forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
27
Фев.

Годек1анир харбал

Добавил(а) Administrator on 27 Февраль 2011.

Оценка пользователей: / 1
ПлохоОтлично 

3 март 2005 с

Жергъен гуребги, хабарги рекъезабизе лъалев алмахъав Салих1ов Салих1


Къуларав Ах1мадил мугъ бит1и

Дагьаб цебег1анго заман бук1ана гьеб. Росулъ вук1ун вуго Ах1мадилан ц1ар бугев, жиндир ригь херлъиялде арав, к1ич1унго хут1ун, къуларав цо чи. Гьале цо пуланаб къоялъ, нухдасан унев вук1арав гьесда данд ч1вала, терсал, баракат бахъун чунлъал махсараби гьаризе рокьулев ва гьел сабаблъун чанго нухалъ жинде щварав, Г1умарин абулев г1олохъанчи. Къват1ккун унев вук1арав къуларасда нахъасан малги бан лъутула гьев. Ццин гьалаглъарав къуларавги, бахъун лъалиниса ханжаргун, Г1умарида хадув лъугьуна. Лъик1го манзил тола гьез гьедин. Хадув гъолев вугев Ах1мадил гьединаб жан батилилан рак1алдецин ккеч1ев Г1умар нахъехун балагьула ва тамашалъун хут1ун ах1дола, «мун вит1ун ч1ун вуго, мун вит1ун ч1ун вуго», - йилан. Гьесул раг1абаца лъавуде вач1инавун, Ах1мад лъалхъула ва унго-унгоги живго вит1ун ч1ун вук1ин бихьарав гьав, воххиялъ ццинги чучун, лъутулев вугев Г1умарги тун, нахъ вуссана. Бицуна гьелдаса нахъе Ах1мад т1ок1ав къулич1илан.



Якьадалъул г1акълу

Г1унайзатиде, веххеса щвезе вач1арав гьалъул дурцас, харбида гьоркьоб, ч1ужуялдасан г1арз гьабун буго, валагьин лъаларогон бугин щиб гьабилебали, жиндирабго гурони, дица абураб щибниги жо гьелъ, цебе биччалеб гьеч1илан… Жиндирго г1адинаб бергьараб г1амал ясалъулги бук1ин лъалей ц1одорай якьадалъ, ахиралдаги абун буго дурцасда, кин колебали бихьизе гьелъ абуралъухъги г1енеккун вук1ун х1албихьейилан.
Лъик1аланго заман ун хадуб, Г1унайзатихъе щварав дурцас, доб цебе ккараб хабар рак1алде щвезабун бицун буго, дуца абухъе гьабидал жидеда гьоркьоб к1удияб маслиг1ат кканилан…


Х1акимчи росулъе щвей

Росулъ цо иш ккун, гьениве щола Мах1ачхъалаялда к1удиябхъулухъалда вугев Карим. Гьев ккола балугълъуде вахинег1ан гьебросулъ г1урав чи. Х1алт1уде вуссун, заман гьеч1олъиялъ, ц1акъго къанаг1ат гурони росулъе щоларев гьев вач1индал, г1емерал лъалел чаг1и рук1инарищ рак1арун гара-ч1валулел, гьев годек1анивехун сверидал. Аск1ове вач1уна, гьит1инаб мехалъ Каримгун чанги цадахъ свердулев вук1арав, цо-к1иго соналъ гьесдаса гьит1инав махсарочи Г1айнодин. Гьит1инаб мехалъ жидерго ккарал кополал харбал рак1алде щвезарун рицунел рук1ана гьес, г1енеккун цогидалги рук1ана. Цо бицун, к1иго бицун, харбил тема хисун, Каримихъги валагьун Г1айнодиница байбихьана г1олилаб мехалъ гьарулел рук1арал, цо-цо г1адамазда цере рицине санаг1ат гьеч1ел ишал рак1алде щвезаризе. Бицунеб жо ахиралде щвезег1анцин раг1изе бокьич1ев Каримица, хехго годек1аниса инее г1амал гьабуна. Гьал бат1и-бат1иял г1адамазда цебе к1удияб хъулухъалда вугев гьесие ц1акъ бокьич1о, г1олиллъудаго ккарал, «г1одосел» ишал т1атине. Т1ок1ав Г1айнодин вугеб бак1алдего гьев аск1овецин къач1о…

Питералда

Санкт-Петербургалда, цо лъик1аб рестораналда квана-гьекъолев вук1уна к1иго маг1арулав. Ахиралдаги столалда нахъа жоги тун инее бокьич1ев цояс абула, г1андисес сапун кванан гьеч1ищила, г1арац кьун щвараб жо бугиланги абун, гьаб лъугьизабизе кколилан. Гьедин гьел рук1аго, гьениб г1агардег1ан бук1араб столалда нахъасан вахъун, гьезде аск1ове вач1ун, цояс абула: Гьа, бицеха, кив нужеда вихьарав г1андисев сапун кваналевилан…

Хасавюрталда

Электричествоялъухъ кколеб г1арац г1емер заманаялъ кьеч1ого бук1иналъ, электрик, токалъул х1ободеги вахун, гьеб рокъоре рачарал кварал къот1изе жувала. Х1обода гьев вихьарай рукъалъул бет1ергьанч1ужу, кодобе ч1аргенги босун, гьеб х1обода гъоркь ч1ола, гьенивени ваханин мун, гъоркье киндайха рещт1ине вугевали балагьилинги абун. Бет1ерги к1ибик1ун, токалъул кваралги жалго тун, гъоркье рещт1ине ккола электрик…

Берталъ

Цоязул берталъе ине ккун вук1ун вуго Ах1мад. Квана-гьекъолелъуб, вахъун т1адегун, лъик1ал раг1абиги абун, стакан ч1обого гьабула гьес ва, ругьунаб къаг1идаялда, чадил кесек мег1ералда цебе ккун, гьеб гьунхьула. Гьеб бич1ч1ич1ей г1андиселъ, жиндица бежараб чадида ч1ух1ун, мах1 сунт1улев ватилин Ах1мадиланги ккун, гьесул гъващилъ чурпа т1олеб гел кьабула, дур куцалдаса мах1царабищ жиндир чед бугебиланги абун.

Къват1исеб пачалихъалда

Ч1ух1араб ва бечедаб цо г1арабиязул пачалихъалъул шагьаралдасан унеб бук1ана, нилъерал т1ад ругеб цо машина. Щиб ккарабали, машина, моторги ссун, лъалхъула. Гьелъухъ бала-гъалагьизещфёрги лъугьун, дагьаб х1ухь бахъизе, къват1ире лъугьун руго пассажирал. Машина сверун женжедун, шагьаралъул берцинлъиялъухъ балагьун, гьелъул бац1ц1алъиялъул бицунел-толел рук1аго, «гьадав чиясул куцалъе къвариг1араб щиб, чанц1ул балагьаниги, нилъехъ хал гьабун вихьула дов»,- илан абула дагьав бат1аго ч1ун вук1арав гьазул цояс. Цинги, гьасие къвариг1араб щибдайиланги абун, гьесде аск1ове ине лъугьараб мехалъ бич1ч1ула, къват1 халаса бугеб к1удияб мат1уялъусан вихьулев чи живго вук1ин.

Кинго к1очонарев Ленин

Цо къоялъ рузманалдаса хадуб, мажгиталдаса нахъ руссун, жидерго хабар к1алалда рач1унел рук1ана Х1ажимурадги гьалмагъги. Гьаризе кколел как баялъул шурут1азул бицунаго, Х1ажимурадица абуна, я вацила, как балеб мехалъ, Хирияв, Т1ад вугев гурони рек1елъ кквеларилан вук1унила жив, амма бак1-бак1алъан ваккун Ленин ч1олила цеве.

Самолёт машина гурищ

Т1оцеве самолёталда рек1ун ун, т1адвуссарав, к1удияв чи Мух1амадида рокъосез гьикъун буго, кинаб жойин самолёталда рек1ин бугебилан? Валагь, байбихьудаса багъарулаго лъик1го хъваг1асданила гьеб, хадубин абуни шофёрас ц1акъ берцинго бачанила, нухалищ лъик1ал рук1алалиян, жаваб кьун буго Мух1амадица, самолётги машинаго г1адин гирун гурони унареб жойиланги ккун.

Реклама

Хасавюрталъул базаралда картошка бичулей йик1анила Пари. Багьа-къадар ц1ехезе яч1арай цоялда, г1урус мац1ги гъура-чункулаго, жиндирго картошкаялде кверги бит1ун, бихъ-бихъулеб лъик1аб бугин белъиндал гьебилан бич1ч1изабизе гьелъ абун буго:
- На каструля варить, похъ-похъ станет, - илан.


Мух1амадг1арипил х1акъалъулъ харбал

1999 соналъул рагъ байбихьилелде цебе, хасалил заманаялъ, Хаттабгун цадпхъ Буйнакскалде к1анц1арал боевикал нахъруссун Алмахъалдасан анна, гъоркьч1алие ункъо-щуго чиги вачун. Алмахъалде боевикал к1анц1ун ругилан раг1ун, Калининаулалъул г1адамал, жидер умумузул ракьалдасан Арал гьел теларилан абун, ярагъгун къват1ире рахъуна ва гьелго хъачагъазе нух кквезе рач1ун рук1арал солдаталгун гьезул БМПяздаги рек1ун анна. Чачаназулгун г1орхъода бугеб милициялъул посталдаса, дежурствоги лъуг1ун, х1ухьбахъиялъе рокъоре рач1унел Мух1амадг1арип вагьесул к1иго гьалмагъ росуцоялги дандч1ван гьелгун цадахъ уна… Г1амирил Кортоялда цо борхалъиялда щулалъи гьабун, Хаттабил къокъа т1асан бахинег1ан, рахчун гъоркьч1алида рук1арал боевиказ цебесеб танк кьвагьизабун, т1ад рук1арал Калининаулалъул г1олохъаби цояв ч1вана, цо чангояв лъукъана. Гьениб ккараб рагъалъул х1акъалъулъ доб заманаялда ОРТ каналалъ «щамат къоялъул репортаж» абураб передачаялдасан бицана… Добб кьвагьизабураб танкалъул цогидаб хьолбода рек1ун рук1арал Мух1амадг1арип ва цо чанго ополченец кьвагьараб снарядалъул къуватаб карачелалъ г1азулъе рортизаруна. Гьениб къоялъ ккараб рагъалъул х1асилалда чанго ополченец медалазе ва орденазе вихьизавуна. Гьезда гъорлъ вук1арав милициялъул х1алт1ухъан Мух1амадг1арипиеги милициялъул рахъалъан батальоналъул командирас «Орден мужества» кьезе бихьизабун бук1ана. Амма гьеб «х1ажатал» цоги-цоги рук1араб къаг1идаха, гьелъул бак1алда Мух1амадг1арипие нилъерго Х1укуматалъул «Х1урматияб грамота» бач1ана. Даг1ба гьабулев чи гьев гурелъул, гьеб гьединго тана.

Бот1рода кирпич кьабуна

Боевикал рач1инелде х1инкъи бугеб г1орхъоде балагьараб милициялъул посталъул вышкаялда вук1ана Мух1амадг1арип дежурствоялда. Къаси-къаси нагагьлъун макьихани, бот1рода лъураб каскаялда к1ут1ун, макьу т1уризабизе гамач1 бук1ана гьес аск1об тараб. Цо сордоялъ макьу бач1ун, гьес, ругьунаб къаг1идаялъ, босун гамач1 щвезабуна бот1рода, каска бахъун бук1иналъул пикруги гьабич1ого. Макьидаса ворч1ани щиб, дагьав хут1ана гьев живго лъавудаса ине…

«Мама Азия»

Цоясул магнитофоналдасан радалидасан ах1улебго ах1улеб раг1ун бот1ролъ рек1араб гьеб кеч1, какиеги чурун, как бухьилелде цебе, магнитофоналъул гьаракьалда цадахъго цадахъго раг1ун-раг1ич1ого тактърар гьабун борч1ун ана Мух1амадг1арипихъан. Аск1осан ина вук1арав батальональул командир Мух1амадида раг1ун руго гьел раг1аби. Мух1амадг1арип, как балевиланги абун, «Мама Азия» кеч1 ах1улев вук1унилан гьес бицараб хабаралъ, гьалмагъзабаз махсараби гьарун, тату хвезабун бук1ана Мух1амадг1арипил.

Гьит1инаб мех рак1алде щвезабун

Цо къот1носан унаго, цоязул к1алт1а бухьараб квешаб х1ама г1анасеб гьой х1апдола Мух1амадг1арипиде. Гьит1инаб мехалъ жинцаго ралъаргъун гьаби толарел рук1раблъи рак1алдеги щун, гьелде иш- макьал гьаризе жувала гьев. Гьойдул х1апдей, терк1ей ц1ик1к1анаг1ан, гъира балеб бук1ана Мух1амадг1арипил ишараби гьелъие гьаризе. Ахиралдаги, бухьараб рахасги т1ун, гьве гьесда хадуб лъугьуна. Гьеб хадуб гъелелде, аск1обго бук1араб цоязул кавуги рагьун, азбаралъуве к1анц1арав Мух1амадг1арип, гьениб гох1 гьабун бук1араб г1аздалъе вортун уна. Х1ат1ал гурони раккун рук1ун гьеч1о г1азулъан. Щибдай ккараб жоян рукъалъул бет1ергьанч1ужу къват1ие яккидал, кин-кинги т1адеги вахъун, нечарав Мух1амадг1арипица, щиб абилеб лъач1ого, ккараб жо бугеб х1алалда бицун буго гьелъие.

Дир носкиял кир?

Радал вахъун х1алт1оде г1едег1арав Мух1мадг1арипица носкиял рук1ана х1ат1азда рет1улел (дежурствоялде инаго, х1ат1ал квачан гурт1изе к1и-к1и ялъуни лъаб-лъаб носкиял рет1изе кколаан х1ат1азда). Цо х1ат1идаги рет1ун, к1иабилелда рет1изе, кире ккаралали, носкиял ратулел рук1инч1о. Рокъор ругезде жиндир носкиял ралагьейиланги абун, кивго хъирщадулев вук1ана гьев. Г1едег1иялъ, сундул ургъалида вук1аравали лъаларо Мух1амадг1арип, цо заманаялдасан гурони лъач1о гьесда жинца киналго носкиял цого х1ат1ида рет1ун рук1ин.


Салих1 Салих1ов


ПАЩМАНАБ ГЬИМИЯЛДАЛЪУН

К1алдире ккеч1ел ц1урал хинк1ал

Дун гьит1инаб мехалдасанго раг1унаан, дир эбел-инсол ккараб цо лъугьа-бахъинналъул бицунеб росуцояз. Гьеб бук1ана рагъулабгон рагъда хадусел, халкъалда ракъи бихьарал сонал нахъаги тун рук1аниги, жеги бит1а-бишун кванида хадур г1адамал хадур гъеч1еб заман. Нижер мадугьалихъ рук1ана ц1акъ лъик1ал, цоцазе кумек гьабизе х1адурал г1адамал. Лъик1аб бербалагьи бук1ана цоцаздехун. Хасго к1очонаро Халатасул эбел, к1удияй ч1ужу, Г1алищайихил яс, Пат1имат. Наряд кьун, эбел-эмен колхозалъул хурире х1алт1оде индал, ниж лъималазухъ, рукъ-бак1алъухъ бербалагьи гьабулаан гьелъ. Дир эбел Х1алиматилги Пат1иматилги ( Мунагьал чураги гьезул), цоцазе кумек гьаби гуребги, бицунеб, цоцазе чучулеб хабаралъеги аск1оре щун гара-ч1валиялда рук1унаан гьел...
Т1олго г1адамал колхозазде лъугьинарун, жиндирго рокъоб боц1и бугев чи къанаг1атги вук1инч1о росулъ хут1ун. Дир к1удияй эбел, Т1агьиратица кьураб г1ач1араб бече к1удияб г1ун, къинлъун, гьелъ дагьа-макъаб бук1аниги рахь бахъулеб бук1ун буго. Эбел йик1ана, киг1ан зах1матаб заман бук1аниги гьит1и-бикъинаб бугониги садакъа камизе толарей г1адан. Гьединлъидал, гьеб рахьги сундего т1ок1лъулеб жо бук1инч1о. Кинги цо-к1иго нисдал г1ерекъ бак1арун, цо къоялъ, колхозалъул хуриса щун, свакан, ракъун рук1ун, эбелалъ ц1оросаролъул г1ат1ал ц1урал нисдал хинк1ал гьарула. Релъун рахъаралго, гьел ц1орозе къват1ир рагьда лъола гьелъ. Дагьаб заманаялдасан, ц1орон ратилин гьел хинк1алан рак1алде ккун, къват1ие яккарай эбелалда, ахирисеб хинк1 к1алдибгон, мунагьал чураяв Батилмирзал гьве лъутулеб бихьула… Гьелде бук1араб Джульбарс абулеб ц1арги к1очонаро жеги.

Ц1ул босизе бегьула.

Дир эмен Г1али кколаан колхозалъул хурухъанги, боц1ухъаго, гьокочиги, кинабго гьабизе кколан, дол рагъул ва рагъда хадусел зах1матал соназ. Цо къоялъ нарядги кьун, Альбурил Отаралде гьоло бекьизе ун вуго гьав, оцазул гьакида баг1аргьалил къандалъоги лъун. Къаде нахъеялде гьоло хьазе бук1араб хурги лъугьун, дагьа-макъаб жо нахъе хут1ун буго гьалил. Кидалниги чияр г1ет1алде хиял гьабич1ев инсол, рокъоб квание гьеч1еб сурсатги рак1алде щун, пикру бач1ун буго бот1ролъе, гьеб хут1араб гьоло лъималазе квание рокъобе босизе бегьиладаян. Инсуца бицунаан, гьедин рак1алде ккарабго, цо рокьокъаб гъара-гъанц1и банила жиндир чорхода. Валагьин илбисалъ къосинавула вук1ана гури живилан, пикроги гьабун, хехго, нахъе хут1араб гьологи, лъелъерлъанин ккарал бак1азде хьан лъугьинабун, рокъове ине, оцал гьакидаги ран, х1адурлъулев вук1ун вуго. Гьадиниса балагьарав инсуда, т1адехун бугеб рохьоса къват1иве лъугьун, чодаги рек1ун т1аде вач1унев, Идирисилан ц1ар бук1арав, ц1и тарав колхозалъул председатель вихьула. Аск1ове щварав гьев, чодаса гъоркьеги решт1ун, гьасде щибго абич1огон, гьакиде рехун ругел хулжалгон, къандалъо ч1инхъизе лъугьун вуго, балъго рокъобе гьоло т1ок1лъизабун бугищали( доб заманаялъ кодор колхозалъул хуриса дагьа-макъал кодор картошкаби ратунилан цо чангоял жанир т1амун руго. Доб заманаялъ ц1акъ сог1аб Сталинил закон бук1ун буго, закон о трёх колосяхиланги абун). Гьев Идирисги, гьокогун эмен, годек1ан къот1ун, т1асан вахиндал, цояс, Г1алицаги жиндего гьоло т1ок1лъизабилеб батилилан абураб жо уйиланги ккун, цоги бат1ияб нухасанги ун, доб рохьов вахчун ч1ун вук1ун вуго гьав эмен гьоло хьан лъугьизег1ан, гьесда хадуб халги ккун...Щибго жо гьакидаги батич1огон Идирис,чодеги вахун ине лъугьун вуго. Живго илбисалда къосинавизе к1унгурт1иялда воххиялъ, щиб абилеб лъач1огон, инсуца, нахъе инев вугев Идирисиде ах1ун буго, гьаниса гьаб ц1ул босизе бегьиладаян (хъархъие буссун, базе бак1 лъаларогон, босизе ихтияр къвариг1унареб бук1араб ц1ул).Гьесги, нахъцин вусинч1огон, бет1ер гьанк1изабун буго, бегьилиланги абун...






Айсул х1акъалъулъ харбал

Мунагьал чураяй Айсу йик1ана бег1ераб раг1иялъул ц1одорай ч1ужуг1адан. К1алъазе ккаралъуб абураб мух1канаб раг1уца к1алъалел чаг1и рук1алида ч1езарулаан гьелъ. Бицунеб жоялъулъ гьелъул г1ужилал раг1абаз кепаб асарги гьабулаан г1енеккаразе. Г1емерал соназ, советияб заманаялда, жиндирго мунагьал чураяв росгун цадахъ росдал к1удияб тукен лебалго ва бажариялда х1алт1изабун бачана гьез.

Гьев дир подсобник вуго

Цо къоялъ росдал маслиг1атчи ц1ехон, гьоболлъухъ рач1ун рук1ана къват1иса цо г1адамал. Гьев жидеца ц1ехолев чиясул яц йигин гьадаб тукадайилан цоясги бицун, гьенире жанире лъугьуна гьал. Ч1ух1арал гьалбалгун гара-ч1валулаго, подсобкаялъусан, кодоб ящикгун, х1алт1улаго рет1улеб басрияб халг1ат т1адгун вач1унев чи вихьидал, гьалбаз Айсуда гьикъула, гьадав чи щивилан. Бицунеб харбилъ махсаро-уяб бат1а гьабуларей гьелъ, завмаглъун вугев жиндипр росасул гьез гьикъидал, абун буго, гьев вугоха дир гьанив х1алт1улев подсобникилан…

Унтараб мехалъ

Цо заманаялъ, бусаде ккун, зах1матго унтун йик1ана Айсу. Хасавюрталдаса унтаралде щвезе к1удияй гьалъул яс яч1араб мехалъ, Айсуца абула, лъик1ин мун щварай, гьабехвай гьадав чиясе квен(цогидаб рокъов вугев росасде кверги бит1ун), дида яхъине к1ола гьеч1ин…, к1икъого сон баралдаса г1акаги росги хьихьун х1ажатал жал гуроан рокъор, пайда щибха, вокьулев чи г1аги гьев вук1инч1евани довег1ан телаан живгойилан.

Бакуялде йиччай…

Бича-хисиялъулъ махщел бук1иналъ, Айсуги росги, цох1о райпоялдаса бач1унеб къаялъул г1ей гьабун ч1олароан. Гьел унаан, грузовикги т1алаб гьабун, рик1к1а-рик1к1адег1ан къаялда хадур. Айсуйин абуни Бакуялдегицин щолаан…
Айсул рос вук1ана х1еренав, щивго чиясе жиндасан зарал ккеч1ев, амма к1алъазе ккани, г1емер хабар гьесулгун бицун хадуб гурони, жавабалъе калам жинца гьабуларев чи.
Гьале цо къоялъ Бакуялде къай босизе ине рак1алде ккола Айсуде. Росасде гьикъун гьарула гьелъ, жий Бакуялде ине бегьилищилан, амма жаваб щвеч1огун, чанго нухалъ гьелъ такрар гьабула гьеб гьари…Ахирги росасдаса «у» я «гуро»ян жаваб щвеялдаса хьул къот1арай гьелъ, дуца раг1и абун бахъинелде, дун Бакуялдеги щун, къайгун нахъйуссунилан, абун буго…

Очередь кквезе вач1а

Айсул мадугьалихъ йик1ана, гьейгун Бакуялде къаялда хадуй цадахъ яхъуней гьалмагъ. Цо къоялъ, гьенире ине к1иязулго къот1и ккун бук1аго, гьей яч1уна Айсуде аск1ое ва рах1ат хун абула, росасул к1удияв вац Г1умар вугила жиделъуве вач1ун. Рос разилъаниги, Бакуялде ина йик1ин лъани, Г1умарица жий гьение йиччаларилан… Ч1ая цоян гьелдеги абун, аск1овго вук1арав цо гьит1инав вас вит1ула Айсуца Г1умарида хадув, жакъа хъах1аб «эмаль»-краска бугин бач1ине тукаде, дуего очередь кквезе вач1айилан ругьелгун(гьелде щвезег1ан Г1умарица т1ад къан бук1ун буго, доб мехалъ дефицитлъун бук1араб, гьеб хъах1аб краска тукаде бач1индал жинда лъазабейилан.)…
Бакъанил г1ужалда, тукада цеве эхетун ч1ун ч1алг1арав Г1умарица, Айсул росасда гьикъун буго, бакъанит1агийищ тукаде къай бач1унебилан. Щиб кин ц1ехон, жалго Бакуялда ун рорч1изе Айсуца Г1умарие гьабураб х1илаяб махсаро бич1ч1ун, гьимун вуго Айсул рос…



Дуе бокьаралъуве ваччила
Гьит1инаб мехалъ, дунгон цадахъ ц1алулев вук1арав Мурадие эбел-инсуца бук1ана мотор т1ад бугеб х1ат1ил машина босун.Гьеб бук1ана, доб мехалъ. кутакалда лъималазе къиматаб жо, цогидал лъималазе щолареб. Цого гьеб х1ат1имашинадул квешаб жо бук1ана, квешаб гьелъул, росуго т1ад босизабулеб, хъуй.Рик1к1адасан раг1унаан гьелъул моторалъул гьаракь. Доб заманаялъ росулъ вук1ана, росдае кири к1удиял ишал жинца г1емер гьарурав, к1удияв чи, мунагьал чурагийин гьесул, кутаклда лъик1ав чи вук1ана. Цо къоялъ, г1емер гирдаризабулеб, доб моторалъулаб х1ат1илмашинадул гьаракь ч1алг1ун, гьев к1удияс Мурадиде абун буго, я дир вас, дица мун бокьаралъуве мугъалда ваччун щвезавилаан, дуца гьеб х1ат1имашина къват1ибе бахъич1огон рокъоб толебанийилан.

« Дун маг1арулав вуго»
Мунагьал чураяв, нилъер к1удияв г1алимчи Х1ажиг1али вук1ун вуго маг1арулчи к1одо гьавулев, т1олго маг1аруллъи хирияв чи. Маг1арулав студентасе экзаменалъухъ бищун нахъег1анаб гьес лъолеб къимат бук1ун буго, лъабил. Цо нухалъ, лезгияв студентас, экзамен кьезе к1веч1огон, Х1ажиг1алиде абун буго жив маг1арулав вугилан. Гьев щивали лъалев Х1ажиг1алица абун буго, мун маг1арулав гьеч1ониги, маг1арулав вугилан абиялъухъ жинца дуе экзаменалъухъ лъабил лъелилан.

Верховный Совет
Доб бук1ана Советияб заманаялъул къиматал раг1аби модаялде рач1ун, гьел бат1и-бат1иял жалазда ц1ар ч1валеб заман. Гьединал раг1абазда гъорлъ рук1ана Верховный Совет абурал раг1абиги. Цо росдал собраниялда абун буго, Верховный Совет абураб ц1ар, ножее хирияб сунда ялъуни лъида бугониги лъезе бегьулилан. Цо херав к1удияв чияс жиндирго х1амиде лъун буго гьеб ц1ар. Х1амиде Верховный Совет абураб хирияб ц1ар лъезе бегьилищин г1айиб гьабидал, херас абун буго, гьеб х1ама бугин жинде хер баччизеги, ц1ул баччизеги, щиб х1алт1и гьабизе кканиги кумекалъе бугеб, жиндир хирияб х1айванилан.

Сулейманихъа чинква щай бахъараб?
Назиров Асиродиница бицараб харбиде байбихьилелде, цебераг1уе, бицинин, Алмахъ росу, гьениб бугеб сверухълъи буго баракат т1ок1аб бак1. Гьанже рохьазде руссун рук1аниги, отаразда цебе заманаялъ, г1умру гьабула рук1арал г1адамаз ч1арал пихъил гъут1би гьенир г1емер руго. Чинква-ц1улакьо, Моц1и-гени, Маг1арул гени, Армут-гени (Алмахъ-генийилан къват1ибехун ц1ар кьураб). Г1инт1и, жулан, х1анц, т1опи, г1исимохъ ва цогидал гьединал г1алхул пихъазулни нилъеца бицинаро…
- Чанабилеб сон бук1арабали рак1алда гьеч1о, гьеб бук1ана чинква бак1аризе щвараб заман. Дир росуцояв Сулейман ун вук1ун вуго чинква бак1аризе Ахъташ лъар бахун довехун г1алхулъ бак1алъ биччан тараб цо ц1улакьодул ахикье. Гьениб бак1арараб чинквадул ц1ураб ункъго къандалъо, Дормикьа эхеде маг1арухъе унеб, ц1улал ц1ураб машинаялда т1адги лъун вач1ина вук1уна. Хал ккун вук1араб къаг1ида, участковый гьазде данде вахъун, нух къан ч1ола ва документал шофёрасдаса т1алаб гьарун, гьел рахъула… Жиндицаго х1алт1и гьабулеб бук1ин бихьизабизе бокьарав участковыяс, Сулайманил къандалъаби, гъоркье решт1инарун, сельсоветалъул складалде щвезарун гурони шофёрасухъе документал кьоларо. Протоколги гьабун, хадусан Сулейман судалде ккола, судалъин абуни щибго гьабич1огон тола, такъсираб иш гьелда гъорлъ батич1олъиялда бан…
Къокъго бугониги Сулейманилги бицине ккола цо дагьаб жо,гьев ккола кеч1 бахъизе щиб, гьеб ах1изеги гьунар бугев чи. Къоялъго гьабураб х1алт1и г1адада ккарав гьав пащманго г1одове къулун вихьарал г1олохъабаз абула, щайила дуца участковыясде кеч1 бахъуларебилан. Къоялъ бихьараб г1акъуба г1адада хун, рак1 къварид бук1аго кеч1 бахъун жинда бажаруларилан жаваб кьола Сулайманица…
Гьедин Сулеймангон г1олохъаби ругелъурги тун вехехун решт1уна вук1арав, нилъее хабар бицарав, тохтур Асиродинида данде ч1вала эхедехун унев дов участковый. Щай дуца Сулейманил чинква бахъараб, гьанже гьес дуде бахъараб кеч1 лъалебани дудайилан к1алъала Асиродин гьесде. Участковыяс щиб кеч1илан гьикъидал, Асиродиница гьеб бак1алъго Сулейманицайилан ккезе, бахъун рик1к1уна гьал раг1аби:

Дур тапанчаялъул чахъма бекаяв
Ц1улал машиналда дун вач1унелъув
Чан къанищ вук1арав къват1ив вахъине

Складалъул дур к1улал щущаяв Азрам
Чинквадул дир хъапал приход гьаризе
Вортун вач1ун ч1анин тетрадь къаламгун

Гьанже складалъул нукбигун г1унк1к1аз
Киналго данделъун, х1укму гьабуна
Росдал участковый, чин ц1ик1к1инабун
Цо ц1ваялъ эхеде вахинавизе.

Сулейман дуеги баркала гьудул
Нижер ургъел гьабун, чабхъад вахъарав
Нагагь дело гьабун судалде ккани
Нижги х1адур ругел х1алай рач1ине

Хадуб раг1уе бицани, баркала коч1олъ загьир гьабуниги, г1унк1к1азегун нукбузе балъаргъине халат хут1ич1о гьеб чинква-ц1улакьо, Сулейманица нахъе босана гьеб. Участковыясеги ц1ва бач1ине заман халат бахъич1о.


Г1урдал х1инч1

Хасавюрт базаралда цо базарган йик1уна ведро ц1ун, лъелъалъул гьабураб, урба цебеги лъун, гьеб бичулей. Йосарухъаналъе банкаялъубе гьеб урба т1олаго, гьелда гъорлъ, щибали бат1а бахъизе лъаларедухъ, хвараб г1унк1к1 батула. Гьеб щибжойилан гьикъидал, базарганалъ, г1адатияб жо г1адин, щибго х1ал хисизабич1огн, г1урдал х1инч1бугилан абула.

Сталинградалдаса Германиялде щвезег1ан…

К1удияб Ват1анияб Рагъулъ зах1матаб къо бихьарав, к1удияв херавчи автобусалде вахуна. Гьениб г1одов ч1езе бак1 бук1инч1огон, г1одор ч1арал цо-цоял, цогидал рахъинародаян зант1арана т1аде рахъине. Ахирги цо г1олохъанай ясалъ, т1аде яхъун, г1одов ч1аян абидал, херас, инкарги гьабун, абун буго, гьенив г1одовни кин гурин жив ч1олев, Сталинградалдаса вахъарав Германиялде щвезег1ан вилъун арав чи вугин живилан.

Шарикалъул обратныяб рахъ
Машинаги хун, гьелъие щиб ккарабали лъазе моторалде балагьулел рук1ана шофёргун т1ад цо к1игоял. Киг1ан ургъун балагьаниги, моторалъе ккараб жо лъалеб бук1инч1о Клапаналде эрга щун, гьелда квалквалаго, т1аде балагьун вук1арав Мухтарица, гъваридаб г1акъло кьолеб бугев чияс киниги, абуна, гьеб клапаналъул шарик нахъе бахъун обратнияб рахъаллъе сверизабун лъезе кколилан.

Х1асанги гьоболги
Къиматаб хъулухъалда вук1ун, Х1асанил лъалел чаг1и г1емер рук1ана. Ригь-ригьалда къват1иса рач1унел гьалбалги камулароан гьесул рокъоса. Гьедин цо къоялъ, гьобол т1адеги щун, Х1асан гьевгун цадахъ кваналел рук1ана. Квананги лъугьун, гара- ч1валулаго, гьезда чай цебе лъун бач1ана. Бицуна-тола хабаргун,чайилъе чакар бан багъарулев Х1асанида халлъана, гьоболас стаканалъубе, гьеб бакьулъе бахун-бахинч1огон, балеб чакаралда. Гьеб тамашалъун бихьарав Х1асан гьоболасухъ балагьун хут1ана. Гьоболги, гьав щай жиндихъ балагъаравали бич1ун, нечон, санаг1алъи гьеч1огон хут1ана. Х1алал буго вац дуе гьеб, дурго рокъобги гьедин чайилъе чакар дуца балеб батанийилан абун буго Х1асаница гьесда.

Х1асанги Мут1алибги

Х1асанил бицани, гьев ккола узданаб лага- черхалъул, ригьалде заман бахуна бугев чи. Амма Мут1алибин абуни, гьев вуго кьаралъиялъул гьан т1ад баччарав, виццат карав, ригьалъе Х1асанидаса г1емерго гьит1инав чи . Цо къоялъ, хабар-к1алалда ругел Х1асанилги Мут1алибилги, сундасан бицен ккунали, гьезул хабар мохмохиде бахана. Ц ояс жинда гьадиг1ан к1удияб кваназе к1олин гьеб, жинда дудасаги г1емер к1олин абун цогидав, гьедин к1иясулго хабар ккана, Ахирги къот1и гьабула, гьоркьоб жоги бан, мохмох кваназе. Гьарун хинк1алгон, щуго килограмм бугеб мохмохги белъун, цебе лъола ва гьеб к1ие бикьун, кваназе жорала гьал Къечаразе бук1ине Х1асаница лъинги бач1инабула столалде. Виццатав Мут1алиб хехго къечана, г1емер лъин гьекъезе ккана гьес, мохмох лъугьинабизе х1аракат бахъулаго. Амма Х1асаница, жинцаго лъин бач1инабуниги, гьеб к1алдибецин босич1о. Ахиралда мохмох кванан лъугьиндал, гьаг1о бач1инабун, гьеб т1аде гьекъана. Гьенив квеш лъугьарав Му1алиб метерисеб къоялъ больницаялде ккана. Цо чанго къо больницаялда бахъун хадув гурони гьениса виччаларо Хадусан годек1анир данд ч1ван руго Х1асанги Мут1алибги. Хабар-к1алалда гьал рук1аго, Мут1алибица абула Х1асаниде унтун вук1арав жинде щвезег1аги щай мун вач1инч1евилан Гьоркьоб жо балаго нилъер гьединаб къот1и бук1инч1илан жаваб гьабун буго Х1асаницаги гьесие.




«Бахьикъосалъул» толкови словарь.

Жавгьар-якъут – Якутиялде даран-базаралъ хьвадулей Жавгьаратил къокъаб ц1ар

Маржанал – Маржанатилан ц1ар бугел руччабазул къокъа.

Алжанат – Алжаналъе ине мустах1икъай ясалда лъолеб ц1ар.

Татавул – хъутабазда ругел г1адамаз кваниегун гьекъезе х1алт1изабулеб лъадал рахъ.

Къурбанал – Къурбан моц1алъ хъвехъулеб боц1и.

Колхозалъул ревизком – председательгун рекъон бикъанщинаб жо списать гьабизе документал х1адурулев чи.
15 июнь 2002 с



Сибирь – Россиялъул хъутан

Москва – Россиялда жаниб бугеб пачалихъ.

Россия – Москваялъул вилаят-колония

Хъазахъистан – СССРалъул цебе бук1араб хъутан

Каспий ралъад – Мах1ачхъалаялъул канализация чвахизе гьабураб гвенд, х1ор-свери.

Сулахъ – ГЭСал х1алт1изарун, свакан г1азабалда бугеб г1ор.

Хасавюрт – базаразе г1оло г1уц1араб шагьар.

Дагъистан – халкъ мискинлъанаг1ан бечелъулеб х1акимлъиялъул улка

Мах1ачхъала – Россиялъул Дагъистан республикаялъул шагьаразда гъорлъ гьабураб конкурсалда бищунго лъик1аблъун рик1к1араб шагьар.

Каспийск – Х1алт1и гьеч1огон ч1арал ч1ах1иял заводазул гьит1инаб шагьар

Огни – ц1ералда гъорлъан шагьарилан кколеб бак1.

Дербент – г1иц1го щуазарго гурони сонал жинца рач1еб шагьар.

Кизилюрт – Ч1ик1аб ГЭСалъул сангаралъухъ гъоркьан т1аде х1инкъадго балагьун ч1араб шагьар

Кизляр – коньяк сабаблъун къват1ибехун жиндир ц1ар раг1араб шагьар.

Буйнакск – тахшагьаралъухъ мекъса балагьун ч1араб шагьар

Избербаш – Даш лъалареб, баш льалареб, гьелъул иш къват1ибехун раг1ине толареб шагьар

Телевизор – г1адамазе маргьо бицунеб ящик.

Радио – телевизорилан абураб к1удияб ящикалъ нахъе хъилдараб гьит1инаб ящик

Компьютер – Бот1рониб гъунареб г1акъло-лъай жаниб лъезе ургъараб алат

Интернет – компьютерал цоцазде к1алъалеб зоб

Г1аракъи – Зах1малъиялдалъун роххел балагьич1огон, бигьалъиялдалъун пашманлъи балагьулев чияс х1алт1изабулеб жо.

МСЭК – Рекъдилаго т1аде рач1арал кьурдилаго нахъе рит1улеб бак1.

Больница – доб дунялалалде ине нух малъулеб бак1

Колледж – школалда ц1алулеб мехалъ лъач1огон хут1араб жо малъулеб бак1

Вуз - Лъай бугесе зах1матаб, лъай гьеч1есе бигьаяб ц1алулеб бак1

Университет – ц1алулеб бак1алде рекламаялъе г1оло лъолеб ц1ар

Академия – ц1ар к1удияб бук1аниги, гьит1инабго ц1алулеб бак1.

Министр – бищунго багьа хирияб должность

Администрация – «рахьалда» т1аса «т1орахь» бахъулеб бак1алде лъолеб ц1ар

Судия – рекъараб г1арац цебе лъуни бокьараб жо законгун рекъезабулев гьоркьохъан

Аблакат – адвокатилан абизе херал маг1арулаз абулеб раг1и

Прокурор – судиявгун рекъон, цадахъ «г1уру бухъун», «т1ощалил» бач1иналъул бут1а т1алаб гьабулев чи

Кандидат наук – микьоялдаса бахъараб анц1ила щуго азаргоялде щвезег1ан долларалде бичун босулеб ц1ар

Доктор наук – кандидат наук абураб ц1аралъухъалдаса к1игог1аги нухалъ ц1ик1к1ун багьа кьун босулеб ц1ар

Доктор - врачасул т1ок1ц1ар

Медсестра – унго-унгояй сестраялъулгун щибго бухьен гьеч1ей ч1ужуг1адан

Ветеран – ветеринаргун щибго хурхен гьеч1ев чи

Г1акаварач – г1иц1го г1ачиязе гурони дару-махх гьабизе лъаларев боц1ул врач

Г1ака – к1алц1иялъухъ, бартер гьабун, рахь кьолеб «базарган»

Дег1ен – г1иял рехъенгун вехьасе нухмалъи гьабулеб рух1ч1аголъи.

Х1елеко – саг1тида рекъезабич1еб будильник.

Чу – рек1арав къосаниги къосунареб х1айван

Пегас – Дингир-дангар чу

Машина – дуниял ч1алг1арасе кумек гьабулеб аппарат.

Иномарка – къват1ал г1ат1ид гьареян ч1араб машина

Тракторалъ абун буго, г1едерго унеб машинаялда хадубги балагьун, щурункъверкъалъ бищунго халатаб нух нахъа тарабилан.
Тракторалъул х1енцлъи бихьараб хехаб машинаялъ абун буго авария гьабун к1алагъоркье ч1ван бегизе бокьила гьедин гиризег1анилан
Лъаларо трактористасдаги шофёрасдаги раг1арабищ гьезул к1алъаяли.

Рагъ – квешал г1адамал г1емерлъидал кколеб лъугьа-бахъин

Квешал г1адамал – зах1матаб сухъмахънухасан инч1огон, бигьаяб шагъранух т1аса бищарал г1адамал

Рекъел – квешал г1адамал сабаблъун ккараб рагъулъ лъик1ал г1адамал хведал кколеб лъугьа-бахъин

Г1арац-месед – баракаталъул роцен дагьаб къиматлъи.

Жавгьар-якъут – тимар гьабураб гамач1





Что он вперёд поставил я назад поставлю…

Доб советияб заманаялда колхозалда х1алт1улезул арендаялъулаб система бук1ана. Т1ад лъураб план т1убани, планалда т1аде щвараб т1ощалил бач1ин колхозникасе хут1улаан. Гьеб арендаялъе кьолеб планалъу къадар ч1езабулаан районалъул управлениялъул бухгалтералъ. Цо заманаялъ гьений бухгалтерлъун х1алт1ула йик1ана цо г1урусай…
Колхозалъул цо арендаторас гьелъулгун г1арцодалъун бухьен ккун, колхозалъе кьезе кколеб планалъул къадар дагь гьабизе нух батун бук1ана. Гьеб лъарав цоги арендаторасеги рак1алде ккола дос г1адин дой бухгалтералде нухги бахъун арендаялъул план дагь гьабизе. Амма кодоб г1арац бук1унаро гьасул гьелъие кьезе. Гьасде рак1алде ккола хадусан, т1ощел бак1аридал г1арац гьелъие кьезе. Гьедин, дов цояв арендаторас цебе лъураб г1арац, жинца дуе хадусалан нахъа лъелин абизе бокьарав гьес абун буго, что он вперёд поставил, я тебе назад поставлюйилан… Гьас бицараб жо мекъсайищ бич1ч1арабали лъаларо, бухгалтералъ гьесул рак1алда бук1араб жо т1обач1о.

=========================================================


Арсамирзал х1акъалъулъ хабар

Мунагьал чураяв Арсамирза вук1анаг1адамазул хъулухъ т1обалев, ц1акъ рази-ракияв лъик1ав чи. Живгоги гьев кверзулъ махщел бугев чи кколаан гьев, бук1ана рукъоб къебеллъи, Ахъташ лъарал раг1алда бук1ана гьес жинцаго гьабураб гьобоги. Гьеб гьобо бук1араб байданлъиялде гьанжеги ц1ар буго Гьабиг1урдалъийилан…
Арсамирза вук1ана махсарачиги. Гьес цогидазе гьабулебг1адин, гьесиеги камулароан махсаро гьабулел г1адамал…
Гьале цо къоялъ гьабихъе ханжу хине рач1уна Айсаратги гьелъул яцги. Гьедин рач1арал гьезда гьикъа-бакъи гьабулаго, Арсамирзаца гьикъула , росулъ бат1ияб хабар щибин бугебилан. Гьасие чунлъаб махсаро гьабизе бокьарал гьазги абула, армиялдаса т1ад вуссун Эсембай вач1ун вугилан бугоха бицунебилан, гьев Эсембай Арсамирзал вас вук1ин лъалареб ххвелги гьабун. Гьей руччаби ханжу ххенолел гьабихъги тун росулъе г1едег1ула Арсамирза. Рукъовеги щун, живго дол Айсаратгун яцалъ махсароде ккун вук1ин бич1ч1арав Арсамирза, хехго гьабихъе нахъе щола. Х1ела-свериялда жанивеги лъугьун, жиндирго кверзул алатазда гъорлъ ч1инхъаризе жувала…
Арсамирзае ккараб жо бич1ч1ич1ел гьей к1иялъго гьикъула, щиб ккараб жо, мун рукъове щваравищилан. Гьасги, гьездехун г1емер к1вар гьабич1огон, рукъове щвезе заман бук1инч1о, вертолёт бугоан росулъ Хотаялда решт1ун ч1ун моторги хун, гьеб къач1азе алатазда хадув вач1у вугин живилан абула. Киданиги аск1об ч1ун вертолёт бихьич1ел гьал к1иялго, алатал «ралагьулев» Арсамирза вугелъувги тун, росулъе рекерула, гьениб «решт1араб» вертолёт бихьизе, жидецаго т1оцебесеб апрель бук1ун Арсамирза гуккун вук1инги к1очон…

Бахьикъосалъул толкови словарь

Дагъистан – Россиялъул квешаб рахъалъулъан бук1инесеб лъазе г1уц1араб лаборатория

Коррупционер – жиндир хъизан-агьлуялъе дуниялалъул буголъи нахъа ч1езабизелъун лъугьарав х1аким, хъулухъчи


Трактор бехъерхъараб мотоцикл

Салман кколаан лъараг1лъиялда бугеб хъутаналда лъел рахъал х1алт1изарун, совхозалъул хурзал лъалъазе тарав чи. Салманил х1акъалъулъ бицани, гьев ккола бер къанщич1огон, к1алъалесул щаклъи ккеларедухъ гъваридаб махсаро гьабулев, рак1 аваданав кополав чи…Аск1об-сверухъ цоги рукъ гьеч1еб гьеб авлахъалда, Салманил сорода решт1ен гьабулаан совхозалъул цо-цо хъулухъчаг1аз. Гьасул гьаниб машина ялъуни мотоциклги тун, жиде-жидер х1алт1и т1обазабизе унаан гьел. Гьедин цо къоялъ Салманил рокъоб жиндирго гьит1инаб «Минск» мотоциклги тун, г1иязухъ балагьизе уна, т1аде вач1арав ветврач Х1ажи. Х1алт1и т1убазабун нахъе ине т1ад вуссун, сороде вач1ун, мотоцикл боркьизе жувала гьев. Амма щаяли, киг1ан моторалъул рычаг мерхьаниги гьеб бакизе к1олеб бук1инч1о. Щибда мотоциклалъе ккараб жоян Х1ажи вук1аго, аск1ове вач1ун Салманица абула:
- «Я гьудул гьеб дур мотоциклалда унго-унгоги бук1ун бугеб къуват щиб, дирго "Днепр" мотоциклалдаса рак1 анагури дир, дуца хисани дица гьеб кьелаан гьелъухъ дуе…Щиб ккараб жоян Х1ажица гьикъидал, Салманица нахъеги т1аде жубана:
- Г1умарица гьадаб к1удияб «Т-150» боркьизе к1веч1ого, дур мотоциклалда нахъаги бан, гьелда бехъерхъизабуна доб трактор. Гьебги щиб квач1и-квач1ид ч1ун, ч1ег1ераб к1к1уйги нахъе балаго дур мотоциклалъ, пресс хадуб бараб доб трактор бехъерхъараб куц бихьизеан дуда цо, гьединги гьеб трактор боркьизабизе к1вана дур гьеб "Минскалда»-илан…
Салманица абураб жо уйиланги ккун, жиндирго, лъихъего бачинецин кьолареб бук1араб мотоциклалъе «кьун» тун батараб г1азабалъ, ццин гьалаглъарав Х1ажи, батанщинаб квешаб жоги, аск1овго г1еч1ев Г1умаридеги рик1к1унаго, боркьизе к1веч1еб мотоцикл нухасан цебеги цун гиризабулаго, гьениса нахъе вилъана….
Салих1 Салих1ов

ФИЗИКАЯЛЪУЛ ЗАКОНАЗДА КИДАГО ГУРЕБ МУГЪ Ч1ВАЙ ГЬАБИЗЕ БЕГЬУЛЕБ

Цо къоялъ Аюп вук1ана ручкаги хъвадарич1огун, гьелъул жаниса пастаги бахъун, к1алалъ цин пун цин нахъе ц1ан, гьеб паста хъвадаризабизе к1оларищали х1ал бихьулев. Ахиралдаги к1ут1буз данде къараб гьеб лъик1го нахъе ц1араб мехалъ, циндаго пастаялъуса щакъи к1алдибе бач1ана Аюпил. Гьелъ бец1хъах1ил гьарурал цабигун мац1 чуризе хехго ваннаялъуве векеризе ккана гьев. Г1емерц1ол к1ал хулизе ккун, гьеб бац1ц1алъараб мехалъ нахъе вач1арав Аюпица г1ажаиблъи гьабун абуна, физикаялъул законазда рекъон гьеб щакъи жиндир к1алдибе ине кколароанилан. Аюпида лъик1 лъаларищ физикаялъул законал, гьев инженер-строитель вугелъулха, амма физикаялъул законазда гурелъулха кидаго мугъч1вай гьабизе кколеб...

Салих1 Салих1ов

Рахь кьеч1еб "г1ака"
Абакарх1ажие Зульфия ячун г1емер заман ун бук1инч1о. Цо къоялъ якьадалъ ц1ияй бах1аралде абула, бокьоеги ун жиндир г1ака беч1ч1ейилан. Жеги х1айваналде аск1ое къач1ей Зульфия, гьеб якьадалда лъалебилан нечон, щибгоги гьелде абич1огун бокьое уна. Бокьор русснида рухьарал х1айваназулъ бищун к1удиялде аск1оеги ун гьелъул "гъвари" ц1ац1азе жояла Зульфия, амма щибго рахь гьалъул ведроялъубе бач1унеб бук1инч1о... Г1емер заман инелде хадуйго бокьое яккарай якьад тамашалъун хут1ула, оцалде гъоркье ведроги ккун, гьеб беч1ч1изе х1аракат бахъун, оцол "гургинлъи" ц1ац1алей Зульфия йихьараб мехалъ...



Г1арац, къарзгун налъи...

Дир цо лъалев чи Г1абдуразакъица гьарана дида, цо суал бугоанила жиндир газеталде бахъун лъазе бокьараб, хъван бит1ейила гьеб "Х1акъикъаталде"...Жиндихъе г1емер чаг1и рач1унила къарзалъ г1арац кьейилан, гьезул бадивеги балагьун кьеларилан абизе жиндаги к1оларила. Амма кьун хадуб г1емерисел гьел г1адамал х1ал хисун бат1иял чаг1илъун лъугьунила, лъик1ал лъалел чаг1игицин гьеб жинхъа г1арац щваралдаса рихьизе ц1акъ къанаг1алъулила, г1емер заманги ун хадуб дир нервабиги хвезарун гурони гьеб налъулаб г1арацги нахъ буссинабулариларила. Моц1идасан нахъ буссинанабизейилан араб г1арац, к1иго сон г1унила цояс нахъе щвезабуларогун. Цебе жинца къарз босизе ккараб мехалъ, гьеб нахъе кьезе заман щун щуго минут инелде рекерун рач1унаанила жиндир рукъоре г1арцул бет1ергьаби, къарзалъ босараб г1арац нахъе босизе...
Г1адамасул х1ажатаб хъулухъ т1убай беццараб ва кири г1емераб бугилан кидаго бицуна батана, х1ажат ц1ик1к1араб мехалъ къарз босич1огунги рорч1уларелъулха... Амма доб цебезаманалъго цо г1акълучияс, дуе тушман къвариг1ун ватани, къарзалъ г1арац кьейилан абурал раг1абалъги гъваридаб маг1на буго. Гьелъго батила, цо мажгиталъуве как базе вач1арав маг1аруласде цояс абун буго, мун ч1вазе къвараг1ун цояв вугин къват1ив гъоркьч1алида ч1унилан. Дица чиясе лъик1лъи гьабун бук1инч1огури, дун гьес ч1вазе кканийилан жаваб гьабун буго гьев маг1арулас...
Киналха рит1арал кколел, къарзалъ г1арац кьолелищ, гьеб кьоларелищ? Г1абдуразакъица абуна жинде гьеб суалалъе ч1ван-къот1араб жаваб кьезе лъиданиги к1веч1илан...
Гьединлъидал дида рак1алде ккана гьеб Г1абдуразакъил суал "Бахьикъосалъул"г1акълучаг1азда цебе лъезе. Гьарула гьелъие жаваб кьун комментариял гьареян
Салих1 Салих1ов
=======================================================================
Шарипил хабар

Къороллъуда вугев цо к1одолъиялде ригь ина бугев чи Г1умарица годек1аниб абун буго, гьаб газалда рек1унеб хъах1илаб ц1а рек1аги нилъер гьанибе газ бачараздайилан. Гьес бицунеб жоялъул маг1на лъазе бокьарал г1енеккараз щай гьедин абулебилан гьикъидал, Г1умарица абун буго, цебе газ гьеч1еб мехалъ ц1ул бич1ине к1унгурт1иялъ, бокьунгурт1иялъ россасе инч1огон рорч1улароанила руччаби, гьанже газги бач1ун, ц1ул бич1ине ккунгурт1иялъ рах1ат щун, гьезие россалги къвариг1ич1огун, ч1ужуги гьеч1огун хут1ун вугин живилан

Салих1 Салих1ов
=======================================================================
Дун хведал гьевищ вач1ине вугев зигаралде...

Цо росулъ къадар ккун чиги хун, зигаралде ина вук1арав цоясда данд ч1вала Х1асан. Вилъа дунгун цадахъ зигаралдейилан гьалмагъас абидал, дун метер ина гьенивейилан жаваб гьабула Х1асаница, "дагьа-дагьаб жо"жинцаго чохьонибе ккезабун бук1ин зигаралда ругезда лъазе бокьич1огун. Нахъеги, аск1обго бугеб бак1 бугин гьеб, вилъа т1аса ккезабе зигар гьабийилан абун т1адхун ч1ола гьалмагъ.
-Дун хведал довищ вач1ине вугев дир зигаралде дун гьениве ине ккани - ян абула Х1асаница, гьалмагъасда, щай живго зигаралде ине бокьун гьеч1еблъи бахчун, цоги бат1ияб г1илла мац1алдеги бач1инч1огун.
Салих1 Салих1ов
=====================================================================
Гьале гьесие Саратов...

Хабалазул раг1алдасан унев Камилида гьенив цояв вихьула хоб бухъулев. Гьеб лъие бухъулеб бугебилан гьикъидал дос бицуна щив хун вугевали.
- Вах1 гьев кин холев, сон къоялъго нижгун цадахъ гьекъолдила вук1ана гьев чи...
- Сон нужгун вук1ун ватила, жакъаялде хун вугоха...
- Гьев хвезе рес гьеч1о, метер Саратовалде инейилан вук1ана гьев чи - ян, ккараб къадаралда божизе к1оларогун, нахъеги абуна Камилица.
- Гьале гьесие Саратов-иланги абун х1алт1и ч1езе теч1ого, белалъ ракь хьваг1ана хоб бухъулес
Салих1 Салих1ов
==============================================================================

Казбек районалда поезд...

Росулъе яч1арай цо яс рек1ееги г1ун, гьелъул решт1ен бугеб рукъалъухъ женжедилев вук1уна Мух1амад, гьей йихьилародаян... Кинго гьенив халалъун ях1 хун, гьес рукъалъул кавуялда к1ут1ула, гьей яс къват1иехун яккилародаян. Амма гьелъул бак1алъ рукъалъул бет1ергьанч1ужу яккула гьенисан.
-Щиб къвариг1араб жо-ян ццидалъго к1алъала, Мух1амадие къвариг1араб жо бич1ч1арай дой ч1ужу.
-Гьей яс яч1инег1ан гьелъухъ балагьун ч1ун буго гьадаба поезд-илан абун борч1ун уна, абизе жо лъач1огун виххарав гьасухъан...
Г1ажаибаб жо, гьелдаса хадуб ана чанго сон, Казбек районалде поездалъул нух щвеч1ониги, Мух1амадил г1умруялъул нух, маххул нухалгун хурхана, гьев вагоналъул бригадирлъунги ц1алун, гьанже поездалда х1алт1улев вуго...
Салих1 Салих1ов


Остап Бендерил кьолболал
============================================
Кассовый аппаратал ричун ин...

Дагьаб цебег1анисеб доб бартеразул заман бук1ана. Мух1амадие бизнесалъул х1асилалда к1удияб партия кассовый аппаратал щун рук1ана, амма багьа хириял гьел лъицаниги росулел рук1инч1о. Кинго щиб бат1ияб ах1вал-х1алалдаса нух батуларев чи гьев вук1инч1о...
Цо ц1акъ цере т1урал даран-базар цадахъал к1игоясде аск1ове вач1уна цояв кассовый аппаратал ц1акъ х1ажат ругиланги абун...Хадусеб къоялъ цогидавги вач1уна гьезде кассовый аппаратал къвариг1ун ругилан, багьа кьунги росилаанилан...Гьедин ана ункъго-щуго къо. Ахиралда Мух1амад живго уна гьел базаргабазде т1аде, кассовый аппаратал ругилан жинца ричулел оптовый багьаялда. Хабар халат гьабич1огун дол базаргабаз М1ух1амадил киналго аппаратал росула...

Хурма бичулев бизнесмен

Жеги доб г1арац хисич1еб мех бук1анаГ1емераб хурмаги босун Мах1ачхъалаялде маг1арухъа вач1ун вичарула вук1арав цоясде аск1ове вач1уна цо чи, жиндир гьал микросхемаби ричейилан, къоло щуго гъурущалде унел жал руго гьел, дуца г1иц1го анц1го гъурущ ккезабе дихъе гьел ричун хадубиланги абун. Унго-унгоги, дол микросхемаби г1одор хъвазе теч1огун ричун унел рук1ана къолощуго гъурущ цоялъухъги абун, гьеб ц1акъ хайирияб ишалда рази вук1ана хурма бичулевги. Гьале цо къоялъ дол микросхемаби гьасухъе кьолев чи вач1уна жндир заман гьеч1ила гьанже гьел ричизе, т1олабго партия гьел микросхемабазул босиларищила дуца, метер рек1ун унев чи вугин живилан. Хурма бичулес жиндихъго т1олго бак1арараб анц1ила анкьазарабго гъурщиде росула к1удияб партия гьел микросхемабазул...Амма гьелдаса хадуб т1ок1алъ микросхемаби ц1ехолел чаг1и гьасде аск1орецин раккич1о...Хадуб ц1ех-рех гьабун хадуб, гьел микросхемаби йилан абурал жал ратана тукабазда камич1огун рук1унел, гъурущцин багьа гьеч1ел радиоялъул г1иси-бикъинал х1ажат дагьал т1аг1елал
Салих1 Салих1ов

Бананал рижулеб 20 гектаралъул роща...

Совет х1укумат биххараб заман бук1ана. Цоцоязе, лъим х1абургъиндал ракъдал раг1алде бач1унеб ччуг1а киниги, банказухъ бак1арараб г1арцол ч1ах1иял кредитал щвана, гьединазул цо къадаралъ бича-хиси гьабун бизнесалда х1аракат бахъулеб бук1ана. Гьединазул цояв кколаан Г1умар. Гьес машина ц1ун техника ва цогидаб къвараг1ел югалде баччулаан бичизе, нахъе ч1обого машина бачинч1огун Азербайджан мухъалъа пихъил ц1олаан ва гьеб цогидал регионазул шагьаразде баччулаан. Амма рук1ана жеги х1алт1улел советияб заманаялъул цо-цо законал, гьоркьо-гьоркьоб ГАИялъулаз, г1арац босизе инкар гьабун, хал гьабизе т1алаб гьарулаан кколелщинал киналго документал, гьединал квал-квалалги камулароан нухда.
Гьале цо къоялъ Азербайджаналдаса к1удияб Камаз машина бананазулги ц1ун Россиялъул цо шагьаралдехун унел рук1ана Г1умар гьалмагъгун. Волгоградалде щун ГАИялъулаз гьезул машина ч1езабула ва т1алаб гьабула гьаздаса бананал г1езариялъул справка (доб заманаялда жеги х1алт1улеб бук1ана пихъ бича-хиси гьабизе ихтияралъе, гьеб г1езабиялъул бак1алъулаб справка т1алаб гьаби ). ГАИялъулаз г1арац босич1еб къаг1ида гьазухъа, Г1умарица гьалмагъ вит1ула Мах1ачхъалаялжде росдал маг1ишаталъулаз кьезе кколеб справка т1алаб гьабизе, г1арацги кьун. Г1емер кват1ич1огун гьалмагъги Мах1ачкъалаялдаса т1ад вуссуна, министрасул подпись т1ад бугеб печатьги кьабураб справкаги босун, Г1умарил Дагъистаналда 20 гектар бананал г1езабулеб роща бугилан т1адги хъвараб. ГАИялъулазе гьеб г1уна, ва т1ок1аб квал-квал гьеч1огун гьазул Камаз доз биччан тана...

Г1абдулг1азизил х1акъалъулъ харбал
======================================
Чачан бак1алъ рагъ байбихьун хадуб, нилъер военкоматазда рук1ана гьарун ополчениялъул г1уц1иял. Гьедин ополчениеялде гъорлъе лъугьун вук1ана Г1абдулг1азиз, гьелда хадуб доб Дагъистаналда рагъ ккун хадусала, гьев ккана рагъулаб часталде контрактниклъун, хадусан Россиялда къват1ирехун ругел Цхинвал ва Гори шагьаразда ккарал рагъазулъги г1ахьаллъизе ккана гьев...Г1абдулг1азиз вук1ана борхатаб къаркъалаялъул, къуват чорхолъ бугев лебалав чи, кинаб бук1аниги зах1матаб ишалъул ситуациялде кканиги, гьелъие гьес нух бахъулаан, щиб кканиги жаваб кьезе х1адурав киниги, к1алъазе бук1ана к1удияб махщелги. Гьединлъидал командирзабаз Г1абдулг1азиз старщиналъун т1амун, жидедего аск1овег1ан ц1ан вук1ана. Кинаб бугониги "Уставалдаса къват1ирехун" полевой условиязда кколел неординарный ситуациязда, хозяйствоялъул бук1а, цо-цо нухалъ х1ажалъулеб кванил сурсаталъул бук1а, гьеб т1алаб гьабун, солдатазул хьит-хьвац1а бича-хисиялъул суалазулъ бук1а, гьасулгун данд бан гурони щибго гьабулароан командирзабаз, бича-хисиялъул суалал гьасиеги лъин гьекъей г1адинаб жо бук1ана.Гьединлъидал бак1алъул г1адамазул х1алги лъалев, бер къапич1огун, сундасаго нахъе къач1огун, иш т1убалев Г1абдулг1азиз, дора Россиялда Уставалъулъе кколел гурони суалал т1уразе кколарел рук1арал офицерзабазе гьав вук1ана г1иц1го г1одоб батараб хазина г1адинав чи...

Х1ат1алъеги бит1изабун кьвагьизе кколаан

Ополчениеялде лъугьун г1емер заман инелде, рукъове вач1ина вук1арав Г1абдулг1азизиде данде лъугьуна, гьекъараб мехалъ жидеца щиб гьабула бугебали лъаларел цо г1олохъабазул руккел, гьасухъа автомат бахъизейилан. Аск1оре рач1ина ругел гьезие къвараг1араб жо лъалев Г1абдулг1азизица гьезул бут1рузда т1асан автоматалъул очередь биччала, г1олохъаби нахъе к1анц1ула...
Хадусеб къоялъ гьас г1адамазде автомат кьвагьанилан военкомалде бач1араб г1арзаялъ ах1ула военкомас Г1абдулг1азиз ц1ех-рехалъ. Ккараб жо бицун мух1канлъидал, гьес гьабураб жоялда разилъарав военкомас махсароде абун буго, дуца мекъаб гьабун бугин бут1рузда т1асан автомат кьвагьи, гьеб х1ат1аздеги балагьизабун кьвагьизе кколаанин дуцайилан.

Гьеле нижее баркала

Доб нилъер гьаниб рагъ байбихьилелде цебесеб сон бук1ана. Ополчениеялъулал рук1ана рохьилъ бугеб цо к1удияб г1алахалда рагъулаб учениеялда т1ад ран...Гьале гьедин уна гьазул чанго къо, амма щаяли ополченеялъулазе бач1ине кколел продуктал нахълъула, чанго къоялъ г1иц1го чедгун-лъималда хут1ула гьал. Ракъун, щиб гьабилеб лъаларогун рук1арал г1олохъабазда бихьула гьениб рохьил раг1алда кваналеб сапун г1адин кьарияб цо баси (оц г1анасеб г1еч1еб гванзаб х1айван) ва къот1и ккола балъго гьеб хъвезе... Амма балъго жо х1ебт1улишха, хадусеб къоялъ вач1уна х1айваналъул хважаин т1аде. Ополченцазде вагъизе жувала ва лъазабула жинца гьеб милицициялда лъазабизе бугилан. Г1олохъабазда гьоркьосан вахъун вач1уна Г1абдулг1азиз дов хважаинасде цеве:
- Гьале нижеца хъуна дур х1айван, кье дурго милициялде, амма ях1 гьеч1еб иш гьабула вугоха мун, капурго хвезе тезе кколеб бук1ун буго дур гьеб баси
- Капурго хвезе ккани дир гьеб х1айван унтун бук1инч1огури-ян жаваб кьола хважаинас
- Щокърониб г1ечги къан хола бук1аралъуб хъуна г1олохъабаз дур баси, гьебищ гьанже гьелъухъ нижее баркала, г1адамасе лъик1лъи гьабизе бегьилеб бук1ун гьеч1о, босе нахъе дурго х1айваналъул гьанги, кье ниж милициялде-йилан жаваб гьабула Г1абдулг1азизица. Гьас бицараб жоялъ х1еккинавурав, хважаин ополченцазда т1аса лъугьуна ва х1айваналъул цояб бохги босун нахъе уна, хут1араб гьан гьазиеги тун.

Нужеца жаваб кьелеб гьелъул

Г1абдулг1азизица хъулухъ гьабулеб бук1араб рагъулаб часталъул подразделениеялъ передислокация гьабун, бак1 хисулеб бук1ана. Командирас ах1ун Г1абдулг1азизиде, ц1ияб бак1алъ кванил сурсатазул хадубгъей ккзег1ан, квание г1арац х1ажат бук1инги бич1инабун, гьикъула, складалда г1емерлъараб рагъулаб хинаб рет1ел, хьит-хьвац1а бичун инадайилан...Гьедин рагъулаб к1удияб машинагун къват1иве унелъув командирас т1адкъай гьабула гьесда, нагагь т1ад ккуни, рехун гьебги тун нахъе лъвине г1амал гьабейилан, жинда мун хвасар гьавизе к1везе гьеч1илан...
Чачан мухъалъ бищунго сог1аб блок-посталде щун, гьезул спецлужбаялъ ч1езабула гьазул машина ва гьабула проверка, гьеч1елъул къвариг1унел документалги, командирас абураб гьабун лъутизе г1амал гьабуни гурони... Кин щиб гьас бицаниги, блок-посталъулал къуркьизаризе к1олел рук1инч1о, машина биччазе къвариг1ани к1удияб г1арцул къадар кьейиланги ч1ун...
- Гьедин батани дун гьаниса нахъе ина вуго, гьаб машинадулги, гьениб жаниб бугеб къаялъулги нужеца кьелеб жаваб-иланги хъач1го доздеги абун,Габдулг1азиз лъелго нухде вахъуна. Гьасухъа г1арац щолареблъи бич1ч1арал блок-посталъулаз, Г1абдулг1азиз машинагун унго-унгоги дислокациялъул ишалда ватилинги ккун, гьев нахъе ах1ана ва машинаги бачун айилан виччан тана...

Ток кьолеб генератор

Цхинвалгун гуржиязул Гори шагьаралда сверун ккарал рагъалги лъугьун, нахъ руссунел рук1ана нилъерал. Гьениб гуржиязул рехун тараб рагъулаб техникагун цадахъ батараб, ток кьолеб къиматаб генератор жидерго машинаялда нахъаги бан бачуна Г1абдулг1азизица. Амма Россиялъул г1орхъоде щведал. нилъеразул пограничниказ гьал ч1езарула гьабула генераторалъул ц1ех-рех ва т1алаб гьабула документ.
-Доре рагъулъе ниж инаго щай нужеца гьаб генераторалъул документ т1алаб гьабич1еб, нахъеялъул рач1инагун гьабич1огун-илан абула Г1абдулг1азизица, унго-унгоги гьеб генератор доре рагъулъе инагоги цадахъ бук1арабиланги ккезабун. Абизе жо батич1ел пограничниказ гьал т1ок1аб квал-квал гьабич1огун риччан тана, доб къиматаб генераторгун цадахъ...

Раг1уда хадуб абила Дагъистаналда ва Чачаналъ рук1арал рагъул частазул офицерзабазе бигьа бук1инч1о жидер иш, хъулухъ т1убазабизе. Снабжениеялъул суалал рук1а, рук1а-рахъиналъул ва цогидалги бат1и-бат1иял зах1малъаби рук1ана гьезда цере, амма нилъер лебаллъи т1ок1ал контрактникал жидеда цадахъ рук1иналъ, командирзабазе к1удияб квек1ен бук1ана гьездасан. Дида лъала, масала, бат1и-бат1иял частаздасан рукъоре щвезе рач1унаан ригь-ригьалда контрактникал, Калининаулалдаса Батирхан, Батир, Г1иса, Ленинаулалдаса, мунагьал чураял старщина Юсуп ва офицер Рафаил, Хасавюрталдаса Шамиль ва цогидалги, гьел рит1улаан командирзабаз, контракталъул заман лъугьарал рук1а, отпускалде унел рук1а, командировкаялде унел рук1а, г1урусазул солдатал ва офицерзаби нухар рег1изе, щай гурелъул г1урусчаг1и х1инкъизарун, гьезухъа г1арац бахъизе х1адурарал хъамалча1и, гьелгун хурхарал таксистал ва цо-цо камуларел квер мекъал милициялги рук1унаан нухазда, гьединаб къиматаб х1алт1иги т1убазабулаан нилъераз, чанги квал-квал ккезе теч1огун нухда рег1араз баркала загьир гьабун батила гьезие. Дида лъалел гьел киналго отделениеябазул командираллъун, замкомвзводалъун, ротаязул старщинаяллъун ва цогидалги жавабиял должностазда рук1ана, казармаязда г1адлу гьабизе лъик1ал рук1иналъ тарал. Амма цо-цо кепал ишал ккеч1огунги хут1илишха гьединал бак1аздаги

Салих1 Салих1ов
=========================================================


"Ц1иял" учительзаби
======================
Скобкаби х1ажалъич1о

Мусаца рукъобе кьун бук1араб халатаб скобкабиги гъорлъ бугеб мисал, гьабизеги бажарич1огун, компьютер х1алт1изабун, гьелъул кумекалдалъун гьабун бук1ана, амма исана яч1арай ц1ияй учителалъ мисал мекъса гьабун бугилан абула гьесда. Мусаца абула жиндир мисал бит1ун гьабураб бугилан, амма учителалъ гьесул тетрадалда гьабун бихьизабула гьеб мисал. Ахиралдаги Мусаца бицуна жинца гьеб мисал компьютералъул кумекалдалъун гьабун бук1анилан... Хадуб баянлъула, ц1ияй учителалда арифметикаялъул ункъабго действие гьабизе лъаниги, мисалазда гъорлъ скобкабазул кинаб х1ажалъи бук1унебали лъалеб гьеч1еблъи.

Я тебе бить буду...

Цо росулъа ресалда вугев чиясул педагогасул диплом бугей цо яс, школалде х1алт1изе т1амуна. Цо къоялъ дарс кьолей йик1арай гьалъ, цо г1адло г1емер лъик1аб гьеч1ев васасдехун йуссун абула:
- Я тебе бить буду-йилан, амма гьев г1одове вуссинч1еб мехалъ нахъеги гьесде абула:
- Иди к доску-йилан

Назирил г1акъло

Х1алт1улъ опыт к1удияв учитель Назирица цо гара-ч1валулелъуб абуна, нилъер педагогияб университеталда информатика кьезе бажари бугел, компьютер лъик1 лъалел учительзаби ургъунго х1адуруларила. Щай гурелъул гьеб рахъалъан учительзабазе лъик1аб лъай щвани, учителасе бач1унеб дагьа-макъаб харжалъухъ, гьез школалда х1алт1и гьабизе бук1инч1ила ва гьединал учительзабаз компьютералъул лъай х1ажатаб х1алт1и школа тун къват1ибехун т1алаб гьабизе бук1анилан. Гьединлъидал школазда информатикаялъул дарс кьолел учительзабазда компьютер бакизеги свинабизеги гурони гьеб х1алт1изабизе бажаруларила

Салих1 Салих1ов

Зульфия гьаб ккараб хабар гъол "Ц1иял учительзаби"абурал харбазулъе ккезабун Мух1амадрасулихъе кье

Внимательный падеж

Исанасеб соналъ яч1арарай ц1ияй учительницаялъул дарс бук1ана. Урокалда падежазул бицунеб бук1ана. Цо ц1алдохъанасде щиб падежан гьикъун, гьес винительный падеж бугилан жаваб кьедал учительницаялъ абула мекъаб бугин, винительный падеж бук1унарин, гьеб бугин внимательный падежилан... Гьей дипломированный учитель, школалдаго ц1али щакаб жо буго, школалда азарц1ол цин г1урус мац1алъул дарсазда рицунел гьел падежал педагоглъун ц1алич1ониги рак1алда ч1езе кколаан...
Салих1 Салих1ов


Г1ела гьудул к1алъарай, Мах1мудихъе кье гьеб телефон

Дагьаб цебег1ан, маг1арухъа шагьаралде щварав цоясухъе, жиндирго лъалев чияс к1алъазе кьола телефон, гьалмагъасул номерги «кьурун». Амма дов гьасул гьалмагъ Мах1мудил бак1алъ цо ч1ужуг1аданалъ «борхула» телефон. Гьей чанц1олги цин г1урус мац1алъ, цинги бат1ияб бич1ч1унареб мац1алъ к1алъала гьасде. Ахирги, гьелъул цого бицунеб жо ч1алг1арав, автоответчик щибали лъаларев гьас абун буго, г1ела йо мун к1алъарай, Мах1мудихъе кье гьеб телефонилан.

Гьей ч1ужуялдасаго нич буго…

Гьединабго жо ккана росулъ, мадугьалзабазул телефоналдаса к1алъазе щварай цо ч1ужуг1адамалъулгун. Шагьаралда вугев имг1аласде гьез «кьурун», гьалъухъе кьола телефон к1алъазе, амма цо ч1ужуг1адамалъ дов чи щовуда гьеч1илан аби бич1чуна гьалда, гьейго ч1ужуялъ кьола цоги нухалъги жаваб… Цо дагьаб мехалдасан нахъеги мадугьалалъ кьолеб бук1уна гьалъухъе телефон, дов г1агарав чиясде к1алъазе.
- Дой ч1ужуялдасаго нич буго гьанжеги к1алъазе- илан абула гьалъ, телефоналдасан раг1унеб ч1ужуг1адамалъул гьаракь автоответчик бук1инги лъач1огун

Салих1 Салих1ов


Лъабц1ол ах1ун х1алал гьабуна

Доб Советияб заманаялдаго Узбекистаналде ралел бак1азул х1алт1абазде ун рук1ана нилъер гьаниса Асх1абги Г1умарги...
Цо къоялъ гьениб базаралде къвариг1араб, х1ажатаб жо босизе рач1уна гьал, гьедин гьенир свера-хъерулаго Г1умарида г1одоб бихьула цо жема-къемараб гури, гьеб борхун балагьидал гьелда жаниб батула лъик1аланго г1арац. Асх1абица абула гьасда, гьеб батараб г1арцол бет1ергьанчи, лъабц1ул ах1ун, лъазабун, валагьизе кколин, нагагьлъун гьев ватич1они, гьеб мехалъ гурони гьеб г1арац х1алалаб бук1унарилан.
Г1умарица лъабц1ул гьеб базаралда ах1и гьабула, г1арац лъил биларабиланги абулаго, амма гьесул ах1иялде лъицаниги жаваб гьабич1о, маг1арул мац1 бич1ч1унев чи гьенив вук1инч1еб къаг1ида...

Салих1 Салих1ов


Г1арцода бараб гуребги бук1уна...

Цо-цояз абула гьаб заман г1арцода бараб бугилан. Гьеб мекъаб буго, лъай-к1веялъулги бук1уна г1арцодаса къинч1еб бухьен. Советияб заманаялда бук1араб лъай-к1веялъул къимат кидаго щула бук1ине буго (доб заманаялда лъай-к1веялдаса г1арцол къимат дагьаб бук1ана).
Мисалалъе босани дагьаб цебег1ан врач Пат1иматил Мах1ачхъалаялда бук1ана лъик1аб лъай-хъвай, х1алт1уде лъвине гьелъие х1ажалъана г1иц1го 45 азарго гъурущ. Гьеб лъай-к1вей бук1инч1ебани, х1алт1оде лъвине ккани гьеб къадар г1арцол, гьей х1алт1оде йосулезе, сунт1изецин г1езе бук1инч1о.

Салих1 Салих1ов


Цо чу камуна

К1удияв чи Г1умар жиндирго чуязул элхъи хьихьун цо г1алахалда вук1ана. Цо жо рак1алде ккарав гьасда цо чу элхъиялда гъорлъа камураблъун ккола. Т1ад-т1ад вуссун Г1умарица чуял чанц1олго рик1к1ана, амма кинго гьезда гъорлъа цояб камун батулеб бук1ана. Бугелъуб элхъиги тун, чода рек1арав Г1умарица къоца г1алах сверула, амма чу кинги батулеб бук1инч1о. Бакъанил г1ужалда элхъиялде аск1ове щун, чодаса гъоркье решт1ун, Г1умар свакаялъ т1анк1ан г1одов ккола... Дагьаб заманаялдасан макьидаса ворч1арав гьас нахъеги чуял рик1к1уна. Гьел камун ратич1о. Ургъарав Г1умарида рак1алде щола, доб цебесала рик1к1унаго, живго рек1араб чу рик1к1валилъе босизе эс гьабич1олъиялда

Мах1ачил х1акъалъулъ лъугьа-бахъинал

Бащдаб саг1аталъ гуреб, суткаялъ...

Колхозалъул шофёр Мах1ач маг1ардехун бугеб фермаялде росолъа рогьинелде вахъун саг1ат анлъгоялде бащдаб х1алт1идал щвезе кколаан, гьениса дояркабаз реч1ч1арал г1ачиязул рахьги босун, нахъе ине. Цо къоялъ дагьаб ццудунго маг1арде щварав гьас, жеги заманги бугинхайилан рак1алде ккун, фермаялде щвелелде, машинаги ч1езабун, цадахъ бук1араб квана-гьекъезе жо къват1ибеги бахъун "дагьа-дагьаб жо" гьабизе лъугьуна. Гьеб "дагьа-дагьаб" жо г1емерлъараб къаг1ида, кват1изег1ан сордоялъги кьижич1ев Мах1ач макьу бач1ун гъапуллъун ккола... Макьидаса ворч1арав гьасда саг1ат анлъгоги т1убан т1асан ун батула... Гьасул машина фермаялде щведал гьениб ах1и-х1ур батула гьав киве ккаравали лъач1огон. Мах1ачица абула гьезда, щиб цо бащдаб саг1аталъ дун кват1унилан гьеб х1алалда г1айибалищин жинде гьаризе кколелилан. Хадуб лъала гьесда жив бащдаб саг1аталъ гурев, цо сордо-къоялъ вегун ккун вук1араблъи.

Диде эрга бук1ана щун

Мах1ач унтун райбольницаялде ккун вук1ана. Гьав вегизавураб палатаялъур рук1ана жеги унтарав к1иго чи. Цо дагьал къоял ун хадуб, хола дов к1иясулъаго цояв ва хадусел къоязго хола цогидавги унтарав. Живго палатаялъув хут1арав Мах1ач сахлъилелдего гьеб больницаялдаса нахъе лъутула. Рокъор ругез щай мун сахлъун лъвинелдего вач1аравилан гьикъидал, Мах1ачица абула палатаялъуб хвезе эрга жинде щун бук1анилан.

Дица мун к1и йихъич1огон телефон Мух1амадихъе кье

Цо къоялъ Марзиятида бер ч1вала нухасан хехго хъамун машинагун веххехун унев жиндирго росс Мух1амадида. Паркъун унеб машинаялъуй цо ч1ужуг1аданги йик1арайлъун ккола гьалда. Марзиятица хехго телефон къват1ибеги бахъун росасул номералде к1алъала. Амма гьесул телефоналдасан ч1ужуг1адан к1алъала, гьев занят вугин, дагьай нахъа к1алъайиланги абун. Ццин бахъарай Марзиятица абула, дун гьениеги яч1ун дица мун к1и йихъич1огон, Мух1амадихъе кье телефонилан. Амма ццинги чучун хадуб эсалде яч1арай гьалда бич1ч1уна, жинде к1алъараб ч1ужуг1аданалъул гьаракь телефоналъул автоответчик бук1ин

Мух1амадх1ажилги Х1асанилги ккараб лъугьа-бахъин

Оцазул щанк1лазда ч1варал т1екъвамаг1алги ч1ч1ик1ун ц1иял гьелги щоларогун вук1ана Мух1амадх1ажи. Цере гьел росдал къебедас гьарулаан, амма цебего росулъ къебеллъи х1алт1улеб гьеч1олъиялъ гьел т1екъвамаг1ал щвезе бак1ги гьеч1огон ургъел бикьулев вук1ана Мух1амад х1ажи годек1анив. Гьениса цояс абула гьасде, жинда лъалин т1екъвамаг1ал лъил ругелали, жинца абуниланги бицунге, Х1асанил кьоч1олъ рахчун рихьанилан гьелилан. Мух1амадх1ажи уна Х1асанихъе ва гьикъула т1екъхва маг1ал гьеч1ищан. Х1асаница гьеч1илан лъазабидал, гьас абула кинила цинги гъол хварал чаг1азда божилел, нолъ эбел йихьун йик1ана макьилъ, гьелъ абуна, духъе айила гьел т1екъвамаг1ал гьаризе, дур кьоч1олъ рахчун ругин гьелилан. Гьеб бицараб жо уйилан ккун, тамашалъарав Х1асаница, ругелъуса т1екъвамаг1алги росун гьел Мух1амадх1ажихъе кьола.

Забиятица жинцаго турпи гъоркье решт1инаруна

Хуриса бак1арараб ламадоралъул турпузул машинаги ц1ун, гьеб бичизе Мах1ачхъалаялде уна росулъа цо чангоял. Цогидал ламадоралъул бет1ергьаби автобусалда рек1ун рач1инеги тун, Забиятги цо бихьинчиги рек1уна машинаялда базаралда щваралъуб машина ч1ехьезеялъе г1оло. Гьенире щун турпи гъоркье решт1инарулел рук1ана. Т1ирун ц1урал гьел решт1инаризе бигьа бук1инч1о. Гьев бихьинчияс жиндего х1ал щвезе теч1огон, Забиятие бак1лъизабулеб бук1ана. Гьебги бич1ч1ун, мунги таргьаги к1иялго раччизе дида к1олариланги абун, гьев нахъеги ах1ун, жинцаго решт1инаруна машинаялдаса гъоркье турпи Забиятица

Гъваридаб руссун

Ц1ияб бокьги бан, Мух1амадг1арипица гьенибе жиндирго басрияб бокьор рук1арал х1айванал жанире гъола ва гьел щиял жиде-жидее гьарурал руссназда цере рухьуна… Хадусан, ц1ияб бак1алъ х1айваназул ххал гьабидал Мух1амадг1арипилил бер реч1ула цо г1ажаибаб жоялда, г1ач1араб цо х1айван цересел х1ат1азул накалдаги ч1ун гурони кваналеб бук1инч1о. Мух1амадг1арипица чанго нухалъ т1аде бахъинабуниги гьеб х1айван накалда ч1ун гурони кваналеб бук1инч1о. Т1ок1аб гьабизе жо лъач1ев гьас, гьалмагъ ах1ула г1ажаиблъиялъухъ балагьизе. Гьев гьалмагъас ххал гьабураб мехалъ бич1ч1уна, квен балеб руссун гъварилъун бук1ин ва гьенибе бараб хер кваназе г1унт1унгут1иялъ гьеб х1айван накалда ч1олеб бук1ин.

Рокъор г1урусал

Казармаялъулаб положениялда вугев Мух1амадг1арипица рокъобе телефон кьурула…
- Вах1 дир рокъосан г1урус мац1алъ к1алъалел г1адамазул к1алъай раг1уна – ян вихха-хочун лъугьун абула гьас гьалмагъзабаздехун вусун.
- Дуцаго кьурараб телефоналъул номералъул мух1канго ххал гьабе – ян абула аск1ов вугев цояс. Унго-унгоги телефоналъул номералъул цояб тарих мекъса кьурун батана Мух1амадг1арипица…
- Рокъове щведал мух1канлъиялъе шифоньералде жаниве, кроваталде гъоркьеги вакке, щиб гурин лъалеб – ан релъулаго махсаро гьабула гьасие гьалмагъзабаз.

Цин гьаб к1алъай биччай…

Васас жиндего эмен к1алъазе х1ажалъани бук1инеян Камилихъ телефон тола… Гьедин цо чанго къоялъ васасде к1алъалевго к1алъалев вук1ун, цо къоялъ телефоналъул операторалъ Камилиде абун бач1уна телефоналъуса г1арац лъугьун бугилан ва гьелъубе г1арац гъейилан.
- Цин дир гьаб к1алъай биччай васасухъе, дица хадуб гъела г1арац-ан абула Камилица, операторалъул гьаракь автоответчик бук1инги лъач1огун

Машинадул бурдузда рахас…

Росулъе «Ладаялда» рек1ун вач1унев вук1ана Сайродин. Г1емер заман бук1инч1о гьеб "Жигули" машинаги бичун гьаб "Лада"босаралдаса. Амма эхеде ваханаг1ан, ц1вакарал нухазда хъваг1асдизе лъугьуна машина. Багажникалъуса рахсал рахъун гьел машинадул бурдузда жемизе лъугьуна гьав. Г1азул ц1ураб нухаб бурдузда цепал жеми бигьаяб жо гуро. Кинго бугониги гьеб х1алт1и т1обазабуна Сайродиница, амма машина щаяли эхеде багъаризабизецин к1олеб бук1инч1о. Гьедин Сайродин вук1аго, т1аде щун вач1уна росуцояв. Гьал нахъиял гурмазда цепь баялъул маг1на щиб, хъварун х1ьибилалдехун хъущт1унгурт1изейищ раралилан гьикъула гьес…Сайродиница ругьунабго къаг1идаялъ, Ладаялъул церезел бурдузда разе кколел цепал, Жигулиялдаго г1адин нахъиял бурдузда ран ратана…





Дагъистаналъул водительзабазул съезд

Мах1ачхъалаялда т1обит1ана т1олго водительзабазулаб съезд. Съезд т1обит1иялъе бук1ана чанго г1илла. Узухъда, аслияб г1илла кколаан нухазда кколел г1емерал авариял, холел г1адамал, машинаби, кколел заралал+
Цебе лъураб масъала бук1ана сунца ва лъица квал-квал гьабун гьаб къоялда авариял г1емерлъун ругел, щиб гьабизе кколеб гьел дагьлъизе ккани+
Раг1игун т1аде вахъана гьекъонги гьекъеч1ониги чанго нухалъ авариял жинхъан ккарав цо водитель.
-Киналъулго г1айиб буго пешееходазда, гьел сабаблъун руго киналго авариял. Хъулухъ щиб гьезул машина хьвадулеб нухаре лъвине, г1акдал багьаяб машинаялъул разгон хвезабизе, тамих1 къвак1изабураб закон бахъизе ккола пешеходазе+
-Г1акдал багьаяб щиб, нусго г1акдал багьаяб "мерседес" пешеходасдаги тункун г1адада холагури, лъица гьеб бец1изе кколеб, дицайищ - ян ццидалъго ах1ун бач1ана к1игъожолъа г1ебав цо г1оркьилас+Киназго гьесие хъат кьабуна+ "долой пешеходал"+ "долой пешеходал"-иланги ах1делаго+
- Праваби рахъи буго мекъаб жо, ихтияр бук1ине бегьуларо милициялъул праваби рахъизе. Чанц1ол дица правабазухъ г1арац кьезе кколеб, анкьабилеб нух бугоха ц1ияя-ц1иял праваби росулел, бегьулеб жойищ гьедин водитель ц1уйзе? - илан абуна баг1а-бакарлъараб гьумер бугев цояс.
- Правабазулги буго багьа хирияб, лъабазарго гъурущ кьуна дирго васасе праваби росун, кагътил макъаралъухъ гьедаг1ан г1арац абизе бегьилищ, гьел учуз гьаруни лъик1 бук1инаан+
- Светофоралъулги буго г1айиб, г1урччинаб лампочка нахъе бахъизе ккола светофоралдаса, гьелъул пайда щиб, г1урччинаб кьер баккидал водителаз машинаго ч1езе гьабуларо, щибизе гьеб, баг1араб гурони светофоралда кьер бук1ине бегьуларо+
Гьедин бицуна толаго щияв чияс загьир гьабулеб бук1ана жинди-жиндир пикру. Эрга щвана штрафаздеги.
- Штрафал руго ч1ах1алъун, къое цоц1ул гурелъул гьел кьезе кколел - ян вахъана к1алъазе гьекъон х1алалъ вахъун ч1арав цо г1оркьилав. Гьедин конструктивияб практическияб къаг1идаялда ана дагъистаналъул водительзабазул съезд+
Съездалъул ахиралда, къабул гьабуна итоговый документ, нухазда х1алт1изарулел правилаби хисизарун къабул гьаризе ц1иял:

1) Машинаби хьвадулел нухаздаса "зебралги" , "борхалъабиги" нахъе гьарун, пешеходазе гьукъизе километралъул манзилалда машина бук1аго нухаре лъугьине ва тротуаралъул раг1алда ч1езе.
2) Пешеходазда тункун машинаялъ авария гьабуни, машинаялъе ккараб зарал пешеходасда бец1изабизе. Нагагьлъун пешеход хвани, гьесул г1агарлъиялъ бец1изе машанаялъе ккараб зарал.
3) ППСалъулазе авария ккун хадуб праваби рахъи гьукъизе, ялъуни праваби ричун росиялъе багьа-къадаралъулгун рекъей гьабун квербакъи гьабизе.
4) Анц1го сон г1уралдаса лъималазе правабазул рахъалъан ихтияр гьабизе ва гьезие праваби детский багьаялда учуз кьезе.
5) Светофоралда хиса-басиял гьарун, г1урччинаб кьер нахъе гьабизе.
6) Штрафал щуго нухалъ дагь гьаризе ва къоялда жаниб цоялдаса ц1ик1к1ун авариял гьаруни цоц1ул гурони штраф лъезе гьукъизе
7) Водителасе цо г1аркъил шиша, ялъуни к1иго шиша чагъиралъул, либо к1иго литра пивоялъул гьекъезе ихтияр гьабизе.
Раг1уда хадуб бицина:
К1удияб къец ккана иномаркабазул бет1ергьабаздаги ва нилъерго машинабазул бет1ергьабузулгун, к1иго машина, иномаркагун нилъер маркаялъул машина цоцазда кьабуни, общий ккараб зарал к1ияздаго гьоркьоб к1и бикьизе кколин абураб суалалъ. Амма гьеб суал къабул гьабич1о, иномаркаялъулал цо гьаракьалъ дагь рук1ана съездалда, щай гурелъул, службаялда ругел иномаркабазул бет1ергьабазе х1алт1уда рук1ун, съездалде рач1ине щвеч1о.

Гьел суалал цере лъезе руго законал рахъулезда цере. Рак1алде ккола гьел къабул гьаризе ругилан, щай гурелъул, т1адег1ан, законал рахъулезда гъорлъ пешеходал гьеч1елъулха.

Исмаг1елил х1акъалъулъ харбал

Исмаг1ил ккола къват1ибехун бугеб цо мадрасалда х1алт1ула вугев чи. Бицунеб жоги махсароялдасан бук1уна гьесул, гьабулеб жоги цо-цо кополаб къаг1идаялда ккола.

Израг1ил авараг

Цо къоялъ мадрасалъул ц1алол бошал къоял щун х1ухь бахъизе Алмахъалде рит1уч1азул гох1де рач1уна мутаг1илзаби. Гьезул цояс жиндирго телефоналъул зарядкаги лъугьун, гьенив ватарав цо алмахъасул телефоналдасан к1алъала Исмаг1илиде, жалго щвараб бак1 бицун. Хадуб сардилъ добго телефоналъул номералде к1алъала Исмаг1ил мутаг1илзабазул щиб х1ал бугебали лъазе. Гьеб телефоналъул номералде к1алъан бат1ияб гьаракь раг1индал, мун щивилан гьикъула Исмаг1илица. Дун Израг1ил вугилан жаваб кьола алмахъас. Гьеб параялъго телефоналъул сас къот1ула. Израг1илицаги связалъул гъалат1 батилилан тола гьеб калъалеб бук1араб сас къот1и...
Хадусеб къоялъ рит1уч1азул гох1да сордоги бан нахъе мадрасалде арал мутаг1илзабазде ккарабжо гьикъун лъадал, Исмаг1илица бицун буго, нужеде к1алъадал, дир к1алъай щвараб бак1го щибин, мекъса ккун Израг1ил аварагасухъе к1алъай ун батилин телефоналдасанилан рак1алдеги ккун, хехго къан бук1анин жинца доб мехалъ телефонилан.

Мадрасалде кьолеб жого гьеч1ищ?

Цо къоялъ Алмахъалде вач1уна Исмаг1ил жиндирго ГАЗельгун. Гьев мадрасалда х1алт1улев чи вук1ин лъан, г1адамаз мадрасалда ругел мутаг1илзабазе пихъ-мич1, картошка ва цогидаб щинаб жо лъола гьесул машинаялда. Ц1ун унеб машинаялъул ургъел гьабун цо алмахъас абула. доб къокъилаб нухасан инч1огон Хасавюрталдасан сверун айилан. къокъил нухалда цо квешав ГАИшник вук1унилан, гьес г1арац бахъич1огон чи виччаларилан. Амма Исмаг1ил къокъилиса уна, унго-унгоги гьенив дов квешав ГАИшник ватула. Гьес машинаги ч1езабун документал кьейилан абула Исмаг1илиде. Документал гьесухъе регьулаго Исмаг1илица абула, документалго щиб бук1унеб. дун мадрасалда х1алт1улев чи вуго, дур бук1унаребищ мадрасалъе кьолеб садакъагойилан. Г1адамазухъа г1арац бахъун ругьунав ГАИшник. жиндего г1арац кьейилан ругьунаб гуреб жо раг1идал виххун хут1ула. Цинги хехго документал нахъе кьун Исмаг1ил гьес виччан тана.
--------------------------------------------------------------------------------------------------------------------------------------------------------------------------------------
Бекмирзал ккараб жо

Цо къоялъ Хасавюрталде базаралде лъималазе рет1ел босизе арай Бекмирзал хъизан яч1уна, гьебги щвеч1огун. Бекмирзацаги хъизаналде гьеб рет1ел босич1огонилан жиндирго гьелда рази гьеч1олъи загьир гьабула. Гьедин к1иязулго цоцалъ к1алъай ккола. Мунго айилан рет1ел босизе хъизаналъ гьасухъе г1арац реххула, Бекмирзацаги гьелъухъе гьеб нахъе реххула. Гьедин к1алъай ккун Бекмирза нуц1а рагьун къват1ивехун лъуна. Къват1иве лъугьиндал нахъехун балагьич1ев гьесда лъаларо хъизаналъ жинда хадуб рагьде добго г1арац рехун бук1ин...Аск1обго бук1араб х1ама рагьде аск1обег1ан бач1ун гьеб г1арац кваназе лъугьуна. Гьеб бихьарав мадугьалас Х1амида цебеса хехго г1арац нахъе босула ва Бекмирзал хъизаналъухъе кьола. Хут1араб г1арцол ххал гьабидал. х1амица кванан батана г1арцода т1аса къоло цо гъурущ... Хадусан къоялги ун гьеб х1ама къадар щун хвана. Страховкаялъул х1ама хун гьабураб акталъул х1асилалда къолоцо гъурущ бач1ана гьазие, какраз доб х1амица кванараб г1арац нахъе щвана.

Гьевги духъейищ щвезавулев

Цо г1андисев вач1ун вуго росулъе гьоболлъухъ цо ц1акъго мискинав чиясухъе. Гьесул рукъ бук1ун буго ч1обого. я горда бараб жо гьеч1еб, я г1одоб т1амураб жо гуреб... Цо къоялъ росулъ хвел ккун буго. гьенир зигаралда рук1ун руго гьал к1иялго. Хабалъе вукъизе хварав чиясул жаназа босилелде, цо ц1аларав чияс гьит1инабго ваг1за гьабун буго гьениб, ч1обогояб, щибго жаниб гьеч1еб "рокъове" ина вугоха мунагьал чурадиланги абун. Бицарабжоялъул маг1найищ бич1ч1инч1ебали. г1андисес абун буго цадахъ вугесде, гьавги дур довейищ щвезавула вугевилан.

Зулх1ижатил магь

Алмахъалда маг1арухъа х1алт1изе вач1арав школалъул директорасул хъизан Зулх1ижат ун йиго доб заманаялъ колхозалъул председателасухъе, жидер рукъоса хер лъугьун бугин, цо магь ц1ураб хер кьейин жидер г1акдае кваназейиланги абун. Гьесги хуриса ч1ехьезе бач1араб харил ц1ураб оцазул чанагъ бихьизабун буго, гьелда т1аса ц1ейиланги абун... Зулх1ижатица магь къан хадуб, гьеб ц1ун бук1араб чанагъалда т1ад дагьа-макъаб гурони хер хут1ун гьеч1о. Гьенив аск1ов вук1арав мунагьал жиндир чураяв Бекишица абун буго, гьаб хут1арабги щай магьилъ лъоларебилан. Махсароде абураб уянги ккун, Зулх1ижатицаги абун буго, гьебги магьилъ босилаанин, г1азулъан х1ет1е хъушт1улареблъи лъалебанийилан


Салих1 Салих1ов


Календарь исламский


Мусульманские праздники