Печать
09
Сент.

Кебедов Дада и Муслим Атаев

Добавил(а) Administrator on 09 Сентябрь 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Герои живы – пока их помнят.


Расулов СагIитица бицараб


Диеги гьеб хабар дир чIахIиял гьудулзаби Дадал Набицаги Гъазил ГiумарасхIабицаги бицана. Гьел цIакъ цоцазе хириял гьудулзаби кколаан ва гIемер дандчIвалаан. Жалго данделъараб мехалда, гьездаса гIезегIанго гьитIинав вукIаниги, гьез дунги данде гьавулаан. 
Муслим Атаевас Дилималде чапар витIун вугила рекIаразул полкгун жив гьениве вачIине вугин, 400 чодуласе квенги, гьезул чуязе кIалцIи-херги хIадур гьабейилан. РагIизе бокьараб жаваб гьенисаги щвечIого, Атаевасул партизаназ Дилималде къварилъи гьабун бугила гIадамал жанир тIамун, рукъзабахъ чIухьал ран. 
Дилималдаса Алмахъалдеги добго хабар босун витIарав чапарасде Къебедил Дадаца жаваб гьабула гьалбал къабул гьаризе хIадур ругилан Муслимги Дадаги церегоялдаса цоцазда лъалел рукIанила Дадае Муслимица наган таманчацин кьун бугила. КIиго къоялъ Алмахъалда гьоболлъи бала Муслим Атаевасул къукъаялъ. Динияв гIалимчи ГIамиргIалихIажил ва гьесул хъизаналъул вац Гъанжабайил Жамалудинил рукъзалги рухIула. Гьез ХIоцоса Нажмудин валагьулев вукIуна Муслим Атаевас Къебедил Дадада гьикъула. 
- Дада, дуда лъаларогонищ букIараб советияб власталъул тушман ХIоцоса Нажмудин Устархан-хIажил гьабил лавкикьги вахчун вукIараблъи. 
- Лъалаан, Муслим, - ан букIана Дадал жаваб. 
- Лъалеб букIун батани, щайха гьев кквезеги ккун хIукуматалъухъе кьечIев? 
- ГIемерал гIадамаз жидер цевехъанлъун лъазавурав бахIарчи алмахъаз къватIиве кьезе лъикI гьечIилан пикру гьабуна, Муслим Аман гьарун вачIарав чи цIунулеб гIадат буго лъиениги заралги гьечIин, виччантейин гьеб гьабил лавкикь чвертолеван тана. 
Муслимилазухъе баян щвана имам Чачаналдехун ун вугин чанго божарав чи цадахъгунилан Агаевасул къукъа Алмахъалдаса Чачаналдехун къватIибе бахъана. 
Гьел ун хадуб Къебедил Дадахъе хабар щвана Чачаналъул рагIаллъабазда ругел рохьазда мадугьалихъ ругел росабазул гIемерал гIадамаз партизаназул къукъаялъе гъоркьчIел хIадур гьабун бугилан. 
Къебедил Дадаца хех чу кьолона. Алмахъазул ракьал лъугIулел гIурабазда гьев къукъаялда хадув гъана. Атаевасде аскIове щвана. 
- Муслим, нужее гъоркьчIел хIадур гьабун буго. ГIолохъабазул гIумру гIададе инабуге. Нажмудиниеги цо Аллагьас хъвараб къадар батила. 
Къебедил Дада пачалихъалдаса вахча-хьвазе байбихьараб заман букIана гьеб. 
Живго цIунана. 
Имам гъорлъа вахъана ва алмахъаз гьев цIуничIин абураб цIаралдаса наслаби цIунана. 
Алмахъазул ракьалдасан арал партизанал, жидеца гьабулелъул тIубараб магIна лъаларел миллатцоял ва мадугьалзаби чачанал диналъул вацазул битIеялде риччачIо.

Г1алиасх1аб Г1умарасх1абов.
Газета »Чапар» 04.08.2003 с., №31, гь.2.

Подготовил. Гаджимагомедов Г.Р.