forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
17
Июль

Раг1и камилав, калам пасих1ав. М-Ш.Абдулашимов

Добавил(а) Administrator on 17 Июль 2014.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Раг1и  камилав, калам  пасих1ав

 

Дур куч1дузда рекъон хисулебани,

Ракьалда  лъугьунеб кинабгощинаб.

Дуца хъвараб х1алалъ бук1унебани,

Нилъер г1адамазул г1амал-хасият…

 

      Ниязбег Касуев (Алмахъский) лъаларев чи «Чапap», «Насих1ат», «Х1акъикъат» ва «Миллат» газетал ц1алулел маг1арулазда гьоркьор ратиларин абуни,  мекъи ккеларо.

     Щивав шаг1ирасул рук1уна асарал хъваялъул хаслъи ва къаг1ида. Гьеб рахъалъ Ниязбегил  поэзия буго г1умруяпъул  т1олалго рахъал жанире  рачараб, хехго бич1ч1улеб, рак1алда ч1олеб ва г1адамап лъик1ал ишал гьариялде  ах1улеб. Церегоялдаса    гьесул   куч1дул   ц1алулел   рук1а-ниги, Ниязбегилгун дир лъик1аб лъай-хъвай ккаралдаса г1емераб заман гьеч1о. Гьев вуго г1адамазулгун хабар рекъезабизе лъалев, рак1бац1ц1адав, ч1ух1и гьеч1ев ва яxl-намусалъул рахъалъ т1ок1лъи бугев инсан. Дун вохарав вуго зама-заманалда гьевгун дандч1вазе ва гара-ч1варизе рес бук1иналдаса.

      Дагъистаналъул ихтиярал ц1униялъул жамг1ияб «Нилъер рукъ» регионалияб г1уц1иялъул (председатель Х1. Г1умаров), алмахъазул жамг1иял церехъабазул х1аракат-чилъияда, 21 декабралда Калининаул росулъ т1обит1ана Н.Алмахъскиясул поэзиялъул вечер. Гьенире г1ахьаллъана районалъул учреждениялгун  организациябазул х1алт1у-хъаби, алмахъазул    жамг1иял    церехъаби,    ц1алдохъаби    ва гьалбал.

        К1алъазе рахъарал Динуч Динаевас, Париза Гереевалъ, Марижат Г1абдулг1азизовалъ, Пат1а Айтемировалъ, Мух1а-мад Къудуевас, Х1айбула Г1умаровас, Шарабодин Шамир-заевас, Саг1ид Расуловас ва цогидазги бицана Ниязбегил куч1дуз г1aгараб ракьалде, г1адамазде ва Ват1аналде рокьи бижизабулеб бук1иналъул, г1олеб г1елалъе бит1араб тарбия кьеялъе гьесул творчествоялъул бугеб к1варалъул.

      «Г1умруялъул киналго рахъал жанире рачараб Ниязбегил поэзиялъ бихьизабула заманалъ цере лъурал масъалаби гьесда рич1ч1улел рук1ин. Гьесул куч1дуз нилъ ц1ала рак1бац1ц1алъиялде, ях1-намус ва г1аданлъи ц1униялде»-ян абуна   гьез.

     Данделъаразе гьениб сайгъат гьабуна «Дир маг1арулал» абураб, «Алмахъстан» сериялда гъоркь Динуч Динаевас биччараб,    Н. Алмахъскиясул лъабабилеб т1ехь.

    К1алъаязда      гьоркьор, Калининаул росдал гьор-кьохъеб школалъул  ц1алдохъабаз ц1алана Ниязбегил    куч1дул.

as 1

       Данделъи ахиралде щвана, хъвадаризе гъира бугезе квер-бакъиялъе, гьединал тадбирал, г1олеб г1ел г1ахьал гьабун, ризго т1орит1изе ккеялъул     биценаздалъун.

 

             М-Ш.Г1абдулашимов.

             «Чапар» газеталдаса 

Kas 3

            

 

Хвезе  тоге,  ц1уне 

муг1рул  г1адатал

 

Нилъер  умумузул

Лъик1ал  г1адатал,

Г1асрабаз  цоцахъе

Кьун  доз  ц1унарал,

 

Жакъа  гьал  муг1рузда

Дир  маг1арулаз

Толел  руго  хвезе,

Гьеч1о  ц1унулел.

 

Гьезул берцинлъиги,

Гьезул ч1ух1иги,

Бич1ч1унарел гьанир

Г1емерлъун руго.

 

Росулъ цо чи хвани

Къолол сас г1инда,

Т1убараб лъаг1елалъ

Раг1унароан.

 

Раг1и   к1удиясул

Ч1алда    бук1ана,

Ч1ужуг1аданалъул

Къимат бук1ана.

 

Г1умрудул роценлъун,

Г1арац бук1инч1о,

Бук1ана ях1-намус,

Чилъ-г1аданлъи.

 

Чол рек1арас росу

Къот1улароан,

Росу раг1алдаго

Гьев рещт1унаан.

 

Гьеб бук1ана гьесул

Росдал жамаг1ат,

Жинца к1одо гьаби

Бихьзабилъун.

 

Бихьинал рук1ана

Къараб бек1 г1адал,

Раг1и доз гьаркьие

Кьвагьулароан.

 

Кьураб раг1и дозул

Чармил бук1ана

Чараб гважул г1амал

Дозухъ бук1инч1о.

 

Хъалалъан бугеб жо,

К1одоги гьабун,

К1иго бихьинчиги

Барщулароан.

 

К1игоясда гьоркьоб

Кьалул ц1а лъолел,

Ц1уял мац1ихъаби

Г1емер рук1инчо.

 

Рук1инч1о долларахъ

Дин бичулелги,

Х1акъаб бичасул нух

Ккун бук1ана доз.

 

Гьанжейин абуни,

Дол г1адамазул,

Г1емерисел ана

Отставкаялде.

 

Гьанже гьел нилъее

Араб заманалъул,

Бицадуй харбие,

Хут1улел руго.

 

Хириял, рокьулел,

Дир маг1арулал,

Хвезе тоге ц1уне

Муг1рул г1адатал.

 

                              НИЯЗБЕК  КАСУЕВ 

Kas 2


Календарь исламский


Мусульманские праздники