forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
23
Дек.

Выходит новая книга об алмакцах.

Добавил(а) Administrator on 23 Декабрь 2012.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

Выходит  новая  книга  об  алмакцах

В канун  Нового  года  хочу обрадовать  всех  алмакцев  и  почитателей  таланта  журналиста  и

писателя  Алиасхаба  Умарасхабова – подготовлена  к  печати  и  в  самом  начале  2013 года

выйдет  в  свет вторая часть  книги «Жизнь  моя, иль ты  приснилась мне?». Известно, что  важное

место в истории и культуре Алмака, безусловно,  занимает первая  часть такой  книги под

авторством  У.Газиева – отца  писателя, выпущенная ровно  10 лет  назад -  в 2002 году. Подготовил и

выпустил эту книгу Алиасхаб Умарасхабов, а спонсорскую помощь оказал   З.Омаров.

Не будет большой ошибкой, если скажем, что эта книга – энциклопедия Алмака. В ней приводятся

воспоминания, стихи, плачи, рассказы и повести 27 авторов-алмакцев. Это рассказ о жизни и быте

односельчан, о любви к малой родине, о колхозах  и испытаниях военных лет и просто о

человеческой любви, доброте, милосердии. В книге  названо  более  300 имен  алмакцев, которые  и

являются настоящими  ее героями, для сравнения, в  романе Л.Н.Толстого  "Война  и  мир"  около

500 персонажей. Я знаю могих, которые держат эту книгу на видном месте, чтобы легче было найти,

открыть и заглянуть в нее в свободное время. Приведу список тех алмакцев, чьи произведения вошли

в этот сборник (на аварском языке):

1.Г1умарасх1аб Гъазиев.

2.Г1амирали-х1ажи  Г1алисултанов.

3.Г1али  Болатханов.

4.Исмаг1ил  Жантемиров.

5.Салих1   Салих1ов.

6.Шамсудин    Мух1амирзаев.

7.Наби   Дадаев.

8.Жаватхан   Исмаг1илов.

9.Х1алимат,  Гъазил  яс.

10. Гъазил   Ажабика.

11. Гъазил  Г1алиасх1аб.

12.Гъазил Г1алиасх1абил  Гъазимух1амад.

13.Х1амзатил   Паху.

14.Сахрудинов   Расул

15.Жамалдин  Шамсудинов.

16.Шигьавудин  Салимсултанов.

17.Гъубахан   Тавсултанов.

18.Муртазаг1алил  Къади.

19.Салманова  Баху.

20.Ниязбег   Алмакский.

21.Къадил   Г1аби.

22.Къадиева   Игьайрат.

23.Г1амир   Г1умаров.

24.Шарабудин   Шамирзаев.

25.Игьайрат  Байсултанова.

26.Г1умаров   Мух1амад,

27.Г1алиасх1аб Г1умарасх1абов.

Не  собираюсь  анализировать  книгу, но  скажу, что  подготовленная  вторая  часть  книги

органично  продолжает  главную тему   первой  части – жизнь  и  быт  алмакцев в  ХХ веке  и  до

наших  дней -  последние  рассказы  автора написаны  несколько  месяцев  назад. Нас  ожидает

встреча  с  известными  в  районе  и  республике  людьми – Р.Идрисовым из  Дылыма, М.Дадаевым

из  Гертма, бывшим главой Дагестана  Абдурахманом  Данияловым,  журналистами,  писателями  и

поэтами  республиканского  масштаба.  Здесь   несколько рассказов  об  отце  писателя, которого

хорошо  знают  в  Казбековском  районе  и  за  пределами. Много   юмористических  произведений,

некоторые  из них  с  участием  известного  «доктора  Ватсона». Приведу  названия нескольких глав:

«Инкъилабалъул гьороца  арал», «Рагъда г1азаб х1ехьарал, росулъ зах1мат х1ехьарал», «Заманалъул

г1аламатал», «Дирго рек1ее рах1ат  толарел  пикраби». Читатель  познакомится  также  с  новыми

авторами – З.Беркихановым, Х.Висаитовым  и  Н.Зияродиновой. Обрамляет  книгу  очень красочная

цветная  обложка – символ  красоты  Салатавии. В книге  много  интересных  фотографий  и

иллюстраций, оживляющих  и  украшающих  рассказ. Живой и богатый  язык, яркие  образы,

мудрые  мысли, рассуждения  про  себя  и   вслух – вот главное  содержание этой  книги.

Неоценимую помощь  в  подготовке к  выпуску  второй книги  оказал главный редактор аварской

республиканской  газеты «Истина», председатель  Союза  журналистов  Дагестана  и  большой  друг

всех  алмакцев  Али  Камалов, который  сдержал  свое  слово, данное в  выступлении  на

1000-летнем   юбилее Алмака  в  Гайли  летом  2011 года.

Книга  выходит  тиражом  1000 экземпляров,  и  думаю,  исчезнет  так  же, как  стал дефицитом

первый  том. А  те, кому  книга  достанется,  в  радости и  удовлетворении  останутся  от   сознания

того,  что  еще  одна страница  истории  предков перед ним  открылась  благодаря  удивительному

человеку, писателю и  большому  патриоту  Алмака  Алиасхабу  Умарасхабову.

Приводим несколько  отрывков  из  выходящей  скоро  в  печати  книги  А.Умарасхабова «Жизнь

моя, иль ты  приснилась  мне?».

almak115

Къирал рагъда

Инсуда гьев лъалелщиназ Къиралилан абулаан. Гьеб т1ок1ц1ар т1оцебе гьесда яцг1алалъул вас Гъубаханица лъунилан абула. Гъубахан колхозалъул председательлъун х1алт1улаго, бат1и-бат1иял хъулухъазда вук1арав эмен, ахиралдаги г1ачиязул фермаялъул заведующийлъун т1амун, Бурсумалда вук1ана. Гьениб правлениялъул ва парткомалъул х1укмабаздаса т1адег1анаб бук1ана фермаялъул заведующиясул раг1и. Чиясе мут1иг1лъизе бокьуларев инсуда Къирал абураб ц1ар бач1инахъего рек1ана ва гьесул ц1арлъун лъугьана. "Къиралас абуна", "Къиралас фермаялде халгьабулел ри- ччач1о", "Къиралас гьалбал къабул гьарулел руго", - ян раг1улаан абулеб.

Пенсиялдеги ун гьев херлъун вугеб мехалда инсул х1акъалъулъ дие цо хабар бицана гьесул рагьулав гьудул Буртунаялдаса Г1исаев Идирисица. Гьев мунагьал чурад киназдаго лъалев Аптек-Зубайрил эмен вук1ана.

-      Гьев г1олохьанаб мехалдаго къирал вук1ана, - ян бицана Идирисица.

Рагьул цебесеб кьерда рук1аго цо офицерасулги гьесулги даг1ба ккана, дос малъараб гьас гьабич1ого. Рагьулал шарт1азда мут1иг1лъунгут1иялъе г1оло солдат ч1варав офицерасе кинабг1аги тамих1 гьабулароан. Офицерас таманча бахъизе гъубуралде квер бегьана. Гьес гъубур рагьилелде Г1умарасх1абица жваркь-миркьан щуц1ул кьвагьулеб туманк1 т1асиялде бахъана, х1ара досул карандаги цвизабун, маг1арул мац1аль абуна: "Дуца кьвагье, дица кьвагье!". Ниж, чанго ракьцояв, гьоркьореги лъугьун, гьев гьединавго чи вугилан абун, х1али-мадаралъ бажарана офицер маслиг1аталде вачине ва иш рагъулаб трибуналалде биччангут1изе.

Дирго гьит1инлъияльги (хьизанги гьабурав, республикаяльул газеталъул хасав мухбирлъун х1алт1улев вук1аниги), г1умру лъангут1иялъги батила, инсул гьудулас бицараб гьеб харбица дие цо ц1ар льезе льалареб санаг1атбахъи гьабуна.

Кин батаниги, Идирисил рагъулал рак1алдещвеял хъвазе хас гьабун арав дица доб инсул х1акьалъулъ гьес бицаралда т1асан цог1аги мух1канлъи мурадалъулаб суал кьеч1о. Инсухъан ккараб тохлъи лъач1ого бук1ине бокьун батизеги бегьула. Офицерас таманча г1адада бахьуларелъулха къват1ибе солдат ч1вазелъун.

Гьединал рук1ана г1адалав дир пикраби!

Хадуб кидаялиго дир рак1 бух1ана инсулги офицерасулги даг1баялъе щиб г1илла ккарабали Идирисида ц1ехеч1олъиялдаса. Амма кват1ун бук1ана. Идирисги гьесул гьудул дир эменги, бакьулаб дунялалъе къо-лъик1ги гьабун, ахираталде ун рук1ана.

Рак1алдаго гьеч1ого гьеб хабар дие ц1игьабуна дагьав цеве Дилималда дандч1варав Аптек-Зубайрица. Дун дандч1вайдал цадахъ вук1арав гьалмагъасе дир инсул х1акьальулъ велъулаго бицине льугьана гьев!

-   Офицерас живго ч1вазе танчиде квер бегьидал, досул каранда тунк1ил х1араги цвизабун: "Дуца кьвагье, дица кьвагье!" - ян абун буго гьес.

Цинт1аго дир бот1рониб хьулалъулаб пикру кунч1ана. Щиб лъалеб, Идирисица васасеги чанц1улго бицун батизе бегьула гьеб хабар...

-   Зубайри, дов офицерас щиб г1иллаялъг1агидай инсуде таманча бахъизехъин бук1араб?

-     Ма, дуда гьеб лъаларебищ? - ан тамашалъун дихь валагьана Зубайри.

-   Лъаларо, валлагь, - ан вохун жаваб кьуна дица, гьеб Зубайрида лъалеб бук1инги бич1ч1ун.

-      Кутакал ц1ц1адалги ран, окопал-блиндажал ц1адал лъеца, лъамияб х1арщуца ц1ун рук1ун руго. Жиде-жидер окопал рац1ц1ад гьарун лъуг1арал солдатазе офицерас буюрухь кьун буго каскабаз жиндир блиндажалда жаниса хаву бац1ц1еян. Дуцаго бац1ц1еян жаваб кьунила инсуца, жив офицерзабазул блиндажал рац1ц1ине вач1ун гьеч1ин гьаниве, немцалгун вагъизе вач1ун вугин.

Балагьараб мехалда дов офицерасда жинде данде раг1и абурав чи Къирал кколевлъи бич1ч1ун гьеч1еб бук1ун буго.

 

Гьудуласе ц1унараб чадил кесек

Инсул рагъулал гьудулзабазда гьоркьов бищунго дагь к1алъалев чи вук1ана Шайихмух1амад. Амма нижеда, лъималазда, бихьулаан инсуца гьесул ц1акьго х1урмат гьабулеблъи. Бицунеб хабарцин гьес Шайихмух1амадидехун вуссун бицунаан кидаго.

Лъималаз цоцазда бицунаан Шайихмух1амад рагъда снайпер вук1ун вугила, 87 фашист ч1ванилан хъвараб кагьат раг1улила гьесухъ. Гьанже нахъа районалъул тарихчи Расул Идрисовас "Чапар" газеталда бахъараб "Алмахъалдаса г1ужихъан" абураб макъалаялдасан баянлъана гьев рагъда х1акъикъаталдаги г1ужихъан вук1аравлъи, "Багьадурлъиялъе г1оло" медалалъе, К1удияб Ват1анияб рагъул к1иабилеб даражаялъул орденалъе мустах1икьлъаравлъи, фронталдаса хас гьабун Москваялдеги ах1ун, Баг1араб майданалда Монголиялъул цевехьан Чойбалсаница гьесие жидерго пачалихъалъул бищунго т1адег1анаб орден кьей.

1943 соналда Орел шагьаралда г1агарда ккараб рагьулъ гьесул бох жагьал гьабула ва бот1рода лъураб ругьнаца цояб г1ин г1инкъльула. Халатаб заманалда отпускги кьун госпиталалдаса рокьове вит1арав Шайихмух1амад, сахлъи щулалъарабго, жив рагьде вит1еян военкоматалде уна. 1945 соналъул январалдаса байбихьун Венгриялдасан, Чехословакиялдасан Берлиналде щвезег1ан вагъана гьев. Фрон­талдаса т1адвуссун хадув х1алт1ана Ленинаул росдал Советальул председательлъун, финотделальул агентлъун, заготскоталъул управляющийлъун. Нижеда гьев ватана колхозалъул ц1олбол ахил хъаравуллъун.

Шайихмух1амад хун хадуб инсуца рагьда ккараб цо льугьа-бахъиналъул бицана. Разведротаялда гьорлъ цо т1адкъай т1убазе вит1арав живги Шайихмух1амадги лъабго сордо-къояль рат1алъанила. Жив т1адвуссараб мехалда гьес чвантиниса бахъанила хъах1аб ч1артилъ жемараб ч1ег1ерчадил гьит1инабго кесек. К1их1и бекун бащдаб жиндихъе бегьанила гьес, мун вач1инег1ан гьабги ц1унун вук1анин живан.

Асирасул къисмат

К1удияб Ват1анияб рагъ рак1алде щвезабулаго, гьениб советияв солдатас бихьизабураб бихьинчилъиялъул, къо х1ехьеялъул, гьунаралъул х1акьалъулъ бицуна г1адат х1исабалда. Руго рагьулаб балагьалъул гъираго гьеч1ого рак1алде щвезарулел рахъалги. Г1емерал миллионазул г1умруялда т1асан гирараб гьелъул ц1адулаб гьакикье ккаразда гьоркьор рагъул корониса ч1аго рорч1аниги, хадуб г1емераб г1акъуба бихьана асирлъуде ккаразда. Официалияб пачалихьальулаб пропагандаялъ хиянатчаг1илъун лъазарурал гьезул г1умру ана гьеб къабих1аб ц1аралда гьоркь.

Гьелъулъ загьирльана дунялалъул т1олалго халкьал талих1аллъун гьаризеян т1аде босаразда цебе жидерго ул­каялъул г1адамазул г1умруялъул киг1ан дагьабниги кьимат гьеч1олъи. Америкаялъул солдатасухье рагьде унелъул кьо­леб кагьтида асирльуде кканиги, г1умру ц1унизе х1аракат бахъейин, мун Америкаялъе х1ажатав вугилан хъвалеб бук1араб батани, нилъер солдатазда офицерзабаз, политруказ, генералаз малъулеб бук1ана ахирисеб гулла дуего теян ва асирлъудаса хвел т1аса бищеян.

Асирлъуде солдатал бат1а-бат1айиса ккана. Хиянатчаг1иги рук1ана, лъукьун лъавудаса аралги ккана.

Асирлъуде ккана Алмахъалдаса Мусаев Насрулаги.

Цогидал росабалъ кин бугебали лъаларо, алмахъал кутакалда пачалихъалъулаб политикаялъул рахъ кколел чаг1и руго. Г1иц1го гьеб г1иллаялъе г1оло батунгут1изеги бегьула асирлъуде ккараздехун гьезул хасаб балагьи бук1уна. Гье­диназул лъималазда, ццим бахьараб мехалда, "предателал" абун рогьо бала.

Лъиде щиб абуниги, алмахъаз Насруладе квешаб раг1и абуларо. Гьев лъалелщиназ Мусал Насрулада ях1 бащад гьабизе к1оларила, гьев лъик1ав бусурбанчи ва къвак1арав бихьинчи вугилан абула. Асирлъудейин абуни гьев ккана лъукьун гурев, жиндиего бокьун немцазул ра­хьалде ун.

Щайха гьеб гьедин ккараб? Сунца т1амурав маг1арулав ничаб ишлъун рик1к1унеб асирлъуде ине? Кинаб кьисмат гьесул бук1араб?

Дагьаб цебег1ан райональул газеталда бахъун бук1ана жакъа ч1аго ругел К1удияб Ват1анияб рагьул г1ахъалчаг1азул сиях1. Алмахьалдаса к1иго чи вугоан гьеб сиях1алда. Дида лъалаан гьениса Мусаев Насрула рагъда г1ахьаллъаравлъи ва тамаша гьабуна гьесул ц1ар доб сиях1алда батич1еб мехал­да. Цо дирго хъулухъалъ Алмахъалде щварав чияс х1укму гьабуна Насрулахъе гьоболлъухъ ине, хабар-к1ал гьабизе.

Росдадаса дагьабго бат1ат1ураб, г1ажаибго т1абиг1ат берцинаб бак1алда, умумузул къаг1идаялъ г1адатго бараб рокъоб г1умру гьабулеб бугоан Насрулацаги гьесул лъади Нузайратицаги. Дун гьез адаб-х1урматалда, ц1акъ разиго къабул гьавуна. Квен гьабун льуг1изег1ан цин нижеего т1ураб т1аг1амаб чайги гьекьолаго, байбихьана гара-ч1вариялде.

Г1умруяльул 93 сон баниги, жеги бахилаб къамарт1льиялда вугев херасул бицине жоги г1емер бугоан.

Насрула рагъде ана 1941 соналъул кват1араб хасалихъе. Рокьор тана г1олохъанал лъадиги г1исинал лъималги. Цо дагьабго мехалъ Грузиялда рагьулаб х1адурлъиялъул лагералдаги куцан, гьалмагьлъигун цадахъ Керчь шагьаралда бук1араб рагъде ккана. Чорхолъ вит1арав ва къуватав Нас­рула пулеметчиклъун вук1ана. Гьесул кумекчилъун вук1ана Дилималдаса Атабаев Таймурад.

- Кинабго байбихьана дир гьудуллъун вук1арав взводалъул командирги цо рагьулъ ч1ван, гьесул бак1алде цогидав вач1аралдаса, - ян рак1алде щвезабуна Насрулаца. - Т1оцевесев комвзвода кутакалда ях1 бугев, бихьинаб хасияталъул чи вук1ана. Киве унев вугониги, цадахь дун гьеч1ого унароан гьев. Амма гьев хисун вач1арав ц1акъ маг1на гьеч1ев чи ватана. Гьес т1оцебесеб къоялъго абуна, немцал жиндир тушбаби гурила, жиндир тушбаби ругила нацменал. Цоги нухалда хабар ккедал, дидаги росуцояв Гьоймирзаев Мах1мудидаги взводалъул командирас абуна, нуж ч1аго рокъоре ине гьеч1ин, немцаз ч1ван хвеч1они, жиндица г1акьуба-кьварилъи бихьизабун хвезаризе ругила нуж.

Гьел гьадинго абурал раг1аби гуреблъи бич1ч1изе г1емер заман х1ажалъич1о. Х1акьикьаталдаги байбихьун буго гали бахьа-бахъаралъуб гьел г1одорег1ан гьаризе, цогидаз гьабулареб гьабизе т1амизе. Щиб ургьунги, гьезие гьединги рагъда зах1матаб г1умру х1ехьезе к1олареблъун льугьинабулеб бук1ана. Взвод кваналеб г1ужалъ к1иявго дозоралда толаан. Дозоралдаса т1адруссиндалги, кваниде рег1изе теч1ого, цоги кинаб бук1аниги т1адкъай кьолаан.

Цо къояль Мах1мудица гьудуласда абуна, гьадин жинда халат х1ехьезе к1везехъин гьеч1ин, жив штабалде г1арзалъ ине вугилан. Гьеб мехалда гьес гьудуласда абуна: "Гьас жинцаго т1оцебесеб кьоялъ кьураб раг1и щиб гьабунги т1убазабизе т1аде босун бихьула. Амма штабалде унилан нилъее кумек щвей щакаб жо буго. Чедги льимгиян гурони г1урусалъ абизе лъаларев дун, дидаг1анцин мац1 лъаларев мун, дора гьасда божила нилъеда божизег1ан. Кинаб бук1аниги маслих1ат ккезе бегьула, дагьаб ях1 гьабун льик1".

Гьеб т1олалъулго ахир, к1иявго гьудуласе бокьухъе гуреб, хъвавухъе ккана. Иргадулаб нухалда инжит гьави х1ехьезе к1веч1ев Мах1муд штабалде унев вугилан лъугьана. Ч1аян гьабураб комвзводасул буюрухъальухъ гьес г1инт1амич1о. Дос гьасда реч1ч1изе яргьиде квер бегьана. Щибго мунагь гьеч1ев росуцояв г1адада ч1валеб мехалда т1аде валагьун ч1езе Насрулал ях1алъ къабул гьабич1о. Кьвагьи бахъана. Офицер г1одов ккана.

- Рук1к1инег1ан нилъераздаги немцаздаги вихьулареб хьонльи ккараб бак1алда кьерун вук1ана. Немцазул окопалде жаниве льугьиндал рогьалил г1уж бук1ана. Дунял рогьарабго цадахьго к1иго солдатгун дун окопал ругеб мухъалдаса тылалдехун валагьун вачана, чанго къо макьие берал данде рачинч1ого заман арав дун гьагъава г1одов ч1аян немцас абуралъув к1усаравго кьижун ккана, - ян рак1алде щвезабулеб бук1ана Насрулаца.

Рагъулал асиразул лагералде ккарав солдатас т1иналде щвезег1ан гьекъана чияр ихтияралда вук1инальул къабих1лъиялъул лълъар. Асирзаби ракъуца холел рук1уна.

Ракьиялдаса зах1матаб жо бук1унарилан абула Насрула­ца. Гьелъ т1амуна гьевги цо чувашавги, лагерь ц1унун ругел немцазул кванил складалде жаниреги лъугьун, гьениса дагьамакьабго кванил сурсат бикъизе. Гьебин абуни бук1ана хвалил бадире ралагьун гьабураб иш. Ботинкаби рикъун ратунилан немцаз жидерго солдат ч1вараблъи лъалаан асиразда.

Хъаравулзаби хъалиян бух1изе складалде нахъехун лъугьараб заманги т1аса бищун, к1иявго складалъуве лъугьана. Бикьун щвараб кванил сурсат к1иясго салих1алаб ракьулъ бахчана ва гьел бак1азда т1ад жидеего регел ккуна. Кинго ц1огь т1атинч1ого хут1ич1о. Гьебги т1атана дов чувашас ургъич1ого цо чед лъиеялиго сундухьалиго хисун батун.

Рухьада бараб гьвегун рач1ун, гьесул сурсат бахчараб бак1 т1атана ва гьев вачун ана. Т1ок1ав чувашав т1адвуссинч1о.

Хадусеб кьоялъ Насрулада аск1ореги добго гьвегун рач1ана немцал. Батана бахчараб чедги.

Ц1ех-рехалъе вачиндал немцазул полковникас гьесда гьикьана:

-     Рагьулъ г1ахьаллъаравищ? - ан.

-     Г1ахьаллъана, - ян гьесул бадивеги валагьун жаваб гьабуна асирас.

-    Щивлъун вук1арав? - ан бук1ана хадусеб суал.

-     Пулеметчиклъун.

-    Сундуе г1оло мун вагъулев вук1арав?

-    Нужер беццав Гитлерица буюрухь кьуна Совет Союз тала гьабейилан. Нижер михьал кьурарав Сталиница г1ачичахьал кьват1ире гьейилан льазабуна.

Насрулаца пикру гьабулеб бук1ана, гьадинги додинги дос жив ч1вайилан буюрухъ кьелин. Амма немцазул офицер г1едег1улев вук1инч1о.

-    Нужер офицерзабазул солдатазулалдаса льик1аб квен бук1унин абураб бит1араб бугебищ? - ан гьикъана гьес.

-    Буго, - ян жаваб кьуна асирас.

Гьедин абулаго рак1алде щвана офицерзабазул столоваялде жаниве унилан гьазул ротаялдаса солдатасе гьабураб тамих1.

-    Рагьул бак1лъиги баччун вугев солдатасдаса т1ок1льи бугеб кваниде хиял льуни, чехь бихъизе ккола офицерасул,

-    ан жаваб кьуна немцас.

Асирасул х1инкъи гьеч1олъи ва ч1ванкьот1арал жавабал рек1ее г1унищ яги гьадинги вакъуца хвезе вугев чи вугилан пикру гьабунищали, Насрула ч1вач1ого тана. Къо щун гьеч1еб бук1ун бугилан х1исаб гьабуна гьес къаси кенч1олел ц1вабзазухъ г1иц1аб ракьалда вегаралъусан халгьабулаго. Алмахьалдасан гьел ц1ваби берцинго рихьулеб куцха.

Цо нухалда вач1ун офицерас Насрула вугеб бак1алда асирзаби кьерда ч1езаруна. Цинги щивасул халгьабула. Ахиралда Насруладе килищги бит1ун мухьилъа кьват1иве лъугьаян ишан гьабула. Гьев чед бежулеб бак1алде х1алт1изе вачана.

Цо къояль чол гьакидаги лъун лагералде чед щвезабизе кколев солдат унтун, гьесул бак1алда Насрула вит1ана. Чанго къоялдасан цоги г1илла ккун к1иабизеги вит1ана немцаз гьев чол гьакида чедги льун. Ахиралдаги гьев живго гьокочилъун тана. Рет1инабуна рагъулаб рет1елги.

Цо нухалда асирзабазул лагералде щварав Насрулада гьенив чанго маг1арулав ватана. Гьез бицана ракъуца рух1 т1аг1ун нужер росулъа льабгояв лазареталде росун анилан. Гьениве щварав Насрулада цогидазда гьорлъ Алмахъалдаса Г1алимух1амаев Г1алиги ватана. Дол ц1арал рехсарал к1игоял гьесда гьенир ратуларо. Гьезул иш льуг1ун бук1ана. Г1алилги к1алъазе к1олеб х1ал бук1инч1о. Къаркъала жеги хинго бук1ин гурони, ч1агояв чийин абизе зах1матаб х1алалда вук1ана гьев.

Насрула лазареталъул тохтурзабазуъье уна ва гьезда гьарула кружка кьеян. Гьелда жаниб маргариналда гьорлъги буцун чадил кесек къулч1изабула гьес лъавуда гьеч1ев Г1алида. Гьедиг1анго льимги къулч1изабула. Дагьаб заманалдасан гьес берал рагьула. Жив хадув вач1инилан гьесдаги абун, къаданиб кодоб бук1араб кванил сурсат жемараб жоги льун, гьав уна. Лъабго къоялдасан рес ккана росуцоясде аск1ове кванил нахърателгун щвезе. Гьеб мехалде Г1али рух1 реч1ч1ун, саламатаб къаг1идаялда вук1ана. Гьесда аск1ор регун рук1аразул цонигияв гьенив вук1инч1о. Рук1ана бат1иял. Хвезе ирга щвезег1ан ч1арал.

Г1али, черх щулалъараб мехалда, немцазул офицерзабазе ц1улал мущдук1ал гьарун, гьелдалъун чадил кесек балагьулев ватана Насрулада.

Рагьдаса хадув рокьове т1адвуссарав Г1алица т1оцебе гьикъун батана Мусал Насрула т1адвуссанищан.

Асирлъияльул къисматалъ Мусал Насрула вачана рак1алдаго рук1инч1ел чияр ракьазде - Грециялде, Австриялде, Румыниялде, Польшаялде, Чехословакиялде. Рагъин абуни гьесие льуг1ана советиял аскаразда гьорлъ. Узухъда, гьесул рес бук1инч1о асирльуде ккараб къаг1идаги, доба немцазул рагьулаб рет1ел рет1ине ккейги рагьун бицине. Гьев кодобе ярагьги кьун ц1идасан немцалгун вагъизе кьерда льуна. Гьезул рагьулаб часть ахиралда х1адур гьабулеб бук1ана Япониялде данде багъизе бит1изе, амма къокъидго гьеб рагъги лъуг1ун, инч1ого хут1ана.

Рагьдаса т1адуссарав Насрула х1алт1изе лъугьана колхозалде. Г1адамаздаса балъго щибго жо хут1уларелъул, гьас кумек гьабураз рокъосезе бицун, гьез цогидазе бицун, росулъ льана асирльуде ккеялъул х1акъикьатги, доба немцазул рат1лилъ гьав вук1араблъиги. Амма Насрулаца гьабураб х1алихьатаб жо росуцоязда жеги бихьич1ельул, гьеб т1олалъулго х1акьальулъ рагьун бицунароан.

Гьеблъиялда г1умру инаан, т1епун вук1унеб хасияталъул чи Насрула вук1аравани. Ццин бахьараб мехалда маслих1ат лъаларев гьес, жиндиего тушбаби ралагьулаан. Цо нухалда Насрула гъутаналдаса цогидалгун т1адвуссунев вук1ана, оцазул гьокоги цебе къот1ун. Х1арщул нухдасан х1алица х1ат1ал рахьулел оцазда барахщун, гьелги рац1унаго, льелго вач1унев вук1аго, вач1ун цо хъулухьалда вугев росуцояв гьесул гьакиде вахана. Оцазе зах1мат бугин, живги лъелго унев вугин, гьакидаса рещт1аян абула Насрулаца досда. Дос хъач1аб жаваб кьола дурго оцал рац1ейила, жиндида лъалила лъелгойищ яги рек1унищ иневали. Т1аде гьесул асирлъияльул рогьоги бала. Бахъун ханжаргун вортарав Насруладаса х1инкъун дов хъулухъчи х1ориниве к1анц1изе ккана. Цадахъ рук1арал маслих1аталье гьоркьореги льугьун, даг1ба-раг1и льуг1ула.

Цогидаб нухалда хуриса рокъове т1адвуссунев Насру­лада росу раг1алда дандч1вала налогазулав инспектор. Гьесда цадахъ росулъа чиги вук1уна. Дуца налогалъе кколеб г1арац щай кьоларебан кьог1го к1алъала гьесда инспектор. Налогалъе кьезе бигьаго г1арац щолеб заман бук1инч1о доб. "Дихъе метер радал г1арац щвезе буго. Щварабго дица налогги т1аса ккезабила. Хуриса вач1унев дихъ г1арац гьеч1о, дун жакъа хабар гьабич1ого те", - ян абула Насрулаца. Гьав ц1акьго х1елулев вугилан ккун батилаха, дов жеги ц1акъ гьаракь борхун к1алъала: "Нилъер хирияв вождь ва эмен Сталиница абуна, чи ватараб бак1алдаса гьесухъа налог босеян".

"Дица дурги, дур хирияв эмен Сталинилги эбел.", - илан къват1ибе бахьараб Насрулал ханжар налогал рак1арулев пахруяв инспекторасда т1огь хъван хут1ула.

Насрула асирлъуда немцазул форма рет1арав чи вук1анин, вождасул ц1аралда гьес бегьуларел раг1аби абунилан хъварал г1арзабазул х1асилалда гьев жанив льуна. 9 моц1аль ц1ех-рех гьабуна Мах1ачхъалаялда. Судалъ 25 сонги кьун Сибиралде вит1ана Н. Мусаев. 8 соналдасан амнистиялде гьоркье ккун, нахьеги г1агараб росулъе т1адвуссана.

Гьит1инаб къоялдасаго зах1маталде ругьунав гьев х1алт1ана хурухьанльиялда, ралел бак1азда бригадирлъун, г1ачиязул фермаялъул заведующийлъун, рохьил маг1ишаталда.

Кивехун, щалгун х1алт1изе кканиги, цадахъ ругезулгун х1алги рекьезабун, льик1ав чиясул ц1ар бац1ц1адго ц1унана Насрулаца. Лъик1аб тарбия кьун г1езаруна льималги.

Мусал Насрулалгун гара-ч1вариялдаги вук1ун унев дида хадув, дун т1овит1изе вач1ана гьесул вас Наибсултан. Дагьалъ церег1ан инсухье щвезе, т1адмаг1арухьа гьесул гьудулзаби рач1ун рук1анилан бицана Наибсултаница. Гьел рук1анила асирлъуде ккараб мехалда гьесулгун льай-хьвай ккарал г1адамал. Дица х1исаб гьабуна, гьесулго ригьальул херал чаг1иги рук1ун ратилин гьел, рик1к1адаб сапарги гьабун, Алмахъалде Мусал Насрулахье гьоболлъухье рач1инароанин, ц1акъго гьесул адаб гьабулеб бук1инч1ебани.

Хайрудин Висаитов


Маг1арулазул булбул - Марижатиде

Казбек район кеч1алъ к1одо гьабурай,

К1одо гьаеги мун дунялалдаго,

Дагьистан ракьальул щибаб бак1алда,

Щивго ватиларо дур кеч1 раг1ич1ев.


Берцинаб бакьаналъ дуца ах1улеб

Кеч1алъ х1айранлъич1ев чи ватуларо,

Булбул х1анч1илалда гьаракь релъарай,

Рекъон йик1уней куц мун сценаялда.


Мун кеч1-бакьаналъул устар йигилан,

Дуе ч1вараб хъаталъ нуг1лъи гьабула.

Гьабураб г1елилан, ч1ух1и гьеч1олъи,

Балагьараз кьола дуй льик1аб кьимат.


Салатавиялъул ч1ух1и бугей яс

Ч1ух1ула дудаса  ниж  - районцоял,

Рек1елъа ургьелал нижер росулей,

Цебе босе гали, нижер Марижат.


Зиявудин Беркиханов


Щиб ц1ар дуй кьелеб?

Огь, г1арац, огь, г1арац, дур пишабаца

Щайт1аналъул хъублъи чорхой кьолеб куц.

Ях1-намус т1аг1араз дуда къвал бани,

Къосалил г1амалалъ гьел чекулеб куц.

Дур чунтби ц1уразда дин к1очон тола,

К1иго кьибилалда гьоркьоб кьал лъола.

Кьолбол вацал цоцаль рахьине гьарун,

Рижикъал ишаца суризарула.

Херлъидал г1адамал г1одизарулеб,

Г1исин лъималазда мац1 лъазабулеб,

Г1олохьабазеги жах1да бикьулеб,

Халкьалъулго илбис буго мун, г1арац.

Дуе накуги ч1ван х1елун к1алъалел,

Х1алихьатал чаг1и г1емерлъун руго.

Мун сабаблъун чорхол кьадру-кьимат тун,

Тирулел кьукьаби ризлъулел руго.

Гьекьелаль мехтарав хехго вигьуна,

Гьарула жиндаса т1аса лъугьаян.

Дуца мехтарав чи вигьунарого

Ч1ег1ерал къасдазул гьудуллъун ч1ола.

Гьаха, бице, г1арац, щиб ц1ар дуй кьелеб?

Инсан г1адаллъулеб гьунар духъ бугин?

Замана хисидал халкьальул г1умру

Г1емерисеб дуца гьалаг гьабулин.

Иохъ, дий бокьиларо мун гьаб ракьалда

Х1ехьезе к1оларел чаг1азухь ккезе,

Мун х1алалаб буго иман-исламгун

Хьвадизе лъалезе, къвариг1аралъе.


Календарь исламский


Мусульманские праздники