forkredit.com | | vivaspb.com | finntalk.com
Печать
PDF
04
Авг.

Спецоперациялда ч1ван каъадаралде щварав Алмахъалдаса Казбек СОГалъул х1алт1ухъан Х1амзатов Зайбодиниде бахъараб кеч1

Добавил(а) Administrator on 04 Август 2011.

Оценка пользователей: / 1
ПлохоОтлично 

Асият Салибиева

Зайбуч


Секундал, минутал, саг1тал, лъаг1елал

Лъач1ого сверулеб-тирулеб заман

Зобалал бахилав х1еренав инсан,

Инсулаб ракь ц1унун рух1 кьураб гъалбац1.

Рагъулаб ц1адулъе мун к1анц1улелъув,

Ц1унич1ев щайдай щобал-муг1руца

Г1асияб гъоб г1ансал т1ад къулулелъуб

Къайч1ев киндай данде лъик1ал г1амалаз.



Г1ажизаб чорхолъе т1ухьи т1епидал

Т1ун рач1инч1ел киндай зобал ракьазде

Зам-замул иццазда къеч нахъ бусаяв

Судулел рак1алгун танагурищ ниж?

Къо къалъуда свараб силияб канлъухъ

Сабру лъуг1ун руго г1одулел берал

К1очене рес гьеч1еб муг1рузул w1ele[]

Ц1а рек1ун бух1улеб каранлъ жаниб рак1.

Алмахъ т1алъидулго ч1ух1араб лачен

Чапизарунин пащманлъабалъ ниж.

Зайбодин, Зайбучан гьуинлъараб ц1ар

Мац1алда ц1оролин пикру бук1инч1о.

Камуна Зайбодин киназего мун,

Хут1ана г1иц1го ц1ар, гьеч1о мун аск1ов

Бак1аб гамач1 буго рек1ел т1инда ч1ун.

Дуца х1ет1е ч1олеб ч1унтана свери

Мун вижараб - г1ураб г1агараб росулъ

Гьец1о - гамач1алда бик1ун тана ц1ар.

Наслабазул рек1елъ мун хут1изелъун

Хъвалеб буго жакъа соролеб квералъ,

Кьейги Зайбуч дуе Аллагьас х1алхьи,

Х1албихьаги дуца рах1матул пихъил.

Алжанул ахакь парахалъаги рак1,

Малаикзабигун кквеги гьудуллъи.

Къурман къоялъул шапаг1ат щварав,

Щаклъи гьеч1еб ахир тун батайги дуй.

Аварагасул нух щулаго ккурав

Щваги мурадалде, ракьалда щвеч1еб


Календарь исламский


Мусульманские праздники