Печать
07
Март

Насир Басировас рахъарал куч1дул (Юмор ва сатира)

Добавил(а) Administrator on 07 Март 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Насирил асарал

1966 соналъ Мах1ачхъалаялда студеденталлъун рук1ун цадахъ цо рукъор квартираялда рук1ана Насир Басиров, Исмаг1ил Исмаг1илов, Г1алихан Гъиринов, Саг1ид Расулов ва цоги бат1ияб росулъа маг1арулавги. Саг1идица рукъоб эрга щведал жаниб уборка гьабулареб бук1ун буго, гьедин Саг1ид гьелъул бак1алъ махсаро х1исабалда "Махачкала" минералка босизе вит1улев вук1ун вуго тукаде цадахъ ругез сардил заманаялда... Саг1ид аваданав чи вук1ун, гьес рек1елгъей гьабулеб бук1ун буго гьал цадахъ ругел цогидазе. Ясал-чаг1азулгунги "бухьен" камулареб бук1ун буго Саг1идил, гьедин сардилъ кват1ун вач1ун кьижарал цо-цоязул макьуги холеб бук1ун батила, цоги "подробностазул"бицинч1ониги, цо-цо нухалъ гьаз чунлъаб махсаро гьабун ц1акъго сардилъ Саг1ид вач1ине кват1идал, каву рахалеб бук1ун буго. Гьев цинги мадугьаласул цо квешаб, чи аск1обе къазе толареб, гьойида аск1осан ине кколев вук1ун вуго... Цо нухалъ ина вугиланги абич1огун, запискаги хъван тун Саг1ид рукъове ун, Насирица С1аг1идил ч1ужу Сабинатихъе росулъе бит1араб кагътида Саг1идихъе кьейиланги абун хъвараб кеч1 буго гьаб.

Цебе раг1и: Салих1 Салих1ов

 

 


Дур х1ат1ил гьаркьихъе кьижаралъуса
Т1ок1ав ворч1илада ав маг1арулав
Рогьалилъ бачулеб дур музыкаялъ
Т1ок1ал нижер рак1ал паналъиладай

"Палаткаби" разе мунги гьеч1огун
Рак1г1аги кин гъолеб одеялалъул
Консультациялде мун унел нухал
Г1урччин херги бижун ч1унтун инадай

Баг1араб гьойица ч1ег1ер баладай
Къват1ибе биччазе мунги гьеч1огун
К1одол зигардиги ч1алг1унеб буго
Дир римазул берал кире аралан

Дагьаб х1ат1ил гьаракь борхун раг1ани
Дир гусар гурищан жаний яккула.
Жундуца мун кквеяв Гитлерил гъачагъ
Къаси "Махачкала" лъица босилеб?

Кваназе инаго данде ккаразул
Квег1иса йик1арай рак1алде щолищ
Мун г1адав гусарас анкьил квен тарал
Чанги яс тирараб город буго гьаб

Т1ок1аб "сухо" кьезе мунги гьеч1огун
Дур вакьад Мух1амад кьвагьун инадай
Кагътазе зачёт кьун рак1ни боххич1ин
Рек1ее бокьухъе ах1улев вук1а

Къо лъик1 гьабизе ниж рач1инег1ан
Сабру гьеч1огойищ рукъове арав.
Мун анин абидал божилароан
Дуца нахъе тарал мухъаз бицана

1966 сон

-------------------

Г1олохъанлъи рак1алде щвеялъе Расулов Саг1идие

«Палаткаби» ралеб заманги анин,

Г1олохъанлъиялъул раг1 балев вук1а,

Бит1ун мун «рег1идал» херлъиги щванин

Х1орал анищазул пикрабалъ вук1а.

Бук1араб цо заман «гусарасулги»

К1одол макьуялъе х1алхьей толареб.

Рогьалил хъах1лъигун т1адеги вахъун,

Маякалъул гох1да бакънал рачунеб.

Гьанже херлъиялъул квач1икьеги ккун

Угь-агь гуреб гьаракь раг1унеб гьеч1о.

«Усилителалъул лампа бух1ундай»

Доб цебесеб бакъан бачунеб гьеч1еб?

Жакъа бокьилаан доб г1олохъанлъи,

Гьеб дурр херлъиялъе г1адлу гьабизе.

Бач1унеб анищ доб ихдалил заман

Дур бот1рода лъураб саву биине.

Басиров Насир

30 май 2008 сон рузман къо

Раг1уда хадуб: Кавычкабазде гьоркьоре рачарал раг1абазул маг1на цадахъ Мах1ачзхъалаялда ц1алула рук1арал Насиридаги Саг1идидаги лъала



Х1акъикъат газеталдаса росарал Насирил политикаялде данде гьарурал куч1дул

Россиялъул гимн

Кеч1 сайигъат гьабула бахьикъосал власталде рач1иналъе квербакъи гьабурал маг1арул "демократазе"


"Демократаз" квелъ ккураб,
Коррупциялъ кьан бараб,
Кьолболъе унти ккараб,
Улка буго Россия.

Реформабаз ч1унтараб,
Ч1андачаг1аз бикъараб,
Бук1инесеб лъалареб,
Улка буго Россия

Гайдараца ч1ух1араб,
Чубайсаца х1улараб,
Чанго г1абдал х1ехьараб,
Улка буго Россия.

Указал къинлъулареб,
Къанунал х1алт1улареб,
Х1ал бугез т1алъи ккураб,
Улка буго Россия

Адаб-хъатир дагьлъараб,
Дармиде иман лъураб,
Давла Аллагьлъун ккараб,
Улка буго Россия

Бицине гьумер т1ок1ал,
Т1убазе г1акълу гьеч1ел,
Демагогаз бечедаб,
Улка буго Россия

Яргъил чвархъи г1емераб,
Г1адлу-низам биххараб,
Г1адилав бет1ер гьеч1еб,
Улка буго Россия

Х1алт1улезе ц1ар,
Ц1огьабазе нич гуреб,
Намусалда мал бараб,
Улка буго Россия.

Капитал ц1ик1к1араца,
Ц1аргун хъулухъ босулеб,
Бечедаб агьлуялъул,
Улка буго Россия

Миллатазул гьудуллъи,
Гьелъул бук1араб цолъи,
Гьороца босун араб,
Улка буго Россия.

Умумузул г1адатал,
Г1аданлъиги ях1-намус
Лъималазда к1очараб,
Улка буго Россия.

Г1орхъи гьеч1еб эркенлъи,
Зулмуялде сверараб,
Законалъул нух тараб,
Улка буго Россия.

Унелде ишан гьеч1еб,
Щолелъулахир гьеч1еб,
Беццав нухлулав г1адаб,
Улка буго Россия.

Г1олохъанал реформаторал какулел бахьикъосазде

Бизнес-коммерциялъ улка т1егьараб
Унго гьаб замана щайда какулеб?
Коммунизмаялъул нухги хисанин
Хасел ун их щвейдал щай зигардулел?
Гьезул ваучераз куркьбал рижарал
Роржине рес щведал роххунцин гурищ?
Реформаби какун ах1дезе ккани
Консерваторазе г1олареб жо щиб?
Борисил киндерал г1ужие гъезе
Г1аданлъи бугезе кин къабуллъилеб?

***
Россия ч1ух1араб олигархия
Бижине гьабураб реформатораз,
Рынокалъул нухде улкаги бачун
Плутократия т1егьазабич1ищ?
Публичный домалги, ночной баралги,
Нужер лъималазе лъица рагьарал?
Порнографияги эротикаги
Гьеб гуребищ давла г1олохъабазе?
Намусги инсанги дармида лъезе
Дуй эркенлъи кьечищ реформатораз?
Америкаялъе лъимал ричизе
Лъица нух рагьараб кукушкабазе?
Доктор колбасалда даг1ба бук1анин
Бушил ножкабазул ц1езаре чахьал,
Риди-щар гьекъезе къасд т1амуразе
Пепси-фанта бугеб магазинал ц1ун.
Пиряник-печенье дуй бокьич1они
Бокьанаг1ан бугеб бакис-сникерсал,
Махил сакъисалъухъ ч1алг1ун ватани
Ч1аме дирол-орбит нилъал хвезег1ан.

***
Пролетаразул нилъги кварт1аги
Дуй х1ажалъиларо лъе контейнерал,
Колхоз-совхозаца мун хьихьиларо
Босе сумка-тачка тимараталъ.
Татьяна, Наина, Немцовгун Ельцин
Дуда нахъа ругел, ургъел гьабуге.
Валютный фондалде транш гьаризе
Чуьъбайс х1адур вуге, х1ажалъи ккани.

КПССалде
(Маг1у)
"Г1асруялъул г1акълу, къадру ва намус"
Мун хабалъ букъизе къуват лъил г1ураб?
Дур керен хахарал коммунистазда
Кинан к1вараб дуда т1ад къанал ч1вазе?
Гучал тушбабазе къуркьич1ел васал
Щайзе дур чучарал "демократазе"?
Рагъулъги ц1адулъги ц1ар ун бук1анин
Ц1одорлъи щай г1еч1еб "авангардалъул",
Демократиялъул къуват бергьиндал,
Кумек щзай гьарич1еб Сталинида.
Гъудузул бо решт1ун лачен ч1валаго,
Ах1и бан щай инч1еб Андроповасде?
Рух1 босулеб къоялъ къаданив ч1езе
Къаг1ида ккеч1одай Ульяновасул?
Ахирисеб х1ухьел дуца ц1алелъуб
Ц1ала-къалиялъе Никита щвеч1ищ?
Мусру жемилелде чура-хулизе
Черненко ах1изе заманищ г1еч1еб?
Молол цо т1огь кквезе т1аде вахъаян
телеграмм щай кьеч1еб Брежневасде?
Дуе х1ажаталъув х1алай ватич1ев
Ватаги Горбачёв "Гъайли аххада"
Х1ажалъи ккаралъуб кумек гьабич1ел
Х1арамлъаги дур рахь партократазе
"Басрияб майданалъ" ч1ег1ер бач1одай
Ч1ух1арал к1алг1аби дуца толаго?
Вождасул мавзолей кьвагьун инч1одай
Дур х1аракатчилъи гьукъараб къоялъ?
Мун ч1аго бук1аго бет1ер борхич1ел
Гьанже х1алхье абе "демократазда".
Дур гьаракь раг1ани хвахал х1еккунел
Х1алхьун кьижа абе диссидентазда.
Дур рух1 бахъиялда ниж божуларо,
Коммунизмаялде боржун батила.
Къоял т1аг1иналда ниж щакал руго,
Пикру бат1иялгун рагъда батила.

Цо-цо раг1абазе авторасул баянал:

"Авангард" - жиндир мунагьал чураяб СССРалъе нухмалъи гьабулеб ва гьеб цебехун бачунеб бук1араб къуват ("Направляющая и руководящая сила"
"Басрияб майдан" - "авнгардалъул" ч1ах1иял вождазул идара бук1араб бак1алъул ц1ар.
Демократия - пачалихъалъул рух1иябгун напсияб ва материалияб бечелъи араб бак1 лъач1ого Щущазабураб щайт1ан-гьури.
"Демократал" (демокрадал, демограбителал) - мац1алда хур бекьарал ц1огьал ва хъамалчаг1и.
Диссидентал - КПССалъул политика г1акълуялъ къабул гьабич1ел мунапикъзаби, жасусал.
"Г1асруялъул г1акълу, къадру ва намус" (Ум, честь и совесть нашей эпохи) - Мунагьал чурадил напс к1одо гьабун к1одо гьабун абулеб бук1араб ц1ар
"Гъайли ахалъи" - Алмахъалда бугеб, сапаралъ арал киданииги т1ад русунареб бак1. Гьенисан бач1араб буго "Гъайли ахада ватад" абураб алмахъазул бищунго квешаб хьами.
Партократал - гъвариниса рахь т1аг1инег1ан КПССалъул г1акдада хахдарал "авангардалъул" г1исиналгун ч1ах1иял вождал.
Партодемократал - жидерго г1акдал гъвариниса рахь т1аг1индал "демократазул" г1акдаде гъоркье к1анц1арал партократал, заманалда ва бак1алда рекъон кьер хисисабизе бажарулел ччутазул цо тайпа.