац1ги жидеего хасиятал сверелал ругеб буго.
Алмахъ кколаан нек1сиял маг1арул росабазул бищун ч1ах1иязул цояб, гьелъул ракьалъул г1ат1илъи анц1ила щуазарго гектаралдасаги т1аде унаан. Гьенир руго Ислам т1ибит1илелдего рук1арал бек1к1араб гамач1алъул жанисан къед гьабурал хобал. Т1аде бараб ракь борхат гьеч1ониги гьел гьарун руго т1ад лъурал ч1ах1иял къаназ жанибе ц1ад биччалареб къаг1идаялда. Цо хобалъур рукъун руго чангоял. Гьел рук1ине бегьула жиб-жиб хъизаналъул хварал г1адамал, къаналги рорхун цересезда аск1ор лъолеб бук1араб заманаялъул хобал.
Г1арабазул цевегосев таварихчиясул баяназда рекъон, анц1ила ункъабилеб г1асруялъул ахиралда Алмахъ бук1ун буго микьазаргоялде г1агарун ц1араки бугеб щулалъи - хъала. Жеги ц1унун буго "Хъалаялде унеб нух" абулеб бак1алъул ц1ар. Рекъав Тимурил рагъазул заманаялда гьенир рук1арал г1адамал Сулахъ г1урул раг1алде гочинарун руго. Алмахъаз жигараб г1ахьаллъ гьабун буго Шамилил бет1ерлъиялда гьарурал рагъазулъ. Гьединазул цояв, Шамил асирлъуде ккезег1ан анц1ила щугоялдаса ц1ик1к1ун соназ г1урусазул аскаразде данде вагъарав Таймасханил Пирах1ма абулев чи хун вуго нусгоялдаса ц1ик1к1ун соналги ран. Гьев лъалел г1адамаз бицунаан Пирах1мал бохалдаги гъежалдаги рук1арал гулби какие чурулаго хъалалдаги рукьбуздаги гьоркьоб гиргидулел рук1унаанилан. Гьесул ункъо васасулги, ункъо ясалъулги рук1араллъималазул къадар лъабкъогоялде бахунаанилан. Ахираб анц1го соналда жанир, щивас 100-110 сонги бан хвана Пирах1мал васазул лъималазул ункъоял. Гьесул цояв вас Г1умахан Турциялда хвана. Г1емер заман инч1о 110-115 сонги бан гьесул к1иго яс хваралдаса. Пирах1мал лъабабилеб наслуялъул г1емерал ч1аго руго.
Симсиралдаса Г1алибег-х1ажил багъа-бачариялъул соназда росу бух1ун алмахъал Хубаралде гочинарун руго. Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун доб заманалда вук1арав пасих1а раг1ул устар Солтанил Саримирзаца хъвараб кеч1 г1емер рик1к1унаан гьесул васасул яс Солтанатица. Рак1алда буго гьелъул гьадинал мухъал:

Чаргъудул къинлъаги Къудул чалахъе
Гьанже челхинибе югъут т1еч1они,
Г1унк1к1ал къинлъараги Каймесеялде
Гьанже г1олохъаби г1одор ч1еч1они.

Боц1и кванадулеб Ц1ант1а ракьанда
Чуял кванадила капурзабазул,
Ясаз г1ерт1ал ц1олел рахъил бут1рузул
Гъудал рахъалъ черма т1аде бахъила.

К1иго нухалда росу биххиялдалъун г1емерго дагьлъун буго гьениб гьабулел рук1аразул къадар.
Маг1арул росабалъ къанаг1атги рук1ун ратиларо Алмахъалда гьобол-гьудул гьеч1ел. Гьенире г1емер рач1унаан т1ощалихъ г1и-боц1и, пихъ, дабагъ-лакай ва цогидабги хисизе къвараг1арал г1адамал. Рук1ана Узунх1ажи, Нажмудин, Мах1муд, Ц1адаса Х1амзат лъик1го лъалелги. Мадугьалихъ ругел чачаназул росабалъги г1емер рук1ана алмахъазул гьалбалги, гьудул-гьалмагъзабиги, цоцазулгун ригьин гьабун ккараб г1агарлъиги.Росулъ бук1ана лъабго мажгит. Гьенире унел рук1аразул ч1аго ругез бицуна т1оцебесеб к1иго ирга х1ажизабазул бук1унаанила, гьезул къадарги лъабкъоялда анц1го чиясде бахунеб бук1ун буго. Кулазда г1умру гьабулел херал г1адамалги гьенире 6-7 километралъ рилъанхъун рач1унаанила.
Росулъ бук1ана Г1алисолтанил Сулайман бет1ергьанаб минабазда балеб щег1 бежулеб завод. Гьединабго заводги лъеца х1алт1изабулеб хъарщи-ц1ул хъухъалеб пилорамаги колхозал г1уц1ун хадуб бана. 1937 соналда Ахташ абулеб лъаралда бана росдае г1ураб къуваталъул электростанция. Аслияб къаг1идаялъ алмахъаз г1умру гьабулаан кулабазда. Гьениб г1уц1ун бук1ана ункъо колхоз. К1удияб Ват1анияб рагъде ана ункънусгоялдаса ц1ик1к1ун чи. Дагьал рук1инч1о анц1ила микьго сон т1убалелде жидеего бокьун аралги. рагъде аразул г1емерисел нахъ русинч1о. Рук1ана к1иго-лъабго вас рагъда ч1варалги. Рагъалъ кьижаралъуса рорч1изаруна хъачагъазул къокъаби. Хасго гьезул "х1аракатчилъи" ц1ик1к1ана Кавказалде рагъ г1агарлъидал. Байбихьана колхозазул ва г1адамазул г1и-боц1и, т1ощел, рукъалъул къайи бикъа-хъамизе. Рагъде васаалги россалги ун хут1арал руччабазе зах1мат бук1ана лъик1го яргъид г1уц1арал, 10-15 чиясдасан данделъарал хъачагъазул къокъабаздасан рик1к1ен г1емерал кулабазда г1умру гьабулел г1адамазул гьединго колхозазул маг1ишатал ц1унизе. Кулабазда г1умру гьабулел г1адамалги г1и-боц1иги гочинабуна колхозазул конторабазде аск1оре. Гьеб бук1ана Дагъистаналъул г1орхъоде рагъ щвараб заман. Самолётаз бомбаби рехиялда х1инкъун къаси кинаб бугониги канлъи баккизеги толароан. Жеги г1ундузда жанир ругилан ккола къаси т1асан роржунаго гьезул рук1унел рук1арал г1асиял гьаркьал.
Бел-раххан кодоб кквезе к1олел бихьиналги лъимал гьеч1ел руччабиги рит1ун рук1ана Терек г1урул раг1алде хандакъал рухъизе ва цогидал щулалъаби гьаризе. Кулабаздейин абуни г1аммаб буголъи ц1унизе рагъдаса т1ад руссарал, гьединго рагъулаб хъулухъалдаса хвасар гьарурал гьарурал г1адамаздасан г1уц1арал партизаназул къокъаби толаан. Гьедин лъабабилеб нухалдаги биххизабуна цебегосел росабазул цояб - Алмахъ. Г1умру гьабизе ккана руччабаз ракьулъ рухъун гьарурал хандакъал г1адал хъорщазда жаниб.
Г1емер заман иналде Гьоркьохъеб Азиялде гочинаруна Кавказалъул цо-цо миллатал. Лъицаго бит1араблъун рик1к1инаро г1айиб гьеч1ел г1адамал х1ал-зулму гьабун чияр ракьалде гочинари. Г1адада гурелъул рекъаб чахъуялъ нусго г1ияе лъин х1абургъинабулебилан абулеб. Цогидал маг1арулалго г1адин, лъабго колхозалде гьоркьоре унел рук1арал кулабаздаса г1адамал гочинаруна чачаназ г1умру гьабула бук1араб к1иго росулъе. Гьедин ункъабилеб нухалдаги биххана аза-азар соназ умумуз г1умру гьабураб росу. Жеги рак1алда буго эмен гьеч1еб ункъо гьит1инаб лъимерги хьихьун хут1арай эбелалъ биххараб печалда цееги г1одойч1ун г1одилаго рогьараб сордо. Гьей г1адал дагьал рук1ун ратиларо чияр ракьалде гочинарурал маг1арулазул. Минабиги доб заманаялда рук1арал х1акимзабаз чи вихьун, чин бихьун рикьун ругоан. Риххана кулазда рук1арал минаби, лъиего изну бук1инч1о рит1аралъуса т1адруссине, х1алт1изаризе кколаан ч1орого хут1арал ракьал.
Гьава-бакъалъул шарт1ал данде ккеч1огун т1ибит1араб бакъул унтиялъ сордо-къоялъ к1иго-лъабго чи хвараб заманги кколаан. Хобал рухъизе к1олел бихьинал рук1инч1ого, нахъисеб къоялъ рукъаралги кколаан, т1убанго т1аг1арал хъизамалги рук1ана. Къокъаб заманалда росабалъ рагьана больницаби, районазда - бест1ал хут1арал лъимал хьихьулел рукъзал. Байбихьана рет1ел-куналъул, ниг1матазул рахъалъ ц1акъго язихъазе кумек гьабизе. Пачалихъалъул гьединаб т1алабалъ дагьабго лъик1лъизабуна рук1а-рахъиналъул даража. Гьеб бук1ана рагъ лъуг1изе жеги лъаг1елги хадубги бугеб заман. Лъаларо гьанже г1адаб низам пачалихъалъул бук1арабани кинаб къисмат нижерги ниж г1адазулги ккезе бук1арабали. Гьелдаса нахъе ана лъабкъоялда цо сон. Бет1ергьабазда минаби рук1араб бак1 лъалареб даражаялде ккана ч1унтизе тарал кулал. Киг1ан заман аниги сахлъун рахъунел гьеч1о дол соназ лъурал зах1матал ругънал. Гьанжесел политиказул ц1одорлъи гьеч1олъиялъ гьел сахлъизеги толел гьеч1о, зама-заманаялда судизеги гьарулел руго. Бокьун гьеч1о росдалги гьелъул г1адамазулги къисматалъул г1айиб доб заманалда рук1арал пачалихъалъулги республикаялъул бут1рузде г1унт1изабизе. Нилъеда рихьула "демократиялъги" "эркенлъиялъги" ч1унтизарулел росабиги, кулалги, криминалиял тунка-г1усиязул х1асилалда ч1валел, араб бак1 лъач1огун т1аг1унел г1адамалги, пачалихъалъ г1адатияб халкъалъул гьабулеб "т1алаб-агъазги". Рак1алде ккола щибго лъик1аб бихьич1ого цебесеб какиялъ гуродай нилъ г1адлу-низамги, рит1ухълъиги, инсанасул къиматги гьеч1еб, росу тун къват1ирехун ине х1инкъараб чорокаб заманги бач1ун хут1арал абун.
Росдалги гъелъул г1адамазулги къисматалъул х1акъалъулъ раг1а-ракьанде щун хъвач1ониги бегьилаан, т1убан х1акъикъат лъаларел цо-цо г1адамаз алмахъал рик1к1унел руго зулмуялда чияр росабиги ракьалги ккун ч1арал г1адамаллъун, камулел гьеч1о гьел "х1арам" гьабулел цо-цо "г1алимзабиги".
Къисматалъул нухдасан ани гурони гьелдаса бергьинеги рорч1изеги лъиданиги к1олеб гьеч1о. Цоязе гьеб нух бук1унеб буго бит1араб, ц1вакараб, цогидазейин абуни - к1ич1 к1ич1араб, хъач1аб. Аллагьас к1иабилелдаса нилъ киналго ц1унун таги.


Календарь исламский


Мусульманские праздники