Печать
11
Июнь

Директор школы года России. С.Салихов.

Добавил(а) Administrator on 11 Июнь 2014.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

 

                 Директоршколы    

        года России 

    Гъиринов    Г1алихан гьавуна Алмахъ  росолъ 1932 соналъул 26 июналда.

174

Гьесул эмен Гъирин вижун вуго 1890 соналъ  Алмахъалда    ва

Arhiv 

къадаралде щун вуго 1944 соналъ Калининаулалда.

Г1алиханил хъизан Аня

Anja

ккола Калининаулалде направлениялда рекъон йит1ун яч1ун йик1арай тохтур. Гьел данделъун руго 1954 соналъ.

  Г1алиханил вуго лъабго вас - Руслан, Гъирин ва Сергей. Гьел киназго ц1алун лъугьизаруна институтал ва х1алт1улел руго жиде-жидер лъугьизабураб ц1алиялда рекъон. Руслан ккола Дагэнергобанкалъул генералияв директорасул заместитель, Гъирин х1алт1ула вуго эменго г1адин школалда, физикаялъул учительлъун, Сергей х1алт1улев вуго инженерасул хъулухъалда. Г1алиханилгун дица, Динучица ва Мах1мудица гьабураб гара-ч1валиялдасан босун хъвалел руго Г1алиханил рак1алде щвеял...  

  - Нижер  рукъ  бук1ана  Алмахъалдасан Ахдаш  бахун доб  рахъалда  маг1ардехун Цебеотаралда.

Cebeotar

Гьениб 1943 соналъ рагьун  бук1ана   начальная  школа. Гьеб соналъ ц1ализе ун, хадуб Калининаулалде гочинарун ц1алана гьениб школалда, хадуб  Ленинаулалда  ва 1954 соналъ 10 класс лъвана. Ахирисеб лъабго соналъ Ленинаулалде хьвадана ц1ализе – 8-10 классал ц1алулаан гьенир. Ленинаулалдаги ц1алун Дилималде унаан экзаменал кьезе, высшее образование бугел учительзаби г1олел рук1инч1ого. Гойбатиров Найбодин, Базарганов Мурадис, Абдулатипов Зайирбег дунгун цадахъ ц1алун лъвана. Нижеда цеве 10 класс лъварав вук1ана Иманг1алиев Мух1амад.

Imanali

   1954 соналъ ц1алун лъун вук1арав дун школалъул директорлъун вук1арав Меджидов Мух1амадица, Дилималдаса вук1анин ккола гьев, приказги хъван учительлъун х1алт1изе т1амуна.

  Цо моц1ица гьенивги х1алт1ун, дун армиялде вит1ана. Армиялъул хъулухъ гьабизе ккана Украинаялде рагъулаб аэродромалде (ВВС).

Alihan

Ц1алана 11 моц1алъ самолётазул приборазул специалистлъун. Гьениб экзаменалги кьун дун вит1ана Прибалтикаялде аэродромалде рагъулал самолётал обслуживать гьаризе. Гьенибги лъабго сон бан, рокъове т1ад вуссана.

   Рокъове щун вахъарабго Меджидов Мух1амадица учительлъун х1алт1изе восана.

UchitelХ1алт1улаго ц1алана заочно Хасавюрталъул педучилищеялда. Гьеб лъун хадуб цо соналдасан лъугьана Мах1ачхъалаялде Пединституталъул географиялъул факультеталде заочно ц1ализе. 1968 соналда лъвана гьениса ц1алун. Гьедин х1алт1улаги вук1ана школалда.

Дица школалда гьабич1еб х1алт1и батиларо, г1иц1го ч1ах1иязул классазда г1урус мац1алъул дарсал кьеч1огон хут1ана. География, математика, химия ва гьел гурел цогидалги ц1алул предметазул дарсал кьезе ккана.

Х1алт1ана завучлъун, организаторлъун. Т1оцебе "военное дело" баккидал к1иго моц1алъ Буйнакскалде рагъулаб часталде повышениялде вит1ун, гьелъул дарсалги кьуна. Дир буго офицерасул звание. Гьеб щун бук1ана армиялда. Нижер часталъул техник цоги бак1алъеги вит1ун, гьеб офицерасул должносталъул х1алт1и гьабизе ккана дица, гьедин щвараб бук1ана дие младший лейтенантасул звание, гьанже капитан в отставке вуго.

1973 соналъ 11 январалда дун т1амуна школалъул директорлъун.

Direktor32 соналъ бачана директорасул х1алт1и - 2004 соналде щвезег1ан. Хадусан жеги к1иго соналъ учительлъиги гьабун пенсиялде ана 2006 соналъ. Кинабниги учителасул х1алт1и гьабуна 52 соналъ. Школалда х1алт1улаго походал гьарун унаан Зандакъире, Байтерекалде, Кизляр мухъалъе...      

 1997 соналдаса 2001 швезег1ан Калининаулалъул школалъул "Школа года России" абун ц1ар бук1ана.

Diplom

Дагъистаналъул Обкомалъул, минис-терствоялъул Х1урматиял  грамотаби кьун рук1ана. Дие щвана "Почётный работник народного образования России", Z«Заслуженный учитель Дагестана» абурал ц1арал. Гьединго бук1ана "Директор года школы России" абураб ц1арги.

UdoГьелщинал соназ х1алт1идал зах1малъабиги нахъа тана, роххалил ишалги камич1о, хасго т1олго районалъул школазда гъорлъ Калининаулалъул школалъе "Школа года России" абураб ц1ар кьураб мехалъ к1удияб роххел бук1ана.

М

Соцсоревнованиязда школалъ т1оцересел бак1ал кколаан.  Х1алт1олъ зах1малъиги бук1ана бат1и-бат1иял миллатазул лъималазул смешанный классал рук1ун. Учительзабиги хасаб лъай бугел, лъик1аб воспитание кьун бажарулел рук1ана. Хасго ч1ах1иял учительзаби. Мунагьал чураяй Райсатидаса бахъараб, Жавгьарат, Субх1анат ва цогидалги, киналго бажари бугел рук1ана.

Школалда ц1алула рук1аразулъ рахъана чанги бат1и-бат1иял специалистал. 

BashirКурахмаев Башир – полковник, ракетный войскабазул академиялъул преподаватель, косманавталъе восизе вук1арав гьесие квал-квал ккана дагьабго беразул сахлъи г1еч1олъиялъ. Школалъул выпускниказул рахъана врачал, учительзаби, инженерал, г1алимзаби. Гьезда гъорлъ ДГУялъул юридический  факультеталъул  декан,  кандидат юридических наук мунагьал чураяв Омаров  Г1амирилав, гьесулго хъизан Омарова  Зугьра, Правовая академиялъул преподаватель, кандидат юридических наук,  Шапиев  Шапи, кандидат медицинских наук, Байтемиров  Башир, г1емерал соназ замминистралъун х1алт1ун, хадув Минсельхозалъул министрлъун вахъарав, кандидат сельскохозяйственных наук.

Жакъа  дун  пенсиялда  вуго.

Alih

  Раг1уда хадуб абизе бокьун буго. Г1алихан директорлъун т1амун хадуб, дун ц1алулеб класс бук1ана т1оцебесеб выпуск.

KlassНижелъ ц1алула рук1ана дов т1адехун рехсарав Курахмаев Башир, Дагэнергобанкалъул генералияв директорасул заместитель Гиринов Руслан, рагъул ветеран майор в отставке Жамалодинов Жамалодин, врачаллъун х1алт1арал ва х1алт1ула ругел Ачабаев Салимсолтан, Равзанат, Россиялда къват1ивехун вугев Якъуб ва цогидалги.

 

32 соналъ директорасул х1алт1и гьабун, къиматал ц1арал щун вугев Г1алихан гурев цоги чи ватиларо.

С. Салих1ов