forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
12
Авг.

Алмахъазул цебе бук1араб г1умруялдаса

Добавил(а) Administrator on 12 Август 2017.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

                          Алмахъазул 

                        цебе   букlараб 

                         гlумруялдасан            

      Алмахъазул  чlахlияб  гlелалда   цlакъго  лъикl  лъалеб  букlохъе,   1932 абилеб соналъ  жиндир  мунагьал  чураяв   Нартбил  Бадродиница Ахчад  лъаралда тlасан  кьо  базегlан,   алмахъазе  кинабго  рахъалъан   захlматго  букlун  буго   рагlа-ракьанде  щун  жидерго   чlаголъи  хlалтlизабизе.   Цебе  заманаялда,  рии-ихалъ  ва  гьединго  хасалихълъиялъ   цlакъго  гlемер  ралел   рукlун  руго  цlадал.

         Гьелъул  хlасилалда  хlалгун  бачlараб  ва гlедегlунго   чва-хулеб   кlудияб  лъар   бахине  я  гlадамасул,  яги  оцал-чуязул   хlал  гlолеб  букlинчlолъиялъ   анцl-анцl  къоябазги    цуцаздаса   тlезе  гьарулел  рукlун  руго   кlудияб  Алмахъалда, Цебеотаралда,  Нахъаотаралда   ва  гьединго   «Гъайли»  мухъалъехун  яшав   гьабун  рукlарал  гlадамал. Кьодуе  лъурал    гъутlбиги  бачlараб  лъаралъ   нахъисел  къоябаздего   росун  унел  рукlун  руго.   Гьединал  санагlатлъи  бахъарал   тlабигlиял  лъугьа-бахъиназ   росдал  гlадамазул   рес  рекъолареб  букlун  буго   цоцазул  рахъалдехун   кколел  рукlарал   цойгидал  хур-хералъул   хlалтlаби  гьаризе  ва  заманаялда  жидерго  магlишат  бакlалде  буссинабизе.   Цlакъго цудунго   бачlунеб  букlараб   хасалойин  абуни   аччунго  цlер  чlвалеб  букlун  буго   Ахчадалда  тlад.  Гьеб  мехалъги  цlакъго хlажалъи ккарав чи  цlерда  тlасанги  вахун   дове-нахъе  ворчlаниги, цойгидал рахъалъан   кколел рукlун  руго  долго  захlмалъаби.

         Ахирги,  кверда  махщелги  чорхолъ  къуватги   букlарав  Бад-родинил    бетlерлъиялда   гъоркь  ва  росдал  гlадамазул   кумекалдалъун  бан  рагlалде   бахъине  гьабун  буго  гьеб    кибниги  цойгидаб  бакlалда  букlинчlеб  гlадинаб   ва жакъаги жиндирго бохдузда щулаго  бахъун  чlун  бугеб,   борхатги  гьабун  цого   чаран  гамачl  тун  батlиял кинал рукlаниги  цойгидал   алатал  гъорлъги  гьечlого   бараб  кlудиябго  кlамури кьо.

         Гъоб  заманаялда  рукlинчlел   ресазда  рекъон   эхетараб  гьелъул хал  гьабураб  мехалъ,  жакъаги  тамашалъи  гьабизе  бачlуна  гьанжелъизегlан   кинда  гьеб  бахъун  чlанаян.   Жакъа  цlалун  рахъарал  инженерзабазецин  захlмат  букlине  буго   гьелъул  балъголъабиги   лъазе  гьарулаго   Бадродинил  къагlидаялда  рекъон  кьо  базе. Гьелъухъги  балагьун  хал  гьабураб  мехалъ,  къватlисахун  вачlарав  чиясда   ракlалде  ккезе  бегьула   гьелда  тlасан   юк     баччулеб  машинацин   бачине   бегьулебищан,   гьелъин  абуни  хlехьана   жиндего  тlаде   бахараб   чанго  батlи-батlияб  бакlаб  техникацин.   Бакl  бачlаралъусан  рехсей  гьабун  тезин гьеб  кьоде  тlаде   дунго  вахараб куцалъулги. «Дармикь»    хlалтlула  вукlарав   мунагьал  чурун  батаяв  дирго  вацгlал   Магьдимухlаммадица   дун  вачана  жиндаго  цадахъ  С-ЮО тракторалда   рохьов  хlалтlизе.   Гьеб  букlана  цlакъго   квачараб  хасалил   замана.   Алмахъалда йикlарай эбел цlуладе  хlажатай  йикlиналъ    дица  тракторалда нахъа бана  бакlалдаго  хlалтlизе  гьабулеб  букlараб   хъарщи  сверунги  ккураб  вагонго   гlадин  борхатго   гьабураб  маххул   чанагъ.   Цадахъ  хlалтlулел  кумекалъеги  лъугьун, барахщин  гьечlеб   гlатlго  хъухъараб  цlулал   цадахъ  гьабун  чанагъги  цlун   дун   росулъе вагъаризехъин вукlаго вацгlалас  дида лъазе  гьабуна   гьеб  «машинагун»  Ахчадалда  бараб  кьоде   тlаде  вахине   бегьулареблъи.   Дидаги  ракlалда  букlинчlо  гьеди-гlан эсукъаб  жо  гьабизе.   Росулъе  щвеялде  тlованго   божи  букlинчlев  дун   квешги  лъикlги  ана  Ахчадалде жаниве. Кьоде тlаде  вахинчlого   дица  бахине   кколеб  букlараб  лъарада   тlад  чlахlиял  хъитlал   жаниргун  чlван   бугоан  биццатаб  цlер.   Хlинкъи  букlана  гьелде   тlаде  вахинецин.   Гьебго  кlочене гьабуна  добцояб  рахъалда  цебе  чlараб  чlегlерабго ва  дун  тlаде  вахани   ччукlун  иналда  хlинкъи   ккараб  нух   бихьараб  мехалъ.  Квачацаги  холаго  сагlатги  бан  батила   бакlалдаги  эхетун    щиб  гьабилебги  лъаларого.   Гьенибго  цlулги  чlехьон  нахъ  вуссинев  вукlана  цо  дицаго  чlехьон   лъугьунеб  цlул   чангъида  тlад  букlарабани.  Гьединиса  гьабурабани   тlад  вуссине  заманги   гlелеб букlинчlо (тракторалъул  канлъи  букlинчlо).  Гьединаб  рес  къотlараб   бакlалде  ккарав  дица   хlукму  гьабуна щиб  кканиги  кьоде  тlаде вахине. Бетlергьанасул   кумекалдалъун  гьеб  юкгун  дун   кьода  тlасанги вахун   доб  рахъал-де  ворчlана.  Гьанжеги  ракl  гъанцlула   дицаго  гьабураб  гьеб  эсу-къаб иш  ракlалде  щвараб  мехалъ.  

         Гьеб  къоялъ  дун  хlехьараб  Бадродинил   гlадинаб  кьо   кибниги  батиларилан абула дица  гьеб  кьол  бицен   ккарал  бакlазда.   Гьеб  кьо  бан  хадусал  рекlелъе  хинлъи   рещтlарал  алмахъаз  гlезегlанго  гlи-боцlиги   хъун   кlудияб сухlмат-кеп гьабун буго   Гьабигlурдада.   Гьеб  рохалилаб  лъугьа-бахъиналда   бищунго  гlемер  ва  берцин  кьурдарав   чилъун  вихьизе  гьавун  вуго  мунагьал  чураяв  Жантемирил  Мухlамад  (гьев  ккола  рагъдаса  тlад  вуссинчlев   рагъул  офицер, Мансурил  вац).   Киналго гlадамал гlадин кьо  баял-даса вохарав Мухlамирзал  Шамсудиница   гьадинал  кочlол  мухъалцин   гьарун  руго  гьеб   кьоялде:

Алмахъ  ккуралдаса

Ккараб  къварилъи

Лъебералда  кlийилъ

Тlаса  рехана.

Риидал  кьо  унеб,

Кьиндал  цlер  чlвалеб,

Чlван  буго  аздагьо

Устарзабаца.

Басрияб  дуниял

Цlилъараб  лъазе,

Лъарахъеги  рещтlун

Кьодухъ  балагье.

  Гьел  пагьмуялда  хъварал  кочlол  мухъаз,  цойги  нухалъ   нугlлъи  гьабула  нилъер   алмахъазул   цого  устарзаби   гурелги,  жеги  нилъеда   тlатинчlел  жалго  шагlирзабиги  рукlараблъиялъе.

 

 

Р.S. Тlаде  жубалеб  буго  Алмахъалда  бараб гьеб берцинаб,  щулияб  ва  киназего   цlакъ  хlажат  букlараб  кьо баялъул  хlакъалъулъ латин  хlарпаз  хъвараб 

 

Договор

 (Копия Договора, написанного латинскими буквами, была предоставлена внуком Бадродина Садиковым Амирали).                            

              «Договор.      2l/5-32г.                                 Хадуб рехсараб договор гьабуна пред. с/с Алмахъ Алхуват Алхуватовасда гьоркьобги ва цояб рахъалъан устарзабигун, кьо балел Бадродин Нартбиев ва Динав Мухlамадмирзаев. Нежер къотlи ккана нахъеххун рех-сараб хlалалда.

  l. Ниж устарзаби Бадродин Нартбиев ва Динав Мухlамад-мирзаев, нежеца тlаде босула        l-абилеб  сентябиралде  кьо  бан  лъугьине гьабизе. Гьеб лъугьи-набизе кlвечlонани судалда цебесан жавабги кьезе   

 2. Дун Алхуват Алхуватов, пред. с/с, дица тlаде босула кьое къварагlараб жо чlезе гьабизе, гьединго кlиявго устарасеги кьезе къое лъабго  гъурущ, гьелда тlаса 30% малги кьезе тlаде босула.   Устарзабаз тlалаб гьаби-леб жо чlезе гьабизе кlвечlони судалда цебесан жаваб кьезе гьаб къотlи биххулареб хlалалда. Гъулал расуна уполномоч. строитель Гlизу Гlизуев. Устаразде цеве гьеб хlалтlи хвезе гьабун тарав чи судалда кьезе ва жавабги кьезе.

(Подписал гьарурал)                                Пред. с/с:                            Устарзаби къотlи гьабурал:                                                                                                                      Уполномочен. строитель:  

 


Календарь исламский


Мусульманские праздники