Печать
09
Сент.

Салимгереев об Абдулгапурове

Добавил(а) Administrator on 09 Сентябрь 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 
Г1абдугъапур, нух бит1аги дуе.

Гьаб назму – маг1у Г1абдулгъапургун г1умру арав, гьесул божарав гьудул, Дилималдаса Салимгереев Мух1амадица ишцояв Аллагьасул къадарщун нилъедаса ват1алъидал гьабураб.  

Виччай, Наби, дунги дудаго хадув
Хварав гьудуласул бицун к1алъазе
Зонода къвалги бан маг1у гьабизе
Хабадеги вуссун маг1ил г1ор т1езе.
Гьесул къадаралде шиг1ру хъвазеян
Чанги г1одов ч1ана столалда нахъа
Амма цо раг1ицин хъван бажарич1о
Бераз т1олеб маг1у т1адеги чвахун.
Дица рек1ей ссабру г1емер гьабула
Гьев хвеч1евин абун, ч1аго вугилан
Амма дур кагътиде т1аде къулидал
Къо рехана дица, к1веч1о х1ехьезе.
Гуро, гьалмагъзаби, дун божуларо
Гьереси батила Г1абдулгъапур хвей 
Годуге, руччаби, гьабуге маг1у 
Махсаро, батила дие гьабулеб.
К1алъаге телефон, бач1унге кагъат
Рокьукъаб хабаргун дун гъаримасухъ
Бухъуге хабалалъ ч1ег1ераб лах1ту
Нижер гьудул хвезе хивалал гьеч1ин.
Унтуе къвак1арав къвалакьа чергес
Мунгойиш чучарав, чарайиш хвараб

Чарамул черхалъул бодул цевехъан
Наркоз кьунищ мун гьез кьижизавурав.
Т1ат1ала ккун айги поликлиника
Дуе данде кколеб дару батич1еб
Ч1унтлае буссайги санитарный часть
Дур чехь къот1и – къот1изе нусал лъухьараб.
Бищун хиралъидал ват1алъилеван
Рак1алда бук1инч1о, хирияв гьудул
Хун ракьалда лъолев лъараб анани
Гьарилаан дунги цадахъ вачеян.
Дунялалъул рокъоб рек1ел гъеялъе
Мун Аллагьас нижей вижун вук1ана
Къваридал къояца рак1ал чучизе 
Бет1ергьанас нижей виччан вук1ана.
Рек1ел гъейги ана нижехъе бахъун
Дуца бакъудехун берал къанщидал
Къваридал къоязги къорал реххана
Дуца къанида гъорлъ босен т1амидал.
Мун сапаралда вугин ссабру гьабила
Ссабру т1аг1аниги ниж гьудулзабаз 
Мун дару босизе рик1к1аде анин
Бач1унареб кагътилъ балагьун ч1ела...

Дилималдаса Салимгереев Мух1амад.
Подготовили Динаев Д.М. и Га