Печать
13
Авг.

70 сон аниги...

Добавил(а) Administrator on 13 Август 2017.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

                  Шарабодин  Шамирзаев,

шагlир, член  Союза  журналистов  РФ,

журнал  «Салатавия-Алмак»

 

                  70  сон аниги  алмахъазул         

                     сахлъун  рахъинчlел ругънал

Гьале  тlаде щвана  араб  гlасруялъул  44-абилеб  соналъ  хlал-зулмуялдалъун   жалго  рижарал умумузул  ракьалдаса  алмахъал  чияр  ракьазде гочине  гьарураб  март  моцl. Их  тlаде  щванилан  абун киналниги  халкъал  рохизе  ккараб гьеб  моцl алмахъазейин абуни  абадиялъего хутlана  жиндирго  халкъалде  тlаде  бищунго  кlудияб балагь  рещтlине  гьабураб  сонлъун. Чlахlияб гlелалда  лъалеб  букlохъе,  росолъ  рукlанщинал  киналго бихьинал Ватlан  цlунизе  рагъде  инеги ккун,  гьез гьарула рукlарал  чанги  захlматал  хlалтlаби  жидерго  гъажибутlрузде  регун  хутlиялъ,  чорхолъа  рухl  тlагlарал  руччаби,  кидаго  гlадин,  гьеб  март  моцlалъги  лъугьун рукlана  жидерго  хурулал  хlалтlаби  гьаризе. Гьединги кьогlаб гlумру  гьабула рукlарал  гьезда  щибха  лъалеб  букlараб жидедаго тlаде  дагьабги  кlудияб  балагь  рештlине  букlараблъи. Гьел сонабаз  Алмахъалда  ункъго колхоз  букlун  батани, гьезул отарабазда  рукlарал «Сталин»,  «Ленин»  ва  «Молотов»    колхозазде кколел рукlарал цlаракиязде  тlаде рачlарал хlакимзабаз  цебеккунго лъазабуна  март   моцl  хвелелде  гьал  бакlаздаса  киналниги  гlадамал    чачаназул  хутlарал Юртгlавухъ ва  Ахчадгlавухъ росабалъе гочине кколилан. Ракlалдаго  букlинчlелъусан  хlукуматалъ    гьединаб  суал цебе лъеялъ гlадамазул  рукъзабахъ  лъун  рукlана  магlирукъал. Жалго  рижараб  ракьалде  ва  гьединго ваца-васал  рукъараб хабалагьлоялде мугъги кьун  къватlире  лъвине  ккеялдаса кlудияб балагь  жидеде  бачlинчlилан абулаан  гочине  ккараз.

        Гьедин 24  марталда  башлагьи лъуна алмахъазул  тlоцересел цlаракиял  гочинаризе. Гьел киналго цадахъго гочинаризе рес рекъонгуртlиялъ   щибаб  цlаракиялъе  сагlаталдего гlунтlун  чlезе  гьабун  букlана    рукъзал  эркен гьаризе  кколеб  заман. Цlараб заманалда  къватlире  лъугьинчlел  чагlазул  рукъзал  рухlун  яги  тlатlала  риччан  чlунтизаризе  ругиланги   лъазе гьабун букlана. Гьелъиейин абуни  тlадчагlазул  хlалуциналда  гъоркь  хlадур гьарула  рукlана    гlун  рачlунел  гlолохъабаздасан хас гьабун  гlуцlарал   бригадабицин. Нухда  рахъине  хlадур ругищ яги гьечlищан лъидениги гьикъичlого  цlараб  заманалда кlалтlе  бачlун  чlолаан  оцал  рараб гьоко.  Гьеб  кьолаан  цlаракиялъе гlицlго цо   нухалъ   гlавухъабалъе  бачине. Гочунел  гьабилесеб  тlагlун  хутlулаан  унтарал чlахlиял чагlийищ  гьелда  рекlинарилел  яги аралъубги къваригlине бугеб  къай-матахlищ  тlад  лъелеб  лъаларого. Жидерго  вахlшилъиялъ  тlадчагlаз  сордо  рогьинегlанцин  жанир  чlезе  течlого   бакъани-маркlачlол  гlужалъ  къватlире гъурал чанги  гlадамаз  нух-нухазда  цlаялги  ракун квачарал сардал рорчlизе  ккана    бакlазде  щвелелде  цере  ратарал  рохьазда  ва  кlкlалабахъ.      

    Гьединаб гlадамасда  гурхlел-цlоб  гьечlеб  гlадло-низамалда  гъоркь  къватlире гъеялъ   алмахъазул бакlалдаго  хутlана  чанги  лъикlа-лъикlал  гlавухъабазда  жидее  щвезе  гьечlел  гlадинал щегlги  тlад  лъун  чаран  ганчlил  рарал  минаби  ва  гьединго  жидерго мискинлъиялда  рекъон гlумруялъго  данде  гьабураб магlишат-яшавги. Гьединаб  зулмуялда  гъоркь алмахъал  гочинариялъул  иш  рагlалде бахъинабуна  апрель  моцlалъул  башлагьуда. Бакlалде щвараб  мехалъ гочине гьаруразда   гlавухъабалъ  ратун руго жеги  гьел  тlаде  щвелелде цереккунго  комиссиялъ  кинаб  лъие  кьелебали цlарги  чlван  гьединго номералги лъун  списокалда  рекъон  рикьизе хlадур  гьарурал чачаназул рукlарал минаби. Кигlан азбар-къоноялда яги тlохазда  свераниги  батулеб букlун гьечlо бакьолъан бихъиялъ  чанго  бакlаздасан   телалъгун къараб цlулал гьабураб  хинкlал  рахъулеб  хlечч, рагlал-мицlир  бекараб  щагlил  рагl-мач, гьединго  басралъиялъ  тlокlаб пайда босиялдаса  араб солдатаз  рехун  тараб  бусен-къай  батlияб  щибниги  жо. Бакl  бачlаралъусан  гьанибго  рехсей  гьабичlогон  гlоларо  цойгидаб рахъалъулги. Ишалъул  кинаб  бугониги  хlакъикъат лъаларел  цо-цо  гlадамаз абулеб буго алмахъал  ругин  жидеего бокьун   чачаназул  гъоркь  хутlараб   малалде  тlаде  рачlарал чагlиян. Гьелго рагlабаздалъун  газеталда  хъвадарила  вукlарав  щивали лъаларев  лъарагlазул журналист  Узунаев  Багьаводин  алмахъаз  судалдеги кьун  тlаса  лъугьаян гьардезецин тlамуна. Цойгидав гьединав чи вахъани,   гьев  бакlалда чlезавизеги бажари  гlолел  чагlиги  руго  алмахъал. Риччан те гьединал чагlи  жалго  мунагьалде  ккезе. Гьединал  кинаб  букlаниги  кьучl  гьечlел  бугьтанал  алмахъазда  рекlунаро. Гьезие  гlола  тlад  вугев  Аллагьасдаги жидедагоги  къисматалъ хъвараб ракьалде  ккея-лъул хlакъикъат лъалеб  бугони.

 Къватlол  харбал  рицунезда  лъан  рукlине  кьола  руго  гьадинал  баянал. Гlавухъабалъе  щун  хадусал  алмахъазеги  ва гьелго гlадин  бакl-бакlаздаса  гьенирего гочине  гьарурал цой-гидал  магlарулазеги  тlощалил  щвараб  жо  ккун  буго  долцоял  чачаназул  «Сасини»  росолъе  хадурги  ун  щибаб  цlаракиялъе  чlурчlун  хадусал  къоло  микьго  килограмм  бахъулеб  хlисабги  гьабун  чlагояб   цlороса-ролъил  кьураб  цо  къадар. Бакlазда гьедегlанго тlощел  щолеб букlарабани рилъанхъун рикlкlаде  инчlогон  хутlизеги  бегьилаан  гlадамал.

 Гьебго  суалалда  тlасан  кигlан  бицен  кканиги кlиябго  росолъа  цониги  чи рагlинчlо  гьениса  цо  килограмм  тlощалил  яги гlанкlодал  хоногlанаб жо  щвечlилан гурони  абулев. Гьел  руго  гьезул  жакъаги гьедун  абизе  кlолел  рагlаби.  Дол  сонабаз  Алмахъалдасаги гlезегlан  ресалда  рукlарал  чачаназул  дагьаб  мал  хутlун гьечlо гьел росабалъ,  гьебин абуни  жеги  гьенире  гlадамал гочине  гьарилелде  цо  чанго къоялъ  цереккун   районалъулго  росабалъа  гlадамалги  хlал-зулмуялда  рахъине  гьарун  гьезда  цойидеги бакlаризабун  жиндирго  хъаравуллъиялде  гъоркье  босун  букlун  буго    бакlаздаса  чачанал нухда регlизегlан   росабалъ  лъун  букlараб  армиялъ. Бикъа-хъамизеян гьелда  квер  бегьарав чиясда речlчlизе  бугилан  солдатаз  лъазеги  гьабун  букlун  буго. Гъоркь щибниги жо  течlого  гlи-боцlиги,  тlощелги, гьединго  пайда  босизе  бегьулеб цойги къайи-къоноги  машинабазгун  солдатаз  нахъе  баччун  ун  буго. Ракъоца  хlал  ба-рал  лъимал  унел  рукlун  руго тlощел нахъе аралъуса   рорта-тарал  мугьалгlаги  жидеего  щвелародаян хьулалъ, гьелги цере ккаразе гурони щолел  рукlун  гьечlо. Киналниги  нахъаса  къо-тlичlел къварилъаби данд  чlваялъ  гlодор  чlван  рукlарал   алмахъазе  ккана  гlечlелъубе гlезе  гирун  унеб  мехалъ  ботlрое  ккараб  гlадинаб  жо.

 Гlавухъалъе  щун  гlемер заман инелдего  халкъалда  гьор-кьоб  бакlазда  гьава-бакъ  данде  ккечlолъиялъ  тlобитlун  буго   вабагlалъулаб   гlадинаб  чорхолъа рухl тlагlине гьабиялъ бох-дозда  рахъун  чlезе  кlолареб  унти. Гьелъул  хlасилалда холел  чагlи къоялдаса  къоялде  цlикlкlунел  рукlун  руго.  Цойгидаб бакlазда  букlинчlеб  гlадинаб  тlаде вачlарав  чиясе  данде  кколареб  гьава-бакъ гlаги  букlун  батилаха  гьениб. Лъикlго кlудияв гlураб мехалъцин    дун  унтулиланги  абун    гьел росабалъе  виччалароан. Нагагь къваригlел  ккун  яги  гlагарлъиялде  щвезеян  гьенире  аразулги    гьенивго  унтоца  кквечlого   къанагlатги чи  сах-саламатго  Алмахъалде  тlад  вуссунароан. Гьеб  унтоде  абулаанила  «тропическая  малярияян (нилъераз  абулаан  сириян). Гьеб унти букlун гьечlо гьеб кlиябго росолъги хъутаналдаги гурони. Хасго Калининаулалда хун вуго цlакъго гlемерав чи унтоца. Росолъ къанагlатги ватулев вукlун гьечlо хварав чи вукъизе хабалалъе ине кlолев чи. Цадахъго цо чанго чи хвараб мехалъ, гьезул жаназаби тlадго хутlиялда хlинкъи ккарал алмахъаз дилимаздецин ахlи базе ккун буго гьел хабалалъ лъезе кумек гьабеян. Мусру босизе рес рекъон гуртlиялъ гlемерисев чи хобиниве вегьизе ккун вуго хъахl ракь черхалдаги жужан. Кали-нинаулалде гочине гьарураб тlоцебесеб соналъ «Чорто» абулеб бакlалде колхозалъ чlвараб картошка хьихьун вукlарав Эмендадаян абулев чиясул хвараб жаназаян абуни лъабго суткаялъ гъирдаго хутlун буго гьеб нахъе босизе ине чорхол къуват гlолев чи росолъ ватун гуртlиялъ. Гьел сонабаз гlемераб гlакъуба-къварилъи чlамизе ккарал чlахlиял чагlаз жакъаги абула рагъул заманаялда жиндерго каранда рукlарал ругънал жегиги сахлъун рахъинчlилан. Хъвалеб жо халат бахъинабизе бокьун гуртlиялъ дицаго хъвачlого таниги, алмахъазда доб заманаялда бихьан щинаб кьогlаб гlумруялъул  хlакъалда хъвазе ккани кигlанги бицатаб  кlиго тlехь бахъизегlанги гlемераб материал буго дихъги цойгидал дунго гlадинал алмахъазухъги. Жеги гьел гlатlидго лъазариялда ва къватlире риччаялда тlад жибго Россия бахун къватlирехунцин цlех-рехалги гьарулаго гlемерал хlалтlаби гьарулел руго Махlачхъала шагьаралъул федералияв судья Хlажимухlамадов Хlажимухlамадица. Гьединго Динаев Динучил хlаракаталдалъун, материалги данде бакlарун Калининаулалда цебегоялдаса нахъе щибаб моцlалъ къватlибе биччалеб буго щивасул рокъобе гьоболлъун рещтlине рекъараб ва цlаларав чиясул рекlее лъикlаб асар гьабулеб кьер бугеб «Салатавия-Алмахъ» журнал. Гьанже гьелде хъвадарула цого алмахъал гурелги районалъул росабалъа ва шагьараздасаги гlадамалги. Гьединго, Хасавюрт шагьаралъул муниципалияб образованиялъул бетlерасул заместителлъун хlалтlула вугев Гlумаров Хlайболал бетlерлъиялда гъоркь Хасавютралда гlуцlун буго алмахъазул суалал рича-чlвалеб «Наш дом» абураб халкъалъе пайдалияб общество. Гьел хlалтlаби рачунезул хьолбохъ чlун руго кумекалъе рахъарал цойгидал гlакъло бугел гlемерал алмахъалги. Гьезин абуни жидерго рачlунел гlелазе нахъе толеб буго чанго наслабаз бокьараб заманаялда цуцахъе кьезе бегьулеб анкьумумуздего гlунтlун данде гьабураб чанги бе-чедаб ва пайдалияб материял. Ракlалде ккола гьездасан гlолеб гlелалъ пайда босилеб батилин.