Печать
05
Дек.

Алмахъалдавса Г1алишайих. Г1абидат Г1абдуразакъова

Добавил(а) Administrator on 05 Декабрь 2015.

Оценка пользователей: / 1
ПлохоОтлично 

                       Жиндир даража   т1адег1анлъаяв,  

                          Г1алишайихасул  х1акъалда  

                                         ва цогидабги

                                                                    (Калининаул росолъа

                                                 Г1абдуразакъова Г1абидатил рак1алдещвеял)

 

Дида Г1алишайихасул х1акъалъулъ   г1емер   жо лъаларо,   к1удияв вакьад вугониги. Жиндир мунагьал чуреяй   дир   ункъг1ал   Райх1анатица   бицана, дир бет1ергьанчи Ах1мадил эбелалъул   эмен вук1анила Г1алишайих. Гьев г1ажаибав   чи вук1анила. Ножее вас   вижани,   Г1алил ц1ар   лъезе   бугилан абулаан долъ. Гьесул   к1иго  вас   вук1анила -   цоясде ц1ар Г1умар, цояв рак1алда гьеч1ила. Гьеб к1иябго   ц1ар   нижеца   васазде лъуна.

Райх1анатица Г1алие кидаго рецц-бакъ   гьабулаан   «т1ала   бикъарасе   гьоц1о   кьурав   Г1али»   янги   абун.   Гьелъул   маг1на   ккола   гьадинаб. Г1алие Аллагьас кьураб пагьмо-кашмолъи рукъалъул агьлоялдагицин   лъалареб   бук1ун   буго.   Зама-заманалда Г1али рукъоса т1аг1унев вук1ун   вуго. Досул вацаз абулеб бук1ун буго,   мун щайила   вас г1емер   къвалакь г1ащдиги ккун   рохьове   унев? Цо нухалда Г1алица абун буго, нужорго как дурус   гьабеян, чуязе руссналги   чалалги гьарич1огон.   Вацас вацасде абун буго, гьанже дир   щаклъизе бач1анила   гьагъасулъ кашмолъи батич1онихаян, жакъа къаде как   балагон   дида рак1алда  бук1араб жо абуна гьагъас-ян. Цо-цо жоялдасан т1атине башлагьидал,   Г1алица   росоги тун   къват1ивехун   ине т1аса   бищараб къаг1идаха.

   Живго Г1али вук1ун вуго Г1алахъа, гьесул гъваридаб г1елмуялда бахиллъун алмахъаз жидерго росолъ ч1езавун. Гьес   ч1ей гьабун буго Алмахъалдаги Зандакъалдехун кколеб тохабго бак1алда   найи-хъан   х1исабалда. Алмахъайги ячун,   гьал   жидерго   рекъараб маг1ишатгун   рук1ун руго. Гьесул г1елмуялъул гъварилъи дагь-дагь ккун   г1адамазда лъалеб буго. Цо нухалъ г1олохъабаз бицун буго, рач1айила гьагъасда балъголъи   лъалилан абулила, цо т1ала босун бахчизин. Радал г1олохъаби жидерго ишалъ нухгун ина рук1ун руго. Г1алица ах1ун вуго гъоб т1ала босарав гьезулъа. Гьанже гьабизе жо т1аг1ун инаго, дос   гьалмагъзабаде абун   буго, нуж ц1одор рук1аян, жив гьесухъа ворч1улев чи гурин. Хьвавудеги ун, г1инт1амиялда   гьал   рук1аго,   г1одобе бет1ерги   дализабун   вач1ун вуго гьев гьалмагъ. Щиб ккарабан гьикъун буго. «Валлагь жакъа г1адин нечараб   бак1алде   г1умруялъ   ккелароян абун   бицине к1оларогон вук1анила дов. Щибха ккелеб,   цо   гъадаро гьоц1о цебеги   лъун, абунила г1орц1изег1ан   кванай,   диналъул   вац, хут1араб кодобги босе, рак1-рак1алъ дида т1асаги   лъугьаян,   квер босун   нухав   рег1анила». Киналго г1алимзаби   г1адин,   Г1алиги живго сабалъун   мунагьалде чи ккелевин х1инкъулев   вук1ун вуго.

       Алмахъазул   росда т1адехун г1урус армия бач1ун ч1ун  буго   рагъуе х1адурго. Х1инкъараб х1ал бук1анила. Жамаг1аталъул цояс   абуна, я вац Г1али, дур   гьари Бет1ергьанас гьекко босилаха,   цо дуг1а   щай гьабулареб   гьадал чаг1и т1аса росеян.   Г1алица къокъаб   жаваб   гьабунила,   абилебха   нилъеца гьезде нахъе аян. Радалиде   гьенив   г1адан хут1ун ватич1ила.

       Мунагьал чураяв Къурах1мал Айбикаца бицана, г1алимзаби   цоцазде рак1алъ   рачунел ратулила. Г1алиде   т1аде   г1емер чи вач1унаанила. Цо нухалъ гьалбал нухар лъезе къват1ире рахъа-нила. Эхеде рахунел гьалбазе нух бит1и гьабулаго, Г1али   к1иго рокьобалъг1аги ракьалдаса   гьаваялда вук1анила,   цинги   эркенго   г1одовеги   виччанила.   Гьеб   г1аламат   жиндаго   бихьанила.  

     Г1алишайихасул яс   Рах1матица   бицунаан, мац1-марагаялъул чи   вач1ине   вугони, гьев квеш лъунаанила,   сири   бач1унаанила,   жив гьеч1илан абейила гьикъарасдеянги абун, т1ад жалги ран вегу-лаанила, г1одове виччалароанила, унтулаанила. Бегьулев чи вач1ине вугони,   гьоболасе хъулухъ   гьабизе   х1адурехаян   абулаанила   вохун разиго.  

     Чегул Х1ажица   бицана,   цо буртинесес бицанила,   х1ежалда   цадахълъанила   Г1алиги живги. Рокъоре   рагъаризе   заманги щвана, вац   Г1али,   кодоб копекги   хут1ич1оян абунила   жинца…

Нилъеца   цо жо ургъилеб ян абунила   Г1алица.   Ургъун   ккезе   жо щиб   вац   бук1инебан   жив   жиндирго   х1исабалъ   вук1анила.  

Къо т1аде   щведал   абунила   жинде   Г1алица,   дуца   берал   къанщейила,   дица абизег1ан   рагьугейила   Балагьидал   жив   рокъов   ватанила,. Гьелеха вац   цо х1икмалъиян   бицанила   гьев   буртинисес, жинда   дов щайих   вук1ин гьеб   мехалъ     т1атанила.

       Рах1матил эбел   Аминат   цеего   хун йиго, гьелъул вас ккола Шарабодин ва яс Г1айишат,   гьезул   мунагьал чурайги.

       Пат1иматил рук1ана укъгоял: Мух1амадх1абиб, Меседо, Марзи, Халун, гьезулги мунагьал   чурайги.   Гьаб   саг1аталъ   ч1аго   руго   Аминатил   вас Ах1мад ва яс   Зайгьанат.  

    Рах1матил ц1ар Умалатил   васасул   ясалде буго.

     Цо нухалъ   Г1алишайихасул   агьло   бач1айила   рузман   къоялъ   Г1алахъазул   машгидалдаян   нижеде   ругьел   бач1ун,   Хасавюрталде   Г1алиги   дунги   ун рук1ана.   К1удияб   адаб-х1урматалда   къабул гьаруна. Г1али, Г1умар, Пат1имат, Аминат ц1арал нижер лъималаздеги   руго.

     Пат1имат йик1ана   жиндирго инсоде   релъараб г1адаб г1ама-лалъул г1адан.   Гьелда сверухъ   рук1унаан   ракъаралги,   ругьа-ралги, гьит1инал-к1удиялги. Ракъараб заман   бук1ана   дун   гьит1и-наб   мех. Ниж мадугьалихъ   рук1ана. Дирги   эбел   йик1инч1елъул,   гьезухъе   жуялаан.   Халуница   дие   рукъосан   кумекги   гьабулаан.   Пат1иматица   гьаниса-добаса   бакъвараб   ч1ах1-къулги   бак1арун   корги   бакун   дагьаб бугониги   ч1ер   бахъулаан.   Мич1ги ччутиги   белъун,   дагьабго ханжу   гъоркье-т1адеги   щван,   нижее бащад   бикьулаан,   киназулго   Аллагьас   мунагьал чурайги

       Нижер эмен Абук кверда   махщел бугев чи вук1ун, авалалъул   г1ачиязул рахь   базе   гьит1инайго   йик1аниги   диде   т1аде   ккана. Нах бахъизе дида лъалароан, нисо, т1орахь, рахь - дицаги   дидаго   лъараб   жо   гьабулеб   бук1ана. Дие гьеб   зах1мат бук1ин   лъарав   инсоца ч1ужу ячине   х1аракат   бахъана.   Ц1акъаб   жойилан   ккун,   дунги   йоххун   йик1ана. Цо анкь г1елелдего бич1ч1ана кинай гьей йик1уней. Эмен   анкьаца   рокъове   вуссунареб, х1алт1ода т1адго ч1олеб   къаг1ида   бук1ана, ханлъи   гьабуна   эбелалъги ясалъги. Доб дицаги мадар гьабун   бук1араб баракатги   рукъоса   т1аг1ана.   Ниж лъабго лъимал, хъарчигъа бач1инаго г1анк1одал т1анч1и   т1е-пулел   г1адин, т1епухъе цо чанго   соналъ хут1ана. Нижеда  гурх1унарев чи сверухъ вук1инч1о. К1вараб кумек рецц-бакъ гьабун рак1-мак1 батизе г1амал   гьабулеб бук1ана. Нижер   эмен киг1ан лъик1ав вук1аниги, нижеда гьесул х1еренаб, г1акъилаб раг1и хадуб раг1инч1о, ниж цо къваридаб   нахъа рукъор рук1ана, нуж   гьаб ру-къорехун рач1аян абизе гъосдаги   лъалароан, ялъуни   к1олароан.  

       Кагъат   къалам г1еларо кинабго   бицине.   Киналдаго   т1аса   лъвана. Дир бесдал эбелалъ   нижее   лъабго вац тана,   дие гьел   ц1акъ рокьула. Гьезул эбел дица садакъадулъги къулгьуялдаги   кидаго гъорлъ рик1к1уна йиго,   йик1инеги   йиго   дун ч1аго   йигог1ан,   дица   гьелъие   искъатги гьабуна. Аллагьас къабулги гьабеги.  

       16 сон т1обан   рукъалде ана, нижго бет1ергьанаб яшав гьабуна, боц1иги,   хурзалги, х1укумат, х1алт1иги. Г1адамазул   рукъзал рохьине   росулаан,   гьаб   цадахъ   лъун   гьабуна хъизан- лъимал   рук1алиде   ккезег1ан.   Лъик1аб   сахлъиялда   ниж   к1иялго   теялда къойил рецц   гьабула Т1адег1анав   Аллагьасе.   Лъималги   нижеца   х1алт1ода   гъорлъ   жинда   рекъараб   рагъа-рачариялде бицуна-толагон х1айван хьихьи, хур гьаби, рукъ байи г1адал г1умруялъе   х1ажатал ишазде    ругьун   гьаруна.   Гьединлъидал   г1адамазулг1ан   бечедаб   гьеч1ониги,   нижер   хъизаналъул   рукъ-бак1   гьеч1ев чи   гьеч1о.

                            

                           Г1абидат Г1абдуразакъова, Калининаул