Печать
07
Авг.

Алмак

Добавил(а) Administrator on 07 Август 2011.

Оценка пользователей: / 1
ПлохоОтлично 

 

 

САЛИБИЕВА АСИЯТ

 

Алмахъ

Кьварарал мугIрузул борхалъудаса

Балагьун чIун йиго чIухIигун рекIелъ

Г1асрабаз басараб бечедаб тарих,

турут-т1анса г1адин,т1амуна цебе.

Буго дир халкъалъул г1акъилаб аби

Араб к1очарав бач1унелъ толин.

Жакъа берда цебе ц1илъулеб буго

Ц1ар раг1араб шагьар,къиматаб Алмахъ.

Хъирудул к1к1алахъа чвахулеб Ахчад,

Чарал г1урдалъабахъ тирулеб илхъи.

Хъит1азул г1уц1улел хъулби-минаби,

Минаретазухъа ах1улел какал.

Камиллъи,ях1 чорхолъ бессарал васал,

Сабругун-г1алъиллъи бищарал ясал.

Доле гьелчон унеб караван-ралъад

Г1арабазул ракьахъ базараль щвараб….

Г1амалал,г1адамал,г1адилал ханзал,

Харабазул лъаял,лъалинир хунжрул.

Алмахъазул г1акълу,къиматав г1алим,

Г1амирг1али-Х1ажи,Т1айпурил Элдар,

Т1алъиго бахилал,халкъ г1енеккарал,

Балъголъидул нуг1зал маг1на т1атинч1ел.

Г1аламалъи гурищ,гъвет1-харил хабар,

Бицунев раг1унев г1адан вук1ине.

Рук1ана гьунарал Аллагьас дуй кьун,

Салих1ил Батирхан-х1икматав г1адан.

Араб,бач1унеб,бихьун,т1атуней,

Алмахъ х1икмат гурищ беццай Эбечай.

Ц1арал,ц1арал,ц1арал ц1вабзалъ къалъарал,

Къадруял ц1аразул г1уц1арал зобал.

Гьел ц1вабзалъ кунч1ана гьанжесеб Алмахъ,

Хъах1лъарал муг1руца къвалакь бачараб.

Г1асраби хисана,хисич1о гьаб халкъ

Хисун руго г1иц1го гьурмалгун ц1арал

Гъваридаб г1акълугун,г1аданлъи ях1гун

Х1алимлъи х1еренлъи т1аг1инч1о жеги.

Добго къадру-къимат хут1ана рек1елъ

К1удиял гьунараз ч1ух1ана Алмахъ.

Гьит1инаб ц1аралъул к1удияв инсан,

Наслаби ч1ух1арав Салих1ил Г1али.

Берлиналъул къват1ахъ бергьенлъи щварав,

Щулияб кьуру-парс Идрисил Нуг1ман.

Рук1ана нуж г1адал нус-нус г1адамал

Г1агараб ракьалъе г1умру кьун хварал.

Ц1арал,ц1арал,ц1арал,нахъойги ц1арал

Ц1умал г1адал васаз ц1алъун расарал.

Журналистикалъул ц1ва-дир имг1ал Салих1,

Дур статьябаз гурищ тарих т1атараб.

,,Бахьикъос,,квегъарав,-,,Ватсон,,Г1алиасх1аб

Бит1араб т1екъалде килищ бит1арав.

Исмаг1илил Х1амзат-спорталъул судья,

Дадаев Зикрула-чемпион мира.

Руго бах1арзалги г1азизаб Ват1ан,

Т1ухьидул гуллица т1упарал къанал.

Къокъабго г1умрудул лебалал васал,

Бидулал накъишаз ахир басарал.

Г1исинал г1олилал,даим шагьидал,

Щущан арал хьулал,хьарал анищал.

Щвеч1о мурадалде кин къеркьаниги,

Щапана рокьуде къамарт1ал чурхдул .

Х1амзатов Зайбодин-х1еренав г1адан,

Г1абидил Надирбег –лебалаб гъалбац1.

Инусил Мурадис – щобазул хъиргъу

Гьайбатав г1олилав- Асх1абов Шарап

Тана рак1ал даим, гъваридго лъукъун,

Лъилъулел гьеч1о гьел ,ц1илъун гурони.

Ц1арал,ц1арал,ц1арал,гьанжеги ц1арал

Мустах1икъал васаз халкъалъе тарал.

Тезин хабар гьанже гьалдалъун дица.

,,Хабар къокъаб-лъик1аб ,,гурищ абулеб.

Амма ахиралда гьабила гьари,

Гьал мг1рузул ракьан ккурал алмахъал,

Аллагьасул х1укмуд рекъон х1алт1изе,

Гьелдаса мух1канаб нухго батич1ин.

Хут1угеги к1очон намусгун ях1ги,

Хинлъун таги даим ракълил бакъукь нуж.