Печать
11
Июнь

Рагъул кьог1лъи. М.Кудуев

Добавил(а) Administrator on 11 Июнь 2014.

Оценка пользователей: / 2
ПлохоОтлично 

Рагъул  кьог1лъи

Рагъилан абулеб раг1ул рокьокълъи,

Бокьиларо  дие  рокьокъаб  хабар.

Ват1ан  ц1унулаго  рагъда  т1аг1арал

Г1олохъабазда дир ц1акъ рак1 бух1ула.

Яшав г1уц1улелъуб, г1ужде  рахарал,

Балугълъуде щвеч1ел, хехго  щапарал,

Г1умрудул  анищал  раг1алде  щвеч1ел,

Щай  к1очене кколел рагъда т1аг1арал?

Рагъ бугеб бак1алда рокьи  бук1унин

Ракъу-къечон чамал гьал накълулъарал?

Гьал нухаре рег1ун рокъор хут1арал,

Чамасда  гьабуна  улбузул  ургъел?

Чан чияс рокъоре гьаз кагътал хъварал?

Рокъоса хъваралъе жаваб чан щвараб?

Цо рокъоса рагъде ункъго вас арал

Ункъго-щуго хъизан алмахъазулин.

Лъабго  вас  рокъоса арал хъизаби

Анц1гоялдасаги т1асан рахуна.

Гьоркьоб хут1ун гьеч1о къанаг1ат хъизан

Эмен, вац, вас  жидер рагъде рег1ич1ел.

Рокъов цох1о  вугев  чан г1олохъанчи

Г1одилаго  нухда эбелалъ  лъурав?

Сах-салам рокъов т1ад  вуссагиян

Гьесий  гьарделаго хъах1лъарай эбел.

Вас т1ад вуссинилан  къоял рик1к1унев,

Къуларав  ворхич1о васасул эмен.

Гьев вач1унеб  нухде балагьун ч1арай,

Абадияб рокъой гочана эбел…

Т1убач1еб гьаб  мурад васалги рихьун,

Бахчун  ц1унана  гьаз рек1ел т1иналда.

Жидер яц-вацасда  х1ал лъазе теч1о,

Вас хванилан хабар т1аде щваниги.

Абурав  рагъде ун рокъой хут1арай

Т1ад якъван хванилан херас  бицана.

Хвалда цебе гьесул ц1ар рехсанила,

Ц1ар  босун рокъове вуссаги  абун.

Рагъде аралдаса хабар лъач1огон

Т1аг1аразул къадар дагьабищ  бугеб?

Васал хванин абун лъазе  гьабулел

Рач1ана г1емерал ч1ег1ерал кагътал.

Рух1и-къварилъиялъ сверун ккуниги,

Расги гьеч1еб г1адин гьабуна   яшав.

Рет1улеб-кваналеб кинабго цадахъ

Бит1ана  улбуца рагъухъабазе.

Каналал рухъиги, колхоз гьабиги –

Кинабго бук1ана рагъалде  данде.

Гьединан къварилъи х1ехьезе ккарал,

Рак1 кин бух1илареб дол  умумузда?

Кинабго зах1малъи баччизе ккарал

Азарго  баркала кьела гьезие.

Гьаб талих1аб г1умру нилъее тарал,

Батайги гьезие къач1араб алжан  

                                       

                      Мух1амад

                      Къудуев

Kuduev