Печать
12
Авг.

К1удияв Шамирзв

Добавил(а) Administrator on 12 Август 2017.

Оценка пользователей: / 2
ПлохоОтлично 

Шарабодин  Шамирзаев,

шагlир, член  Союза  журналистов  РФ,

журнал  «Салатавия-Алмак» №6 июнь 20l2

 

                               К1удияв  Шамирза

 

       Алмахъалдаса Кlудияв Шамирза вукlун вуго имам Шамилил мюридлъун  ва гьединго нусилазул бетlер Сайгидил ва живго имамасул бокьараб иш  тlад къазе  бегьулев божарав чилъун. Гьесул цlар гlезегlанго бакlазда рехсолеб буго, гьаниб гlицlго тlадчlей гьабун толеб буго  гьес гьабураб цо гьадинаб ишалда.

       Гlурусазул рахъалдехун лъу-гьун, Шамилиде данде чlчlарав Мухlамадилан цо чи вукlун вуго доб заманалда  Чlикlаб росолъ. Гьелъ гьесде «Гlурус Мухlамад»  абун цlарги лъун букlун буго ццин бахъарал чlикlасез.

Цо нухалъ Алмахъалда гlемерав чи вакlарараб бакlалда Шамилица абун буго  Гlурус Мухlамад рагlунин жиндие хlила-макру ургъулев, гьедин-лъидал жинде къваригlун вугин Чlикlавеги ун гьевги чlван  тlад вуссун вачlунев цо лебалав чиян. «Дун  ина гьениве», - янги абун цеве вахъун вуго Шамирза. Бакlалде щун хадуб Мухlамадил рукъги цlехон  азбаралъуве Шамирза лъугьиндал, нуцlаги рагьун къватlие яккарай досул лъадиялда гьас гьикъун буго бетlергьанчи рокъов вугищан. «Гьечlо!» - янги абун  Мухlамад араб бакl бицине гьей гlадамалъ  инкар гьабидал,  Шамирзаца гьелда бичlчlине гьабун  буго  жив кlиясго гулла-хералъе гьабураб къотlи-къай букlанин ва жив  Алмахъалдаса вахъарав гьелда хадув вачlарав чи вугилан.  Гьоболасда божарай гьелъ  Шамирзаде абун буго  Мухlамад бакъани-маркlачlуда рокъове вачlине кколилан. Гlемер мехго инелде  азбаралъуве лъугьун вачlарав Мухlамадилъ гьес таманча речlула ва  гьебго къоялъ Алмахъалде тlад вуссун вуго.                           

        Гlемер къоялго инелде Шамирзаги цlехон Алмахъалде ячlун йиго  Мухlамадил къоролго хутlарай  лъади. Гьелъ Шамир-заде абун буго, дуца дун росги чlван танин, гьанже дуца жий  дуего бокьани лъадилъун ячейин, бокьани яцлъун гьаюн хьихьейилан. Гьей гlадан нахъе йитlизе  рекъей гьечlеб иш бугилан  гlага-божаразги абун  Шамирзаца гьей жиндирго кlиабилей чlужулъун гьаюн йиго. Гьедин лъугьараб чlикlасезул  наслуялъул гlезегlанго гlагарал чагlи  жакъаги руго Шамирзал нахъе хутlараб тухумалда жанир.      

            Кlудияв Шамирза хун хадусал гьесул нахъе хутlарав васасеги кьун буго  Шамирза абун цlар. Гьесин абуни Кlудияб Ватlанияб рагъ ккелелде цебе финазулгун ккарал рагъазулъ   гlахьаллъи гьабун буго. Гьев вукlун вуго кавалерист. Дов гъорлъ вукlараб рекlаразул аскар  цо рохь къотlун унеб мехалда гъоркьчlалда рукlарал тушбабаз  нахъе чи течlогон гъурун буго.  Живго Шамирзалъ гьез речlараб гулла щун гьечlо, амма гьав  рекlун тlамун ина букlараб чу циндаго  гlодоб ккун буго  ва тlад вукlарав Шамирза цевехунги речlулаго  гьасул бетlералда тlад кьабун буго. Рагъдаса тlад вуссун хадусал гьесул ботlрол унтиялъ  цlакъго рахlат хвезе гьабун  буго.  «Нахъа отар» абураб бакlалда букlараб «Сталин» колхозалъул бригадирлъун хlалтlулеб заманаялда  ай l940 соналъ ункъо бестlал лъимер нахъеги тун  Шамирзае Аллагьасул къадар ккун буго.

           Ракъарал ва рагъул сонабаз цlакъго захlмат букlана  бестlа-лазул эбел Мадинатие лъимал ракъул балагьалдаса рорчlизаризе. Тlадежоялъе кlиго вац рагъдаги вукlаго, гьей пакъирлъуде ккарай чlужугlаданги    лъималги къва-тlиреги рахъун  хlукуматалъ гьезул рукъги бихана.

              Гьелдаса нахъе гlемераб гlакъуба-къварилъи чlамуна гьеб хъизаналъ. Шамирзал бищунго кlудияв  вас Мухlамадсагlитил эмен  хвараб мехалъ букlана гlицlго ll сон, бищунго гьитlи-нав Шарабодинил абуни бу-кlинчlо микьго моцl гурони.

              Мухlамадсагlит жеги балугълъиялде вахинелдего хlал-тlулев вукlана Алмахъ росдал советалъул  председателасул секретарлъун. Дагьав кlудияв гlураб мехалъ, жеги рукъ-бакl гьабилелдего гьев вачуна  Казбек райисполкомалъул общий отдела-лъул  заведующиясул хъулухъалде. Гьелдаса хадуб гьес рачана  алмахъаз яшав гьабулел лъабалго росабазул нухмалъи гьабулел цойгидал хlалтlабиги. Гьел росабалъ цого бетlерав бухгалтерасул хlалтlи гьес гьабуна 35 соналъ. Мухlамадсагlитил  хlалтlи хlукуматалъ гlемерал батlи-батlиял шапакъатаздалъун   кlодоги гьабуна. Жиндирго эменго  гlадин  ботlрол унтиялдалъун  63 сон тlубайдал  гьев ватlалъана гlумруялдаса.

      Мухlамадсагlитил васасеги кьуна бачlина батараб Шамирзал цlар. Гьевги сельхозинститут лъугlинабун   хадусал микьго соналъ хlалтlана   Ленинаул росдал «Гьудуллъи» колхозалъул бетlерав бухгалтерлъун. Цо соназ хlалтlана Чиркейгэсстроялъул ОРСалъул начальниклъун, хадув «Алмахъ» совхозалъул директорлъун. Гьанже гьес бетlерлъи гьабулеб буго Ленинаул росдал администрациялъе.