forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
16
Сент.

Ансариясул васият. Г1.Г1умарасх1абов

Добавил(а) Administrator on 16 Сентябрь 2014.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Ансариясул        васият                               

       Ансарияв  Шарабудинов 

Ans

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 

гьит1инав  офицерлъун  Смоленскиялда гъоркь  вагъулеб  мехалда т1олалго  гьесул мут1иг1лъиялда  ругел  солдатал  гьесдаса ригьалъ к1удиял  рук1ана.  Г1умруялъул  х1албихьи гьезул  ц1ик1к1араб  бук1ана. Т1олалго  нацменал  ратана. Г1урус  мац1алъе  гьасулг1ан  махщел  гьезул бук1инч1о. Ургъунго данде  гъунищ  рук1арал, яги  жибго жиндасагойищ гьедин ккараб лъаларо,  гьел  киналго рук1ана  кулакал  гьарун щиб, халкъалъул  тушбабиян  ц1ар ч1ван  щиб,  тамих1алде ц1арал,  пачалихъалъулаб зулму х1ехьарал  хъизаналдаса чаг1и яги гьединазул  ирсилал.  

Ансариясул  эменги  бечедав  чиян  Свердлов  областалъул лагеразул  цоялда  жанив  т1амун  вук1ана.

Рак1алде  ккана  немцазулгун  дандч1варалго  гьал  т1олалго  дорехун  инин  ва  живго  цох1о  хут1илилан. Байбихьана  рагъ. Танказул  гьужум  нахъ ч1вана. Хадусеб  къоялъги гьединабго гьужум  гьабуна  немцаз. Къаси гьенибе  яргъил  сурсат  ва  квен  щвезабун  бук1ана. Харбие заман  щведалги  рагъухъабаз  бицунароан немцаз рахъарал  шагьаразул, росабазул,  рагъул  зах1малъабазул. Гьез  бицунаан  кир-кирниги туснахъалда  ругел  г1агаразул  х1акъалъулъ, х1исабал  гьарулаан  гьел киндай  ругелилан.   Г1олохъанав  офицерасда  бич1ч1ана  жиндир  х1инкъи г1ададисеб бук1ин,  гьаб ракьалъе  г1оло гьез  гурх1ич1ого  рух1 кьезе бук1ин. Рагъулеб мехалда  щивасда  аск1об лъун  бук1ана граната. Гьеб  бук1ана  тушманасухъе  щвезе  ккани  кьвагьизе  тун.

Рагъухъаби  дагьлъулел  рук1ана. Ахиралда  гьезул  нахъе  чи  хут1ич1о. Т1аде  рач1арал гьалмагъзабаз,  гьезул  жаназабазухъ  ралагьун,  абуна:  «Гьалищ  дол  Ват1аналъул  тушбабазул  лъимал?» - ан.

Гьеб  хабар  дие  бицун,  Ансарияс  ахиралда  абуна:

- Мух1амад,  нилъер  районалдасаги  гьединал  г1олохъаби  г1емер  рук1ана  дора. Гьел  Ват1аналъул  тушбаби  гурел,  гьелъул  васал,  бах1арзал  рук1ана. Дуца  гьединазул  къисмат  лъазабизе х1аракат  бахъе.

 

Г1алиасх1аб     Г1умарасх1абов

«Г1умру, мун  макьилъищ  дида  бихьараб?»

т1ехьалдаса  босараб.

 

Ali

 

 

 

 

 

 

 

 

 

 


Календарь исламский


Мусульманские праздники