Печать
01
Авг.

Юмор ва гьими

Добавил(а) Administrator on 01 Август 2011.

Оценка пользователей: / 0
ПлохоОтлично 

 

Салих1Салих1ов

Жаназа букъулаго

Цо к1удияв чи къадар ккун, хабалалъ вукъулев рук1ана. Гьев хобалъул лах1тоялъув жаназа рекъезабулаго, квеш лъугьун, Г1умар лъавудаса уна. Бак1аб къаркъалаялъул гьев хобиниса нахъе вачине зах1малъун, къадар ккарасул жаназа лъун бук1араб молодаги лъун т1аде вегьун уна Г1умар. Гьеб бихьарав цо к1удияв чияс абула, молодаги лъун хварал чаг1и хабалъе унел рихьанин, амма молодаги лъун хобиниса чи нахъе вач1ун бихьун бук1инч1илан

Хвезе маг1арде гарц1…

Зама-заманаялдасан нак1к1 г1адин боржун бач1унеб бук1ун буго цебе гарц1.Хурзал, муч1дул г1урччинлъитялдаса «рац1цад» гьарун балагьал, ракъиял ккезарулел рук1ун руго. Цо соналъ гьедин бач1араб гарц1 маг1арде щун буго. Гьелъ т1аг1инабун г1урччин хергун, г1и бук1ун буго гъадилеб бакъиялъ. Хадуб кваназе жо гьеч1олъиялъ гарц1 кваназе ругьунлъун руго гьел. Гьеб соналъ г1и ц1акъ кьара бук1ун буго.

Ахир заманаялдаги нелъехъе «гьоболлъи» камулеб гьеч1о гарц1ил. Бач1унгеги заман гьелъ т1олго хурзалги хвезарун, дол г1ияца г1адин гарц1 кваназе ккун нилълъ гьелъ кьара гьарулеб. Нек1они Совет х1укуматалъ саранча-гарц1 т1ехьалъул суратазда гурони рихьизе толароан нилъеда, Ираналдаго т1аг1инабун.

Боц1ул базаралда

Камил радал вахъун жидерго оц машинаялъул кузовалде бахинабун. гьеб бичизе Хасавюрталъул боц1ул базаралде вагъарула. Радалго гьебги бичун. г1арц нахъе рукъобе босич1огун ва ч1обого машине нахъе бачине бокьич1огун, кодоб бугеб г1арцухъ щолеб цойги х1айван балагьизе лъугьуна гьав. К1удияб доб базаралда г1емер свердун ахирги цо рек1ее бокьараб оцалде т1аде ккола Камил ва даран гьабун гьеб бичун босула...Рукъове щун. оц гъоркье решт1йинабулаго аск1ое яч1арай лъадиялъ гьикъула гьасда, щиб оц бичун инч1огунищ нахъе вач1аравилан. Гьесги жаваб гьабун абула бичанин, гъолъухъ щвараб г1арцуда т1ад щунусго гъурущги лъун гьаб цогидаб оц босанилан. Лъадуда лъик1го лъаларищ жинцаго хьихьун г1езабураб оц...Камилица жинцаго цогиясе бичараб оц. досги цогидасе бичун бук1ун буго. Гьедин лъач1огун Камилица жиндирго оц 500 гъурущ жеги т1адеги хвезабун нахъе босун батана

Диргоцин цо-цо мехалъ ошибка ккола…

Доб заманаялъ, партиялъул ва пачализхъалъул бут1рузул цере ккарал гъалат1азул бицине ихтияр кьураб Перестройкаялъул заман бук1ана. Росдал парторганизациялъул собрание бук1ана инеб. Бицунеб бук1ана партиялъул бут1рузул ккарал гъалат1ал, кьолеб бук1ана цебесеб заманаялъ ккарал цо-цо ишазе анализ…Ленинил, Сталинил х1алт1ол «къимат» кьолаго, т1аде вахъун раг1и босана коммунист Мах1ачица.

- Дозулни шай кколареб ошибка, гьамагъзаби, цо-цо мехалъ диргоцин ккола гьеб – илан абуна Мах1ачица собраниялда к1алъазе цеве вахъаралъуб

Къебед Арсамиги почтальон Узунги

Жиндирго къебеллъиялда маххул цо алат гьабула вук1уна Арсами, почтальон Узун пенсиялъул г1арац босун вач1араб мехалъ. Гьев жаниве лъугьун хадуб Арсамица килщаз баг1арлъараб махх кодоб ккола. Гьеб бихьараб мехалъ тамашалъун хут1ула Узун. Дур квер бух1уларищ гьелъилан гьес гьикъидал, Арсамица абула бух1уларин. квералъул хъал биццат бук1унин к1удиял чаг1азулилан ва гьеб кодоб бук1араб махх добехунги лъун, бух1ун гьелегьараб т1орччол тертилъа цоги баг1арлъараб махх гъец1алъ ккун бахъула бухизе. Узиница гьеб бух1араб махх кодобе босула ва кверги бух1ун гьеб нахъе рехула...Гьесда щибха лъалеб бук1араб махсарачи Арсамица ц1ел баг1ариялъ баг1арлъарабилан ккезе краска бахараб махх кодоб ккун бук1араблъи.

Узунги Сайродинги

Цебе росулъа хъутаналде х1алт1изе арал колхозчаг1и х1алт1ул къоги лъун телевизоралъухъ балагьун х1алхьиялда рук1ана. Лъик1аб кино бук1ана бихьизабулеб. Гьениб х1алт1улеб трактор экраналде баккидал Сайродиница абула иях1 тракторалъул к1к1уялъул хъубаб мах1 бихьулищилан. Уха ле ян абун борч1ула Узунихъан, телевизоралдасан бихьулеб жо кино бук1иналъул эсги гьабич1огун.

Сайбодинги Раипги

Лъудбиги хун, къороллъуда хут1арал, херлъиялъул ц1акъго к1удияб ригьалде рахинч1ел Раипги Сайбодинги рук1ана жидерго хабар-к1алалда. Гьаб бицун доб бицун, к1одолъараб ригьалде рахиндал щоларел лъудбузул бицуна рук1уна гьал. Газ. ток бук1иналъ, ц1ул х1адуризе. гьеб бич1ине кколарел, бихьиназдаса къинч1ел пенсиябиги росулел къорол руччабазе нилъ щибизеха гьанжеян абун гара-ч1валулаго Сайбодиница абула, нилъ к1иясего цог1аги щолейанийин ч1ужуйилан

===========================================================================================================

Чанахъабазул харбал

Къог1адин гвангъараб сордоялъ...

Бадиб килищ тунканиги канлъи бихьулареб сордоялъ унев вук1ана дун г1алхудасанилан хабар бицине байбихьана Саг1идица. Ина инаги вук1ун, цо хъоморалда тункун хут1анила жив. Г1иц1го рихьулел рук1арал бераздасан лъанилаха жинда гьеб хъомор бук1ин. Вихич1огун, гьадинисахун вусун хъормида кьабизе жо г1одоса босизе къулун, хадуб ворхун балагьидал, гвангъараб моц1рол канлъухъе бихьанилаха щвакун лъутун унеб доб хъомор

Бет1ер кибехун бугебали лъач1о

Цо къоялъ жиндирго васги вачун Г1умар уна рохьил болъоназе чан къазе. Рохьоре щвараб цо бак1алда гьезда батула эхедехун арал болъоназул рехьедалъул лъак1аз гьабураб гечав.Нахъ русун рач1унаго болъоназ гечав хисулареблъи лъалев Г1умарица вас тола гъоркьч1алида ва малъула хъабаналъул бот1ролъ щвеледухъ гурони кьвагьугейилан, живгойин абуни гьел болъоназул лъалк1 ккун эхедехун уна Амма Г1умарихъе цонигияб болъон ч1вазе щоларо, ц1одорал гьел нахъе лъутун уна...Щаяли васасул т1унк1илги кьвагьи бахъунаро. Аск1ове щварав Г1умарица гьикъула васасда щай дуца туманк1 кьвагьич1ебилан. Гургинал жал ругоан гьел, рекерун унел гьезул бет1ер кибехун бугебали лъач1ин жиндайилан абула т1оцебе рохьил болъон бихьарав васас. Бет1ер бекурулеб рахъалъ бук1уна, гьеб нахъаса нахъе бекеруларелъулилан малъун буго ццин бахъарав инсуца васааде

Гудрица к1иго цакьу ккун...

Цакьуялъе гъураб гудуралъул ххал гьабизе индал, гьеб гудуралъ к1иго цакьу ккун батанила жиндаян бицана Саг1идица. Гудур сверун г1емерал лъалк1ал рихьун сверухъго балагьун вук1анила жив. Дагьаб добег1ан жалун-хъарахъалъул гох1илъ рихьанилаха рахчун ч1арал цакьуял. Эркеланго, гьезда вихьиларедухъ аск1овеги ун. гьеб хъархъида т1ад к1анц1езе жованила...Анц1ила к1иго цакьу щванила гьениса жиндеян абуна Саг1идица

Болъоназул рехьед г1одоб ккезабуна

Патроналги лъуг1ун рукъове вач1ина вук1анилан бицана Саг1идица жив рохьоса. Цо кьурул лаблъодасан харун болъон бач1анилан т1аде. Гьениве раг1алде къан гъоркье балгьарав жинда болъоназул рехьедго бихьанила цоцазда хадур эхеде харулел. Гьезда вихьиларедухъ вахчун ч1анила жив кьурул раг1алда, цо лъик1аб ч1аргенги бук1анила кодоб. Т1аде борч1а-борч1аралъул бот1ролъ гьеб кьабун, анц1ила анкьго болъон щванила жинде гьенибилан бицана Саг1идица

Боржунеб гьве

Нуж божиларила, борхатаб гьаваялдасан цо гважи бихьанила жинда боржун унебилан бицана Г1абдух1ажица. Гьалмагъас бицараб гьересиялда г1енеккарал релъизе бокьич1ого, Г1умарица хадубго гъезабун абула, дидаги бихьана гьеб, ц1умалъ босун инаги бук1ун, гьелда кквезе к1веч1огун бортун унеб гьве бук1анин гьебилан рекъезабула гьес гьалмагъасул хабар

К1удияб хьагинибе к1удияб ламадур

Цо годек1анир г1одорк1аралъуб Г1абдулх1ажица бицана чоца гор-свери гьубелеб г1анасеб т1ех1 бугеб ламадур батанила жинда ракьулъ...Гьебни щиб. жинда бихьанила к1иго чияс гьабулеб к1удияб хьаг, гьезул цояс к1ут1улеб кварт1ил гьаракь цогидасда раг1унароанилаян абуна Г1умарица. Гьелдани дун бит1араб бицани божулароян абун буго Г1абдул х1ажица. Дуда батараб доб ламадур жаниб гьунеб хьагищ бук1унаребилан жаваб гьабун буго Г1умарицаги гьесие