Печать
10
Дек.

Нилъгун вуго. М.Салатгереев.

Добавил(а) Administrator on 10 Декабрь 2014.

Оценка пользователей: / 1
ПлохоОтлично 

НИЛЪГУН      ВУГО

1941-1945 соназда К1удияб Ват1анияб рагъалъ къварилъи ккезабич1еб рукъ къанаг1атги батиларо. Хьолбохъан инч1о гьеб Калининаул росолъа М. Камучовасул хъизаналдаги.

mago 1940 соналъул октябралда ах1ана Мух1амирза Баг1араб Армиялде ва т1оцеве ккана Дальний Востокалде, Япониялъул г1орхъода бугеб Лазо абулеб маххул нухлул станциялда ч1араб кьвагьдохъабазул 116 полкалде хъулухъ гьабизе. Гьенир гьесул гьудулзабилъун рук1ана район-цоял А. Эмеев, З. Къадиев ва цогидалги.

Ват1анияб рагъ байбихьарабго гьезул кьвагьдохъабазул полк рехана Москва ц1унизе. Тахшар, Староруссия ва гьезда сверухъ ругел бак1азе г1оло унел рук1ана рагъал ва гьениб т1убанго х1албихьана Мух1амирзал бах1арчилъиялъул, амма маг1арулас бет1ер къулич1о. Москваялдаса Калининалдехун унеб рахъалда ккарал рагъазулъ тушманас танкал риччалел рук1ана щулалъи ккун ч1арал нилъер рагъухъабаде т1аде, амма гьенибги фашистазда ва гьезул техникаялда хвел батана.

Замана иналде гьел ра-гъазулъ М. Камучов зах1матго лъукъана ва Ярославлалде госпиталалде вит1ана. Гьениб операция гьабуна ва к1иго моц1алъ госпиталалда вегана. Нахъеги фронталде т1ад вуссана. Гьаб нухалда 40 дивизиялъул гвардиялъулаб танказулаб 119 полкгун гьев г1ахьаллъизе ккана Крым тушманасдаса эркен гьабиялъе т1орит1улел рагъазулъе. Гьениб к1иябго рахъалъ г1ахьаллъулеб бук1ана ц1ик1к1араб къадар рагъулаб техникаялъул, рагъухъабаз къеркьей гьабулеб бук1ана ракьалъул щибаб кесекалъе г1оло.

Рагъ байбихьун к1иабилеб соналъул октябралда Мух1амирзаца хисана фронталъулаб мухъ, къеркьезе ккана Сталинград эркен гьабулезул кьеразулъ. Гьенив Балесино абулеб станциялда нахъеги гьев лъукъана, ва гьаб нухалда ругъуназ кидаго рагъухъабазул кьеразулъа нахъе инавуна. Амма рагъда арал сонал М Камучовасул рук1ана Ват1аналъе, нилъер жакъасеб эркенлъиялъе г1оло кьураллъун, ва рагъалъ гьесулъ тана т1олабго г1умруялъ т1аг1унареб лъак1.

Рагъ ахиралде щвезе г1емераб заман бук1аго комиссовать гьавуна гьев. Амма рагъдаса т1адвуссаралдаса араб 44 соналда Мух1амирза цо къоялъ-ги ч1еч1о т1ат1ала кверал лъун. Колхозалда х1исабчи, к1удияв хъаравул, складалъул заведующий - кинаб х1алт1и т1ад къаниги гьес рак1бац1ц1адго т1убана.

Мух1амирзаца г1емераб х1алт1и гьабулеб буго гьанжесеб г1ел коммунизмалъул рух1алда куцаялъе. Дандч1вала росдал гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъабигун, росдал г1олилалгун, гьезие бицуна рагъул кьог1лъиялъул, гьел ах1ула рекъел щула гьабиялъе г1оло къеркьезе.

Рагъул ветеран мус-тах1икъаб х1ухьбахъиялде аралдаса 17 сон буго. Бук1аниги гьев жакъаги вихьула колхозалъул х1алт1уда. Исана Мух1амирзаца квералъ бецана щуго гектаралдаса хер. Гьеб гурищ г1олилазе мисал?

М. Салатгереев.  «Коммунист» 20.10.1987 с.