Печать
21
Март

Алмахъалдаса Пата Мусаев

Добавил(а) Administrator on 21 Март 2015.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

 

Мусаев  Пата- 1919-2008гг.  Призван в 1939 году.

 

Рядовой 369 зап.стр.полка, 28 сд, 962 стр.п. на Дону. Старшина, зам. командира взвода. В   Сталинградской  битве 24.01.1942 года  получил слепое осколочное ранение в голову, в правую ногу и левое плечо. Находился на излечении до 21 марта 1942 года в  Сталинградом ЭГ-1807 МСБ. Родители получили акт о смерти, что он  якобы в жестоком бою героически погиб. Затем служил в 369 стрелковом  полку - помощник коменданта. В Октябрьском РОМ УМ города  Ростова-на-Дону, командиром отделения. Умер в 2008 году. Похоронен   в   городе  Хасавюрт.

 

Из книги Г.Гаджимагомедова «Они  сражались  за  Родину (Книга  памяти  Алмака.)»                   

 

        Алмахъалдаса 

 

          Пата  Мусаев

 

  Ват1анияб  рагъ  лъуг1аралдаса  исана   62 сон  т1убала. Гьеб байбихьаралдаса 66 сон т1убазе буго  к1иго  моц1идасан.  Рагъ  байбихьараб заманалда балугълъиялде рахун  рук1аразул г1умруялъул  т1убан   буго  84  сон.   Гьанже   гьединал   чаг1и  ц1акъго   дагь   гурони хут1ун гьеч1о шагьаралда.   Гьездаги гьоркьов бищунго к1удияв ватила Алмахъалдаса маг1арулав Мусаев Пата. Араб  со-налъ Патал   т1убана   г1умруялъул   87  сон. Амма  гьесул памяталъе ккараб  к1удияб   хиси   гьеч1о.  Араб г1асруялъул  лъеберабилел  соназдаса  бахъараб  жакъа  къоялде   щвезег1ан бихьараб щинаб жо буго рак1алда   Патада. Гьесда  г1емераб жо  бихьана,   пача-лихъалда  ккарал   к1удиял   лъугьа-бахъиназул,   гьездаго  гьоркьоб К1удияб   Ват1анияб  рагъул   г1ахьалчилъун    вук1ана.    Хадув   г1емерал    соназ   х1алт1ана   Доналда   бугеб   Ростов   шагьаралда   жанисел    ишазул    министер-ствоялъул  х1алт1ода.

 

       Ват1анияб рагъул соназ кьуралги, рагъда хадусел соназ  кьуралги Пата   Мусаевасул    руго   9  наградал  (шапа-къатал).   Гьезда   гьоркьоб   цоабилеб  бак1алда  буго В. Л. Говоровасул гъулбас  гъоркь бугеб, «1941-1945 соназул фронтовик» абураб медаль, Сталинградалъул  рагъул 60  сон   т1убаялъул   медаль,  «Рагъулал  хъулухъазе  г1оло»  абураб  медаль,  1958 соналъ   СССРалъул   жанисел ишазул  министрас  Ростовалъул  УВД-ялда  х1алт1улаго «За  безупречную  службу»   абун  кьураб  медаль   ва  цоги   шапакъатал.

 

      Гьабсаг1атги Патада лъалеб буго улкаялда,  республикаялда   ва  нилъер   шагьаралда  политикиял,   социалиябгун-экономическиял   ва   культураялъул   бут1абазда   кколел   лъугьа-бахъиназул.    Ц1оробе-ралги лъун   гьес   ц1алула   газетал,  журналал.   Ниж   гьесухъе   щва-раб   къоялъги   гьесухъ   ц1алулел   ругоан  «Аиф», «Новое  дело»,  «Дружба»  газетал.

 

      Нижеца гьесда гьарана рагъда цересел ракълилал соназдаса  байбихьун  жакъа   къоялде   щвезег1ан,   жиндаго   бихьараб   ва   г1умруялда жанир ккарал лъугьа-бахъиназул бицеян.   Гьале   гьесул   хабар:

 

      - Рагъда  цересел лъеберабилел  соназул   авалалдасаго   бай-бихьун   нижер хъизамалъ  г1умру гьабулеб бук1ана Хасавюрт  шагьаралда. 1935 соналдаса   1939 соналде   щвезег1ан   дун   х1алт1улев   вук1ана   Дагъистаналдаго церет1урал маг1ишатазул   цояблъун  рик1к1унеб   бук1араб,   Хасавюрталда   Орджоникидзел  ц1аралда   бук1араб  колхозалда трактористлъун.   Г1орц1араб   г1умруги   бук1ана   гьезул.   Амма  дида   рак1алда   бук1инч1о   г1умруго   гьеб   тракторалда х1алт1улаго инабизе. Г1олохъанлъи буго г1олохъанлъи,  Армиялде унел г1олохъаби рихьараб   мехалда дир рак1  х1айранлъулеб   бук1ана   гьезда   хадуб.  Чанго   нухалъ  ана  военкоматалде   дунги   армиялде   вит1ейин.   Амма  тракторист   вугилан   абураб мехалъ вит1улев  вук1инч1о. Гьел  ц1акъ  х1ажатал   ругин    Ват1аналъе  абун   нахъ   ч1валаан.    Доб   заманалда    армиялде    рит1улаан   20  сон   т1убарал   г1олохъаби.

 

      Гьеб заманалда военкоматалда   х1алт1улев  вук1ана  Забит  абун чи. Дица гьесда абуна Баг1араб Армиялде вит1изе кумек  гьабеян.  Гьесул кумекалдалъун 1939 соналъул хасалихъе дун армиялде ана. Дун  ккана   Ефремов   абулеб   шагьаралда   запасалда   бугеб   гаубицабазул   г1арадабазул   493  аб. полкалде. Ват1анияб рагъ байбихьараб   заманалда, г1емераз   х1аракат   бахъулеб  бук1ана  жидеего  бокьун  рагъул  фронталде  ине. Дицаги кьуна г1арза. Дун  ккана   действующая   армиялъул   кьвагьдохъабазул   962  полкалде.  Доналда   бугеб Ростовалдаса  немцазул оккупантал   нахъ  кьабулеб 1942 соналъул хасало,  нижер  полк  унеб   бук1ана   цебехун,   бакът1ерхьудехун. Шагьар бук1ана   к1иго-лъабго   нухалъ  цин   нилъеца  бахъун,   цинги немцазул оккупантазухъе  ккун. Цо  рагъда  дун  зах1матго  лъукъана. Зах1матаб  ругъун   щун   бугоан   бот1ролъ,   кваранаб   бохалда  ва  квег1аб   гъажил   бет1ералда.  Лъаводаса  арав  дун  чанго   къоялдасан   ватана   Сталинградалъул   1807-аб   эвакугоспиталалда.

 

Гьеб рагъдаса хадуб командованиялъ рокъобе бит1ун бугоан А. Муса-ев цо г1асияб  рагъулъ   бах1арчияб   къаг1идаялда   хванилан  кагъат.   Гьедин,  жеги  ч1аго  хут1арав  дир,   маг1у бахъун бугоан рокъоб.  Госпиталалда   дун   сах гьавуна к1иго моц1гун бащадалъ. Гьелдаса хадув дун вит1ана  запасалда бугеб 369-аб  кьвагьдохъабазул   полкалде,   комендантасул   кумекчилъун.

 

        Рагъ  лъуг1ун хадубги  дун  армиялдаго ч1ана  1954 соназул   февраль  моц1алде   щвезег1ан.  Гьеб   заманаялда   армиялда   унеб   бук1ана сокращение. Старшинаясул чиналда дунги ккана    демобилизациялде. Армиялда  хадусел  анц1го   соналдаса   ц1ик1к1ун   соназ   дун   х1алт1ана Ростовалъул  жанисел   ишазул   управлениялда,   ай  милициялъул   х1алт1уда. Гьенив х1алт1улаго кьураб буго  дие    «За  безупречную  службу»  абураб   медаль.

 

       Хасавюрталде  дун  т1ад вуссана 1965 соналъ.1947-аб соналъ  рукъалде  вуссана. 1967 соналъ дица  к1иабилей   ч1ужу   ячана.   Гьале   гьай  Мусаева Хадижат ккола  Ц1обокьа маг1арулай. Исана 40 сон т1убала гьейгун   цадахъ   г1умру  гьабулелдаса. Цее  йик1арай ч1ужуялъ  гьарурал лъималги,  лъималазул  лъималги  жидерго   рукъзазде   рус-сарал руго.  Амма   жиндир  х1алч1ахъаяй  Хадижатица   дие   лъик1аб  хъулухъ гьабулеб   буго,   дунг1ан   Аллагьги   разилъайги гьалдаса. Дир гьаб хабаралъухъ г1емерал  лъугьа-бахъинал  рак1алде щвеч1ел, риччаралги ратила. Г1умруялъул дагьал  сонал   гурелъул  ун  ругел, кинабго жо хут1илищха. Лъида  кколеб   бук1араб умумуз   абулеб   бук1араб    жо:  хванилан   чиясул   хабар   бахъани,  гьединав   чиясул   г1умру   халатаб   бук1унила.

 

- Пата,  г1емераб   жо    рак1алде   щолеб   буго  дуда.    Шагьаралъул   х1акимзабаз   дур   т1алаб-агъаз   гьабулищ.   Бач1унеб   пенсия   г1олеб   бугищ   г1умру-яшавалъе?

 

         Валлагь  гьудулзаби, дирго лъималаз  гьабилароан   гьез   дир  г1адаб адаб-х1урматги ургъел-агъазги. Шагьаралъул  б1ет1ер Сайгид-паша  Г1умахановасги цоги  гьаниб   бугеб   централъул  к1удияв   Х1а-жиев Ах1мадицаги, кинаб  байрам   бач1аниги   ва   байрамалго   гурел   къоязги  рак1алде щолев вуго дун  гьезда.   Г1еларищ,   живго  Ах1мад   вач1ана   цо   нухалъ   кодоб   к1удияб   кесек   гьаналги   босун.   «Ма,  Пата, гьанги  т1амун   хинк1алги  гьаре,   нилъерго   хваразул   рух1азе    щвайгийилан   дуг1аги  гьабе»,-  абун,   гьикъа-бакъиги   гьабун,   дир   рак1ги  батун  ана гьев х1алч1ахъад. Вугев  сахав  г1аданха. Аллагьас   кидаго тавпикъ кьегийин гьесиеги, гьев г1адал  сахал   г1олохъабазеги.

 

         Дие  к1иго   пенсияги  бач1уна.  1-группаялъул   инвалидлъиялъулги  буго   саламатаб   т1аде   жубай.   Зама-заманаялда   тохтурзабиги   рач1уна,   къвариг1арал   дарабиги   щола.    Щибго   камураб   жо   гьеч1о,   ц1акъ   рази   вуго   дун   дирго   г1умруялдасаги.

 

        - Баркала,  вац  Пата.  Кьеги жеги  г1емер  соназул  щулияб   сахлъи  дуе.   Баркала  гьай  дур   хъизаналъеги,   дуе   гьабулеб   лъик1аб   хъулухъалъухъ.

 

 «Насих1ат», 2008с.  Гара-ч1вари хъвана

М. Девлетмурзаевас