forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
19
Июль

Алмахъалдаса Камалодин - диналъул х1уби. Ш.Шамирзаев

Добавил(а) Administrator on 19 Июль 2014.

Оценка пользователей: / 1
ПлохоОтлично 

             Алмахъалдаса Камалодин –

              диналъул  х1уби

 

 Дидасаги  ч1ах1иял  чаг1аз  бицуна раг1унаан   Г1амирг1али- х1ажи жанив  т1амизе   вачун  ун  хадусал   цо  гьоркьоб  бак1алда   Сахродиница гьабунин  алмахъазе  дибирлъиян. Г1умрудул 75-го сон нахъа  тола   бугев  диде лъай бач1аралдаса  нахъе  гьеб  росдае   дибирлъи  гьабула  дида  ватана  Исмаг1илил   Камалодин.   Гьел  киназулго  мунагьал  чурун  ратаги. 

Kamal

       Харабаз бицахъ балагьун   ва  дицаго  г1ага-шагарго  гьабураб   х1исабалда  рекъон  абизе  бегьула Камалодиница росдае   дибирлъи  гьабунин   араб  г1асруялъул   бащдаб заманаялъила. Гьев вук1ана   к1удияб   адаб-х1урматгун алмахъаз рехсей  гьабулев  ва  чорхолъ бергьараб  г1елму  бугилан абулев чи.  Жеги  лъимерлъода  вук1агоялдаса нахъего бусурманаб  г1елмуялдехун  рокьи  бижарав гьев мустах1икълъун ц1алун вуго живго Г1амирг1али-х1ажида  цеве,   хадусал  ц1ализе  ун  вуго   Индереялде, гьелдасаги хадув ц1алун  вуго  Дилималда.    Гьелго  щинал   бак1аздаги   ц1алун   жиндиего  камилаб  г1акълу  щун   бук1аниги, гьев ц1идасанго   ц1ализе ун вуго Игьаливеги.   Гьенивин абуни  мутаг1илзаби   ц1ализе  гьарулев   чилъун   вук1ун  вуго к1удияб   г1елму   кодоб бугев чиянги абун    игьелдерица  гьарун   росулъе  вачарав   Генусев. Гьевго вук1ун вуго  гьезул  дибирлъунги. Бищунго  лъик1ал къиматалгун   цо  училищеги  лъугьине  гьабун,   хадусан  гьебго  махщалие   Институталде  ц1ализе арав  чиясег1анги   бигьа  бук1ун буго Камалодиние бат1и-бат1иял бак1аздаса Игьалире   рач1арал мутаг1илзабазда гъорлъ   ц1ализе.  Къокъабго   заманаялда   Генуса муг1алимасда т1убан лъан   буго  Камалодин   гьедингояв мутаг1ил  гуреблъи,  ва  гьес  лъазе  гьарун   руго   цойгидазде  данде  ккун алмахъасул   чорхолъ  ругел г1елмиял рахъазул   киналниги   т1ок1лъабиги.   Живго  муг1алим  вук1аниги,   гьесда  бихьун  буго  Камалодинил  лъай   жиндиргоялдаса г1емерго   нахъе  ккараб гьеч1олъи.  Гьеб  гуребги,  г1адан-хасияталъул   рахъалъанги Камалодинидехун бижараб  рокьиялъ  гьав  к1иявго   жегиги лъик1го   цуцадехун   г1агар  гьарун руго. Алмахъав ц1акъго   бо-жилъи  гьабизе  бегьулев  чи   вук1иналъ,  муг1алимас  гьев  толев  вук1ун  вуго   живго   унта-щокълъани   яги   къват1и-рукъовехун   ине  ккани жиндирго   бак1алда  мутаг1илзабазе   дарсал   кьезеги.   Гьеб  лъарал   игьалде-рицаги  г1езег1анго   къимат  гьабулеб    бук1ун  буго   Камалодинил. Гьас гьелгунги  зама-заманаялда   дандч1ваял   гьарулел  рук1ун  руго.  Жиндирго   чорхолъ  бук1араб  сахлъи  гьеч1олъиялъ,  цо  нухалъ   дагьаб   заманаялъиланги   абун,   бачуна   рук1арал   х1алт1аби Камалодинида т1адги   разе   гьарун,   Генуве   арав   г1алимчи   Игьаливе   т1адго  вуссун  гьеч1о.   Гьелде  жиндирго  сахлъи  ккараб  мехалъ  гьес   игьелдериде  т1аса  лъугьаянги   гьарулаго  ва  гьединго   росдал  жамаг1аталда баркалаги загьир гьабулаго гьадинаб  кагъат  хъван   бач1ун буго «Сахлъи  гьеч1олъиялда  бан  дида   к1олеб  гьеч1о   нужехъе  т1ад   вуссине,   дица  абураб  жоялде нужеца г1ин  т1амулеб  бугони,   нужерго  росдал  дибирлъунги,   гьединго  мута-г1илзаби   ц1ализе  гьарулев  чилъунги   нужеца  т1аса  вище барщараб  г1акълу-лъаялъул   ва  бусурманаб  г1елму камилав  Алмахъалдаса Камалодин» - абун. Г1езег1анго соназ жидерго  росдал жамаг1аталъе бегьун   вук1арав   Генусесул   гьариги  къабул гьабун, игьелдерица Камалодинида  гьарун буго  досго  рачуна рук1арал  х1алт1аби   т1адеги  росун  жидехъго  ч1аян.   Жиндиего рух1 г1анги хирияв  вук1арав  муг1алимасул   х1алт1аби  т1аде  роси Камалодиница рик1к1ун буго к1иясулго  напс  къабих1   гьабураб  ишлъун.    Гьедин  бук1иналъги   ва   гьанжег1аги   алмахъазул  гьари  т1убазелъун   жиндирго росулъе т1ад  вуссине   заман  щун   бугилан   рак1алде   ккарав   Камалодиница   игьелдерил  гьари нахъ ч1вазе   ккун  буго.   Ахирги    жидерго  росулъа   Алмахъалде  т1ад   вуссун  унеб   мехалъ,   гьев  нухав   рег1изе  г1езег1анго  чи вач1ун  вуго   росо тун  къват1ивехун   ва   гьарун  буго   зама-заманаялда  жидехъе   гьоболлъун  вач1аян.   Гьелдаса  нахъе  башлагьун   буго  Камалодиница   алмахъазе   дибирлъи   гьабизе.  Гьев  вук1ана   Казбек  районалъул  цойгидал   росабазул  жамаг1атазги   бусурманаб  г1елму  кодоб  бугевлъун  рик1к1унев   вук1арав   чи.   Г1аданлъи  х1исабалдаги  халкъалъ  гьесул  гьабулаан   к1удияб   адаб-х1урмат. Гьесда бажарулаан  гьит1инав-к1удияв  ват1а  вахъич1ого   жиндирго  гьуинаб   каламалдалъун щивав  чигун   раг1и  данде   ккезабизеги.    Росдал  дибирлъун  вук1униланги  абун   гьес  киданиги бусурманав  чиясе   х1укму  къварид  гьабулароан.   Гьесул  цого  абулеб   жо  бук1унаан: «Лъик1аб  гьабурав   лъик1алъуве  ккела,  квешаб  гьабурав  квешалъуве  ккела»  абурал г1адамасда   хъинт1уларел   раг1аби.   Ц1акъго   мехтун   тартадулев   чи   вихьани  гьесдехун  щибниги  жоги   абич1ого,   аск1ор  ругездехун   гьимулаго   гьес  абулаан: «Валлагь  гьагъав  гьалмагъас  жакъа   лъик1го   хухун  бугила  ккола»,  т1адеги  жубалаан: «Гьагъаб  мегъвелалъул   бич1ч1уги   гьабун   хухуни  щибда  бук1инаан» - абун.       

    Квачараб  хасало,  яги   ц1адал   ралеб  заманаялда   гведек1анир   ч1езе санаг1алъи ккеч1они,   гьенире   рач1ун   ругьунал   г1адаз  гведек1ан  кколаан   Байхуватил  тукада  жаниб. Жинцагоги  гьуинаб  хабар  бицунев,   цойгидахъ  г1енеккизеги  бокьулев  Байхуватицаги  гьел  кидаго  г1адин  к1удияб   гъира-щавкъалда  къабул  гьарулаан. Гьезда гъорлъ кидаго вихьизе бегьулаан живго Камалодинги. Цо нухалъ гьединго  тукада  жанир   г1адамал  рак1арун  рук1аго,  г1аркъил  шиша  босизеянги абун т1аде  рехун   вач1ун  вуго цо  росоцояв (ц1ар абиларо).  Камалодин   жанив  ватиялъ  шиша  босизе  рес   рекъеч1ев   гьес  Карамида  гьарун  буго   дуца г1аги  шиша   къват1ибехун  борч1изабизе   рес  батаян.   Гьеб  мехалъ  шишаялдехун  кверги  бит1ун   Карамица  Камалодиниде  гьикъун  буго: «Гьадаб  гьекъарав  чиясе  доб  дунялалда   щиб  бук1унеб?» - абун. «Щибниги  бук1унаро,  гьадаб  шишаялъ г1адин гьеб гьекъарав   чиясдаги   ургьиб   х1ехьезе  к1олеб   бугони» - ян  жаваб  кьун  буго  Камалодиница.

           Цого гведек1анив  ч1езе гурониги,  Камалодиние   бокьулаан ихтилат-кепалъе   росдал   г1адамал   данделъарал   бак1азда   г1ахьаллъи гьабизеги.  Нагагь  гьединал   бак1азда   гьев   вихьич1они,   хадув  чи   вит1ун   вач1инеги  гьавулаан.

         Х1ат1ил  роси  т1ут1ав   гьесул г1езег1анго к1удияб   мах-щел   бук1ана  кьурдизеги.  Гьев   кьурдизе  вахъараб  мехалъ   жалго рахъине гьарич1ониги цо  чанго ч1ужуг1адан   яхъунаан   гьевгун  цадахъ   кьурдизе.  Гьединав  аваданав  чи   вук1иналъго  хут1ун   вуго  гьев   Г1амирг1али-х1ажиго  г1адин  жанив   т1амизе  вачун  инч1ого.   Камалодин  рокъовги   ватич1ого   гьев  вачине   Дилималдаса   рит1ун   рач1арал   чаг1и  рук1ун  руго   Алмахъалда   гьесул ц1ех-рех   гьабулел.   Гьеб  лъарав цояв векерун вуго  сух1маталда  вук1арав Камалодинихъе  ва   гьарун  буго  мун  кквезе  чаг1и рач1ун  ругин   берталъа   нахъеги ун вахчеян абизе. Гьевилан абуни   дагьавги   гъира-щавкъалда  «Дой  бакьолъе  рехе  кьурдизе!»- янги  ах1т1елаго   цо   чанго   ч1ужуг1адан   цееги  къот1ун  кьурдизе  рек1ун  вуго.   Гьесул  лъак1да  хадур  берталъе  рач1арал  дилимаз  гьикъун  буго   Камалодин  вугищ  гьаб   бак1алдаян.   «Вуго,  гьагъав  кьурдулев  чи ккола гьев»-янги абун   килищ   бит1ун  буго  цояс   бертадул  бакьолъ   вук1арав  Камалодинидехун.   Балагьун  гьесухъгун: «Гьагъадин   гъираялда   кьурдулев  чи  динияв чи вук1унарин ва  гьесда   т1асан   хъван  бач1араб  жо   мац1 кьей   кколин»  цуцаздеги абулаго т1ад руссун ун руго   Камалодин  жанив  т1амизе   вачине   рач1арал  чаг1и.  Гьелдаса  нахъе  гьесда  хадув  щивниги  вач1унги  гьеч1о.  

            Алмахъазе  дибирлъи  гьабиялда  цадахъго,   чорхолъ  к1вах1 бук1инч1ев   Камалодиница  г1емерал   сонабаз  лъелго   Буртунаялдеги  нахъеги  хьвадун  бачана  почтальонасул   х1алт1иги.  Буртунаялдасаги баччун, гьанжеялдасаги г1емер бук1араб поч   гьес  метер  бикьизеян  теч1ого бач1арабго  къоялъ   росдал   раг1а-ракьандего   щун  бикьун лъуг1инабулаан.    Гьелъухъ балагьун ч1арал г1адамалги гьесул рак1 бац1ц1адаб   х1алт1иялдаса   разиго   рук1унаан.

         Гьит1инав  вук1иналъ   дунго цох1о рохьосан   виччазеги бокьич1ого эбелалъ дун г1емер  вит1улаан поч босизе унев Камалодинида цадахъ   Буртинаялда   йик1арай   яцалъухъе   щвезе.

         Борхатаб  лага-черхалъул   щвакун гали босулев  гьесда хадув гъезе хасго  эхеде   рег1елалъ   дие ц1акъго зах1мат   бук1унаан.   Рак1алдецин кколаан гьав к1удих1ияв чиясул  г1едег1и  бихьулищилан. Ц1акъго  бак1аб бук1унаан гьесул поч баччизе кьураб к1удиябго къвач1аги. Гьедин г1емер  дове   нахъе   хьвадиялъги батила,   бохдулъе   рещт1араб   унтиялъ гьес х1алт1и  рехун  тезе  ккараб. Ц1акъго ригь  арав чи вук1аниги, гьава-бакъалъул   хиса-басиялде балагьун ч1еч1ого   радал-бакъанида   хабалалъе   къулгьуялде къойилго хьвадун   халкъ   бахилаб   х1алалда   х1ебт1улаан   гьес   хвел-хобалъул   ишалги   ва  гьединго   т1уралаан   цойгидал   росдал   г1адамазул   т1алабалги.

      Гьедин свак лъач1ого   халкъалъе   г1оло вахъун ч1ун  вук1арав  гьесул чорхолъе ригь  анаг1ан   рещт1ине  лъуг1ана  бат1и-бат1иял    унтаби  ва  гьезулго  х1асилалда  гьес  г1одоб  тезе  ккана   цо  чанго   анц1-анц1   сонабаз  жинцаго   бачуна  бук1араб   дибирлъи   гьаби  х1алт1иги.   Г1амирг1али-х1ажицаго   г1адин  добе-гъобе   кьуризе биччач1ого    бац1ц1адаб  дин  бачуна бук1арав  Камалодин  дибирлъиялдаса нахъе ине  ккеялъ   к1удияб   рах1ат  хвей   ккана  алмахъазул  лъабабго  росдал жамаг1атазе.   Гьедин  бусада   ккун  вук1аниги   алмахъаз   гьесдехун   киданиги   мугъ  бач1о.   Г1иси-бикъинал   ишазе   г1оло  т1аде   хьвадун   гьесул  рах1ат   хвезе  бокьич1ониги,   алмахъаз   гьев   ч1аго   вук1арабг1ан  заманаялъ жидерго  дагьабниги   щаклъи  ккарал  ислам-диналдахун  хурхарал   суалал    гьесда  данд   рач1огон  риччалароан.  Гьевги  жиндаго  к1унгурт1иялде   балагьун ч1еч1ого   кидаго   х1адурав   вук1ана  жиндасанго   бач1араб   кумек   росоцоязе   гьабизе.    Аллагьасул къадар т1аде   щвезег1ан гьедин халкъалъе   хъулухъги гьабун 1994 соналъ   абадиялъул   рокъове   гочун   ана  гьев   мунагьал чураяв. Гьесул баракат-рах1мат   нилъ   киназего   щвезе  хъван   батаги. 

                  Шарабодин 

                  Шамирзаев     

Shara                    


Календарь исламский


Мусульманские праздники