Печать
21
Март

Алмахъ

Добавил(а) Administrator on 21 Март 2016.

Оценка пользователей: / 2
ПлохоОтлично 

                                     АЛМАХЪ

Дур г1урхъи бегани, г1агараб Алмахъ,

Г1ажаибаб бух1и   х1енчола   рек1елъ.

Сапар халалъани, хирияб Алмахъ,

Х1алхьи гьеч1еб ч1алг1ен ч1ола г1агарда.

Ч1обого кьуниги тахшагьаралда

Гьабиларо ханлъи хваниги дица,

Дур сурат бихьулеб т1алъиялдаса   

Т1ок1ай   рич1адег1ан инаро, Алмахъ.   

Мусудул берцинал, васал ч1урканал,      

Ч1ух1ула дудаса, дун г1ураб росу.

Багьадурал ругел, ц1аларал ругел,

Ц1идасан духъ балай бергьун буго дир.

Дунял г1аламалда ц1ар т1ибит1арал

Т1анк1 бугел рит1уч1ал т1ок1ал кир ругел?

Россия, болгарал гьоболлъухъ щолел,

Щиб рахъалъ батилеб цойги т1абиг1ат?

Гьоболасул рек1елъ асар хут1улел,

Х1ажалъи ккарасе хьолбохъ рахъунел,

Гьал дир алмахъазул гурх1ел ва рах1му,

Х1ал к1олев Бет1ергьан, т1аг1ине тоге.

 

Раида Набиева,

член Союза журналистов РФ