forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
07
Март

Юмористические рассказы (на аварском языке)

Добавил(а) Administrator on 07 Март 2011.

Оценка пользователей: / 7
ПлохоОтлично 




Салих1 Салих1ов

Багьаводинги Салал Г1исаги

Алмахъазулъ цере рук1унаан къоялъ гектар бецизе к1олел кутакал рецарухъаби. Гьединазулъе кколаан дида лъалел Алмахъалдаса Салал Г1иса, Багьаводин,, Калининаулалдаса Этул Ах1мад, Или ва гьел гурел цогидалги...
Цо къоялъ совхозалъул хурир рук1уна цоцазда хадур рецол ч1ч1ваялги рачун унел рецарухъаби. Цеве-цеве Г1исаги гьесда хадув Багьаводинги. Г1исаца хер бецун чи хадув гъезе толарев вук1ун вуго. Цо х1охь бахъизе ч1аралъур Багьаводиница абун буго Салал Г1исаде валагьин харицел гъеждаги лъун вилъун аниги хадув гъоларин жив дудайилан.


Салих1 Салих1ов

Юмористический рассказ (на аврском языке)

Ц1огьорас чу бачинч1огун тана

Мух1амад доб заманаялъ вук1ун вуго, рик1к1аде ун ц1одорго ц1огь гьабулев чи. Цо нухалъ чачаназул росулъеги ун гьенив жиндирго гьалбедирлъув решт1ен гьабула гьас. Цеве-цевеги гьав вач1ун вук1ун щай гьав вач1аравали бич1ч1ула гьалбадерил ц1одорай к1одода. Гьоболасул мурад т1убазе бокьарай гьалъ Мух1амадиде ц1ехон лъазабула. лъил чу гьасда бикъизе рак1алда бугебали ва малъула щиб кин гьабизе кколебали. Гьелъ малъухъе, балъго дов цоясул бокьовеги лъугьун. гьенив вихьиларедухъ вахчун ч1ун вуго Мух1амад дунял бец1лъизег1ан. Марк1ач1ол г1ужалда жанисан рахан-къан бокьгун, жанире сверун руго рукъалъул бет1ергьаби. Мух1амадги бокьосан жанибе бугеб гордухъан ххал гьабун вук1ун вуго, гьел кидада кьижулаян. Рос кьижизе вахун хадуб, щаяли гьесул ч1ужу кьижизе егун гьеч1о.Гьедин гьей ч1ужу кьижизег1ан ч1ун вук1арав Мух1амадида цо заман ун хадуб бихьун буго т1алидоялъусан печалде жанибе т1огьиб г1анкъурги бугеб квар делун бач1ун. Гьей ч1ужуялъ хехго квар жиндирго россасул габуралде ккезабун буго ва гьеб квар эххеде ц1ан ун буго. Макьидаса ворч1аниги квар габуралдаса бат1а гьабизе к1веч1огун г1анкъун лъуна вук1ун вуго кьижун вук1арав росс. Живго т1атаниги, гьев чи хвезе теларилан жанивеги к1анц1ун Мух1амадица хонжроцагун квар къот1ун чачанав хвасар гьавун вуго...Жив гьаниве кин ккаравали Мух1амадицаги бицине ккеларищ, ккараб ах1и-х1уралда хадуб... Гьав чачанасул ч1ужуялъги гьелъул вокьулесги дов росги хвезавун жалго данделъизе ургъараб макруяб иш бук1ун буго гьеб... Хадусеб къоялъ рукъове ине къват1иве лъугьарав Мух1амадида к1алт1а кьолон чачанас х1адурги гьабун батун буго жиндирго чу гьасие кьезе, жинца эбелалъул хахараб рахьг1ан х1алал гьабулин дуе гьабиланги абун. Амма Мух1амадица инкар гьабун буго гьеб чодаса, дун гьеб бикъизе вач1ун вук1анин, мун хвасар гьавиялъухъ босизе вач1арав вук1инч1иланги абун


Календарь исламский


Мусульманские праздники