Печать
14
Май

Цадаса Х1амзатил назмаби

Добавил(а) Administrator on 14 Май 2011.

Оценка пользователей: / 5
ПлохоОтлично 
Ц1адаса Х1амзатил назмуял

…Гьанже Шамилил шавкат

Шагьаразда г1унт1идал,

Г1асиял аскаралгун

Салдар къват1ив вахъуна.

Нахъаса къот1и гьеч1еб

Къуваталде мугъги ч1ван,

Ч1ик1аб росу босизе

Масъала цебе лъола.

Салатавалъул агьлу,

Тушман т1аде щвелелде,

Шамилица цадахъго

Къват1иб лъугьинабула.

Гьесда данде къеркьезе

Къуват г1ураб гьеч1елъул,

Гьалмагъзабигун имам

Алмахъалде гочуна.

Ч1ик1аб шагьар бух1ула,

Х1урлъун щущазабула,

Салатавалъул кверщел,

Тушманасухъе ккола…