Печать
28
Апр.

Памятникалде

Добавил(а) Administrator on 28 Апрель 2020.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Памятникалде

 
Ват1аналде къо ккедал,

Рагъулъ г1умру лъуг1араз,

Къокъаб баянги босун,

Вит1ун вач1арав вакил.

 

Жамаг1ат-халкъ разилъун,

Гьабурасе мухьги кьун,

Кьалдаса руссинч1езе

Хвел гьеч1еб ч1вараб зани.

 

Рагъул формаги рет1ун,

Меседалъ х1арпалги хъван,

Ганч1ил къеда гьабураб

Къимат к1удияб сурат.

 

Фашистазул гарбазда,

Гранатаби реч1ун,

Ч1ел босизе рух1ги кьун,

Бокьун босараб зани.

 

Духъ балагьун г1одула

Г1умру дагьлъарай Шамай,

Ункъго васасул къисмат

Къан карандагун йигей.

 

Къулила дуе бет1ер,

Къач1ала т1угьдузги мун,

Инаро рак1алдаса,

Ват1ан бокьун рух1 кьурал.

       

С.Расулова, 9 классалъул ц1алдохъан.

30.11.90с. г.»Чапар» гь.3. 

Алмахъ росу.