Печать
06
Сент.

Гьарула нужей

Добавил(а) Administrator on 06 Сентябрь 2013.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

       ГЬАРУЛА НУЖЕЙ

 

Бакъукьги  ц1адакьги   г1орхъи  ц1унулел,

Ц1аг1адал васазе  сахлъигун рохел.

Росого ч1ух1арал милицабазе,

Даимаб  бергьенлъи, Аллагьас ц1уни.

 

Нусабго  рахъалъе  пикру  биххарал

Ниж данде рачарав   Минкаг1илий  рецц

Г1уразулъ,  хваразулъ    кирго ратулел,

Росдал г1адамазе - г1умру    халалъи.

 

Дир  адаб  рехич1ел мадугьалзаби,

Бет1ер  къулун нужей кьела  баркала.

Кьурул къвак1иялда къимат  бащадав,

Таймасханов   Салман, дуй хасаб салам.

 

Г1адлу- низамалъе   г1умру биччарав,

Дагьабги цевет1ей дуй,   Ах1маднаби.

Ах1ун    рахъунелъур жал ратиялъухъ,

Марьямгун Азае азар   даража.

 

Диналъул нухалда   даимго йигей,

Дуг1адул  аманат, Месей,  дуе дун.

Дир куч1дул  ах1изе бакънал  рахъизе

Руслангун  Сиядат,    сахлъи   нужее.

 

Свин  гьеч1еб    гьимигун дир мадугьалихъ,

Х1алхьигун г1одорч1ей Г1абдулай, Лайлай.

Ургъел бач1инч1ого,   г1одоре  риччан,

Г1умру т1ами  нужей, т1олго  алмахъал!

 

     Раида Набиева, Алмахъ

 .jpg