Печать
17
Окт.

Мунго Эшехаве щун ватич1они

Добавил(а) Administrator on 17 Октябрь 2013.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Мунго Эшехаве

щун ватич1они

Salman Ichahi

                 Сайгъат гьабула    

                 Дагъистан Республикаялъул Прокурор

                 Салман Таймасхановичасе

( На  фото: Эшеха. 2 слева - Салман  Таймасханович)

 

Мунго Эшехаве

Щун ватич1они,

Щванилан абуге

Дуца муг1рузде.

Бихьун батич1они

Долъул берцинлъи,

Рихьанин абуге

Берцинал муг1рул.

Ichahi 1

(на  фото: Эшахи. Снимок  с  космоса.)

Доба берцинлъиги

Цо вах1шилъиги

Цуцалъ рекъон руго

Цого х1алалда.

Х1ет1 чиясул хъвач1еб

Чанги бак1 буго -

Бичас жал рижухъе

Жеги хут1арал.

Хундерил ханасул

Хъулби г1адинал,

Бец1ал нохъал руго

Хъирул т1алабакь.

Т1аде нух-кьо гьеч1ел

Парсалги руго,

Жудоего хасаб

Сих1 къот1иялда.

Кьурабиги руго

Зодихъе арал,

Ц1умил кваркьи гуреб

Жудода хъвач1ел.

Дора гох1-щобалги

К1ийиде рикьун,

Полпихун чвахула

Чалухаб Ахъташ.

Ichahi

Долъул гъугъаб гьаракь

Доб т1алъиялда

Т1армида рачунел

Макъналин ккола.

Кквезе махщел гьеч1ев

Рач1 хьваг1ун толеб,

Форель ччуг1а буго

Доба лъедолеб.

Ichahi 3

Лъимги доба буго

К1ал-мац1 ц1оролеб,

Ц1орол мат1у г1адин

Данде кенч1олеб.

Г1урабазда дора

Кьер-кьерал т1угьдул -

Рукъ бакьулъ т1амураб

Т1ансайин ккола.

Доба бак1-бак1алда

Ризаб рохь буго,

Рохьор г1алхул чундул

Г1емерал руго.

Руго дора циял

Цадахъ т1анч1игун,

Радал-бакъанида

Тира-сверулел.

Сверухълъиго доба

Цо сих1ру буго -

Лъезе ц1ар лъалареб

Цо х1икмат буго.

Х1асратаб ракьуца

Гьабулеб г1адаб,

Цо асар гьабуна

Дие доб ракьалъ.

Дунялалда алжан

Бук1арабани,

Доба алжан бугин

Гьедилаан дун.

Т1абиг1ат гьайбатаб,

Гьава бац1адаб,

Ц1алев вуго рак1алъ

Дун Эшехаве.

Дир гьари нужеда,

Диналъул вацал,

Доб берцинлъи ц1уне

Бичас кьовухъе.

Бач1унеб г1елалъул

Баркала щвела,

Бокал доз борхила

Нужой сахлъийин...

Kasuev

                          

                                                   Ниязбек Алмахъский