Печать
17
Сент.

Бац1ц1адаб г1умруялъул инсан. М.Лахитов

Добавил(а) Administrator on 17 Сентябрь 2014.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

             Участник  ВОВ

Жамалдин  Шамсудинов

      Шамсудинов Джамалодин - 1914-1998гг. Призван в  июне 1940 года. Вместе с ним служил Идрисов Д., всего 32 человека из Казбековского   района. Участник с 22.06.1941 по 09.05.1945 года. Рядовой, красноармеец 16 мех.п. Ранен. В 1942 году связист. Духовщина. Витебск. Тильзит. Ке-нигсберг. Чехословакия. Маньчжурия. Дальний Восток. Прага. Порт-Артур. Награды: орден Великой Отечественной войны 2 степени и 11 медалей: «За боевые заслуги», «За победу над Германией, «За победу над Японией», «За освобождение Советского Заполярья»… Благо-дарственные письма И.В.Сталина от 26.04.1945 года за взятие Брюн Чехословакии; от 23.08. 1945 года за прорыв Маньчжуро-Чжалайнурского и Холун-Аршанского укреплений и Большой Хинган, преодоление Монголии.  Вернулся в 1946 году. Работал  председателем  колхоза,  предсе-дателем  сельсовета. Председатель Совета ветеранов селения  Калининаул. Ветеран труда.

     Умер 26.11.1998 года. Похоронен в селении  Калининаул.

Из книги Г.Гаджимагомедова «Они  сражались  за  Родину (Книга  памяти  Алмака.)»                   

БАЦ1Ц1АДАБ  Г1УМРУЯЛЪУЛ     ИНСАН

        К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи, зах1маталъул ветеран – пенсионер Шамсудинов Жамалодинил

Shams

г1умруялъул исана 83 абилеб сон буго. Нахъа тараб г1умруялъул рак1алде щвезеги, бицинеги жо гьесул ц1акъго г1емераб буго. Гьавуна ва г1уна маг1арулазул цебегосеб Алмахъ росулъ векьарухъанасул хъизамалда. 1930 абилеб соналъ Дилималъул т1убач1еб гьоркьохъеб школалда лъуг1изабуна анлъго класс. Дол соназ гьединаб лъай, гьанже бугеб т1адег1анаб лъаял-даса г1емераб къиматаб бук1ана, - ян рак1алде щвезабула ветеранас. – Х1алт1ана росдал Совета-лъул секретарьлъун. Хадув ана Буйнакскиялде газетал къват1ире риччалеб типографиялъул х1ал-т1ухъанасул лъай-махщел щолел курсазде ц1ализе. Курсал лъуг1араб мехалъ х1алт1изе вач1ана Хасавюрталъул типографиялде.

            Дол соназ Казбек районалъе газета Хасавюрталда х1адурулеб бук1ун буго. Гьанже Калининаул росдал гьоркьохъеб школалъул музеялда ц1унун буго дол соназ, маялъул праздникалъе сайгъат гьабизе къват1ибе биччараб «Казбек колхозчи» газета. Гьелъул т1оцебесеб гьумералда буго Шамсудинов Жамалдинил латын х1арпаз хъвараб макъалаги. Рич1ч1уларел х1арпаз хъван бугониги, рек1ее бат1ияб асар гьабула гьеб цебегосеб газеталъ. Рек1ее бокьулеб х1алт1уда халат х1алт1изе щвеч1о г1олиласе. Ирга щвана Баг1араб Армиялда т1адаб рагъулаб хъулухъ гьабизе. Гьедин, 1940 соналъул июлалда Жамалдиница рагъулаб хъулухъ гьабизе ккола рик1к1адаб Мурманскиялда. Жамалдиницаги, гьалмагъзабигун цадахъ, т1адч1ун жигар бахъулеб бук1ана командирзабаз малъараб рагъулаб иш лъазабизе. Рак1алдаго гьеч1ого унтизеги унтун, лъараг1 миллаталъул гьалмагъ, хадубккун армиялда хъулухъ гьабизеги ярагьинч1ого, рокъове вит1ула. Гьев рокъове щвезавизе т1адкъала Шамсудиновасда. Т1адкъаялда цадахъго командирас Жамалодиние изну кьола дагьабго заманалъ эбел – инсухъеги щвезе ва хехго рагъулаб часталде т1ад вуссине. Гьал-магъги рокъове щвезавун, эбел-инсухъе росулъе щвана гьев.

       Жамалдин рагъулаб часталде т1адвуссун мех инелдего байбихьана К1удияб Ват1анияб рагъ. Г1емер кват1ич1ого рагъул гучаб карачел щвана Шамсудиновас ва гьесул гьалмагълъиялъ хъулухъ гьабулеб бук1араб Мурманскиялъул ракьалдеги. Жамалодин вук1ана пулеметчиклъун. Нилъер армиялъе ц1акъго к1вар ц1и-к1к1араб ва санаг1атаб цо борхалъиялъе г1оло гьабулеб бук1а-на рагъ. Цин нилъераз, цинги немцаз цо чанго нухалда гьабуна кверщел гьеб борхалъиялда. Ц1ик1к1араб къуват тушманасул бугониги, нилъерал нахъе къалел рук1инч1о. Гьеб т1оцебесеб рагъда Жамалодин зах1матго лъукъана. Хисана цо чанго рагъулаб госпиталь. Дагьаб ругъун лъик1лъарабго т1уванго сахлъи-зег1ан, вит1ана рокъове. Ругъунги сахлъун, нахъеги т1адвуссана рагъде. 39 армиялъул 16 абилеб механизированнияб полкалда хъулухъ гьабулаго, Шамсудиновас г1ахьаллъи гьабула Духов-щина, Витебск, Тильзит, Кенигсберг шагьаразде г1оло гьарулал рагъазулъ.  Рагъул къисматалъ гьев вачана анкьго пачалихъалъул ракьалде. Г1умруялъго к1очонареб, рек1ее лъик1аб асар  гьабураблъун хут1ун бугоан рагъухъанасе, Чехословакияги, гьелъул ракьги, лъик1ал г1адамалги.

       Немцазулгун гьабулеб рагъ лъуг1идал Шамсудиновас хъулухъ гьабулеб полк рехана Япониялде. Тушманасдаса кидагоялъе эркен гьаруна Маньчжурия, Дальний Восток. Шамсудиние рагъ лъуг1ана Порт-Артуралда. Бах1арчияв рагъухъанас бихьинчияб куцалда х1ехьола рак1 гъанц1изабулеб вах1шилъиги,ра-къиги, къечги, квачги, баг1ариги.

uch

   Рагъдаса т1ад вуссинч1о гьесул к1иго вац: к1удияв Камалдин Сталининградалда ва гьит1инав Жайрудин Керчалда хвана, гьелде т1адеги, хун ватана херав эменги. Гьеб кьог1аб къисматалъеги, зах1малъи-къварилъиялъеги бет1ер къулич1о рагъухъанас. Ц1ияб къуватгун жувана ракълилаб зах1маталде. Х1алт1ана Калининаул росдал Советалъул председательлъун. Гьениса вачана «Казбек колхозчи» газеталъул жавабияв секретарасул хъулухъалде. Редакциялда гьалмагъасул рахъалъги Жамалодиние бит1ккана: дол соназ газеталъул редактор вук1ана гьесго г1адин рагъул кьог1лъи ч1амурав, поэт-журналист Ибрагьим Утарбиев. Цадахъ х1алт1улаго г1амал-хасият данде ккарав гьев к1иявго  фронтовик жакъаги вацлъиялда вуго. Редакциялдасаги Шамсудинов партиялъул райкомалъ Калининаул росдал колхозалъул председателасул хъулухъалде  вит1ана. Хадусел соназ, колхозалде ц1ияв председатель вач1араб мехалъ, гьесул заместительлъунги х1алт1ана. Т1убазабуна колхозалъул складалъул заведующиясул х1алт1иги.

       Пенсиялде инелде ахирисел соназ Жамалодин х1алт1улев вук1ана росдал клубалъул заведующийлъун. Жамалодин х1алт1улел соназ росдал клуб лъугьун бук1ана гьит1иналги, ч1ах1иялги эркенаб заман т1обит1изе иргаялда рач1унеб бак1лъун. Х1ухьбахъизе рач1аразе гьес бугеб ресалда рекъон киналго шарт1ал ч1езарун рук1унаан. Аслияб х1алт1иялда цадахъго гьес т1убазабулаан г1емераб общественнияб х1алт1иги. Рагъда бихьизабураб бах1арчилъи-гьунаралъулги, ракълилаб зах1маталда гьабураб рак1 бац1ц1адаб х1алт1улги х1асилазда Шамсудинов мустах1икълъана г1емерал шапакъатазе.

     Х1алиматгун цадахъ лъик1аб тарбия кьун г1езаруна гьес жин-дирго лъималги.

hams1

Бищун к1удияй Зугьайдатица лъуг1изабуна Ма-хачкалаялъул медучилище ва х1алт1улей йиго росдал ясли-ахалда. Вас Мусаца лъуг1изабуна Дагъмединститут. Х1алт1ана рик1к1адаб Пермь областалда, нилъерго райбольницаялда, ахириял соназ бет1ерлъи гьабулеб буго районалдаго ч1ах1иял росабазул цояб Ленинаул росдал амбулаториялъе.

         Хадусей яс Езимат, росдал гьоркьохъеб  школаги лъуг1изабун, «Бергьенлъи» колхозалда х1алт1улей йиго. Забияца т1аса бищана ралел бак1азул йохьарухъаналъул махшел. Ц1ализе лъугьана Таганрогалде. Кули районалдаса тумав Мух1амадов Ах1мадилгун къисмат бухьинабун гьебго шагьаралда г1умру гьабулеб буго. Хадусел яцалъул росал вацал ккола. Гьанже Жамалодинилги Х1алиматилги лъималазул лъимал къогоялде рахуна. Риидалил заманалда, лъималги рачун, ясал рач1уна эбел – инсухъе щвезеги гьезие кумекалъеги. Цинги Х1алиматил азбар бук1уна лъималаз ц1ун, жийго Х1алиматги релълъуна ясли-ахалъул заведующаялда. Шамсудиновазул киналго лъималги жалго г1адал, бац1ц1адаб г1умруялъул г1адамал руго.

Мух1амадкамил Лах1итов.

Газета «Х1акъикъат» №14-15. 23.01.1997с.

Казбек район, Калининаул росу.